﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
МЕКЪИ ККАНА
Жиндирго рукІниб букӀанила цо БацІ. Гьелълъ рукъ киданиги я бацӀцӀунароанила, я къачӀалароанила. Гьеб кидаго басраго, чорокго, биххун ине хӀадурго букӀунаанила.
Цо къоялда БацӀил рукъалда асскӀоссан унеб букӀараб Пил лъачӀого тунканила гьеб рукъалда, рукъги дагьабго гьетӀараб гӀадин лӏугьанила.
- Мун дида тӀассалӏугьа, дихъа гьеб иш лъачӀого ккана. ГьабсагӀат къачӀалеб дицца дур гьеб рукъ, - ан абунила Пилалълъ.
Пилалълъул устарлъиялълъе маххщел букӀанила. Босун квартӀа-гъецІгун, магӀалгун цо сагӀаталда жаниб гъоркь букӀаралдассаги щулаго къачӀан кьунила Пилалълъ жиндихъа гьетӀун букӀараб БацӀил рукъ.
«Агьа! Балагьараб меххалълъ, гьаб Пил дидасса хӀинкъулеб батизе ккола, гьалълъ цин дида гьарана жинда тӀассалӏугьайилан, цинги дир рукъги къачӀана гьалълъ. Дицца гьаб тӀамила дие цӀияб рукъ гьабизе. ХӀинкъулеб бугелдасса нахъе гьалълъул рес щиб дицца абураб жо гьабичӀого», - ян пикру гьабунила БацӀицца, цинги ахІданила Пилалде:
- ЧІчӏая! Дуда ракӀалдейщ кколеб гьедин бигьа-бихъаго мун дидасса борчӀилилан. Цо рахъалде кӀичӀизабураб дир рукъалълъул тӀох битӀизабизе, доба-гьаниб кӀиго-лъабго магӀги кьабун, дур хӀалтӀи лӏугӀарабиланищ дуда ккараб! Гуро, лӏугӀуларо! Дуцца дие цӀияб мина бан кьезе ккола, гурони дицца дуда ракь квинабизе буго. Ххеххлъи гьабея, ссундухъ балагьун мун бугебали! - ян.
БацӀил рагӀаби рагӀараб меххалълъ, Пилалълъ, щибго жавабги кьечӀого, хапун ккун бакьулӏаги, БацІ анила реххун гьениб гӀагардаго букӀараб цо махІцараб лълъим бугеб хӀоринибе. Цинги ун, БацӀил рукъалда тӀад жибгоги гӀодоб чӀчӏанила.
- Гьале дуе цӀияб рукъ, - анги абун, Пил апила.
- Гьалълъул магІна кинго дида бичӏчӀуларо. Цин доб, дидассаги хӀинкъун, жинда тӀассалӏугьайилан гьарделеб букӀана, цинги ххадубин абуни, бихьулищхха долълъ гьабун тараб жо. Валлагь, бичӀчӀуларо дида гьалълъул магӀна, - ян абунила БацӀицца.