
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Лъ ;
-
Лъабго нухалълъгIаги баччизе ккечIони, гьирил бакIлъи лъаларебила.
-
Лъабго соналълъ ургъараб барагъидул хъабало,
Чоде яхинчIониги, гIайиб гьабилароан. -
Лъабго сордо базегIан гьоболассда кисаянги гьикъуге; кисса-щиван лъаларессе рекIел кIулалги рагьуге.
-
Лъабго ххинкIги памадурги ма, гважи!
-
Лъабго цIияб цIулакьо кун вегарав васассда тIаде лъабцIцIул ваккаравила жугьутIав.
-
ЛъабкъотIнобе реххараб жо къваригIараб къоялълъ батулареб.
-
Лъабкъого сон барав чи – лъилъизе мехх щвараб пурчIина.
-
ЛъабмоцIцIрол кIал ккурав муъминчи гIадин.
-
ЛъабцIцIул абурабила дуда лъалилан, лъабцIцIул абурабила дуда щиб лъалебан.
Цо лъарагIавилан бицуна магIарулаз, лъабцIцIул бечелъаравила, лъабцIцIул мискинлъаравила. Бечелъанщинахъе жамагIат гьесс бицараб жоялда тIад рекъолеб букIарабила, дуда лъалилан. Мискинлъанщинахъе кIалъазе виччаларев вукIаравила, дуда щиб лъалебан.
-
ЛъабцIцIул къинлъичIого, гIака лъалареб.
-
ЛъабцIцIул рагIа-ракьан бухъичIого, хур бачIунареб.
-
Лъавукълъи букIуна гIакълулъун хIалеб, жагьиллъи бахъуна жибги гIелмуян.
-
ЛъазегIан ххарбил багьа – нусго томен, лъан ххадуб – кIиго кепек.
-
Лъай гьечIевгIан чияссе малълъаризе бокьулебила.
-
Лъай гьечIелгун ургъани, ургъалабалъе ккола.
-
Лъай цIцIикIкIине бокьани, щибго лъаларевлъун хIай.
-
Лъайги гIакълуги чияе бикьанагIан гIемерлъулеб.
ГодекIанив, гIемерал гIадамал ракIарараб бакIалда, Маланассрудин вукIун вуго гIадамазда малълъарулев, гьезие гIакълаби кьолев. Цоясс гьессда гьикъун буго:
- Маланассрудин, дуцца, расги бараххщичIого, лъайги гIакълуги бикьула. Мун хIинкъуларищ дурго гIакълуги лъайги, гIадамазе бикьун, лIугIилилан?
- ХIинкъуларо, - ян жаваб кьун буго Маланассрудиницца. – Лъайги гIакълуги буго бикьанагIан гIемерлъулеб жо. ГьанжелъагIан дида лъалеб букIараб жо гьанжеялдасса ххадуб нуже-нужедаги лъазе буго.
-
Лъалаго «Ия».
Жибго гьитIинаб, магIнани бугеб гьаб кIиго рагIул кьучIчI лъималаздассан байбихьула. Лъималаз чалтук тIола. Тоххлъукье жиндир цIцIар ахIараб меххалълъ, «ия» – ян жаваб кьурав къола. Гьоркьоб лъураб жоги дандеяссе щола.
Нагагь жаваб кьолесс «лъалаго ия» – ян абуни, итаравлъун (кьуравлъун) рикIкIунаро. Щай гурелълъул, гъосс ццебеккунго лъазабулеб буго жинцца жаваб тоххлъун кьолеб гьечIеблъиги, къотIи ракIалда букIинги.
КIудиязда гьоркьор гьал рагIаби абилъун лIугьун руго. Гара-чIвариялда жаниб жинда лълъим гIадин лъалеб жоялълъул хIакъалълъулI, лъалареб ххвелги гьабун, кIалъалев чияссда дандеясс абула «лъалаго ия» бицунгеян.
-
«Лъалаго ия» бицун, лъалареб ххвел гьабуге.
-
Лъалареб бакIалда адабги гьабуге, гIорцIцIулареб бакIалда гIодовги чIчIоге.
-
Лъалареб бакIалдеги бачун, жиб чуйилан бичейилан абурабила хIамицца.
