top of page

Н n

  1.  На бокьарассе – на, никIкI бокьарассе – никIкI.

  2.  На лълъикIаб ссунтIур ххалатаб, гIака лълъикIаб гьанарачIчI ххалатаб.

  3.  На тIогьода чIчIола, тIутI къеда чIчIола.

  4.  На – тIогьоде, тIутI – гъоссоде.

  5.  Нагагь жиб хванани, гIадамал лълъиццадай къосинарилаян ургъел чIванила хераб щайтIаналда. МахIги ургъел чIвагейин, мун хвани, гьел къосинаризе желкьал ругелълъулан абурабила гьелълъул россасс.

  6.  Нагагь ккелеб лъаларилан, лъабго хьит гьабизабурабила.

  7.  Нагагьаб балагьалдассаги цIунаги, заман щвечIеб хвелалдассаги цIунаги.

  8.  Наги тIутIги цадахъ хIалтIуларел.

  9.  Нагизил къватIал руччун рукIаго, роцIцIаде божи лъоге.

  10.  НагIадалаялълъул бетIер чIахъаги!

  11.  Надиршагьассул боял кутакал, чабхъенал гьаризе магIарулал цIакъал.

  12.  Наиб аралълъуссан нукарги ине кколевила.

ГIарахъмегIер къотIун, цо росулIе берталIе унел рукIанила наибги гьессул нукарги. Наиб ригь арав чи вукIанила, нукарин абуни гIолохъанчи вукIанила. Анила къоги, щванила сордоги.

Ццеве-ццеве наибги ххаду-ххадув нукарги вукIанила. Цо заманалдассан гьал цо хIоринире кканила. Чанго гали лълъелIан тIамун ххадуб, наибасс абунила:

- Я вацц, дунни, канлъи бихьичIого, ккун ватилин хIориниве. ГIолохъанав мунгIаги кин гьаниве ккарав?

Нукарасс абунила: Наиб аралълъуссан нукарги ине ккола! – ян.

 

  1.    Найицца тIегь кванала,

ТIотIоцца гъвесс кванала.

ГъоссолI букIун, тIотIоцца

ТIогьолI бугеб наялде,

Дун лъаларищ, гьвел роццан,

Рогьо къабихIаб бала.

Кицилъун лIугьарал гьал мухъал руго пасихIлъиялълъул цIцIар арав Инххосса ГIалихIажияссул. Гьесс гьал рагIаби абун руго, кIал квешай мадугьалалълъ, рогьоги бан, цIакъго жив инжит гьавураб меххалълъ.

 

  1.  НаккдалI баххчун, варани тIубаларо.

  2.  НаккдалI каржин къинлъарабила, ххарилI борохь къинлъарабила.

  3.  Накку гьечIеб гьороре къадакаби унаро,
    ГIатI-тIехх гьечIеб къвачIиде гIункIкIаз къассд гьабуларо.

  4.  Накку хъирщун, мугь бищун,

Наккдагьороб букIаго,

ТIил речIчIун, бохх бекана,

Жул речIчIун, бер бахъана.

  1.  Наку щвараб меххалълъ щибго кьурдула.

  2.  НакIкI гьечIого, цIцIад балареб, цIцIорол гIор щвечIого, хур бачIунареб.

  3.  НакIкIаз тIанчIи риччани, кьерхен халалъулеб.

  4.  НакIкIал тIад тIупараб кьурул гIус гIадин.

  5.  НакIкIигъотIода пихъ бижуларо.

  6.  НакIкIикартIиниссан бакъ баккиларо, къарумассдассан жо баккиларо.

  7.  НакIкIицца цIцIадги бакI бихьун гурони кьолареб, бакъул канлъиги киназего бащад щолареб.

  8.  Налъи бецIичIого, доб дунялалде аравги, кIудияб мунагьги гьабун, арав чийила.

  9.  Налъи бугев къурав, къо бугев бергьарав.

  10.  Налъи бугелълъубе кьезе кIоларев, кьвагьи бугелълъуве ине кIоларев.

  11.  Налъи гьабизе бигьаяб жо бугоан, бецIизе кколеб къо бачIунаребани.

  12.  Налъи гьабуна – гьудуллъи хвана.

