top of page

БУКIУЧIИХАН

(Маргьа)

ВукIанила, вукIинчIила цо гьабигьан, цIцIарги гьессда НацIцIил ХIажи букIанила. Цойидассан кканила ассие кIудияб къварилъи. ГохIал гьарун таниги, кире арал лъачIого тIагIунел рукIанила ассул кулънал. Гьадин бегьиларин, цIцIогьор тIадго кквезе вугин дицца абун, ххал ккун вукIанила ав цо къоялълъ нуцIцIида нахъаги чIчIун. Дагьаб меххалдассан дурчIан борчIанила жанибе чахьикьаги хIулараб, мугъзакьаги хъарссараб цо цер. Гьай, хIул-хIул, мунищ букIараб абун, кодобе босун хIоссгун, вортанила алде тIаде НацIцIил ХIажи. ЧIчIайин-чIчIайин гьабигьан, гIедегIараб лълъим ралъдахъе щоларебин абунила царацца, дур кулънал гурищ дицца кварал, лълъикI бугин, гьезие гIоло дицца мун гIорцIцIуцца цIезавилин, ханассул яс ячинин дуе, кIудияв чи вахъинавилин мун, амма хвезегIан дун мохмохида хьихьизеги хьихьун, хун нахъа кIиссун мохмохида жаниб лъун тезе дуццаги тIаде босейин.

Разилъанила гьабигьан.

Бортун ун, ракул гохIда хъирщаданила цер, батанила алда цо гIабаси. Бекеранила гьенисса аб гIор бахун довеххун вугев ханассул кавудухъе, Ханассда ццебеги билълъун, абунила алълъ: КигIан дудасса нечаниги, дир кIудияв БукIучIиханассул гIарац борцине къали гьаризе бачIанин, дун кибе аниги, цоги бакIалда щвечIин. Эв БукIучи ханго щив? Гьединав ханго рагIичIин дида ян абунила ханасс. –  Вугевин эв, дудаги лъачIого ххутIиларевин гьев, дунги эссул вазир вугилан абунила царацца. Кьунила ханасс къали.

Бакъанида, кьватIалида гIабасиги къазабун, босун нахъе кьунила царацца къали. УябгIаги бугодай гьаб нацIцIил рагIи абун кIутIанила ханасс къали жвангъан бортанила гIабаси. Валагь уяб букIун бугин, авго щив БукIучIихан гьадигIанго гIарац гIемерав абунила ханасс жинццаго жиндаго.

Метериссаги билълъанила цер ханассухъе, БукIучIиханассул месед борцине къали гьарун. Кьунила ханасс. Хъерщаданила цер, батанила цо месед, кьватIалида гьебги къазабун, бакъанитIа нахъе кьунила алълъ къали, хIалалълъ борцун лIугIанилан абун. Аб нахъе ингун, кIутIанила ханасс къа­ли, бортун бачIанила месед; ххаган ххутIанила хан.

Дагьаб мехх гьоркьоб базеги тун, билълъанила цер лъабабизеги ханассухъе, ассул яс БукIучIие гьарун, воххуцца хванила хан. Метер БукIучIиханги вачун, бачIина дун абун нахъ буссанила цер.

Метериссеб къоялълъ магIардасса бищун кьер-кьераб тIогьол ретIел гьабунила алълъ БукIучIие, гьадил туманкI банила, мушил рухьби ранила, гьелда релълъа-релълъараб гьабунила, жибго нурлъун вихьулаанила БукIучIи рикIкIадассан.

Абунила царацца ассда: «гIор бахун доб рахъалде жиндирго рекIаралгун, хан вачIун вугевин дуда данде, дореххун рахъунаго, гIор бакьулIе щвараб меххалълъ «дун унев вуго, дун унев вуго!» – ян гьаракьги гьабун, вукъун гIорулIе айин мун, жанире кIанцIун ханассул рекIараз вахъилевин мун рагIалде; нилIехъан букIинебин цинги рагIи».

