
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
МАГӏАРУЛ ХХАЛКЪИЯЛ МАРГЬАБИ
Тӏехь данде гьабурассул хӏакъалълъулӏ
Муртазагӏалил Мухӏамад гьавуна 1924 соналълъ Шарагьаб мухъалълъул Тӏасса Жунгутиб росулӏ.
Муртазагӏалил Мухӏамадицца кӏудияб жигар бахъулаан магӏарул кӏалзулаб ххалкъияб гьунаралълъул асарал данде гьаризеги, гьел цӏцӏалдохъабазеги щвезаризе. Гьесс бассмаялда рахъана “Авар ххалкъиял бицанкӏаби” (1967 сон), “Маргьаби” (1977) абурал тӏахьал.
Ццеберагӏи
Дунялалда цониги ватизе гьечӏо, жинда маргьа рагӏичӏевги, бицунеб маргьаялълъухъ гӏенеккизе бокьуларевги чи. Ххассго гӏиссинаб гӏелалда гьоркьор цӏакъго тӏиритӏарал жал ккола маргьаби.
Маргьабазулӏ ххалкъалълъ жидерго гӏумруялълъул мурадал, анищал, хьулал загьир гьарун рукӏуна. Гьенир тӏекълъигун ритӏухълъи, квешлъигун лълъикӏлъи цоцалълъ къеркьолаго, кидаго аххиралда ритӏухълъи, лълъикӏлъи бергьун лӏугӏула маргьаби.
БАЯНАЛ
ХӀайваназул хӀакъалълъулӏ маргаби
-
«ХӀамаги БацІги», «Борохьги Церги», «Церги Мокъокъги», «Церги Бакьучги», «Царада моцӏцӏ бихьи», «Хъазги Церги», «ЧӀухӀараб ГӀункІкІ», «Катил тавбу», «Гъадил тӀинчІ», «Хъазги Къверкъги», БацІги ГъотӏоркӀоги», «Кетуги Церги», «Вабабай, бахӀарчилъи бихьулиц», «ГъалбацІги, БацІги, Церги», «БацІги Церги», «Бацӏги Гьойги», «Варани гуккараб куц», «Къайицадахъал». Маргьабазул хъваял росана гьаб тӀехьалдасса: Авар ххалкъалълъул Маргьаби» / данде гьаруна М.С. Сагӏидилазуласс. МахӀачхъала: Дагъистаналълъул тӀахьазул бассмакӏан, 1958.
-
Нахъиял гӀемериссел маргьаби руго, 1960-абилел соназда батӀи-батӀиял росабалӏе ун, маргьа бицунел чагӀазда рицинарун, М. МуртазагӀалилазуласс хъваралги, къачӀа-кӀатаралги. Гьел маргьаби бассмаялде рахъун рукӀана 1966, 1977 соназда.
-
«Церги Чакъалги». Маргьа хъвана ЛъаратӀа мухъалълъул Белъеда росулӏа ГӀалилазул АбутӀалибидасса.
-
«Кетуги ГӀункІкӀги». Маргьа хъвана Муни росулӏа Асадулагьилазул ХӏамадгӀалидасса.
-
«ХӀамаги ГӀанкӀкӏги». Маргьа хъвана ЦӀцӏобокьа ХӀажилазул ГӀабдурахІманидасса.
-
«ВатӀан». Маргьа хъвана ЧӀондокьа Хъайтмазилазул МухӀамадидасса.
-
«ХъантӀиялълъул балагь». Маргъа хъвана Хъвартихьунисса МухӀамадилазул Жалалудинидасса.
-
«ТӀутІги Найги». Маргьа хъвана ГъаркӀасунисса МухӀамадилазул Зулкъарнайидасса.
-
«Дир сонал тӀикъваялда хъван руго». Маргьа хъвана Цӏцӏобокьа МухӀамадилазул МухӀамадидасса.
-
«ГӀанкӀкӏил хӀила бегьичӀо». Маргьа хъвана Бабаюрт мухъалълъул Уцумиюрт росулӏа Ххангереязул МухӀамадбегидасса.
-
«Бищунго къуватаб щиб!» Маргьа хъвана МочӀохъа Шагьрудинилазул Къадидасса.
-
«СихӀирлъи лълъие кьураб?» Маргьа хъвана Къахӏисса ГӀабдусаламилазул МухӀамадидасса.
-
«БацІги кечІги». Маргьа хъвана ЧӀчӏикӀасса Дибирилазул ТӀагьиридасса.
