top of page

ГӏАНКӏКӏИЛ ХӏИЛА БЕГЬИЧӏО

 

Цо нухалда тоххлъукьего Ци тӏад чӏчӏун буго гӏанкӏкӏил боххалда.

- Вай, вай, вай, дир бохх бекана! Дун холеб буго, дун ххвассар гьабе! - ян ахIдон буго ГIанкӏкӏ.

РакI лълъикIаб Ци хIинкъун буго, унго-унгоги холебдай аб бугеб абун, гьелда гурхIун буго.

- Мун тIасса лӏугьа, лъачIого ккана дихъа гьеб, - ан гьардезе лӏугьун буго Ци.

- Кин ккани щиб дие гьанже, дир бохх бекун ххадуб, гьанже гIумруялълъго рекълъухъе ххутIила гури дун, - абун гӏодилеб ххвел гьабунила ГӏанкIкӏицца.

ГlанкIкӏида ракI гурхIараб Цицца, бачун жиндирго рокъобегун таххидаги бегизабун, гьелълъул бохх бухьанила. Цицца бохх бухьунаго, “Вай, чlчӏезе кIоларо, дун холеб буго!” - ян ахIделеб букIанила Гӏанкӏкӏ, щибго унтулеб бакӏ  гьечIониги, Ци жиндаго гурхIизабизе къваригIун.

Радал-бакъанида лълъикIа-лълъикIаб квенги кьун, Цицца гогьдаризабун хьихьун букIанила ГIанкIкӏ. Щибаб къойил радал: “Щиб хIал бугеб дур жакъа?” - ян Цицца гьикъараб меххалълъ, ГIанкӏкӏицца абулаанила соналдасса жакъа унтун бугилан. Квине жо балагьизе Ци араб меххалълъ, бохх бухьараб кварги бичун, Гlанкӏкl букIунаанила рукъ гIоларого басандулеб. Ци бачIунеб бихьараб меххалълъ, жинццаго боххги бухьун, агь, огь абун, таххида бегун чIчӏолаанила.

Дуцца дун бакъуцца хвезабулеб буго, кидаго цохlого ламадурги кьун; дие батlи-батӏияб жо квине бокьун буго, - ян ахӏданила цо къоялълъ Гӏанкӏкӏ.

- Щибхха дуе кьелеб? — ан гьикъанила Цицца.

- Гениги гьоцIцӏоги бокьун буго дие, — ян чIчӏанила ГIанкӏкI. ГlанкӏкIие гениги гьоцIцӏоги балагьизе, къватIибе бахъанила Ци. Данде кканила гьелда Цер. Царацца гьикъанила кибе мун унебан. Цицца бицанила жиб унтараб ГIанкIкӏие гениги гьоцIцӏоги балагьизе унеб бугилан. Царацца абунила гьедин унтун ГlанкӏкI батани, дуда тоххтур валагьизе кколин.

- Кин дицца гьанже тоххтур валагьилев? — ан гьикъанила Цицца.

- Тоххтур валагьизе мун рикIкIаде ине кколаро, кIиябго моцӏцl гурищ дир бугеб унтукӏаниб хIалтIулеб бугелдасса. Дуцца дун ГlанкIкӏида асскIобе баче, дицца сах гьабила гьеб, — ан абунила Цараца. Бачун Цергун, Ци билълъанила рокъобе. Цер бихьараб меххалълъ, кьерги босун, хIинкъиялълъул кутакалълъ сородизе лӏугьанила ГlанкӏкI.

ГlанкIкӏихъги балагьун, Царацца абунила:

- Валлагь, алълъул хIалтIи лълъикI гьечIо, аб добе унтукӏанибе бачине ккола. Рекарал, рорчIарал боххдузе дару гьабизе дир кумекчилъун доба, унтукӏаниб Бацlги буго хIалтIулеб. Нижецца сах гьабила гьаб гьениб. Царал ххабар рагIараб меххалълъ, кьвагьараб гула гIадин, къватIибеги кIанцIун, Гlанкlкӏицца гьеб рахъ танила.

bottom of page