top of page

ЧI z

1. ЧIагого хварав.

2. ЧIаго вугеб меххалълъ дуниялго кIкIвинейилан лIугьуневила къарум, хабалIги мусру кIкIунев ватулевила.

Хварав чиясс мусру кIкIвин кигIан релъилессеб жо бугониги, умумузул гьадинаб кици-бицен буго,

Къарумасс мусру кIкIвинги битIараб жойила, гьессул бетIер къотIун хIатIааххада лъезегIан, ххадур цун холел гIадамазул раххасс къотIунгутIиги битIараб жойила.

3. ЧIагого хун вачIинегIан, хвечIого ракьулI вукъиго лълъикI.

4. ЧIагоязе гьимуларев, хваразухъ гIодуларев.

5. ЧIагоязул пикру гьабуни, хваралI вуго, хваразул пикру гьабуни, Багъдадалда вуго.

6. ЧIагоял хунилан, хварал рахъунарел.

НекIо, бухIараб хвел ккараб меххалълъ, эбелалълъ, яццалълъ, цо-цо лълъадиялълъ роол гьалулеб бакъул къоялълъги, къан рачелги борчун, къехь ретIунаан, буртинадул хьитал тIасса рахъулароан. ГIемераб меххалълъ, яги гIумруялъго чIчIегIер балаан. Бихьиназ ххалатаб заманалълъ мегеж толаан. Бертин-тоялдасса рикIкIад чIчIолаан. ГIадат чуч таразде «гIин кьурун рехханила аз гIагарав чиянги абулаан.

1885–1887 соназда букIараб Хъарсалълъул рагъда эменги чІван, бессдаллъун ххутIарал гIиссинал лъимал эбелалълъ гIезарун руго. ЦIцIикIкIарав васги гIужде вахун, гьессие лълъади ячунеб меххалълъ, бертин гьабиялда гIайиб чIван, рагъда хварассул яццалълъ гьал рагIаби абун руго,

Зурмил къири буго къоролалълъуб,

КъотIун араб бетIер бачIун лъаларо!

Къолол двари буго бессдалазулълъуб,

Галмие лъурав мун вуссун лъаларо!

ХIакъикъаталдаги, гIурусазул рахъги ккун, магIарулав-рагъулав жидеда данде вагъизе вачIиналда ццин бахъарал турказ гьессул бетIер къотIун букIун буго.

7. ЧIалгIаде хьвадулеб гьойда я гьецIцIо речIчIула, я тIил кьабула.

8. ЧIалгIарав гьудул гьитIинабго налъукье ккезе гьаве.

9. ЧIалгIен тун, пикру цIцIани, цIцIан битIаралде ккола.

10. ЧIалу хIобоцца ккола, гIадан кваницца ккола.

11. ЧIамун кьураб жоялълъул гьуинлъи букIунаро.

12. ЧIам-чIам гьечIеб дам-дам.

13. ЧIам-чIам гьечIелълъуб дам-дамги букIунареб.

14. ЧIанагIан кIанцIизе кколилан абулебила гIанкIкIицца.

15. ЧIанда хIаллъани, хIалтIи дагьлъула.

16. ЧIахъаги гIагарлъи, ретIел ретIине кколареб, квен кьезе кколареб, къваригIараб къоялълъ батулеб.

17. ЧIахъаги ункъо бер, бахъаги кIиго бер!

Гьеб буго рорчIухъабазул хIакъалълъулI. «ВорчIухъан цо вугони, – ян абулебила бацIицца, – гьесс кIиябго бер жиб бачIунеб рахъалдасса нахъе босуларила. ВорчIухъан кIиго вугони, гьел, цоцазде руссун, гаргадулила, жиндие ссанагIат кколила, гьезул ункъо берги тохх гьабун, гIиялълъе борчIизе».

18. ЧIахIил бусен тедал, гIакъил лIугьарав.

19. ЧIвазе бокьани, гIайиб ссундаго чIвазе бегьулеб.

Эменги васги унел рукIанила, ццебе къотIун хIамагун, сапаралълъ. Щванила гьел цо росулIе. Росдал годекIаниссан унаго, гьезда рагIанила гIадамаз жидедего гIайиб гьабулеб, балагьейила цо, саламатаб хIама бугила ццебе къотIун, цоявгIаги тIадги рекIинчIого!

РосулIа къватIире лIугьараб меххалълъ, инссуцца васассда абунила - гьадара годекIанир рукIарал чагIаз нилIеде гIайиб гьабунила, тIадги рекIинчIого, чIобогояб хIама ццебе къотIунилан. Вилълъайила, дир вас, мун хIамида рекIайила, жив лъелго вилълъинила. Вас хIамида рекIанила, эмен ххаду-ххадув вилълъанила.

Гьедин унаго, гьел щванила цоги росулIе. Саламги кьун, годекIаниссан къотIун унел рукIанила гьел. Гьел ццересса рорчIилалдего, годекIанир рукIарал чагIаз абулеб рагIанила, балагьейила цо гIолохъанчияссул намус гьечIолъи, херав чиги лъелго вилълъинавун, живго хIамида рекIун вугила.