  13.  Налъи гьечIев чи – бечедав чи, дагIба-къецц гьечIеб рукъ – рагьараб алжан.

  14.  Налъи тIубан хварав алжаналълъуве реххулевила.

  15.  Налъи холареб, би бакъвалареб.

  16.  Налъуе босулареб рагIи, гIадан божулареб гIумру.

  17.  Налъукье ккарав эмен васассеги вокьуларев.

  18.  Налъул берцинлъи бецIийила.

  19.  Налъул хIуби бекулареб.

  20.  Налъуцца чи бечелъуларев, бичалълъ рукъ ццебе тIолареб.

  21.  Намус билизегIан бетIер ками лълъикI.

  22.  Намус бичани, мун чи вукIунарев, чилъи хвани, дур багьа букIунареб.

  23.  Намус гьечIеб черххалдассаги цIунаги, чи божулареб гIумруялдассаги цIунаги.

  24.  Намусалда хъубаб тIанкI лъезе тоге, нахъе бацIцIине захIмалъула.

  25.  Намусалълъе нугI хIажалъуларебила.

  26.  Намусалълъул лагълъунги напсалълъул хханлъунги вукIине ккола бихьинчи.

  27.  Намусги цIунани, черххги цIунани, чияр ракI релълъараб къо бачIунареб.

  28.  Напакъа ххараб сордо – ххинкIал чIахIияб сордо.

  29.  Насибалдасса ратIалъиларо, гIажалалдасса ххвассарлъиларо.

  30.  Насслу гьечIев эмен – гьан гьечIеб ракьа.

  31.  Нах гIемерлъунилан, карщ холареб.

  32.  Нах дараялда бахунге, къохьода бахе; ссадакъа бечедазе кьоге, мискинзабазе кье.

  33.  Нах кваниги – хIажатххана, хIан кваниги – хIажатххана.

  34.  Нах тIад кколеб, риди гъоркь кколеб.

  35.  Нахуда букIараб гьой чуруде ккани, чури хIехьолеб; чуруда букIараб гьой нахуде ккани, нах хIехьолареб.

  36.  НахулI букIараб гел лълъелI чIчIарабила, лълъелI букIараб гел нахулI чIчIечIебила.

  37.  НахулIе квер биччарай, квасулIе бохх биччарай.

  38.  Нахъ буссун дудаго речIчIулеб чIор реххуге.

  39.  Нахъа букIунеб куйдасса кодоб бугеб гIечго лълъикI.

  40.  Нахъа мунго рекIекълъулеб рагIи бицунге.

  41.  Нахъа ххутIараб боцIцIи бацIицца чIвалеб.

  42.  Нахъарукъалда рахал гьечIев (рагIи жаниб лъезе кIоларев чи).

  43.  Нахъассан кIалъалев чи камуларев, чорокаб мацIцI камулареб.

  44.  Нахъассан чухъа ккурассул чухъил квенчIчIел дуццаги ккве.

  45.  Нахъе бахъа, мискинлъи, диеги бакI биччаян абурабила чахъдацца.

ВукIун вуго цо мискинчи. Гьессул рукъалълъул ункъабго бокIонги ккун букIун буго мискинлъиялълъ. Гьесс босун буго цо чахъу. Цо заманалдассан чахъдацца абун буго бокIон ккун чIчIараб мискинлъиялда:

- Нахъе бахъа гьенисса, гьеб бакI дие дунго гIодоб чIчIезе къваригIун буго, – ян. Мискинлъи къватIибе ун буго. Цоги бокIоналде унги, чахъдацца абун буго, жиндир тIанчIиеги бакI теян. Нахъеги жиндирго нухиялълъе, ххадубги тIанчIил нухиялълъе цо-цоккун бокIналги рахъулаго, гьелълъ мискинлъи киссаго нахъе гъун буго.

 

  1.  Нахъе валагьун, гьури биччай, ццеве валагьун, гьорчо биччай.

  2.  Нахъе лъуна – батана, бичун ана – камуна.

  3.  Нахъе лъураб жо лъималазегIаги батулеб.

  4.  Нахъе нух къокъаб букIунебила.

  5.  Нахъе тараб квен катицца унеб.

  6.  Нахъе тараб порччое гьобол лълъикIав вачIунев.