-
Лъалареб нухдассан сапаралде унарел.
-
Лъаларилан абураб къоялдасса цIунаги, лъеберилI малълъизе ккарассдасса Аллагьассги цIунаги.
-
Лъаларо – кIуркIил, кIоларо – вархIил.
-
Лъалароги кIолароги баццалила.
-
Лъалароялде чи ккогеги, чияр цIцIобалде рукъ ккогеги.
-
Лъалев тушман цин квешав, лъаларев тушман нусцIцIул квешав.
-
Лъалесс малълъараб гьабичIев мурадалде щоларев.
-
Лъалесс чу босе, лъаларесс куса босе.
-
Лъалессдаги цIеххе, мунгоги ургъе.
-
Лъалессе бигьаяб жойила гьабида гIентIеро базе.
-
ЛъалкIалълъ гIанкIкI кколебила.
-
Лъани – маххссаро, лъачIони – гажи.
-
Лъанщинаб бицинги мунагьила.
-
Лъанщинаб бицине гуребила кIал букIунеб.
-
Лъанщинабги бицунгейила, бицунебги лъан бицейила.
-
Лъар бахине кIоларесс гIор бахунаро.
-
Лъар гIечIелълъубе гIорги кIанцIана.
-
Лъараб жо кIочон толев чи – охх унеб гьобо.
-
Лъараб жоялълъул зарал букIунареб; загьруги лъазабе, гьекъечIого тезе.
-
Лъарабани дуцца дун лъарахъго чIвалаанилан абурабила хIамицца бацIида.
ХIама букIун буго лъарал рагIалда. ТIадеги бачIун, бацIицца хIама чIвазе къассд гьабун буго. ХIамицца бацI божизабун буго, жиндир кьариял кIуртул ругин, къасси жинцца дуе гьелги кьелин, жиб чIвагеян.
СихIираб хIамил хIилаялда божараб бацI къасси бокьалълъул кIалтIе бачIун буго. ХIамицца рицун рукIарал кIуртузул цIаразда гьоркьосса «Лъараб», – ан бацIицца ахIараб меххалълъ, хIамицца жаваб кьун буго: «Лъарабани, дуцца дун лъарахъго чIвалаан!»
-
ЛъарагI гьакитIа – лъарагI кечI, магIарул гьакитIа – магIарул кечI.
-
ЛъарагI мацIцI бицунилан, цIцIамухIор бетиларо.
Пуланаб росдал гIадамазда чIалгIун буго цIцIам босизе лъарагIлъиялде хьвади. Гьез хIукму гьабун буго, цIцIамги бан, жидерго хIор бетизабизе. КигIан гIемер цIцIам баниги, хIор бетун гьечIо. Нахъеги хIукму ккун буго, лъарагI мацIцI бицанигIаги бетилародаян. Гьединги бетун гьечIо. Гьеб меххалълъ цо чIчIужугIаданалълъ абун буго:
- «Ле гIадамал, лъарагI мацIцI бицунилан, цIцIамухIор бетиларо, гIадалал жал гьаруге!».
-
ЛъарагIаб гьойцца гурони, лъарагIаб гIанкIкI кколареб.
-
ЛъарагIассул гьакицца гIанкIкI ккурабила.
-
Лъарахъе щвечIого, хьитал рахъуге, чорххол хIал лъачIого, рагIиги бицунге.
-
ЛъаргIиве аниги, къолго вуссунев, Къарахъе аниги, сордо баларев.
-
ЛъаргIире – цIцIамде, ЦIцIороре – билде.
-
ЛъаргIиссан гъугъани – цIцIер, ЦIцIороссан гъугъани – бакъ.
-
Лъаялда ххадув Хъитаналде щвезегIан инеги кIкIухIаллъугейила.
-
Лъаялдасса чIухIарав жагьиллъиялда ххутIула.
-
Лъебелазул кун цIакъаб, куралазул дум цIакъаб.
-
Лъезе лъаларесс тIагъур бахъуге.
-
Лъимал гогьдаризаруни, эбел-инссуда бадир ралел, чIчIужу гогьдаризаюни, россассул бетIералде яхуней.
-
Лъимал гьаризе кIудияб гIакълу-лъай къваригIунаребила.
