top of page

Хъартги Чӏилбикӏги

ЙикIанила, йикIинчIила цо херай. Хералълъул лъабго васги вукIанила. КIиявго кIудияв вацц лъай-гIакълу бугел, гIадамал лIугьинессел жал рукIанила, гьитIинав ЧIилбикI ботIрода тIехIги барав, тIингъида нацIцIги барав, ватарасс вуххулев, ватарасс тункулев вукIанила.

 

Рилълъанила цо къоялълъ лъабавго вацц рохьоре хьоп къотIизе. Жидерго гьабулеб хIалтIиги гьабун, нахъ руссун рокъоре рачIунаго, къосанила азда нух. Ссверданила ал рохьор, ссверданила, тIерхьун бакъги анила, маркIачIул рукIкIенги речIчIанила, кинго нух бахъизе кIвечIила азда. Абунила ваццаз ЧIилбикIида, гъотIоде вахун балагьийин, кIкIуй баккулеб бакIго бихьуларищали. Бищунго борххатаб гъотIодеги вахун, ункъабго рахъалде бер тIамунила ЧIилбикIицца, бур-бурун лахI чIчIегIерлъун, битIун рохь бакьулIа баккун бачIунеб бихьанила ассда кIкIуй.

 

КIкIуйдул хIисаб гьабун вилълъанила лъабавго вацц, гIемерал рилълъанила, дагьал рилълъанила, щванила цо рукъалде тIаде, лIугьанила жанире, бакун кIудияб цIа бугила, цIеда ццее гIодой йикIун хъартги йигила, доре-гъоре боххдулги риччан, хъартил лъабго ясги йигила.

 

Хъош-машги гьабун, ракъун ратилиланги абун, квен лъунила хъартицца азда ццебе. ХIинкъун кIалдиб босизецин кIвечIила кIудиял ваццазда. ЧIилбикIицца гьумер нечезе гьабичIила, ваццазе гIологи квананила ав. Кванан-гьекъон, рахъараб меххалълъ босенги тIамун, жиндирго ясалги регизарунила хъартицца, цоги бусада лъабавго ваццги вегизавунила, гъассда жийгоги еганила.

ЛълъикI сордо араб меххалълъ лъабавго вас хъвезе, алмасги лълъухьун, ахIанила хъартицца: кьижарав щив, ворчIарав щив?

Къижаравги дунин, ворчIаравги дунин абунила ЧIилбикIицца.

Щай мун кьижуларев ЧIилбикI, дуе къваригIараб щиб абун гьикъанила хъартицца.

Гьаб ригьалълъ абунила ЧIилбикIицца, цIураххинкIал гьарулаанила дие эбелалълъ, гьел ракIалде щун, кIоларого бугин дида кьижизе.

ЦIидассан цIаги бакун, цIураххинкIалги гьарун, кваназавунила хъартицца ав.

ЛълъикIалан мехх борчIизеги тун, лълъихь-лълъахъан алмасги лълъухьун, абунила хъартицца кIиабизеги: кьи­жарав щив - ворчIарав щив?

Кьижаравги дунин, ворчIаравги дунин, абу­нила ЧIилбикIицца.

Щай кьижуларев ЧIилбикI, гьанжеги дуе къваригIа­раб щиб? абун гьикъанила хъартицца.

Гьаб гIужалълъ бахъухъ кваназабулаанин дида эбелалълъ, гьелде хьуллъун, щоларого бугин дида макьуйин абунила гьесс.

 

Яхъун бахъухъги гьабун, кваназавунила хъартицца гьев ва реганила гьанжеги. ЛълъикI гьоркьоб меххги биччан, гьанжени ав кьижанилан ккараб меххалълъ, ахIанила хъартицца лъабабизе  –  

Кьижарав щив? ворчIарав щив?

Кьижаравги дунин, ворчIаравги дунин абунила ЧIилбикIицца.

Я гъарин ЧIилбикI, къадни кьижичIониги бегъилин, къасси гIагийищ мун кьижуларев? Метер хурие ине дунги гIедегIун йигин, кьижун вукIайин себанила ассде хъарт.

Кинин дун кьижулев, гьаб ригьалълъ гIурухъа цIцIалкIицца босун, лълъим гьекъезабулаанин дида эбелалълъ. Гьеб гьекъечIого, бер къанщизе кIоларилан абунила ЧIилбикIицца.

