top of page

КI j

  1. КIал бахьинав, махьа чIчIегIерав.

  2. КIал бацIцIунареб мацIцI букIунареб.

  3. КIал бегIераб бахIригьой, рачIчI камураб хъандагьой.

  4. КIал бегIерай, гIакълу дагьай.

  5. КIал бечедав, чед тIеренав, чияр рокъов саххаватав.

  6. КIал богIое те, чияр жо чияе те.

  7. КIал бугев – гьакида, гьакил бетIергьан – лъелго.

  8. КIал букIин гIоларо, ракIги къваригIуна.

  9. КIал гIемераб гьойцца чан кколареб, чан кколеб гьойцца гожо бихьулареб.

  10. КIал гIемерав воххичIо, вуцIцIарав пашманлъичIо.

  11. КIал – кваналарилан, берал – кванда тIад.

  12. КIал квешай лълъадудасса лълъикIаб гьойго лълъикIила.

  13. КIал квешалдасса лълъади куц квешай лълъикIай.

  14. КIал къан те, берал рагьун те.

  15. КIалкIодочил мацIцI ххалатаб.

  16. КIал талунго – таргьа ккве, талихI кьунго – яхI бахъе.

  17. КIал тарарав чIваравила, бохх тарарав таравила.

  18. КIал тарун букIаго, таргьил кIал кквейила.

  19. КIал цIунарав воххула, ххеххлъарав пашманлъула.

  20. КIал цIунарасс жиндирго рухIги цIунулебила (ГIадамассул мацIцI – живго чIвалеб бацI).

  21. КIал цIунарассул гъванща зарудасса цIунараб.

  22. КIал цIуне, черхх цIуне, чияде гIайибал реххуге.

  23. КIал цIуне, бер цIуне, чияр бицунев вукIунге.

  24. КIал чалуххай чидар яс черхх цIунарай ятула.

  25. КIал чIчIун букIунарессул бетIер буххулеб, кверал тIатIала лъун вукIунарессул рокъобе бечелъи чваххулеб.

  26. КIалалда рекъонила хIанчIизе кколеб.

  27. КIалалдасса квералда лълъикI лъалебила.

  28. КIалалълъ бессаралдасса квераз бессараб лълъикIаб.

  29. КIалалълъ бицарабги черххалълъ гьабурабги кванараб рахъалълъ хъван батаги.

  30. КIалалълъ лълъикIабги бицун, ракIалде квешаб ккоге.

  31. КIалалълъ пураб гьороцца гьорол гьобо хIалтIулареб.

  32. КIалалълъ реххулаго, ххвалчаде квер бегьуге.

  33. КIалалълъ хур бекьуге.

  34. КIалалълъбакIалдаги тушман ватулев, нуцIцIида нахъаги мацIцIихъан ватулев.

  35. КIалбазар жужахIалълъуве реххараб меххалълъги ахIдаравила тIинцIи бакъвараб гьечIилан.

  36. КIалбазар – кверкъадар.

  37. КIалбиччанкъо къабуллъаги, къурбанаб къо бечелъаги.

  38. КIалбиччанкъоялълъ гьечIеб хоно щай?

  39. КIалбиччанкъоялълъул бакъанида гIадин вугила.

  40. КIалги хъатги – Хъатуние, хъатиниб жо – Денгае.

  41. КIалдиб гьоцIцIо бугессул рекIелI загьру букIунеб.

  42. КIалдиб квен гIиссинаб лъе, чIамичIого къулчIчIуге.

  43. КIалдиб лъураб чIамун бажаруларев, чIамун кьураб къулчIчIун бажаруларев.

  44. КIалдиб мацIцIги боцIцIи буго.

  45. КIалдиб хъван бихьичIони, гьацIцIул тIагIам лъалареб.

  46. КIалдиб ца гурев, цайитIа кIветI гурев.

  47. КIалдибе борта, багIаргIеч!

  48. КIалдибе босилалде карщ какулареб.

  49. КIалдибе нух къосунареб.