  7.  Нахъе цIцIодорлъизе бихьараб батагиян абурабила царацца бацIида.

  8.  Нахъеги рагьизе кколеб рагьу бекиледухъ къаге.

  9.  Нахъеккей – нич.

  10.  Нахъияссул хIетI ххеххаб, тушманассул квер ххеххаб.

  11.  Нахърател гьечIого, гьабураб дунял – бухъулаго квараб къвали.

  12.  Нахърател, лъимал гIиссин рукIаго, гьабе.

  13.  НацIцI чIвазе зар къваригIунареб.

  14.  НацIцIал гъана, тIигьа бана.

  15.  НацIцIида ццин бахъун, цIцIаха цIадае реххулареб.

  16.  НацIцIие квешезе цIцIаха бухIарабила.

  17.  НацIцIие хIалае хIанкΙич бахъараб.

  18.  НацIцIицца къо гуккараб, къвалуцца бо гуккараб.

  19.  Наял рагъила – гьоцIцIо тIагIина, гIадамал рагъила – рукъ тIеренлъила.

  20.  Некьида некь бижулеб, мичIчIида мичIчI бижулеб.

  21.  НекIо лъимадасса лъимаде бихьулеб букIарабила бадибчIвай, гьанже бадисса бадибе бихьулеб бугила.

  22.  НекIссияб гIумру анищ, гьанжессеб гIакълу анищ! (НекIссиял сонал анищ, жакъассеб гIакълу анищ!)

  23.  НекIссияб сон гуро, сонссияб къо гуро.

  24.  НекIссияб сонги букIунареб, сонссияб къоги букIунареб.

  25.  Нечарав хIажиясс хIеж борххулареб.

  26.  Нечарассе хIетI кьурав, хIинкъарассе ракІ кьурав.

  27.  Нечоларищин мун, гьедигIан цIакъ бади-бадиссан баккун букIинеян абурабила къадкида. Нечани жиндие чед щоларилан абурабила къадкицца.

  28.  Нигат бихьун, гIамалила, гIамал бихьун, жазайила.

  29.  НигIматазул бетIер-чед, чилъиялълъул бетIер – намус.

  30.  НигIматазул кIулги – мацIцI, балагьазул кIулги – мацIцI.

  31.  «Нижецца бекьана!» – ян абурабила хур бекьулелълъул оцол лIаратIа рещтIараб тIотIоцца.

  32.  Низам гьечIеб бодуе рагъда талихI кьолареб.

  33.  НилI кьижаниги, мегъ кьижулареб.

  34.  НилI кьижидалила царгъинире гIункIкIал раккулел.

  35.  «НилI кIиялго ращалъизе, цо анцIго шагьиги тIаде жубай», – ян гьарарабила мискинав вехьасс мегIер-гIалаххго цIураб гIи бугев бечедав чияссда (...мусру босизе камураб 10 шагьи).

  36.  НилI рокьуларезда бугIа рихаги.

  37.  НилI рокьулел гьурмахъ ралагьулел, рокьуларел ратIлихъ ралагьулел.

  38.  НилI рокьулелги нилIее бокьухъе ххутIаги, нилI рокьуларелги нилIее бокьухъе ххутIаги.

  39.  НилI хъурмидасса хIинкъулел ратани, хъумур нилIедасса нусцIцIул хIинкъулеб.

  40.  НилI чиялълъуре ани, нилIер хIал чияда лъала, чи нилIеде вачIани, гьессул хIал нилIеда лъала.

  41.  «НилIги магIарда гIала къинлъун гьарурал чагIи гурелълъулхха», - ян абурабила гIандиссесс.

  42.  НилIго нилIехъангойилан абулебила гIатIаххинкIазги.

  43.  НилIго рижараб бакI – ссверун алжан, бакьулI хIеж.

  44.  НилIго херлъаниги, ракI бахIарго букIунебила.

  45.  НилIеда бихьичIеб беццассда бихьун батулебила, нилIеда рагIичIеб гIинкъассда рагIун батулебила.

  46.  НилIеда гьикъун гуребила талихIги балагьги бачIунеб.

  47.  НилIеда лъалелдасса лъалареб гIемер букIунебила.