Царацца малълъухъе, гIор бакьулIе щвараб меххалълъ  –  «дун унев вуго» ян ахIданила БукIучIи, вукъун анила гIурулIе. Босун анила лълъецца ассда тIад букIанщинаб жо. Рортанила гIорулIе ханассул рекIарал, цоясс гъеж ккунила, цоясс бохх ккунила, вачIанила вехъерхъун рагIалде. Эбелалълъ гьавурав гIадин гIицIцI, толохIочон ххутIанила БукIучIи. Киналго тIаде руссун, цоясс чухъа кьунила ассие, цоясс гужгат кьунила, цогидаз ярагъ банила, унго-унгояв бахIарчи вахъинавунила. Кидаго нацIцIил цIураб тIимугъ гурони, тIад ретIине щвечIев БукIучIи, цIияб, лълъикIаб ретIел щведал, алълъухъ балагьизе, аб цIцIацIцIазе, алълъул ххал гьабизе лIугьанила. Асс гьабулебго щиб? Кидаго ретIел бихьичIев гIадан вугин аван абунила ханассул рекIараз. «Гьедин гуребин эб, жиндирго лълъикIаб ретIел гIуруцца индал, нужецца кьуралда рекъоларогойин ав вугев» абунила царацца. «Доссул ретIелго ссундул букIараб? Жибго нурлъун бихьулаанин доб абуни­ла рекIараз. Багьа гьабизе кIолареб, бацIцIадаб алмас-якъуталълъ къачIараб ретIел букIанилан» абунила алълъ, «эбго кIваричIоанин, гьединаб ретIел дагьабищ гьессул бугебан бицанила царацца» умумузулго батараб истампул хъирим букIанила гъажалда; гьелда гурони, рекIел бухIи гьабуларебин дицца; гьанжессеб заманалда батулареб ярагъ букIанин эб». – «Бихьанин, бихьанин нижедаги, цIцIо хъахIлъун бихьулаанин, тIад тIолго гIарац тIураб куц бугоанин» абунила аз.

Вилълъанила гьанже ав, вилълъанила, щванила ханассул гьапудухъе. Эххеде-эххеве, ццеве-нахъе валагьизе лIугьанила БукIучIи кидаго ццебе гьадинаб бакI бихьичIого. «Ассиего щиб? Кидаго рукъ-бакI бихьичIев гIадин вугин ав?» абунила ханасс царада. «Гьедин гуребин, дур гьундузда-ракI рекъоларогойин ав вугев, жиндиргоял лълъикIал ругелълъул» абунила алълъ.

Ячанила гьанже БукIучIие ханассул яс. Анкьицца бертада-туялда риххун рукIун, къачIанила гьанже ай эбел-инссуцца россассул рокъое йитIизе, гIемераб партал-къайиги кьун, алда цадахъ рекIаралила, лъелалила, гIолохъабийила, ясалила, зурмихъабийила, къолохъабийила, кочIохъабийила, дунял-гIаланила. «Рукъ-бакI къачIазе дун ццебе-ццебе инин, дида ххадур рачIаян» абун, ццебе-ццебе бекерун анила цер.

Бекеранила, бекеранила, щванила цер чIегIербоцIцIул цIураб авлахъалде. «БоцIцIи лълъилилан гьикъанила алълъ гIухьбузда. «Аздагъодул бугин» абунила аз. «Верейин, верейин! Аздагьодул тIокIаб цIцIар бахъугейин, хIалтIи хун бугин элълъулилан» абунила царацца. «Топгун, топханагун, гIарадагун, гумпарагун анцIго пачахIассул бо бачIунеб бугебин элда тIаде бахъун. БоцIцIи элълъулин абуни, нужгоги чIвалин, бетIер течIого босун боцIцIиги инин, пачахIзабиги хIинкъизарулев БукIучIихан абурав цо хан вугевин, лълъицца гьикъаниги, боцIцIи гьессулин абе нужецца, цинги гIаданцин кIалъаларевин нужеда» ян малълъанила царацца.