РосулIа къватIире лIугьаралго, васасс инссуда абунила, эменин, гьадал годекIанир рукIарал чагIаз нилIеде гIайиб гьабунин, мун лъелго, дун хIамида рекIунилан. РачIайила дун лъелго, мун рекIун рилълъине.

Вас рещтIанила, хIамида эмен рекIанила.

Гьедин унаго, щванила цоги росулIе. ГодекIанир ратарал гIадамазе саламги кьун, унел рукIанила гьал. Гьеб меххалдаги рагIанила гьазда, балагьейин кIудияв чияссул яхI гьечIолъиялълъухъ! КвергIанассеб лъимерги гIодоссан билълъинабун, живго вугила хIамида рекIун!

РосулIа къватIире лIугьингун, васассги инссуццаги хIукму гьабунила хIамида кIиялго рекIине. Гьедин рекIун унел рукIарал гьал щванила цоги росулIе. Ратарал гIадамазе саламги кьун, годекIан къотIун унел рукIанила. Гьанжеги рагIанила гьезда гIадамаз абулеб, балагьейила, гьагъал чагIазул гурхIел гьечIолъи! Цо хIамида саламатав кIиго чи вугила рекIун!

РосулIа къватIире лIугьингун, инссуццаги васассги хIукму гьабунила, кIиялго лIугьун, хIамаги баччун, рилълъине. Гьедин унаго, гьел щванила цоги росулIе. ГIадамазе саламги кьун, годекIаниссан унел рукIанила гьал. Гьазда рагIанила гьенир рукIараз абулеб - «Гьал чагIазул ахIмакълъи бихьулищ? КIиязго баччун хIамагун, лъелго унел руго!»

Гьеб меххалда инссуцца васассда абунила -

- Балагьея, дир вас, чIвазе бокьани, гIадамаз гIайиб ссундаго чIвалеб буго.

20. ЧIван гурони гъунареб пихъ чIван гъинабизе ккола.

21. ЧIван хвейги гIид буго гIолохъабазе, гIалам урхъараб цIцIар нахъе бугони.

22. ЧIимигIаб бакIалдасанила кварги тIолеб.

23. ЧIобого бакъ щвараб гIела, гIадада ххасел араб гIела.

24. ЧIобого вачIарав чи чIобого уна.

25. ЧIобого кьолеб жо букIунареб, боцIцIи босун, Аллагь вачIунарев.

26. ЧIобого щвараб гьагIу гьацIцIудасса гьуинаб.

27. ЧIобогояб бетIералълъ боххдузе гIазаб кьола.

28. ЧIобогояб ботIрое цIураб кисаялълъ кумек гьабулареб.

29. ЧIобогояб кини кIибикIулареб.

30. ЧIобогояб къвачIил къвахьи кIудияб, чIобогояб ботIрол рецц-бакъ кIудияб.

31. ЧIобогояб чванта гьудулассеги бокьулареб.

32. ЧIагого хвел босуге, хвечIого мусру баге.

33. ЧIобогояб бетIер – хIатIазе гIазаб.

34. ЧIухIи хIебтилI букIунеб.

35. ЧIухIи хIелкие те, хIинкъи гIанкIие те.

36. ЧIурканлъиялълъул цIцIар къваригIарав вакъварав ГIиса гIадин.

ГIисае бокьун букIун буго, я ХIажимурадил гIадаб бахIарчилъиялълъул, ялъуни Буртинаялдасса Гъайирбегил гIадаб бакьулIа чIурканлъиялълъул цIцIар босизе. ХIужимурадил гIадаб цIцIарги бигьаго щолеб жо батичIого, ГIисацца жигар бахъун буго рачлицца чехь данде къазабизе.

ГIисал гьеб захIматалълъул хIассил ккун буго гIадамаз жиндаго вакъварав ГIисайилан тIокIцIцIар лъейги аваданав мадугьаласс жиндего гьал кочIол рагIаби рекъезариги,

“Лъимал ругей къоролай гIакъиласс ячинаро,

ГIакълу бугеб цIцIуяб жо ГIисаеги инаро”.

37. ЧIухIараб хIелеко, хIарщулI къан, холеб.

38. ЧIухIарав хIакимассдассаги цIунаги, хIулараб тIагъуралдассаги цIунаги, цIцIуяб бугъидассаги цIунаги.

39. ЧIухIарав хIакъирлъула, хIалимав кIодолъула.

40. ЧIухIарав чияссда цадахъ рекIун иналдасса гIадатав чиги ваччун инго лълъикI.

41. ЧIухIи бичун босизе кколареб.

42. ЧIухIуге, чIчIегIераб ракьалдайин мун лъезе вугев.

43. ЧIухIи хIатIикье кколеб, бахIарчилъи тIад кколеб.

44. ЧIухIиялълъги вакъиялълъгийила КъурбангIали хварав.

bottom of page