
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Л l
-
Лабалда хурги бекьуге, бугъаоцги хьихьуге.
-
Лабаллъуда хур гьабуге, лъарал рагIалда рукъ гьабуге.
-
Лагъ гIадин, хIалте, ххан гIадин, кванай.
-
Лагъги озденги данделъани, бечелъулел.
-
Лагъил ияхIги хIамил хъетиги – цого жо.
-
Лагълъи гьабурассе хханлъи щола, хханлъун гурони вукIинарилан лIугьарассе лагълъи щола.
-
Лъагълъиялдасса хвел лълъикIила, ссуриялдасса цIа лълъикIила.
-
ЛаилацIцIогьор – цIцIогьабазул парччахI.
-
Лаилагьа бачун, гIеч бикъарав, чIумал реххун, цIцIибил бикъарав.
-
Ла илагьа иллалагь, мегьедги магъги дие.
Цо нухалълъ гIухьбуз бикъун букIун буго чияр кьарияб куй. Гьеб хъолел, ччукIулел гIухьби ругеб меххалълъ, гьезул кIудияв вехь, живгоги кIудияв супи, цо мегIелиялдеги вахун, какал ралев, Аллагь реххссолев вукIун вуго. Жакъа гьасс рикIкIунел жал батIиял ругилан гIин тIамураб меххалълъ, гIухьбузда рагIун буго жидер кIудияв вехьасс гьадал рагIаби такрар гьарулел.
-
Лал тIамизе бегьулареб къоялълъ къед гьабизеги бегьулареб.
-
Лалие гIолареб гьури гIадав, беччулареб чIагIа гIадав.
-
Ламадур кьуни – дадила, кьечIони – Тиш ХIасан.
-
ЛахIту бихьаниги, рухIел бихьугеги.
-
Лачен боржаралълъуб гъеду рещтIунеб.
Жиндирго лълъикIай чIчIужуялдаги рекъечIого, чангиясс ячуна гьелдасса къадарай. Цоги аби буго гьадинабги: «Цо багьана бугей хьихьичIесс кIиго багьана бугей хьихьизе ккарайила».
Гьедин ккараб меххалълъ абула магIарулаз гьал рагIаби.
-
Лачен – чанабе, гъеду – рохьобе.
-
Лаченги тарулеб, тайлан хъущтIулеб, тувадахъ гурони гIодоб кколареб.
-
Лаченги чучула, чи гIемерлъани, чаранги биуна, цIа гьалаглъани.
-
Ле гIакълугьечI, тIуруге, гIи тун гIангис кинигин,
ГIадамал тун хьвадани, хьитал хун, басралъулин. -
«Ле!» – ян ахIарассде «Я!» – ян ахIизе кIоларев къватIиве вахъунарев.
-
«Ле!» – ян ахIунилан, ахIмакъ нахъ вуссунарев.
-
Лочноде ххиял бугев чаргъадихъ валагьуларо.
-
Лочнол бетIералда чаргъеду чIчIезабуге.
-
Лочнол гьава – зодобе, гъадил гьава – рохьобе.