  50. КIалдибе щвечIеб жоялълъ гIорцIцIуларел.

  51. КIалдисса цаби гъиналде гьищтIе, гьаракь кIудияб бахъине.

  52. КIалдиссан араб ботIролI щолеб.

  53. КIалдиссан араб цо гьерессиялълъ азаргояв гьерссилIе ккезавулев.

  54. КIалдиссан унеб калам пайда гьечIеб бицунге,

ГIияда гъорлI речIчIулеб бацI гIадинан вукIунге.

  1. КIалзул рагIи ругънадассаги ссудулеб.

  2. КIалзул ругъун лълъикIлъулареб, ххонжрол ругъун лълъикIлъулеб.

  3. КIалквеш лълъадилъиларо.

  4. КIалквеш рикIкIад гьаве, ракIхIерен гIагар гьаве.

  5. КIални данде бачинин, берални къанщилин, къалазда щиб гьабилеб?

  6. КIалцIи бан, кьабе дида цIцIалан абулебила чоцца.

  7. КIалцIи бани, чу бекерула, чури тIуни, гьой багъула.

  8. КIалцIи гIемер бан, чу лIугьунаро, чияцца малълъун, чи  лIугьунаро.

  9. КIалъазе лъарассул кIал гьацIцIул цIолебила.

  10. КIалъазе те, тоххлъи лъазе.

  11. КIалъалареб кIал букIунареб, бакъвалареб ракI букIунареб.

  12. КIалъалев чи – гьурщулев, гIенеккарав – бищулев.

  13. КIанцIани бохх бекулеб борххалъуде вахунге.

  14. КIанцIараб гьой лъаларев, къинлъараб гважи лъаларев.

  15. КIанцIулаго чахъдал цIцIолъи бихьараб цIцIе белъарабила.

  16. КIанцIун вахъунареб бакIалда гIужги багейила, батулареб рагIиги бицунгейила.

  17.  КIартида асскΙоб бухьани, бечеги кьазе ругьунлъулеб.

  18. КIарчамаб кьегIер кIиго чахъдада хахулеб.

  19. КIарчанлъигун кIкIухIаллъиялълъ кIиго лъимер гьабунила, мискинлъиян, хIакъирлъиян цIцIарал гьездаги лъунила.

  20. КIвекьмаххгун барщарай, рукIкIенгун кьаллъарай.

  21. КIечIезабизе гуребила кIалдиб мацIцI бижун бугеб, чIчIегIералда чIчIегIерабилан, хъахIалда хъахIабилан абизейила.

  22. КIиабизе ячарай чIчIужу – кIиабизе тIураб бухIаражо.

  23. КIиабилей чIчIужулъун йикIинегIан, кIицIцIулго хабалI лъейго лълъикIила.

  24. КIиго балагь тIаде ккани, бигьаяб бище.

  25. КIиго бетIер рекъани, ункъо кверги хIалтIани, рукъ ццебе тIола.

  26. КIиго бетIергьанчи разияб гуреб даран битIун кколареб.

  27. КIиго бутIа – царае, цо бутIа – гIанкIкIие.

  28. КIиго васги нусго гIиги бугев чи цо хIалалда чIчIоларев.

  29. КIиго гьумер бугев чи кIиго къол нухалълъ довегIан те.

  30. КIиго гIабдал ургъани, цо гIакъил лIугьунев.

  31. КIиго гIанкIкIида ххадув вортани, цонигияб щвечIого ххутIулевила.

  32. КIиго жо цого заманалда цого бакIалда букIунареб.

  33. КIиго кьибил кьаллъани, кьвагьи цIакъаб букIуна,
    Гебегараб кьалулIе кьун ятана инссуцца.

  34. КIиго рокъов къаличехь.

  35. КIиго ххарил квацIиялълъул кинаб тIасса бищилебали лъачIого, хIама бакъуцца хварабила.

  36. КIиго ххиял гьабуни, бахIарчи вахъунарев.

