﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
КЪАЙИЦАДАХЪАЛ
РукӀанила, рукӀинчӀила цо Церги, Циги, БацІги. Къайицадахъаллъун рукӀун, гьезул бекьаризе цо гамушги букӀанила. Кутнада гьадаб гамушги бан, МукӀучихханассул ракьалда рекьарулел рукӀанила ихдал гьел. Рекьи лӏугӀараб меххалълъ квинеян абун, гьез цо хъаба нахулги, цо хъаба гьацӀцӏулги, цо хъаба урбадулги танила рохьоб жидерго къавуда баххчун. Рокъор ругел цӏцӏорорагӏаз рахӀат хвезабун букӀанила Царал. Гьабизе хӀила ургъулаго, кӀиго-лъабгониги къо банила гьалълъ.
Цо къоялълъ, тӀадран рекьарулаго, гьезда асскӀоссан цо чи унев вукӀанила, ахӀулаго кечІгун, гьазухъги валагьулаго.
Цицца гьикъанила:
- Ялъачи, гьадав чиго щибизе ахІдолев, - ан.
Дун инагури цӀеххезе гьабсагӀатанги абун, бортун анила Цер. Ццевесса чиги тӀерхьанила, ххадуб Церги тӀагӀанила. Цо заманалдассан баккун бачӀанила Цер, бигьа гьабун, цӀакъ ургъелги ккун.
- Щиб лӏугьараб, щай ургъел чІвараб? - ан гьикъанила Цицца.
- Лӏугьараб жони нилӏ киналго роххизе гӀадинаб буго, диде тӀадени ккараб намус буго кӀудияб, - ан жаваб гьабунила Царацца.
- ВахІ, нилӏ киналго роххулеб, мун пашманлъулеб жо щиб гьеб, - ан абунила БацӀицца.
- Нилӏер гьав Мукучихханассе вас гьавун вугин абун, роххел бицине витIун вукӀун вуго гьадав чи, гьев васассда цӀцӏар лъезе дунги ахӀулеб буго. Гьанже, гьессда лъезе цӀцӏар батуларого, дир яхӀ хун буго. Лъаларо, инего инчӀогойищ чӀчӏелебали, - ян жаваб кьунила гьелълъ.
- Воре, воре, инчӀого бегьиларо; гъоссул ракьги бекьун, цӀцӏар лъезе ахӀараб меххалълъ, инчӀого бегьулеб жо гуро, - ян абунила БацӀиццаги Циццаги.
Хьвархьвалаго анила Цер гьезда бихьулебгӀан бакӀалдассан. ГохІги бегун, хъархъазулӏе ккейгун, кӀваралълъ бекеранила гьеб. Рокъобе щварабго, Цер лӏугьанила, рагьун хъубигун, гьоцӀцӏо-нах чӏчӏикӀизе. ЛълъикӀ лъабалдаго тӀассаги чӀчӏикӀун, нахъеги щула гьарун кӀалтӀа бегун, гьелги тун, билълъанила нахъбуссун, ахӀулаго кечІгун. Гьеб тӀаде щварабго, цӀехханила Циццаги БацӀиццаги цӀцӏар щибин лъурабилан.
- КӀалтӀубахъ абун лъуна, ян абунила Царацца, щибниги нечечӀого.
ЦӀакъ лълъикӀаб цӀцӏар лъун бугин абун, хващтӀан рекьаризе лӏугьанила.
Нахъияб къоялълъ балагьулеб букӀанила Цер рахъ-рахъалде. Вихьанила гьелда цІакъго рикӏкӀадассан унев цо чи. Валлагь, гьадав чиги дида ххадув вачӀунев чи вугоянги абун, бекеранила Цер, Циги БацІги ххадур ралагьунги тун. ГохІда нахъаги тирун, нахъбуссун бачӀанила Цер.
МукӀучихханассе цоги вас гьавун рагӀула, гьессдаги цӀцӏар лъезе кколеб буго диццаян ххабар бачӀун буго хханассдассан абун, цӀакъ ине бокьуларого гӀадин, зигардизе лӏугьанила Цер. ИнчӀого бегьилароян абун, Циццаги БацӀиццаги балагьизабунила Цер.
Бурбудулаго анила Цер, бокьулареб ххвелги гьабун, гохӀде нахъени щварабго, ххазабунила гьелълъ. Рокъобе щвейгун, рагьанила гьелълъ лъабабго хъабаялълъул кӀал, лӏугьанила чӀчӏикӀаризе. Танкан бакьулӏалдассаги эххе ккезарунила хъуби. АхӀулаго кечӀгун, билълъанила гьеб бигьа гьабун къайцадахъазде асскӀобе. ТӀаде щвейгун, гьез цӀехханила гьелда цӀцӏар щибин лъурабилан.
- Бакьхен абун лъуна, - ян жаваб гьабунила гьелълъ.
Лъабабилеб нухалълъ анила Цер, гьадавго МукӀучихханассул васассул багьанаги бачун. Лъабабилеб нухалълъ Царацца лъабабго хъаба бацІцӀад гьабун гӀодоб лъунила.
Нахъбуссун бачӀун, къайцадахъаз щиб цӀцӏар лъурабилан, цӀеххараб меххалълъ, абунила гьелълъ хханассул васассда цӀцӏар ТӀагӀен абун лъунин.
