top of page

ШУДУКIАЙ

(Маргьа)

ЙикIанила, йикIинчIила, ШудукIалълъул, щуго яс йикIанила. Цо къоялълъ ШудукIалълъ ясазе карщ гьабунила. Гьеб чIчIикIизе гъудал ратичIила. Пайда гьечIилан ШудукIай гъудазе цIцIул къотIизе рохьое анила. Рохьое унаго, гьалда данде кканила цо бацI. БацIицца гьикъанила: «Кие мун уней йигей?» абун.

–  Дунали рохьое уней йиго. Верехха, дуцца гьадал дир лъимал кваназе гурин!    Рахан нуцIцIагин таралин дицца гьел  –  анги абун   ШудукIай рохьое ялагьун анила. Гьеб рагIаги дир гIиндаян, бацI, боххиялълъ, лъабцIцIул кIанцIун, ШудукIалълъул рагьде щванила.

–  «ШудукIалълъул щуго яс, нуцIцIа ричIе, эбел хвадал!» –  ян ахIанила.  –  Рагьиларо, мун нижер эбел гуро, нижер эбел баргъичазул килщал цIурай, курхьабазул гъажал цIурай йикIанилан абунила ясаз.

Цинги бацIицца рохьобеги ун, пенкьелодул курхьаби гьарунила, макъаридул баргъичал гьарунила. ТIад буссун лъималазул кIалтIе щвани­ла. НуцIцIил картIиниссан баргъичалги, курхьабиги рихьун тун ххадуб, ясаз бацI жанибе биччан танила,

Жанибе борчIарабго бацIицца цо яс мокърукь яхъанила, цо яс ссанкIида нахъа къазаюнила, цояй рахъдалълъ къазаюнила, кIиго яс кванила. ШудукIалълъул гьацIцIул, нахул, хьодол хъуби рукIанила, гьелги чIчIикIанила. ТIири течIого карщги чIчIикIанила, кутакалда чехьги цIун, бацI цо бакIалда бегизе анила. Гьениб рахIаталда кьижанила.

ЩудукIай рокъое юссанила: цониги яс гьечIила. –  «ЩудукIалълъул щуго яс кир ругел, эбелхвадалан» ахIтIанила. Дун гьаний йиго – ян цояй ссанкIида нахъассан ахIданила. Дун гьаний йигилан цояй мокърокьан, цояй рахъдалълъан ахIданила. КIигояй тIагIун ятанила. ГIоданила, йортанила чIчIичIчIиданила, хъвагIаданила, хъерщеданила, тIирщаданила. Карщалде рортани, карщ гьечIила, нахалде, гьоцIцIоялде якканила  –  гьебги гьечIила. Чараги бухIун, чуриги бухIун ххутIанила. БацIие гьабизе кIолеб щибниги жо бугеб ани, ясалго кIваричIоанилан ШудукIай кьвагьулей, юхIулей йикIанила. ШудукIалде асскIобе зигара гьабун цер бачIанила Гьелълъ ШудукIалда, бацIие хIилла жиндицца гьабилин, жиндие тIатIулълъ ххинкIалги гьаруни, квасул бусенги тIамунийилан абунила. ШудукIайги гьелда рекъанила. Къассде ШудукIалълъ ясазеги жиндиегоги тIатIулълъ ххинкIал гьарунила, царае тIорччол ххинкIал гьарунила. ХхинкIал кунеб меххалълъ цер ххинкIазул лъахь-лъахьи бугилан зигарданила, гьеб дурго ца-кIалалълъул чIахIалъиялълъул жо бугилан ШудукIалълъги абунила. Регизе мехх щванила. Яхъун ШудукIалълъ царае зазил бусен тIамунила. Ясазеги жиндиего­ги квас-квасул бусен тIамунила. Цер босен хIенчолеб бугилан зигардани­ла. ШудукIалълъ, гьеб дурго ракьа-гьаналълъул чIахIалъиялълъ бугеб жо бугилан абунила. Абухъего гьеб гьедин батизе бегьулилан, зигара тун цер кьижанила.

Радал цер къватIибе бахъанила бацIида ххадуб лIугьанила. Рохьоб добе баккун, гьанибе баккун, бацI балагьанила. АсскIобе билъун гара-чIваранила. Гьадин-гьадинан гьоркьоб гьудул-гьалмагълъи ккезабунила, цо хъещтIезе ун лълъикI гуродаян тIаделъанила. БацI цIакъ букIкIуркIахъданила. Чехьги цIун букIаго хъещтIезего щай абун зигарданила. Жибго бегун букIун, царал ххабар-кIалалълъухъ гIенеккун чIчIезе бокьун буканила бацIие. Цер кинго тIасса бичIичIила, хъещтIезе бачанила. Цин рахъун чIчIун хъещтIанила, гьанже гIодор чIчIун хъещтIон лълъикIин, гьанже «мукIусгъей» гьабун лълъикIилан, царацца батIи-батIиял къагIидаби малълъанила. Бищун ссанагIатаб куц ккарабго цер бацIида гьоркье кIущанила. БацI цIералда рекIун ххутIанила. Гьеб меххалълъ цер, –  махил росе, миккил росе ян ахIданила. ШудукIай тIилалгун, гIурдулгун тIаделъанила. БацIида гIадалълъ цо тIил банила, магIарзухъан цояй яс къватIие кIанцIун ячIанила, цоги банила  –  цоги кIанцIун ячIанила, гьагъадин балаго, хьодол, нахул, гьацIцIул хъуби, карщ, турхьиялда къватIире ралел рукIанила.. Ццим буссунарого ШудукIай кьабулейго-кьабулей йикIанила. БацIиде цIакъго хIал кканила. Бахъун туркIанила, цIцIороде кIудияб тIомги бахъун бачIанила, бацIги борчIанила. БацI борчIарабго, цер лъутанила  –  бацI ххадуб бортанила. Цер цо картIинибе борчIун унеб букIанила, бацIихъе рачIчI кквезе щванила гьелълъул.

Царацца гьеб меххалълъ бацIиде: –  дир рачIчI кквезе щвечIеб жо! КIал-диб тIурччи ккураб жо! –  ян ахIанила. –  Вагь! Дир кIалдибе ккараб жо рачIчI гуреб, тIурччидаян, бацIицца кIал гьакIкIанила. Цер тIубан картIинибе борчIанила. Кван щинабги магIазухъан бачIун, церги кодоссан борчIун ххутIанила бацI. Нахъе балагьалдасса цIунагиян, ясалги данде рачун ШудукIайги танила.

bottom of page