 

Йилълъанила хъарт, цIцIалкIуги босун, гIурухъе. Гъой къватIие лIугьингин, гъолълъул лъабайго яс живгоги ваццалги регун рукIараб бусада регизарунила ЧIилбикIицца, дозул бусада жалгоги реганила. Гьеб гьабулев ЧIилбикI вукIаго щванила хъарт гIурухъе, ччун бахъанила алълъ цIцIалкIу, чваххун анила лълъим, ччун бахъанила, чваххун анила. ГIурулIе цIцIалкIуги реххун, къварилъун, нахъ юсанила хъарт гьаюгьинан.

 

Рокъойги лIугьун, абунила алълъ: «Кьижарав щив, ворчIарав щив. Минкъан вахъинчIого, тIепун чIчIанила ЧIилбикI. Васал хъолелилан, хъун рехханила хъарталълъ жиндирго ясал. Жибго хъур-хъури бахъанила лъабалълъулго.

 

ХъахIлъи бараб ме­халълъ, хурие ине къачIанила хъарт. КекебагIар, (гьеб букIун буго хъартил кIудияй ясалда цIцIар) абунила алълъ хурие уней йигин дун, дир яс, гьал лъималазул хIетI-бетIерги белъун, къадиялде дида ххадуй ячIайин мун, нужгоги ракъун рукIунгейин. –  «ЯчIина эбел», илан абунила ЧIилбикIицца, КекебагIарида гьаракьги релълъинабун. Анила хъарт хурие.

Къадеялде рокъоре ваццалги ритIун, ясазул хIетI-бетIерги белъун. КекебагIарил ретIелги ретIун, вилълъанила ЧIилбикI хъартида ххадув хуриве. Ав вихьигун жиндирго ясилан ккун, ахIданила хъарт: «Бакъ щун юхIизе гурин, гьури чIван чIучIине гурин, ххеххго рокъое юсса, дир яс». Хурул рагIалда ясазул хIетI-бетIерги лъураб хьагги лъун, нахъ вуссун вилълъун рикIкIадассан валагьун чIчIанила ЧIилбикI хъартил щиб лIугьунаяли бихьизе. Лъилъун цIцIер гIадин хургин, хIалхьун гIодой йикIанила гьанже хъарт, лъималазул гьанацца гIорцIцIизе. ЦIураххинкIазеги бахъухъиеги дуцца гьабураб гьанже дицца дуеги гьабилин, ЧIилбикIан  –  абулаго, бегьанила хъартицца хьагинибе квер, бахъун бачIанила КекебагIарил бетIер. Руруданила хъарт, гIер-гIеданила, етIаранила, эххеде кIанцIанила, гIодой речIчIанила, къиркъизе цабиги гьарулаго, лъакI мерхьун ЧIилбикIида ххадуй йортанила. Йортанила ай, лIутанила дов, йортанила ай, лIутанила дов, рахъдал кьо ассги баханила, етIарулаго рокъое хъартги юссанила.

Вилълъанила, щванила ЧIилбикI рокъове. Ххалкъалдаго лъанила, пачахIассда рагIанила асс хъартие гьабураб. АсскIовеги ахIун, абунила пачахIасс ассда, нусго чияссда тIад базе бегьулеб цо цIцIаха рагIулин хъартил. Гьелълъул гьеб бикъун вачIани, гьелда релълъараб дицца дуеги гьаби­лин. «ГьебгIан бигьалъаги дие квине ххинкIал!» –  илан абунила ЧIилбикIицца. Вилълъанила гьанже ав ххалатаб ххечги босун хъартил цIцIаха бикъизе. БакъинегIан рокъов вахчунги вукIун, къасси хъарт кьижизе егераб меххалълъ рукъалълъул тIохги борлълъун, цIцIахдада егарай хъартида ххеч хIунссанила асс. ЦIцIахаго квешезе чIчIун бугин дие, ясал хваралдасса алда ругел чIчIутIузул гIемерлъиго щиб – абунила хъартицца. ХIунссанила нахъеги, къварилъанила хъарт, бичассхIа, бетIергьанчи хвад, ахIанже къватIиб речIчIилин ахIданила ай. ТIатIалаго хIунсс-хIунссулаго, азарго жоги хьамун, ссур-ссуризабун, рехханила хъартицца цIцIаха къватIибе. Ццим чучараб меххалълъ, къватIие ячIанила хъарт, цIцIаха жанибе босизе, гьечIила цIцIаха. Балагьанила ццее: мугъзада добги чIван, унев вугила ЧIилбикI. Йортанила ай, лIутанила дов, йортанила ай, лIутанила дов, рахъдал кьо ассги баханила, рурудулаго нахъе хъартги юссанила.