Рекьиги лӏугӀун, паракъалъун, рилълъанила гьел рокъоре. Цидаги БацӀидаги ракӀалда бугила, гӀодобе биччан ракӀгин, гьоцІцӏо-нах, урба чӀчӏикӀизе, киндай гьеб хӀилаялдасса чӀвачӀого борчӀилебан, Царада ракӀалдаги бугила.
Щванила рокъоре, росанила ццере хъуби, ругила чӀан-чӀорого! Квалквадулел гъол рукӀаго, Царацца тӀурун биччан танила. Ххадур ралагьун къайцадахъалги ххутӀанила.
qayicada]al
rujanila, rujinzila co cergi, cigi, bavgi. qayicada]al;un rujun, heRul bepariRe co gamu/gi bujanila. kutnada hadab gamu/gi ban, mujuxi{anaSul rapalda reparulel rujanila i[dal hel. reji `ufarab me{a' kwineyan abun, heR co ]aba nahulgi, co ]aba haVulgi, co ]aba urbadulgi tanila roFob Didergo qawuda ba{xun. roqor rugel VororafaR ra\at [weRabun bujanila caral. habiRe \ila urGulago, jigo-;abgonigi qo banila ha'.
co qoya', Tadran reparulago, heRda aSjoSan co xi unew wujanila, a\ulago kezgun, haRu]gi walahulago.
ciCa hiqanila
- ya;axi, hadaw xigo ?ibiRe a\dolew, - an.
dun inaguri ve{eRe habsafatangi abun, bortun anila cer. CeweSa xigi TerFanila, {adub cergi Tafanila. co RamanaldaSan baKun bazanila cer, biha habun, vaq urGelgi Kun.
- ?ib `uharab, ?ay urGel zwarab& - an hiqanila ciCa.
- `uharab Doni ni` kinalgo ro{iRe fadinab bugo, dide Tadeni Karab namus bugo judiyab, - an Dawab habunila caraCa.
- wa\, ni` kinalgo ro{uleb, mun <a/man;uleb Do ?ib heb, - an abunila baviCa.
- ni`er haw mukuxi{anaSe was hawun wugin abun, ro{el bicine wiTun wujun wugo hadaw xi, hew wasaSda Var ;eRe dungi a\uleb bugo. hanDe, heSda ;eRe Var batularogo, dir ya\ [un bugo. ;alaro, inego inzogoyi? Zelebali, - yan Dawab punila he'.
- wore, wore, inzogo behilaro, GoSul rapgi bepun, Var ;eRe a\arab me{a', inzogo behuleb Do guro, - yan abunila baviCagi ciCagi.
FwarFwalago anila cer heRda biFulebfan bajaldaSan. go\gi begun, ]ar]aRu`e Keygun, jwara' bekeranila heb. roqobe ?warabgo, cer `uhanila, rahun ]ubigun, hoVo-na[ ZijiRe. 'ij ;abaldago TaSagi Zijun, na]egi ?ula harun jalTa begun, helgi tun, bi'anila na]buSun, a\ulago kezgun. heb Tade ?warabgo, ve{anila ciCagi baviCagi Var
?ibin ;urabilan.
- jalTuba] abun ;una, yan abunila caraCa, ?ibnigi nexezogo.
vaq 'ijab Var ;un bugin abun, [wa?Tan repariRe `uhanila.
na]iyab qoya' balahuleb bujanila cer ra]-ra]alde. wiFanila helda vaqgo riJadaSan unew co xi. walah, hadaw xigi dida {aduw wazunew xi wugoyangi abun, bekeranila cer, cigi bavgi {adur ralahungi tun. go\da na]agi tirun, na]buSun bazanila cer.
mujuxi{anaSe cogi was hawun rafula, heSdagi Var ;eRe Koleb bugo diCayan {abar bazun bugo {anaSdaSan abun, vaq ine bopularogo fadin, RigardiRe `uhanila cer. inzogo behilaroyan abun, ciCagi baviCagi balahiRabunila cer.
burbudulago anila cer, bopulareb {welgi habun, go\de na]eni
?warabgo, {aRabunila he'. roqobe ?weygun, rafanila he' ;ababgo ]abaya'ul jal, `uhanila ZijariRe. tankan bapu`aldaSagi e{e KeRarunila ]ubi. a\ulago kezgun, bi'anila heb biha habun qayicada]aRde aSjobe. Tade ?weygun, heR ve{anila helda Var ?ibin ;urabilan.
- baphen abun ;una, - yan Dawab habunila he'.
;ab~abileb nu[a' anila cer, hadawgo mujuxi{anaSul wasaSul bahanagi baxun. ;ab~abileb nu[a' caraCa ;ababgo ]aba baVad habun fodob ;unila.
na]buSun bazun, qayicada]aR ?ib Var ;urabilan, ve{arab me{a', abunila he' {anaSul wasaSda Var Tafen abun ;unin.
repigi `ufun, <araqa;un, ri'anila hel roqore. cidagi bavidagi rajalda bugila, fodobe biXan rajgin, hoVo-na[, urba ZijiRe, kinday heb \ilayaldaSa zwazogo borzileban, carada rajaldagi bugila.
?wanila roqore, rosanila Cere ]ubi, rugila zan-zorogo! kwalkwadulel Gol rujago, caraCa Turun biXan tanila. {adur ralahun qayicada]algi {uTanila.