top of page

ЧӏУХІУХЪАН

Цо цӀакъ чӀухӀарав чи вукӀанила. Къойил, нахудасса рацІцІунаго михъалгун, вачӀунаанила гьев годекӀаниве. Валлагь, жакъаги ххинкӀалги ххинк гӀанассеб моххмоххги кванаян, веццарулаанила гьев.

Цо къоялълъ, гьединго михъалги рацІцІунаго, вачӀун годекӀаниве щварав гьессда рагъида гӀодулей яс йихьанила.

- Мун щай гӀодулей, - ан цӀехханила инссуцца.

- Дада, дуцца михъазда бахунеб букӀараб моххмохх катицца ана!- ян ахІданила яс.

ЧӀухӀухъанассул михъал далун анила, асскӀор рукаралги гӀагӀаялда релъанхъанила.

bottom of page