top of page

ЦЕРГИ ЧАКЪАЛГИ

Цо нухалълъ щивниги чи гьечӀеб нухдасса гӀебеде Церги Чакъалги рекерун унел рукӀун руго. Чакъалалълъ царада гьикъун буго:

- Кинал батӀи-батӀиял гӀелмаби дуцца цӀцӏаларалали бицинарищ, дир ххирияб Цер? - илан.

- Дицца бащдаб гурони гӀелму цӀцӏаличӀо. Дуцца чан цӀцӏалараб? - илан гьикъун буго Царацца.

- Диццани кӀигогин бащдаб цІцӏалана! — ян Царае жавабги кьун, жибго жиндиего гӀураб къагӀидаялдасса белъанхъун буго Чакъал.

- Гьедин батани, мун дидасса цӏцӏодораб бугеб рагӀулахха, нухда мун дидасса ццебе-ццебе букӀине ккола, - ян сихӀираб къагӀидаялда малълъун буго Царацца.

Гьел рикӀкӀаде рекерун унел рукӀун руго. Нухда гьезда дандчІван буго цо бакъараб ГъалбацІ. Гьениб Царацца Чакъалалда абун буго:

- Гьа, цо кинаб бугониги сихӀруялълъе ургъе ххеххго, гурони ГъалбацӀицца нилӏ кӀиялго чӀвазе руго! — ян.

Чакъал Царада гьардезе лӏугьун буго:

- Дида кинаб бугониги сихӀру ургъизе кӀолеб гьечӀо. Дудаги ххвассар гьаризе кӀвечӀони, нилӏеда тӀаде гьанже хвалил сагӀат гӀунтӀана! — ян.

- Бихьулищ кинаб гӀакълуялълъул бетӀергьан мун бугеб? - ан абун буго Царацца гьелда. - Биччантехха гьанже дунниги ццебе!

Гьел рагӀабиги абун, Цер, Чакъалалда ццебеххунги лӏугъун, ГъалбацӀидеххун гьадин кӀалъан буго:

- Къуват бугеб ГъалбацІ, Аллагьасс дур гӀумру ххалат гьабеги! Гьарула дуда, нижер дагӀбаялълъе хӀукму къотӀеян! - абун.

- Ххеххго бице! - ян ццидахъего кӀалъан буго гьеб, гьел гӀалхул хӀайваназде берги щвезабун, цинги кинабдай гьезул тӀоццебе кун лълъикӀилан ракӀалдеги ккун.

- Нижецца ккун буго кӀиго хӀелекоги цо гӀанкӀудул ТӀинчІги. Гьеле гьел сабаблъун нижеда гьоркьоб дагӀба ккун буго. Дицца абулеб буго хӀелкал дие рукӀине кколин, Чакъалалъейин абуни гьел жиндиего рокьун руго.

ГъалбацӀицца, жиндирго кӀалги бацІцІунаго, гьикъун буго:

- Кирха ругел гьел нужер хӀелкал? - абун.

- Гьале гьанир, гӀемер рикӏкӀад гьечӀеб нохъода руго.

- Балагьея, дир гьудул Цер, гьел хӀелкал дида рихьичӏого, жо ккезе гьечӀо. ХӀукму къотӀизегӀан ццебе, гьезухъ дунги балагьизе ккела. Гьединлъидал нилӏ рилълъинин гьел ругел нохъоде, - ян абун буго ГъалбацӀицца, тӀагӀам бугеб къадикванил ццебеккунго ракӀалълъе рахӀатги бачӀун.

Гьенисса гӀалхул хӀайванал, гьезухъ балагьизе, рекерун ун руго нохъоде. Гьенире щвейгун, ГъалбацІ жанибе лъугьине къеркьон буго, амма каратІ цӀакъго гьитӀинаб букӀиналълъ, жибгоги жанибе борчӀизе кӀвечӀого, гьелълъ лъазабун буго:

- Гьа, Чакъал, билълъа жанибеги ун, дуцца хӀелкал Дихъе къватӀире регье! - ян.

БетӀер къулун, Гъалбацӏие икрамги гьабун, Чакъал паркъун нохъода жанибе тӀерхьун ун буго.

Цо лахӏзат ун буго, цоги ун буго, Чакъалин абуни, кинго къватӀибе баккун гьечӀо. Гьениб Царацца абун буго:

- Гьай, шайтӀан я, жанибени ана, къватӏибе бачӏунеб гьечӀохха мун! Киналго хӀелкал дуццаго кун лӏугӏизарулел ратичӀонихха, - ян.

ГъалбацӀил ццин гьалаглъун буго, цинги жанибеги лӏугьун, хӀалихьатаб Чакъал къватӀибе цӀцӏаян лъазабун буго Царада. Церги гьебсагӀат нохъода жанибе кӀанцӀун ун буго, цинги гьениб, Чакъалалда асскӀоб гӀодобги чӀчӏун, гьелда гьикъун буго:

- Гьа, дур иш кин бугеб, гӀакъил? - ан.

Чакъалалда щибго жаваб кьезе кӀун гьечӀо, гьеб нечон буго. ГъалбацӀин абуни, Царахъ балагьун чӀчӏун букӀун буго, цинги гӀемер меххалълъ балагьун чӀчӏеялълъ бизарлъараб гъелълъ Цараде гьадин ахӀун буго:

- Ле, Цер, къватӀибе лӏугьа! ЧӀалгӀанин гьанже дида нужехъ балагьун чӀчӏей! - абун.

- КІваричӀин, чӀчӏун букӀа, гьудул! Нижер, Чакъалалълъулги дирги, рекъел ккун буго гьанже, ян жаваб кьуп буго Царацца.

bottom of page