top of page

У u

1. «Уйилан» тезе лъачIев къаралав къо бакъинегIан вагъизе ккаравила.

2. Умумуз дуниял лъималазе гьабулеб, лъималаз дуниял жидеего гьабулеб.

3. Умумузул адаб тарас ххалкъалълъул нусцIцIул толеб.

4. Умумузул кици цониги гIодоб ххутIулареб.

5. Умумузул малълъ – магъилIе балеб цIцIад.

6. Умумузул хIурмат тарассе – нагIана.

7. Умумул кинал рукIаралали бицунге, мунго кинав вугевали бице.

8. Ун бахъунареб сагIат, тун бахъунареб нух.

9. Унареб гIеретIалълъухъ балагьун, унеб парччи толареб.

Кициялълъул магIна буго, росс щоларей кIудияй яццалълъухъ балагьун, росс щолей гьитIинай яцц рокъой тогеян абураб.

10. Унареб гIарацги гьаруларей ясги цого жойила.

11. Унаревила кIкIвахIал рохьове, ани, рохьго баччун, вачIуневила.

12. Унго-унгояв гьудул – лIугIел гьечIеб ххазина.

13. «Унго, кийгIагидай дун тоххлъарай, ссундулIдай дицца гъалатI биччараб?» – ан ракI унтун абулебила эбелалълъ, санаде яхинчIей ясалълъул гьитIинабго гъалатI бихьидалги.

14. Унев-унев вукIунев,

Унеб бакIги лъаларев.

Кваналевги чIчIоларев,

Кунеб жоги лъаларев.

15. Унелълъул ццеве валагье, кIалъалелълъул нахъ валагье.

16. Унессе нух битIаги, чIчIолессе рукъ битIаги.

17. Ункъабго хъахIалълъул ункъабго къотIаги.

ЦIцIоралдасса, давлаги гьабун, лIутун вачIунев вукIун вуго цо магIарулав. Гьессда ххадур ахIуд рахъун рачIунел рукIун руго гуржиял, эменги лъабго васги. Инссуцца лъималазда абун буго жиндие магIарулассул чол ссипат-ссурат гьабеян. Лъималаз бицун буго гьеб чу ункъабго хIетIеги хъахIаб магIарул гIаларча бугилан. Цинги инссуцца лъималазда абун буго - «Ункъабго хъахIалълъул ункъабго къотIаги! Гьеб магIарул гIаларчаялда ххадур нилI гъоларо, нахъ русса», – ян.

Цо-цояз абула ункъабго хIетIе хъахIаб чол бетIергьанчи холевилан. Гьелълъие гIолойила гьеб тайпаялълъул чоде хьандараб гьаб кици бугебилан.

18. Ункъабго хIетIе хъахIаб чуги босуге, чараб гьойги хьихьуге.

19. Ункъида вукIана – кIийиде ккана, кIийида вукIана – лъабиде ккана, гIагарда вукIана – рикIкIаде ккана.

20. Унтараб бакI беццабила (ссундаго тункулеб).

21. Унтараб гIусалда тIадила мацIцI ссверулеб.

22. Унтарав чи меседил таххалдассаги разилъуларевила.

23. Унтарав чияссе берцинаб рагIиги сахлъи буго.

24. Унтаралщинал холарел, херал бахIарлъуларел.

25. Унтарассда кванил тIагIам лъалареб, рокьи ккарассда макьил тIагIам лъалареб.

26. Унтарассда къаданив къо щваравила.

27. Унтарассе – бусен, хварассе – хоб.

28. Унтарассе маххссара щай, ссвакарассе расанди щай?

29. Унти балъго гьабурав ххеххгого тIатун хола.

30. Унти – барти.

31. Унти бицарасс бакъул кеп босула, баххчун тарасс хабалIе нух босула.

32. Унти гьечIеб черхх букIунареб, ургъел гьечIеб ракI букIунареб.

33. Унти – квачалълъ, балагь – кIалалълъ.

34. Унти лълъикIаб жони, гьелда гьеб цIцIар лъелароанила.

35. Унти раххнацца чIвалебила, рукIкIаца бищулебила.

36. Унти сахлъулебила, гIамал ххутIулебила.

37. Унтиги, тушманги, цIаги хIакъираллъун рихьугейила.

38. Унтидалги херлъидалгийила хвел ракIалде щолеб.

39. Унтизе нилIго лълъикI, хвезе чIчIужу лълъикI.

40. Унтизе унти ххутIичIев, хвезе хIара ххутIичIев.

41. УнтичIеб бакI ххутIичIев, хвезе къоялги щвечIев.

42. УнтичIев зигардуларев, бухIичIев гIодуларев.

43. УнтичIессда сахлъиялълъул къимат лъалареб, живго херлъичIессда херлъиги бичIчIулареб.

44. УнтичIессда унтул бицунге, тIехх тIагIинчIессда тIоххол бицунге.

45. УнтичIого хогеги, хваразда урхъараб къо бачIунгеги!

46. Унтулареб бетIер хабалI гурони букIунареб.

47. Унтулареб гьан букIунареб, бакъвалареб ракI букIунареб.

48. Унтулареб гьаналдасса цIунаги, чурулареб боцIцIудасса цIунаги.

49. Унтулареб черхх букIунареб, дару гьечIеб унти букIунареб.

50. Унтулеб бакI гьечIого, инсан зигардуларо.

51. УнтулI хIалценгIанги, берталълъа камуларев, бакIвалиялда къечI гIадин, къулгьу-алхIамалда рекIун вукIунев.

52. Унтун ххалалъугеги, херлъун басралъугеги (Ххалатаб чIвагеги, чIамучIаб ккогеги).