  37. КIиго хъалияналдасса цIа гъезе кIиго хъинтIулеб гIучI хIажалъулев тIокIелчи жиндие данде кколарилан абурабила хIалтIизе восеян вачIарав гIолохъанчияссда Бакуб нартил бетIергьан Нагъицца.

 

  1. КIиго тIоноцIцI бугев чияссеги унге, бер гьитIинай чIчIужуги ячунге.

  2. КIиго чахъдада хахараб кьегIер гIадин вукIине, кIиго чIчIужу ячун йикIарайила – кIиго кьагIрицца хахараб чахъу гIадин лIугьаравила.

  3. КIиго чи бергьараб даран букIунареб, тIад чи кIалъалареб ригьин букIунареб.

  4. КIиго чи бергьараб рагъ букIунареб, кIиго чи бергьараб даран букIунареб.

  5. КIиго чи данде гъуни, гъветI чIчIезе кколеб.

  6. КIиго чIчIужу йигессул рукъ лълъухьичIого ххутIараб.

  7. КIиго чIчIужу – кIиго тушман.

  8. КIиго шагьидахъ цо шагьи босарав чи – цо ургъалихъ кIиго  ургъел босарав чи.

  9. КIиго чIчIужу ячине бацI те.

ГIадамаз бацI ккун буго. Гьелълъие гьабизессеб тамихIалде ургъулел рукIун руго. ЧIван лълъикI, гъоркье реххун лълъикI, бакъуцца хвезабун лълъикI, бухIун хIурудахъ биччан лълъикIан, жинди-жиндир пикру бицун, киналго кIалъан рахъараб меххалълъ, цо херав чиясс абун буго:

- БацIие гIазаб кьезе нужее бокьун батани, гьелълъие кIиго чIчIужу яче.

Цо жамагIатчияссе цIакъ бокьун букIун буго радакь мажгиталълъуре какал разе рачIунел цогидал жамагIатчагIаздасса живго ццеве ккезе. Цо чияссни гьев ццеве ккезе тун гьечIо. КигIан ххеххго гьав вахъаниги, гьассдасса гьев чи ццеве щун ватулев вукIун вуго. Чара хварав чиясс гьессда гьикъун буго:

- Дун кигIан ххеххго вахъаниги, мажгиталде мун ццеве кколеб къагIида щиб?

- Дур кIиго чIчIужу гьечIохха, гьудул, дир йиголъун. Дидасса ццере рахъуна гьел тIаде, цоялълъ какие чуризе лълъим гIетIизабула, цогиялълъ гулгун, тIарсс ццебе лъола, ретIел-хьит хIадур гьабула. Гьеле гьедин ккола дун киназдассаго ццеве, - ян жаваб кьун буго дандиясс.

- ВахI! Гьединищхха иш букIараб! Гьав балъго гьоцIцIо чIчIикIулев вукIун вуго! – ян, вахъун гьассги ячун йиго цоги чIчIужу.

Рагъун руго руччаби, рагъун руго. ХъахIаб дуниял чIчIегIерлъун буго. Гьасс байбихьун буго, цоцазул гьан кунел рукIаян руччабиги тун, къассиквен кIалдибе тIерхьарабго, мажгиталълъуве лIутизе.

- БихьичIессда бихьизе рохьдомухъалълъ билълъагиянищ, гьудул, дуцца дун гьаб балагьалда гьоркьове тIамурав? – ан бадибчIвай гьабун буго гьасс дандеяссе.

- Гуро! – ян жаваб кьун буго гьесс. – Дуе бокьун букIана мажгиталълъуве цогидассдасса ццеве ккезе. Кколеб куц диццаги малълъана дуда.

 

  1. КIигояв вагъани, гIайиб цIцIодорассда букIунеб.

  2. КIигояв къаццандани, гIайиб кIудияссдайила.

  3. КIигояссда гурони лъалареб балъголъи букIунаребила.

  4. КIилъилалълъул гьин гуро, ГьетIарассул си гуро.

КIилъилай йиго ххунздерил ццеегоссей ххан, ГьетIаравги вуго гьелълъул бодул бетIер. Кици хIалтIизабула гьедигIан берцинаб, тIокIаб букIине ккеларилан абураб магIнаялда.

