﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Хъазги къверкъги
Цо къоялълъ Хъаз хӏорихъе бачӏун буго. Жидер гьанибе Хъаз бачӏин Къоркъое рекӏее гӏун гьечӏо. Кӏиялго бицардизе, цоцада рогьо базе лӏугьун руго. Хъаз чӏухӏун кӏалъан буго:
- 
Мун рогьо базе нечоларищ, дун лъаларищ дуда, мун щиб жо, лълъадалӏ гурого гьунар гьечӏеб. Дида лълъадалӏ лълъедезе лъала, ракъдадассан билълъине лъала, гьаваялдассан боржине лъала, - ян. 
Къоркъоцца абун буго:
- 
Дуда, чан жо лъаниги, цоцин тӏубанго лълъикӏ лъаларо. Гӏемераб жо квешго лъазегӏан, цо жо лълъикӏ лъазе ккола, - ян. 
]aRgi qwerqgi
co qoya' ]aR \ori]e bazun bugo. Dider hanibe ]aR bazin qorqoye rejeye fun hezo. jiyalgo bicardiRe, cocada roho baRe `uhun rugo. ]aR zu\un ja;an bugo
- 
mun roho baRe nexolari?, dun ;alari? duda, mun ?ib Do, 'ada` gurogo hunar hezeb. dida 'ada` 'edeRe ;ala, raqdadaSan bi'ine ;ala, hawayaldaSan borDine ;ala, - yan. 
qorqoCa abun bugo
- 
duda, xan Do ;anigi, cocin Tubango 'ij ;alaro. femerab Do kwe/go ;aRefan, co Do 'ij ;aRe Kola, - yan.