﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
КЕТУГИ ГІУНКІКІГИ
Бакъараб ГӀункӀкІ букӀанила, цо мискинчияссул нахъарокъоб щиб-щибниги жоялда жанибе баккарун, квине жо балагьулеб. Гьениб букӀараб цо гибиялълъул кӀалтӀеги бахун, махІ ссунтӀулеб букӀараб гьеб анила гибиялълъубе бортун. Гьениб букӀун буго рукъалълъул бетӏергьанасс васассе чӀчӏужу ячине хӀадур гьабураб чӀагӀа.
ГӀемераб гӀакъуба бихьанила ГӀонкІкӀода гьеб гибиялълъусса къватӀибе борчӀизе кӀоларого. Кинниги, гъанкъизеги бахъун, цӀцӏалтун биччизеги биччун, хӀалалълъ къватӀибе борчӀанила гьеб гибиялълъусса.
Гибиялълъул рагӀалдаги чӀчӏун, чӀагӀдацца биччизабураб жиндирго рас чӀчӏикӀун, гьеб бакъвазабизе лӏугьанила ГӀункІкІ. Цо заманалдассан, рас бакъвалелде, гьеб меххтанила.
Бахун цо бакІалдегун, цин кечӀ ахӀанила ГӀонкӀкӀоцца. Цинги жибго жиндаго гаргадизе лӏугьанила, Катикьа хӀинкъизе ккани, гьебго кигӀан цӀакъабин бугеб, цо дихъе биччайин гьеб, дицца бихьилин гьелълъие гьабулеб жоян букӀанила гьеб ахӀи-хӀуралда.
Бигьа гьабун нахъассаххунги бачӀун, хапун ккунила Катицца ГӀункІкІ. Цо-кӀиго нухалълъ цӀцӏирцӀцӏири бахъанила ГӀонкІкӀол, тӀокӀаб гьаракь гьабилалде, Катицца кун лӏугӀизабунила ГӀункІкІ.