  48.  НилIеда лълъикI бихьараб балагьалълъе батула, квешабилан ккарабги лълъикIлъиялде буссуна.

  49.  НилIеда ракь кIочани, ракьалда нилIги кIочонел.

  50.  НилIеда сон рекъечIони, соналда нилI рекъезе ккола.

  51.  НилIедего цIцIачIеб цIцIахдацца нилI ххинлъуларел

  52.  НилIедасса бечедаб бакIалде ригьин гьабиялдасса, гьорода бадире ралагьул, кIущи лълъикIаб.

  53.  НилIедасса къварилъиялда вугев чиго ватиладаян гьикъарабила, гамаги гъанкъун, цо хъорщода ххутIарав васасс инссуда. НилIедасса къварилъиялда вугин чIчIужуялълъул рокъов вугев россилан абурабила инссуцца.

  54.  НилIее бокьараб гуребила букIунеб, Аллагьасс хъварабила.

  55.  НилIее гьалулареб хьагиниб гьвел бетIер белъа абе.

  56.  НилIее зарал гьечIони, инсан Аллагьасс вижахъе къабул гьавизе кколевила.

  57.  НилIее кIал кьолев, чияе ракI кьолев гьудулассдасса цIунаги.

  58. НилIее пуй гуреб, гьорой хьвай гуреб.

  59.  НилIее хъвараб чияда бихьулареб.

  60.  НилIее чед гурев, чияе гурга гурев.

  61.  НилIеего тараб – месед, течIого бицараб – гIарац.

  62.  НилIер балагьалдасса чи цIунаги, чияр балагьалдасса нилI цIунаги.

  63.  НилIер бихьун, чи кантIугеги, чияр бихьун, нилI кантIаги.

  64.  НилIер вугони – цIцIодор, чияр вугони – гIабдал.

  65.  НилIер гIайиб чияда лъалеб, чияр гIайиб нилIеда лъалеб.

  66.  НилIер гIодизегIан, эбел чияр гIоди лълъикIаб.

  67.  НилIер къвачIицца кквечIеб чияр таргьицца кколареб.

  68.  НилIер кIалалълъ кквечIеб чияр кIутIбуз кколареб.

  69.  НилIер лъимер – гъветI, лъимадул лъимер – пихъ.

  70.  НилIер хъахIба чияда лъалей, чияр хъахIба нилIеда лъалей (НилIер хъахIба – чияда, чияр хъахIба-нилIеда).

  71.  НилIер хIалтIудасса Аллагьассул къоял гIемерал.

  72.  НилIер чехь унтун букIин чияда лъалареб.

  73.  НилIер чехьги бугилан, чияр тIеххги бугилан, чохьол чIоло бичуге.

  74.  НилIер чи хвей – тушманассе бертин.

  75.  НилIер-чияр чи лъазе, чи чIвалареб кьал ккаги, кьолбол гьуинлъи лъазе, холареб унти чIваги.

  76.  НилIерабго баххчун, чияраб гьурщун.

  77.  НилIерабго – чинква, чияраб – курак.

  78.  НилIерал чияда лъалел, чиярал нилIеда лъалел.

  79. НилIералго чинква гьарун, чиярал цIулакьо гьарун, хьвадугейила.

  80.  НилIерго бакI – алжан, чияр бакI – жужахI.

  81.  НилIерго васассул вас лIугьинчIони, нусалълъулги яс лIугьунарей.

  82.  НилIерго вугониги, чияр анищан ккаравги вукIуневила чи.

  83.  НилIерго гъоссодассанила нилIго хъущтIулел.

  84.  НилIерго квенги кванан, нилIерго ретIелги ретIун, чияр ургъалида рукIунгейила.

  85.  НилIерго лаченалълъул чияр бакIалдасса бачIараб гъадилгIан къимат гьабуларебила.

  86.  НилIерго лъарацца чияр гIурул хъуй рагIизе толаребила (нилIерго лъарал гьаракь бугони, чияр гIурул гьаракь рагIулареб)

  87.  НилIерго лъимал – “кIарчанал”, чияр лъимал – “гIадалал”.

  88.  НилIерго лъималги ццере тун, чияразда малълъаруларел.

