
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Церги бакьучги
Церги бакьучги рукIанила кIудиял гьалмагъзаби. Гьал цо сордоялълъ чанаре анила, гьазухъе щванила цо моххмоххги. Гьаз хIукму гьабунила гьаб бищун ракъараб заманалде нахъе тезе.
Гьедин гьабги нахъе тун рукIаго, цо заманалдассан царацца абунила:
– РачIа гьадаб моххмохх бищун цIакъаб макьу бихьаразе кьезе, – ян.
Реганила кьижизе, бакьучалълъ бачIинахъего, кьижун биччан танила. Гьаб кьижарабго бахъун царацца моххмохх кванила. Бакъараб бакьучида гIемер меххалълъ кьижизе кIвечIила. Гьалълъ, тункун церги бахъине гьабун, абунила:
– Гьа, бице дуда бихьараб макьу.
Царацца абунила:
– Цин дуцца бице.
– Дида хханассул васассе чIчӏужу ячунеб бертин бихьана, гьениб гIемер кепалда гьекъолел, кваналел рукIана, кьолеб батIи-батIияб кунеб жоги букIана, – ян бицанила бакьучицца.
Царацца абунила:
– Гьеле гьедин берталълъ мун букIинги лъан, дицца мун кьижараб меххалълъ моххмохх кун букIана.
Мискин бакьучалълъ гьелде данде абунила:
– Бихъагихха дур чехь, дуцца макьил бицараб меххалълъго щаклъун букIараб дун, цощинаб хIила гьабизехъинцин батичIонийинхха гьаб болъоницца, – ян.
Макьилӏ кванараб квеналдалъун бакьучалълъул чехь гIорцIцӏичIила, гьаб гъарин, бакъуцца хвезе дагьалълъ ххутIанила.
Ххадубги бакьучицца царада абунила:
– Гьалмагъзабазда гьоркьоб гуребги жидерго эбел-инссуда гьоркьобцин царацца хIила гьабулилан рагIун букIана, гьанже дир гьелда ракIчIчӏана. Жакъа къоялдасса нахъе тIокIаб дун дуда бихьизе гьечIо, дида мун бихьулареб гIадин, тIокIаб нилӏеда гьоркьоб гьудуллъиги гьечIо, дургун гьудуллъи гьабизегIан гьойдулгун гьудуллъи гьаби гIезегIан лълъикI.
Гьанже цер гIодизе, ахIдезе лӏугьанила, мун гIадинаб лълъикIаб гьудулги батIалъун дида дунялалда букIине кIоларилан. Гьелдасса ххадуб гьалълъ гьедун рагIи кьунила жакъа къоялдасса нахъе жинцца бакьуч бакъун теларин, жибго бакъун букIанигийилан. Царае гьалълъулгун гьудуллъи тIезе бокьун букIинчIила, щайгурелълъул гьеб цадахъ гьечIого жиндиего гIураб квен батизе гьалда кIолеб букIинчIила.
ГIабдал бакьучги гьалълъул рагIуда божанила, гьанжессаги гьалълъулгун гьудуллъиялда чIчӏанила.
Гьелдасса ххадуб анлӏго-анкьго къоялълъ нахъасса къотIичIого квине жо балагьулелги рукIун, гьазда цо гьанал кесек батанила, кутакалда ссвакарал гьал цо нохъода кьижанила.
Макьилӏ бакьуч цо рахIат хун лӏугьанила, гьаб, рагьун бергун, балагьанила, бугила царацца гьеб гьанал кесекги кун, гIорцIцӏичIеб меххалълъ босун бакьучил чахьалда каратIги бахъун, гьалълъул бакьал ххарцIунел. КIанцIун тIаде бахъанила бакьуч.
– Дуцца гьабулеб жо щиб?! – ан ахIанила. – ГьанжелълъагIан дуцца гьабураб жо гьадингояб жо букIана, гьанже дие гьабураб жоялда данде ккун! Гьанже дицца мун кибе кIанцIаниги тезе гьечIо!
Ццебе цер тIуранила, ххадуб бакьуч бортанила, гьедин унел гьал цо кьурул рагIалде щванила. Царацца рачӏчI ццебеххун хьвагIанила, рачIчӏалда ххадуб хапулаго бакьуч кьурулӏа гъоркье реххун анила, гIодобги речIчIун, бетIер бихъанила. TIacсa гьоркьеги балагьун, царацца абунила:
– Гьанже балагьилин, – абун.
Гьадинги абун, цер ахIулаго кечIгун, анила.