 

  1. КIироц

  2. КIицIцIул кIанцIун, кIкIал бахунареб.

  3. КIицIцIул ургъе, цин абе (анкьцIцIул борце, цин къотIе).

  4. КIицIцIул чи холарев, рухI цин гурони бахъулареб.

  5. КIиябго бер беццасс цояб бер беццассда «Беццук! Беццук!» - илан абурабила.

  6. КIиябго бералда чияр лъимал рихьараб меххалълъ, цояб бералданиги нилIерго лъималги рихьизе кколел.

  7. КIиябго бералълъул данде ккечIогойила гьоркьоб мегIер бижараб.

  8. КIиябго квер кодобе кьурассда божуге.

  9. КIияздаго гIайиб гьечIого, кIиго чи къаццандуларо.

  10. КIодолъиялде вахине бокьарасс гьитIинавги кIодо гьавула.

  11. КIудияб бакI кквезе ккани, кIудияб гIакълуги къваригIунеб.

  12. КIудияб вагIзаялдасса гьитIинаб мисалалълъул пайда  цIцIикIкIараб.

  13. КIудияб гъветI гьитIинаб хIапароялълъги реххулеб.

  14. КIудияб гъотIол кьалбалги риццатал.

  15. КIудияб гъотIол рагIадги кIудияб букIунеб.

  16. КIудияб гьецIцIо гьитIинаб квартIицца бекулеб.

  17. КIудияб гIарзалдасса гьитIинаб хIалтIи лълъикIабила.

  18. КIудияб дармидасса воххаги.

  19. КIудияб оцоцца рахъ кIудияб цIцIалеб.

  20. КIудияб рагъалдасса гьитIинаб рекъелго лълъикIила.

  21. КIудияб раса хъвагIани, гурга кIудияб лIугьуна.

  22. КIудияб рокьи – кIудияб гIазаб.

  23. КIудияб рокьиги кIудияб ццимги цого жойила, кIиялълъулго къуватги бащадабила.

  24. КIудияб росдал рагIалда лълъикIаб, гьитIинаб росдал бакьулI лълъикIаб.

Кици буго рукъалълъул хIакъалълъулI. КIудияб росдал бакьулI бугеб мина магъдасса, мегIер-гIалаххалдасса рикIкIалъула. ГьитIинаб росдал бакьулI рукъ букIунилан гьединаб рикIкIалъи кколаро. Гьелда тIадеги, росу бакьулI бугеб рукъ цIунараб букIана некIо гьитIинал росабазе гьабулеб букIараб гъараялдассаги.

 

  1. КIудияб росулI бичулеб хурги камулареб, холев чиги   камуларев.

  2. КIудияб тIассан биччай, гьитIинаб гъоркьан биччай.

  3. КIудияб хIориниб ччугIаги кIудияб букIунеб.

  4. КIудиябгIан гIакдацца бечеги кIудияб гьабулебила.

  5. КIудиябгIан гIор гIодобе биччанила чваххулеб.

  6. КIудияв гIунилан гIадалI гъветI бижиларо.

  7. КIудияв чи хвани, рукъ бухIулеб, гьитIинав чи хвани, чехь бухIулеб.

  8. КIудиял рагIабазда ххадур кидаго гуро чIахIиял ишал рукIунел.

  9. КIудиял ургъалабаз гьитIинал ургъалаби кьеркьезарула.

  10. КIудиясс малълъараб гьабичIони, гьабураб анищан кколеб.

  11. КIудияссги рагьулеб рагьдул нуцIцIа, гьитIинассги рагьулеб.

  12. КIудияссда гьикъарав къосунарев, гьудулассда гьикъарав мекъи кколарев.

  13. КIулал раханилан, ххалкъалълъул кIал чIчIолареб.

  14. КIурул гулги кверзул зарги гIадин рукIайила.

  15. КIусулелълъул гIодове валагье, кIалъалелълъул нахъ валагье.

bottom of page