-
Лъимал гьаричIев херав чи – кьалбал турараб гъветI.
-
Лъимал гьаричессда рокьи лъалареб, лъимал хвечIессда рухIел лъалареб.
-
Лъимал гьаричIессда ругеланищан кколебила, гьарурассда гьаризего гьаричIеланищан кколебила.
-
Лъимал гьечIеб гIумру – бакъ гьечIеб рагIад.
-
Лъимал гьечIеб къоги бачIунгеги, лъималазда божунги ххутIугеги.
-
Лъимал гьечIеб рукъ – лълъим бегараб гьобо.
-
Лъимал гьечIессе – цо ургъел, ругессе – нусго ургъел.
-
Лъимал гьитIинаб меххалълъ – гьитIинаб ургъелила, лъимал кIодолъигун – кIудияб ургъелила.
-
Лъимал гьоркьоб гьечIеб ригьин биххи – оц-гIакаялълъул даран биххи. Лъимал гьоркьор ругеб ригьин биххи – бащдаб къиямассеб къо.
-
Лъимал – гьоцIцIо, боцIцIи – рухI.
-
Лъимал гIечIого, эбел-эмен ургъалилъе кколарелила.
-
Лъимал гIиссинал рукIун, кьижизе течIо, гьелги кIудиял гIун, кьижизе кIвечIо.
-
Лъимал кIодолъичIого, эбел-эмен макьидасса ригьунарел.
-
Лъимал ругей къоролай гIакъиласс ячинаро, гIакълу бугеб цIцIуяб жо гIабдалассе инаро.
-
Лъимал ругеб рокъобе илбис къаларебила.
-
Лъимал ругей къоролай гIакъиласс ячунаро,
Хераб хIама босарав дармицца воххуларо. -
Лъимал руго – чед гьечIо, чу буго – кIалцIи гьечIо.
-
Лъимал ругониги – балагь, лъимал гьечIониги – балагь.
-
Лъимал хвани, умумузда къиямассеб къо чIчIолебила; умумул хвани, лъималаз тIехх тIагIун букIун батилилан абулебила.
-
Лъимал хIинкъизаруни, гьересси бицунеб, ракъизаруни, жо бикъулеб.
-
Лъимал тушманассулги ракъугегийила.
-
Лъимада пардав гьечIеб.
-
Лъимадуе гIоло эбел цIадаеги кIанцIулейила.
-
Лъимадул щиб унтаниги, цадахъ эбелалълъул ракIгийила унтулеб.
-
Лъималаз гуккарал гIолеб, лъималазул лъималазги гуккизе рукIунге.
-
Лъималаз жидеего бокьулеб маххщел гьитIинго тIасса бищулеб.
-
Лъималаз эбел-инссуе щиб гьабун батаниги, гьезул лъималаз гьезиеги гьебго жо гьабулеб.
-
Лъималазда релълъун ца бихьуге, ццидал расги бихьуге.
-
Лъималаздасса лъималазул лъимал ххириялила.
-
Лъималазе алжан – эбел-инссул гьабураб адабалълъухъила. (Лъималазе алжан – эбелалълъул хIатIикьила)
-
Лъималазе гIоло гIорги къулчIчIизе кколебила, мегIерги кIкIвине кколебила.
-
Лъималазе къотIи гьабуге, гьабун ххадуб тIубазабе.
-
Лъималазе цо чIчIараб рагIи бице, дур рагIи хисанищ – хвана мун!
-
Лъималазе чед гурев, чое базе ххер гурев.
-
Лъималазул унти – эбел-инссул гьумер нечараб жо.
-
Лъималазул ярагъ гIодийила, гIадамазул ярагъ ххвалченила.
-
Лъимал гьечIев чияссда боцIцIи лъимерлъун бихьулебила.
-
Лъимер лъезе чехь гурей, чоххтIо кквезе гъал гурей.
-
Лъун бихьараб кьили лълъикIаб, кьвагьун бихьараб ярагъ лълъикIаб.
-
Лъураб бугьтан рихун хвезе вахъунге,
Пихъ гьечIеб гъотIода тIил речIчIуларин.
ТIадагьаб къавмалълъул къил-къвал цIеххоге,
ЦIцIамул гьирал рецIцIун, гьоцIцIо кьоларин.