  89.  НилIерго малъаз гIадин нилIер мугъ хъассулареб.

  90.  НилIерго рукъ гIадаб бакI гьечIеб, хъизамалде гIадаб рекIелгъей букIунареб.

  91.  НилIерго реццалълъ гIадин, чияр реццалълъ нилIее зарал гьабуларебила.

  92.  НилIерго хъорщода чиниги тун, чияр горда бугеб щагIида баххиллъуге.

  93. НилIерго хьитинибе ккечIеб цIаялълъ хIетIе бухIуларо.

  94.  НилIерго хIал нилIеда лъала, чияр хIал чияда лъала.

  95.  НилIерго чарухъ чияр чакмаялдасса лълъикIаб.

  96. НилIерго чи – чинкир, чияр чи – курак.

  97. НилIерго чияссда асскIове арав гIодулаго вачIуневила, чияда асскIове арав гIагIадулаго вачIуневила.

  98.  НилIерго чияссда гIайиб чIвани, «лъаларо, валагь», – ан абулебила.

  99.  НилIерго чияссул гIамал хераб оцол гIадаб букIунеб, чияр чияссул гIамал хIал кколареб басидул гIадаб букIунеб.

  100.  НилIерго чияссул хIалтIудасса хIал хьолареб, чияцца гьабулеб гIемерлъун бихьулеб.

  101.  НилIерго чундул гIадал ясал – чияе, чияр пахълаби – нилIее.

  102.  НилIерго ябучу чияр бекерухъаналдасса нусцIцIул лълъикIаб.

  103.  НилIецца вахине гохI балагьарасс нилI реххизе кIкIал балагьулебила.

  104.  НилIецца лъималазе цо гьересси бицани, лъималаз нилIее къого бицунеб.

  105.  НилIецца ракь цоцIцIул маххссараде ккуни, ракьалълъ нилI нусцIцIул кколел.

  106.  НилIецца цIцIали лъабго къоялълъ тани, цIцIалиялълъ нилI лъабго моцIцIалълъ тола.

  107.  НилIецца чIолорхъо бачIеб чияр чол ургъел гьабизе кколареб.

  108.  НилIеццаго абураб берцинаб, чияцца абураб ссурукъаб.

  109.  НилIеццаго гьабичIеб нилIее батулареб.

  110.  НилIеццаго гьабунщинаб – лълъикIаб, чияцца гьабунщинаб – квешаб.

  111.  Нисул даран лъалев, дадил хIал лъалев.

  112.  Нису тIамун тIехх кванан рукIин лълъикI, тIад вугев чияссе наку чIвазегIан.

  113.  Нису тIамун тIеххгIагийищин гьезул гьечIебилан абурабила Бахху-бикацца.

Аваразул ххан Баххубикада бицарабила хханлъиялълъул ххалкъ бакъун-къечон бугилан. Гьелълъги данде гьадинаб жаваб кьурабила.

  1.  Нич бахъарассдасса бер бахъарав лълъикIав.

  2.  Нич бугессда намусги букIуна.

  3.  Нич буго чилъиялълъул гIаламат.

  4.  Нич гьечIелълъуб намус гьечIеб, намус гьечIелълъуб нич гьечIеб.

  5.  Нодо берцинлъизе – кьенссер, кьибил берцинлъизе – цо чи.

  6.  Нодо букIкIарассул гьобол ххеххго унев.

  7.  НолIссиялда саву ккарав, сонссиялде гIазу барав.

  8.  Носол балалда бараб жойила чияссул ияхI.

  9.  Носол мацIцIалълъ цIцIан босарай, цIцIел лIаралълъ бог босарай.

  10.  Носоцца гуро къотIулеб, квералълъин.

  11.  Носоцца тIад лъураб жо гурони къотIулареб, мацIцIалълъ кинабго къотIулеб.

  12.  Нохъо бацIцIалъиларо, нохъо чороклъулеб гIамал течIони.

 «Нохъо чорок! Нохъо чорок!» абун рогьо бан буго цо хIинчIчIалълъ кидаго жиндир бусен бигун букIунеб цоги хIинчIчIалде. Чорокаб хIинчIчIалълъ абун буго: «Доб нохъояли некIого тараб дицца». Рогьо баралълъ жаваб кьун буго: «Нохъо тунилан, нохъо бацIцІалъиларо, нохъо чороклъулеб гIамал течIони».