-
«Кетуги ЦӀиркъги». Маргьа хъвана БежтӀасса Сулайманилазул ХӀасанидасса.
-
«Мекъи ккана». Маргьа хъвана ЛъаратӀа мухъалълъул Шидисса МухӀамадилазул ХӀусенидасса.
-
«Маккалги Чанахъанги». Маргьа хъвана ГьоцІцӏалӏа МухӀамадилазул Абакаридасса.
РукӀа-рахъиналълъул маргьаби
-
«Хъартги ЧӀилбикӀги». Маргьа босана гьаб тӀехьалдасса: Авар ххалкъалълъул маргьаби / данде гьабуна М.-С. Сагӏидилазуласс. МахӀачхъала: Дагъистаналълъул тӀахьазул бассмакӏан, 1958.
-
«Бихьараб щинаб бицине кколаро». Маргьа хъвана ТӀасса Жунгуталдасса Дадалазул Бадрудинидасса.
-
«КӀиго нухлулав». Маргъа хъвана КӀикӏунисса Мухӏамадилазул ГӀабдулмутӏалимидасса.
-
«Бечелъи кІваричӀо, маххщел бокьила». Маргьа хъвана Лавашиб мухъалълъул УхІлисса Амирилазул Амиридасса.
-
«Уцумиххан». Маргьа хъвана Кунзахъа Пирбудагъилазулассдаса.
-
«ГӀачивехь». Маргьа хъвана ГӀашилтӀасса Мухамадилазул СултӀанидасса.
-
«Базарганги Мала Нассрудинги», «Хъап биххун, ххулжал гьарилаан», «КӀал тариго, таргьа ккве», «ХӀама киназухъе кьолеб?», «Гьунар киназул цӀцӏикІкӀараб?» Маргьаби хъвана ТӀасса Жунгуталдасса СсалахӀудинилазул Жамигидасса.
-
«Пачаги къебедассул ясги», «Билараб гамущ», «Россассда батараб ххазина». Маргьаби хъвана Tlacсa Жунгуталдасса Таймасханазул МахІсудидасса.
-
«ГӀалиги гьобо балел чагӀиги». Маргьа хъвана Ххунзахъа Дибирилазул Нупайсатидасса.
-
«КӀиго гьерссихъан». Маргьа хъвана ЦӀцӏумада мухъалълъул ТӀинди росулӏа ГӀабдулагьилазул ПатӀиматидасса.
-
«ХӀамидагӀан гӀакълу гьечӀев вазир». Маргьа «Гьудуллъи» тӏехьалдасса босараб буго.
-
«Хъабчилӏ ватарав гӀакъил». Маргьа «Гьудуллъи» тӏехьалдасса босараб буго.
-
«Мала Нассрудиница хӀамул рикьараб куц». Маргьа хъвана Гумбет мухъалълъул Килалӏа МухӀидинилазул Сайгидидасса.
-
«Мали бичулев», «Дида божа, хӀамида божуге». «Мала Насрудинги бархъалисселги». Маргьаби хвана ТӀасса Жунгуталдасса ХӀамзалазул МухӀамадидасса.
-
«ЧӏухӀухъан», «Щив бергьарав?», «Зарул багьа», «ЧӏчӏегӀергъедуги Мала Нассрудинги». Маргьаби хъвана ЦӏцӏунтӀа мухъалълъул Кидиросса МухӀамадилазул АхІмадидасса.
-
«Мала Нассрудинги бечедав мадугьалги», «Кинал кӀудиял?», «ЦІцӏваби кин гьарулел?» Маргьаби хъвана КӀикӀунисса Идрисилазул МухӀамадидасса.
ГӀажаибал маргьаби
-
«Ралъдал чу», «ЩудукӀай». Маргьаби росана гьаб тӏехьалдасса: Авар ххалкъалълъул маргьаби / данде гьабуна М.-С. Сагӏидилазуласс. МахӀачхъала: Дагъистаналълъул тӀахьазул бассмакӏан, 1958.
-
«Гьабигьанассул лъимал», «Бессдалавги хханги». Маргьаби хъвана ТӀасса Жунгуталдасса Гъазанапил МухӀамадидасса.
-
«Рахъухъирщ». Маргьа хъвана Гъоркьа Инххосса МуххтарахІмадидасса.
-
«Вехьассул вас», «Ваццги яццги». Маргьаби хъвана КъахӀисса ГӀумарилазул Расулидасса.