Рехханила ЧIилбикIицца пачахIассда ццебе цIцIаха. Абунила пачахIасс гьаб бикъизе кIварав дуда щибго гьабизе кIвелин, гьейго хъартил нусго чияссе квен гьабизе гIолеб цо хьаг рагIулин, цIцIахдада асскIоб цIакъ рекъелин эб, гьеб бикъун вачIайин мун. ГIурул гьарчазул таргьаги цIезабун, вилълъанила ЧIилбикI хъартил хьаг бикъизе. КъассилъизегIан ваххчунги вукIун, къасси квен-тIеххалде хъарт юссараб меххалълъ тIохдеги вахун валагьанила тIалайдухъа гъоркье. ЦIеда лъун гьалдолеб хьагги бугила, ццее гIодой йикIун хъартги йигила. Доре-гъоре боххдулги риччан, гIодулей йигила ай, хварал ясал ракIалде щун. РечIчIанила ЧIилбикIицца тIасса гъоркье гьорчо, рухI-рухIанила хъартил махIаби тIирабаз. Ццидаханила хъарт, асс нахъеги чехь-чехьго бухIанила алълъул. БичассхIа ххадуб кванилан абу­нила алълъ, ахIанже къватIиб речIчIилин, хьаг-хьагго кьаллъун бугин дие ясал хваралдасса! Таргьаго чIехьон танила ЧIилбикIицца: ххутIарайги гьалаглъанила хъарт. Ссур-ссуриялда къватIибе реххун бачIанила хьаг...

Дагьай гIодой юссараб меххалълъ къватIие якканила хъарт хьаг нахъе босизе. ГьечIила хьаг. Балагьанила ццее гъежда хьаггин, ххазабулеб бугила ЧIилбикIицца. Йортанила хъарт, лIутанила ав, йортанила ай, лIу­танила ав, рахъдал кьо бахун авги ворчIанила, ххачадулаго, нахъе хъартги юссанила.

Маян абун рехханила пачахIассда ццебе хьаг. Абунила пачахIасс ассда: «Гьейго хъартил лълъарал меседилаб цо цIцIе рагIулин, ссахI рахьдал радалисса; ссахI бакъанида кьолеб. Гьеб цIцIе бикъун вачIайин. Гьелдасса нахъе мун дицца цIакъ кIодо гьавилин» ЧIалгIунги букIанила ЧIилбикIида, кин бугониги, гьаб нухалълъги вилълъанила пачахIассул хъатир гьабун.

