top of page
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
КИНАЛ КІУДИЯЛ?
Цо нухалда Мала Нассрудинида гьудул-гьалмагъзабаз гьикъанила:
- Ваццги мунги кинал нужер кӀудиял? - ан.
- Гъоркьиссала инссуцца абулеб рагӀун букӀана дидасса вацц цо соналълъ кӀудияв вугилан. Гьелдасса нахъени цо лъагӀел тӀубана. Гьанже, дир хӀисабалда, ниж кӀиялго ращадал рукӀине ккола, - ян абунила Мала Нассрудиницца.
kinal judiyal
co nu[alda mala naSrudinida hudul-halmaGRabaR hiqanila
- waCgi mungi kinal nuDer judiyal& - an.
- GorpiSala inSuCa abuleb rafun bujana didaSa waC co sona' judiyaw wugilan. heldaSa na]eni co ;afel Tubana. hanDe, dir \isabalda, niD jiyalgo ra?adal rujine Kola, - yan abunila mala naSrudiniCa.
bottom of page