53. Ургъалида тIаде тIенкелгIанай ясги гьаюнила.

54. Ургъалицца черхх чIварабила, чоцца гьор кварабила.

55. Ургъел бегьуларев, багьа кьун, восуларев.

56. Ургъел бикьуларев вокьулев хваги,

Рокьул бицунарей йокьулей хваги.

57. Ургъел гуребаб ургъеллъугеги, рухIел гуребаб рухIеллъугеги.

58. Ургъел гьечIеб жо ракIалда чIчIолареб.

59. Ургъел гьечIеб жоялълъе шакдари дагьаб.

60. Ургъел гьечIев чи ватичIев, чехь бухIичIеб черхх батичIеб.

МагIарулаз гьаб кици бухьинабула Зулкъарнайицца эбелалде гьабун букIараб васигаталда.

Гьесс эбелалде васигат гьабун тарабила, жинда ххадуб гьабулеб ссадакъа чи хвечIев, чехь бухIичIев чияссе кьеян. ЦIакъ жигар бахъарабила эбелалълъ гьединал гIадамал ралагьизе, цонигини ватичIевила. Цинги эбелалда бичIчIарабила чи холаревги чехь бухIуларевги чи дунялалда вукIунаревлъи. Гьединлъидал ссабруялдаги чIчIарайила.

61. Ургъел гьечIессул гIумру ххалатаб, хIалтIи бокьуларессул гьанта ххалатаб.

62. Ургъел гьечIессул макьу щулияб.

63. Ургъел гьитIинассул гIагIай кIудияб.

64. Ургъел кьижараб, рокьи борчIараб.

65. Ургъел кIудияссе сордо кIудияб.

66. Ургъел макьигъдулеб, рокьи гьабудулеб.

67. Ургъел тIасса ингун, беццаб бералда канлъи бихьулеб.

68. УргъичIого вагъани, вагъичIого холев (къолев).

69. УргъичIого иш гьабулелги рукIунелила гIадамал, ишго гьечIого, ургъулелги рукIунелила гIадамал.

70. УргъичIого кьвагьараб рагIи – ишан кквечIого, речIчIараб чIор.

71. УргъичIого кIалъарав кIицIцIул холев.

72. УргъичIого рагIи бицунге, чIамичIого квен кванаге.

73. УргъичIого реххараб рагIиялълъухъ ххонжрол жаваб щвезе бегьулеб.

74. УргъичIого тIамураб цо галиялълъ тIолабго гIумруялда гIуж лъолеб.

75. Ургъун бецце, беццараб кIалалълъ какизе ккезе гурин.

76. Ургъун гьабе, аралда ххадуб ракI бухIуге.

77. Ургъун гьабуралълъул рогьо дагьаб.

78. Ургъун гьагIеян абурабила игьалиссесс хIамида.

79. Ургъун рагIи бицунев, борцун гали тIамулев.

80. Ургъун рагIи гъваридаб, гъвалил тIатIи бицатаб.

81. Ургъун хIалтIичIони, хIассил кколаро,

Кверда гьечIеб гьунар камиллъуларо.

82. Ургьиб циги ккун, царал рачIчI кIалдибги ккун.

83. Ургьибе борохь биччани, тIулищ кваналеб, ракIищ борлIилебан гьикъулебила.

84. Ургьибе ккараб жоялде саву кколареб.

85. Ургьибеги лIугьунеб, нахъеги бачIунеб борохь.

86. Урхъукье вачIа, дадал!

87. Устар лъала, къайи бихьун.

88. Устарассда релълъараб букIуна хIалтIиги.

89. Устарассул къед квешаб, къебедассул нус квешаб (Устарассул хьит гьечIеб, къебедассул нус гьечIеб).

90. Устарассул роцц-роццго устарабила.

Цо чияссул ххвалчен гьетIун букIанила. Гьебги босун, битIизабизе къебедассухъе анила.

Къебедасс ххвалчен, кIиябго квералълъ аххалъи-тIаралъиги ккун, цо кIиго нухалълъ роццалда тунканила.

- ВахI, гьебни дихъагоги бажарулеб хIалтIи букIун буго. Дицца дуе гьедигIан гьитIинаб хIалтIухъ мухьги кьеларо, – ян абунила ххвалчадул бетIергьанасс.

- Бажарулеб батани, махха, дуццаго битIизабе, – янги абун, накалдаги тункун, къебедасс ххвалчен бетIергьанассухъе кьунила.

БетIергьан, къебедго гIадин, накалдаги тункун, ххвалчен битIизабизе лIугьанила. КигIанни гьесс жигар бахъаниги, ххвалчен, гьетIун гурони, битIизабизе кIун гьечIо. ЦIакъго гьесс хIал гьабидал, бекунги ун буго. Валлагьин, унтарассул роцц-роццго устараб букIунеб букIун бугилан абурабила чара хварав ххвалчадул бетIергьанасс.

91. Устарассул хIатIалги устарал.

92. Устарги вукIуна, хIуртIаустарги вукIуна.

93. Устарзаби гIемер рукIуна, маххщел бугел дагьал рукIуна.

94. «Ухха» гIемерассул гIакълу мукъссанаб, калам лълъамияссул керен махIцараб.

95. Уххи дуцца гьабидал, моцIцIаби диццайищ гъелел?

96. Учузаб жо босизегIан бечедав гьечIила живан абулебила жугьутIасс.

97. Учузабги лълъикIабги жо букIунаребила.

98. Учузго кьолеб лълъикIаб жоги лълъикIго кколеб ххеххаб жоги букIунареб.

99. Уяб батани, цIун бачIаги!

bottom of page