top of page

БЕЧЕЛЪИ КІВАРИЧІО, МАХХЩЕЛ БОКЬИЛА

ВукӀанила, вукӀинчӀила цо бечедав ххан. Гьессул цо гогьав васги вукӀанила. ЧӀчӏужу ячине гӀолев вас вукӀаго, ххан хванила. Цо заманалдассан эбел къачаданила васассе чӀчӏужу ячине. Васги кинго разилъулев вукӀинчӀила, аххиралдаги цо къоялълъ тӀохде вахун вас вукӀаго, гьессда лълъадае уней цо берцинай яс йихьанила. Хханассул васассул гьелълъухъ рокьи кканила. Васасс эбелалда абунила жиндие гьай пуланай яс ячеян. Хханзабазул гурей яс ячине эбелалълъе бокьун букӀинчӀила, кинниги вас тӏасса вичӀичӀого, гьей яс ячине хӀукму кканила. Цо къоял ясалълъул эбел-инссухъе гьарун чагӀи ритӀанила. Ясалълъ абун бачӀанила гьадин: «Жиндие хханассул бечелъи къваригӀун гьечӀо, гьессул щиб маххщел бугебали лъазе бокьила», - ян.

Васассул щибниги маххщел букӀинчӀила, ясалълъги цӀакъ берцинал ххаличаби рессулаанила. Хханассул васги разилъанила, гьей яс жиндие ячӀани, живги гъебго маххщелалде ругъунлъизе. Гьеб къотӀи-къаялда яс хханассул васассе ячанила. КватӀичӀого васги, ясго гӀадин, берцинал ххаличаби рессизе ругьунлъанила.

Цо заманалдассан хханассул вас вахъанила къватӀиве, цинги щванила цо пуланаб шагьаралде. Вакъунги вукӀун, гьев гьеб шагьаралда цо богокӏаниве кваназе анила. Гьеб богокӏанибе жаниве вачӀарав щинав лага-черхх бугев кьарияв чи, гьенир хӀалтӀулел гӀадамаз вачун цо рокъовегун, чІвалаанила, цинги гьеб гьанал квенги гьабун, бичулаанила. Гьедин хханассул васги гьевго гӀадинав цо-кӀиго кьарияв чиги ккун, цо бецӀцӏаб рокъор жанир тӀамунила. Гьенир гьел цӀакъ лълъикӀ хьихьулел рукӀанила: гьел чІвазе кьара гьарулел рукӀанила. Гьедин моцІцӏгӀанассеб заман банила. Хханассда асскӀосса хъвезе вачун цин цояв анила, цо дагьаб меххалдассан кӀиабилевги анила. Гьанже ирга хханассул васассде щванила.

Цо къоялда рачӀун жанирегун, хханассул васги вачун унев вукӀанила. Гьессда бичӏчӀанила жив чІвазе вачунев вукӀин. Гьесс гьезда цӀакъ гьаранила:

- Дун чІвани, дидасса нужее гӀемер кӀудияб пайда щвеларо, нужецани дун чІвачӀого тани, дицца нужее щибаб анкьие нус-нус кӀинус-нус туменалде ричун унел берцинал ххаличаби рессила. Нужее гьелълъул пайда цӀцӏикӀкӀун букӀина, - ян.

Гьел разилъанила, хханассул васги, къваригӀунеб къайиги кьун, ххаличаби рессизе цо рокъове жаниве тӀамунила.

ЛълъикӀалан заман банила хханассул васасс гьедин ххаличаби рессулев. Гьел ххаличаби, батӀи-батӀиял шагьаразде ун, ричулел рукӀанила гъол чагӀаз.

Цо нухалда хханассул васасс жинццаго бессараб ххаличаялда тӀад гьадин хъванила: «Дун вуго пуланаб шагьаралдасса хханассул вас, пуланав чи. Дун жанив тӀамун вуго. Дун ххвассар гьавурав чияссе гӀемераб боцӀцӏи кьезе буго», - абун. Гьелда тӀад хъвараб жо цӀакъ ххал гьабуни гурони, цӀцӏализе лъалароанила.

Гьеб тӀад жо хъвараб ххаличаги цогидал ххаличабиги ричизе росун анила цо пуланаб шагьаралде. Гьеб шагьар букӀанила гъов хханассул васассул ватӀан. Гьеб бичун босанила гъов богокӏаниб жанив тӀамун вугев хханассул васассул мадугьаласс. Гьеб, тӀад жо хъвараб ххалича цогидаздасса цӀакъго берцинабги букӀанила.

Мадугьаласс босараб гьеб ххаличаялълъул ххабар рагӀун, гъов хханассул васассул чӀчӏужу анила гьеб бихьизе. Гьелълъие гьеб ххалича цӀакъ бокьанила, гьелълъухъ битӀахъе ракӀ бахъун анила. Гьелълъ мадугьалассда гьаранила, жиндиеги гьединаб ххалича бессизе бокьун бугин, гьелълъухъ балагьизе цо-кӀиго къоялълъ жиндихъе кьеян. Мадугьалассги кьун анила.

Мадугьалассул ххаличаялълъухъги балагьун, гьелда релълъараб ххалича бессулей йикӀанила хханассул васассул чӀчӏужу. Цо заманалдассан хханассул нусалда лъанила гьеб ххаличаялда тӀад хъвай-хъвагӀай гьабун букӀин. Гьелълъ гьел хӀарпал дандранила, гьадинги цІцӏаланила: «Дун вуго пуланаб шагьаралдасса хханассул вас. Дун гьаб пуланаб шагьаралда гьадинаб богокӏаниб жанив тӀамун вуго. Дун ххвассар гьавурав чияссе дицца гӀемераб боцӀцӏи кьела», - ян.

ГьебсагӀаталълъ ясалълъ хӀадурлъи гьабунила россассда ххадуй ине. Кинабго аскар бакӀаранила, цинги кире рачунел ругелали гьездаги бицинчӀого, гьел гъоб шагьаралде ралагъун къватӀире рахъанила. Чанго къоялдассан яс гьение щванила.

Цо азбаралълъур чуял, гьакалги тун, гьел гъоб богокӏанире анила. Ясалълъ киналго богогьанал, ццере хӀалтӀулел чагӀи, богокӏаналълъул бетӀергьан жиндихьего ахӀанила, цинги цояссда гьикъанила гьадинав чи кив вугевилан. Гьесс лъаларилан абунила. ГьебсагӀат гьессул бетӀер къотӀанила, цогияссда цӀехханила, гьессги лъаларилан абунила. Гьессулги бетӀер къотӀун рехханила. Лъабабизе цӀеххарав богокӏаналълъул бетӀергьан вукӀанила. ЧІваялдасса хӀинкъун, гьев гьардезе лӏугьанила:

- Гьев нужецца абулев чи гьанив вуго, гьессие щибго лӏугьараб жоги гьечӀо, дун чІваге, ян. Гьесс хханассул вас вугеб бакӀ бихьизабунила.

Хханассул васги ххвассар гьавун, богокӏаналълъул бетӀергьанги чІван, гьелги рокъоре тӀадруссанила.

Гьеб меххалда бичӀчӀанила хханассул васассда бищунго кӀудияб бечелъи инсанассул жиндирго маххщел букӀин.

bottom of page