Гьебги абун, бекеранила цер, батанила аздагьодул чуязул илхъи. Илхъиялда нахъа гIиял рехъаби ратанила, рехъаби тун дореххун, лъилъарухъаби ратанила, эздаги нахъа рецарухъаби ратанила. Щибаб бакIалда тIоццебе лъураб хIинкъи лъун танила алълъ.

Бекеранила цер, бекеранила, щванила аздагьодул хьолбохъе. «Аздагьо» –  ян ахIанила алълъ, «аздагьо, дур квараб чед-ххинкI кIоченчIебин ди­да, анлIго пачахIассул бо бачIунеб бугебин дуде тIаде топгун, топхана­гун, гIарадагун, гумпарагун, дуда гьеб лъазабизе билълъанин дун гьанибе, щиб гIамал гьабулеб дуцца гьанже»? «– Вай дицца гьабулеб щиб? Гьебгонияб боялде данде багъизе кIвеларин дида, балагьийин цер, гьечIебищ дун бахчизе гIадаб бакIго?» ан абунила аздагьоялълъ. БитIун азбар бакьулI мегIер гIанассеб ххарил гIарахъ бугоанила.» Гьелда жанибе лIугьа, ххеххгойин, боял тIаде щолел ругин» ахIданила цер. Добе-гьанибе ххерги бикь-бикьизабулаго, лIугьанила аздагьо жанибе. Ункъабго рахъалдассан гъун биччанила царацца цIа, бакь киниги, бежанила аздагьо.

РачIунел ругила гьанже бахIаравги, бахIарайги, зурмагун, къалигун, ццере рекIаралгун, ххадур лъелалгун, кьвагьиялда, гIанхъиялда. Щванила ал чIчIегIербоцIцIул цIураб авлахъалде. «БоцIцIи лълъил» –  ан гьикъанила ццерессел рекIараз. БукIучIиханассулилан абунила доз. Рилълъанила гьениссаги, щванила илхъиялда тIаде.  –  «Илхъи лълъил?»  –  ан гьикъанила, «БукIучIиханассул» абунила.

Рилълъанила гьениссаги, ратанила гIиял рехъаби. «Рехьед лълъил» – ан гьикъанила.

«–  БукIучIиханассул» абунила.

Гьебго гьикъи лъилъарухъаби, рецарухъабазеги гьабунила. Добго жаваб азги кьунила. Риххун-ххаган ххутIанила киналго, БукIучIиханассул боцIцIул хIисаб гьабун. Живго БукIучIи, гьаглъун, тIурун иналде кканила.

Рилълъанила, щванила ал аздагьодул (гьанже БукIучIиханассул) хъулбузухъе.

Данде лIугьун, кинабго гьалмагълъиги нахъ буссинабунила царацца тIасса рукъзабахъе бахIаралги рахинарунила, гъоркьа рукъзабахъ жибгоги чIчIанила. ЧIчIужугун вега-вахъун гурони, цоги жоялълъул ургъел букIинчIила БукIучIие. Щибаб жо цараде тIамун танила асс.

Ассул хIал бихьизе, хвараб ххвелги гьабун, диргъизе цабиги гьарун, азбар бакьулI тIибитIанила цер. «Балагьейин, БукIучIихан, нилIер цер хвараб гIадин бихьулин!» абунила чIчIужуялълъ «ТалихI бугони, анцIцIул тIатIала хвезе бугоанин, чIалгIун букIанин дида гьеб нажас» абунила БукIучIиханасс. Тирщун эххедеги бахъун, ахIанила царацца:

 –  «Бицинищха, бицинищ, НацIцIил ХIажил бицинищ? – Гьадил туманкI бицинищ, Гьабигьанил бицинищ?»

Накалда кканила БакIучIи, гьаранила, гIоданила, бетIерчIванила. ЛIугьанила цер тIасса.

Дагьаб меххалдассан унго-унго хванила цер. Гьанжеги алълъул ххвел батилебилан хIинкъун, кIиссун мохмохгун, жаниб лъун танила БукIучIицца аб. Бугила гьанжеги цер эхIедин.

bottom of page