Вилълъанила, щванила ЧIилбикI, къасси бокьалълъул тIохдеги вахун хIунссанила цIцIеда, меэданила цIцIе. Ссундасса боххараб, къулгьу, дир ясал хваралдасса нахъе ээди гIемерлъун бугин дуран семанила хъарт цIцIеде. ХIунссанила асс нахъеги, ээданила, кIанцIанила цIцIе, бичассхIа, хъурмацца чIвад, лълъарал ккун къватIиб речIчIилин, кьижизего теларищ дуцца дунан ахIданила хъарт. ХIунсс-хIунссанила ЧIилбикIицца тIатIалаго: меэданила нахъеги цIцIе. Дванкан речIчIанила цIцIе къватIибе. Ццим чучараб меххалълъ къватIие якканила хъарт цIцIе жанибе гъезе. ГьечIила цIцIе, ЧIалбикIиццагIаги гуродай араб абун, балагьанила ццее. Горбода добги реххун, жибго хIур бахъинабун унев вугила ЧIилбикI. Йортанила хъарт, лIутанила ав, йортанила дой, лIутанила ав, рахъдал кьо ассги баханила, керен буххулаго, нахъе хъартги юссанила. Лълъарал ккун, речIчIанила пачахIассда ццебе цIцIе. Абунила пачахIассда: «Хъартго-хъартилан рагIулин дида, эйго кинай жо йикIунеяли лъазе бокьун бугин дие, чара-гIамал гьечIин, дида асскIое гьей щвезайичIого. Гьеб гьунарги гьабун мун нахъвуссун ххадуб, дирго ясги кьун, кинабго улкаялълъул иххтиярги кьун, дидаго хьолбохъ чIчIезавилин дицца мун!» Инарилан, жойилан кьур-кьудизе лIугьанила ЧIилбикI, рортанила ассде тIаде пачахIассул асскIоссел. Цоясс тунканила, цоясс кьабунила, нагIана кьунила, гIайиб гьабунила. ПачахIассги пачахIассул ясалълъеги гIоло нусцIцIул хвеларищан абунила. ЯхI-махI батун, хъассулаго гъванщагин, вилълъанила ЧIилбикI рокъове. Квасул мегежги бухьанила асс, эхIединалго михъалги, щиб-щибниги бахун, жиндирго жинсги хисизабунила, басрияб багь-багьараб туртилълъги жемун херав къул-къуларав гьардохъанлъун вахъун, вилъ­лъанила, гьанже ав, щванила хъартил нуцIцIихъе. ГIодулей йигила ай, хварал ясазухъ магIу гьабулей йигила. Дагьаб чед кье, кири батила, абу­нила ЧIилбикIицца, нуцIцIихъги чIчIун. НуцIцIил кIалтIе ячIанила хъарт, ххал гьабун, балагьун, дагьай щаклъарай гIадин лIугьун, абунила алълъ: ЧIилбикI гIаги гуревищ мун, ракIалълъ бицунеб бугин мун лълъикIлъиялълъе вачIарав чи гурилан. ГIоданила ЧIилбикI. ЧIчIегIераб къо чIчIагийин ЧIилбикIидаги гьессул рижул-рижиялдагиян абунила, гьессдалъун гурищ дида гьаб къо бихьулеб бугеб, дир эменги чIванин гьесс, эбелги чIванин, кинабго боцIцIудасса ватIаги гьавунин, дунгоги гьардухъ виччанин, гьаб хIалалдеги ккезавунин.

Жиндиего ЧIилбикIицца гьабураб ракIалде щун хъартги гIоданила, зигарданила, ассдеххун ургъел бикьанила, ассие ссадакъаги кьун, абунила хъартицца хханжу базе гъамасс къваригIун бугин дие, гьеб гьабизе маххщелго рекъоларищ дур абун. Щай рекъолареб, цIакъ рекъелин, дидасса лълъикIав устар щив вугевин абунила асс. Цо сагIаталълъ буххун, кьабун гьабунила асс гъамасс. Жаниеги лIугьун, хъегIанила хъарт, бихх-биххун рахъ-рахъалде анила гъамасс. ЛълъикIаб, кIудияб гъамасс гьабе дуцца дие, гьадинаб гъанссил пайда щибин абунила хъартицца. Гьабунила асс цIидассан руцIичIел миккил чIалабазул гъамасс. Жаниеги лIугьун хъегIанила хъарт, хъегIанила, багъаризецин багъаричIила гъамасс, рекъон букIунадаяли бихьизе тIалъел къалищ ан абунила ЧIилбикIицца, къайин абунила хъартицца, кIулалги ралищан абунила асс, раян абунила хъартицца. Щула гъамассги гьабун, абунила гьанже ЧIилбикIицца, –  Хъарт! ЧIилбикI гурищ дун!

ГIергIеданила хъарт, хъегIданила, цоги-цогияб гьабунила, –  биххуларила гъамасс  –  «гIемер етIаруте, меседу», –  ян абунила ЧIилбикIицца, - дурго берцинлъи хвезе гурин, пачахI рекъонгутIизе гурин дуда, довни духъ рокьи ккун холев вугин!» Гьеб хIалалда ай маххссароде кколаго, вилълъанила ЧIилбикI, баччун гъамассгун. Рахъдал кьоде щвараб меххалълъ абунила ЧIилбикIицца: – «Хъарт, рахъдал кьо гурищ бахунеб бугеб, рухIго анила хъартил, дагьалълъ ххутIанила хвезе.

