top of page

ВАРАНИ ГУККАРАБ КУЦ

 

Рукӏанила, рукинчӏила, цо нохъода гьалмагълъиялда чӏчӏун, бетербахъиялълъе цо Гъалбацӏги, Циги, Церги, Цакьуги, Гӏангурги, Гъедуги. Руӏанила гьел, щибаб къоялълъ чанареги ун, кепалда бетӏербахъулел.

Цо къоялда гьезул нохъодул рагьтӏассан гӏебеде анила варанабазул къокъа. Гьездасса цояб, хӏетӏе унтун, билълъине квечӏого, авлахъалда ххутӏун букӏанила. Царада бихьанила гъоб; гьеб бортун анила Гъалбацӏида бицине, гьадин цо варани ххутӏун бугин, билълъине кӏвечӏого абун.

Гьанже Гъалбацӏицца гъолълъухъе битӏун буго Цер: «Мун гъолълъухъе а, щибниги ххиянатги гьабиларин, нилӏер гьалмагълъиялда чӏчӏезе бачӏаян абе», - ян.

Царацца абунила Варанида:

— Нижер бетӏергьанасс ахӏулеб буго мун, щибниги ххиянатги гьабиларин, цадахъ бетӏербахъиялълъе чӏчӏезе бачӏаян.

Рескъот!араб бакӏалде ккун бугелълъул, ун буго гьеб нохъоде Гъалбацӏихъе.

Гъалбацӏицца Варанида гӏемераб ххабарги бицун буго:

— Мун ххер кунеб жо буго, ниж гьан кунел жал руго, кӏиязулго данде ккеларилан ккун батила дуда. Щибниги ххияналъи гьабизе гьечӏо, воре, мун щибго хӏинкъуге, — ян.

Гьедин цадахъ рукӏун руго гьал таманаб меххалълъ. Цо къоялълъ Гъалбацӏ, чанабе араб меххалълъ, Пилгун багъизе ккун, цӏакъ квеш лълъукъ-лълъукъун бачӏун буго. Чан гьабизе кӏоларого, босада бегун букӏанила. Гьелълъие квине гӏураб чан гьабизе гьездаги кӏоларого, хвезе дагьалълъ ххутӏун буго Гъалбацӏ.

Гьанже Царацца абунила Гъалбацӏида:

- Нилӏее гӏураб гьанги батила, гъоб Варанигӏаги чӏван лълъикӏ, - ян.

Гъалбацӏ кинго разилъун гьечӏо:

— Дицца рагӏи кьуна, ххиянат гьабизе гьечӏо, - ян.

Нахъеги ун буго Цер, нижецца дуде гӏайиб щвезе теларо абун, кье нижее изну доб чӏвазе. Кинго кьун тъечӏо гьелълъ изну. Нахъеги, лъабабилеб нухалълъги бачӏун буго Цер Гъалбацӏихъе, нижецца гьадинаб тадбир ургъун бугила дуде щибго гӏайиб щолареб. Дицца абилин долда, нилӏ киналго ракӏарараб бакӏалдеги ахӏун: нилӏер бетӏергьан хвезехъин бугин, нилӏер умумузул гӏадат букӏанин, бо биххизабизегӏан, нусгоги хвезе кьолеб, нусгояв хвезегӏан, анцӏто хвезе кьолеб, анцӏто холев вукӏани, цояв хвезе кьолев, нилӏеда гьоркьосса цояв хвезе бегьилаян.

Гьелълъие дир гӏураб хӏила бугин, мун разилъеян гьарун буго Царацца. Аххир Гьалбацӏицца абун буго, гьеб жибго разилъани, дунги рази бугин, гурони гьечӏилан.

Гьанже цо къоялълъ, киналго гьалмагьзабиги ракӏарун, Царацца бицун буго жинццаго Гъалбацӏие бицараб умумузул кици. Гьебмеххалълъ Цакьуялълъ абун буго нужецца дун кунин, дицца дирго би хӏалал гьабилин нужейилан. Бацӏиццаги абун буго: «Мун кун, цонигияб гӏорцӏцӏуларо, гьедигӏан гьитӏинаб дур гьан чамалълъе щолеб?» Дун кунилан абун лӏугьун буго Бацӏ. Бацӏил гьан квани, ниж киналго хвеларищан, цонигияб разилъичӏила. Дун кун, дун разияб бугоян бахъанила гӏангур. Белъине кӏолареб дур гьан лълъицца кунеб, гьеб белъунаго, цӏул тӏагӏинабилин, рохьобе нухги гӏазуцца къан бугебин, тӏаде бортун, семизе лӏугьун руго Бацӏги Циги.

Асскӏобе бачӏун, Вараницца абун буго:

— Щай нуж рагъулел, гӏезегӏан кӏудияб къаркъалаги буго дир, гьуинаб гьанги буго дир, киназего гӏезеги гӏела, дицца дир би хӏалал гьабула нужее, дун кун, - ан.

 

Битӏараб бугин абун, Царацца киналго тӏаде разарун, гъоб Варани, цо лахӏзаталда жаниб тӏутӏу-хъухъун рехханила.

bottom of page