﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
ХІАМАГИ ГІАНКІКӏГИ
Киналго гӀалхул хӀайваназ жиде-жидеего гьудулзаби тӀасса рищулаго, ХӀамицца жиндиего гьудуллъун ГӀанкІкӏ бищанила.
- Дицца гьудуллъун мун бищиялълъе ккараб гӀила буго дур гӀундул ххалатал рукӀин. ГӀундул ххалатал киналго хӀайванал бахӀарзал рукӀуна, - ян чӀухӀун абунила ХӀамицца ГӀанкӀкӏида. ГӀанкІкӏги цӀакъго бохханила.
КӀиязго цадахъ лӏугьун, тӀубараб къоялълъ ГӀанкӀкӏиццаги ХӀамиццаги гӀурччинаб авлахъалдасса ххер кванила, цӏцӏорораб иццдасса лълъим гьекъанила, цинги рилълъун, дагьаб меххалълъ хӀухьбахъизеян, цо кӀудияб генугъотӀода гъоркь реганила.
Гьел кьижулеб гӀадаб заманалълъ, гъотӀол каралълъа бортун бачӀун, цо гени битӀун ГӀанкӀкӏил ботӀролӏ щванила. Гьеб параялда, чІваркьизарун бералгун, цин эххеде кӀанцIанила ГӀанкІкӏ, цинги, гьеб рахъ-мухъго тун, лӏутун анила рохьобеххун. Ххадуб балагьунги букӀун, ХІамицца абунила:
- ВахІ, ГӀанкІкӏ гьудуллъун бищи дир кӀудияб гъалат! ккун буго, гӀундул ххалатал щинал бахӀарзал рукӀунел рукӀун гьечӀо, - ян.
\amagi fanJgi
kinalgo fal[ul \aywanaR Dide-Dideyego hudulRabi TaSa ri?ulago, \amiCa Dindiyego hudul;un fanJ bi?anila.
- diCa hudul;un mun bi?iya'e Karab fila bugo dur fundul {alatal rujin. fundul {alatal kinalgo \aywanal ba\arRal rujuna, - yan zu\un abunila \amiCa fanJida. fanJgi vaqgo bo{anila.
jiyaRgo cada] `uhun, Tubarab qoya' fanJiCagi \amiCagi furXinab awla]aldaSa {er kwanila, Vororab iCdaSa 'im heqanila, cingi ri'un, dahab me{a' \uFba]iReyan, co judiyab genuGoToda Gorp reganila.
hel piDuleb fadab Ramana', GoTol kara'a bortun bazun, co geni biTun fanJil boTro` ?wanila. heb <arayalda, zwarpiRarun beralgun, cin e{ede janvanila fanJ, cingi, heb ra]-mu]go tun, `utun anila roFobe{un. {adub balahungi bujun, \amiCa abunila
- wa\, fanJ hudul;un bi?i dir judiyab GalaT Kun bugo, fundul {alatal ?inal ba\arRal rujunel rujun hezo, - yan.