Щванила ЧIилбикI, пачахIассда ццеве гъамассги лъун, кIиго таргьа ракьулги цIезабун, борххатаб гъотIодеги вахун, чIчIанила гьанже гьав. ПачахIасс буюрун, ричIун гъамассгун, йиччан танила хъаравулзабаз хъарт, ццеве ватарав пачахI хъунила алълъ, асскIор рукIарал хъунила, хъаравулзаби хъунила. Улкаялдаго кIалъалеб рагIи, щурулеб рагIи, хIапулеб рагIи нахъе рухI чIагояб жо течIого кванила алълъ. Кинго хIал хьечIила алълъул, ЧIилбикI кодове щвечIелълъул. Дое-гъое балагьун ххал гьабулаго, вихьанила алда ЧIилбикI. Ххарун гьотIодеги яхъун, бегьанила алълъ ав гъотIокье цIцIазе квер: речIчIанила ЧIилбикIицца беркIалалълъ кIиябго таргьа, чIало гIадин, гъоркьаги речIчIун, кIихIи чехьги бихъун, хванила хъарт, гIарада кьвагьараб гIадаб, гьаракь бахъанила чехь бихъулаго.

Ма, гIегIедулаго хIелкал кIанцIанила хъартил чохьонисса, хIапдолаго гьаби кIанцIанила, гаргадулаго гIадамал лIугьанила, кинабго хъартицца кван щинаб жо бачIанила къватIибе, пачахIассул яс ххутIизегIан. Ссун рехханила ЧIилбикIицца хъартил роххкилищ. КIанцIун къватIие ячIанила яс.

Гьеб бакIалда магьариги лъун, ЧIилбикIицца гьейги ячанила, резил къали кьабунила, къохьол зурма пунила, зитIитIаби ахIтIезарунила, жибго хIур бахъинабулел гьелги тун, дунги гьаниве щвана.

yijanila, yijinzila co [eray. [era'ul ;abgo wasgi wujanila. jiyawgo judiyaw waC ;ay-faqlu bugel, fadamal `uhineSel Dal rujanila, hiTinaw zilbij boTroda Te\gi baraw, TinGida naVgi baraw, wataraS wu{ulew, wataraS tunkulew wujanila.

 

ri'anila co qoya' ;abawgo waC roFore Fo< qoTiRe. Didergo habuleb \alTigi habun, na] ruSun roqore razunago, qosanila aRda nu[. Swerdanila al roFor, Swerdanila, TerFun baqgi anila, marjazul ruJengi reZanila, kingo nu[ ba]iRe jwezila aRda. abunila waCaR zilbijida, GoTode wa[un balahiyin, Juy baKuleb bajgo biFulari?ali. bi?ungo bor{atab GoTodegi wa[un, unqabgo ra]alde ber Tamunila zilbijiCa, bur-burun la\ Zefer;un, biTun roF bapu`a baKun bazuneb biFanila aSda Juy.

 

Juydul \isab habun wi'anila ;abawgo waC, femeral ri'anila ;abawgo waC, femeral ri'anila, dahal ri'anila, ?wanila co ruqalde Tade, `uhanila Danire, bakun judiyab va bugila, veda Ceye fodoy yijun ]artgi yigila, dore-Gore bo{dulgi riXan, ]artil ;abgo yasgi yigila.

]o/-ma/gi habun, raqun ratililangi abun, kwen ;unila ]artiCa aRda Cebe. \inqun jaldib bosiRecin jwezila judiyal waCaRda. zilbijiCa humer nexeRe habizila, waCaRe fologi kwananila aw. kwanan-heqon, ra]arab me{a' bosengi Tamun, Dindirgo yasalgi regiRarunila ]artiCa, cogi busada ;abawgo waCgi wegiRawunila, GaSda Diygogi yeganila.

'ij sordo arab me{a' ;abawgo was ]weRe, almasgi 'uFun, a\anila ]artiCa - piDaraw ?iw, worzaraw ?iw&

- piDarawdi dunin, worzarawgi dunin - abunila zilbijiCa.

- ?ay mun piDularew, duye qwarifarab ?ib - abun hiqanila ]artiCa

- hab riha', - abunila zilbijiCa, - vura{injal harulaanila diye ebela', hel rajalde ?un, jolarogo bugin dida piDiRe.

vidaSan vagi bakun, vura{injalgi harun, kwanaRawunila ]artiCa aw.

bottom of page