  1.  НугI гьечIеб жо – гьересси.

  2.  – Нуж кин ругел, бихьинал?

- ЧIчIужу квешал квеш руго.

- Нуж кин ругел, бихьинал?

- ЧIчIужу лълъикIал лълъикI руго.

  1.  Нуж лълъикIанила гъолълъухъ дир бадиссан ралагьизеян абурабила гIолиласс (дур йокьулей ссурукъай йигилан абидал).

  2.  Нуж къосунгутIизе дицца нужее толеб бугила кIиго хIикмат: Аллагьассул тIехьги Аварагассул мисалги.

  3.  Нуж цIакъалилан реццани, хIамикIучIалги кьурдулелила.

  4.  Нужгияли, дир лагъзал, лълъикIал чагIи гьечIилан абулебила Аллагьасс, роцIцIани, кьерхагиян гьардолила нуж, кьерхани, роцIцІагиян гьардолила.

  5.  Нужее нужерго лъимал гIадиналин эбел-инссуе нужги рукIарал.

  6.  Нужее нужерго лъимал гIадинин чияе жидерго лъималги рокьулел.

  7.  Нус йокьуларей якьадалълъул вас хваги!

  8.  Нус лълъикIаб жоани, васассул чIчIужуялдеги нусилан абилароан.

  9.  Нус ячунеб меххалълъ ххинкI къаниги гIолилан абулеб, ячараб меххалълъ чед гьабуниги гIолареб.

  10.  Нусал барщани, ваццалги барщулел.

  11. Нусалда бичIчIизе ясалда абулеб, оцода бичIчIизе булагьиналда кьабулеб.

  12.  Нусги якьадги – ракьаги нусги.

  13.  Нусго гурила, дирай, ххвалчен йигила.

  14.  Нусго гъурущ гьечIони, азарго гъурщил зарал кколебила.

  15. Нусго гьудулассул ххайиралдасса цо тушманассул зарал кIудияб.

  16.  Нусго къоялълъ борчунебила ярагъ, цо къоялълъ къваригIунебила.

  17. Нусго къоялълъ гIанкIулъуналдасса цо къоялълъ хIелеколъунго лълъикIила.

  18.  Нусго оцол бетIергьанасс чияда чIвантI гьарарабила.

  19. Нусго соналълъ рарал каказдасса ритIухълъиялълъул сагIат бергьунебила.

  20. Нусго томеналълъул багьаябги букIунебила гьересси.

  21.  Нусгоялда гьоркьой цо гурони чIчIужуги ятуларей, нусгоялда гъорлI цо гурони чуги батулареб.

  22.  Нусгоясс гьабураб цоясс биххулеб.

  23.  Нух бачине гъеду тани, рещтIен рощногохIда гьабулеб.

  24.  Нух бихьидал, хьит букъарай, гьобол вачIиндал, рукъ лълъухьарай.

  25.  Нух гьечIеб кьуру букIунареб, кьо гьечIеб гIор букIунареб.

  26.  Нух къваридав чи – хьитал къваридав чи.

  27.  Нух гьечIеб кьурулIе кьоялги лъоге, кьолареб бакIалде ххиялги лъоге.

  28.  Нух къокъ гьабулеб жо – ххабарила, ххабар къокъ гьабулеб жо – гIакълуйила.

  29.  Нух лълъикIабани, нухда ххер бижилаан.

  30.  Нух цо гьабе, роцен кIиго гьабе.

  31.  Нухда вахъунелълъул нухлулавги вище.

  32.  Нухда гIажал батугеги, гIодоб балагь батугеги.

  33.  Нухда данде ккезе бищунго къваригIел гьечIев чи – меххтарав чи; къавулIе вачIине бищунго къваригIел гьечIев чи – меххтарулев гьудул.

  34.  Нухда данде ккун, чи лъаларо, черххалълъул гIамалал цIцIан рихьичIони.

  35.  Нухда дарулъун ккаги, данде сабаблъун чIваги.

  36.  Нухда иналде гьалмагъ валагье, рукъ босилалде мадугьал цIеххе.

  37.  Нухда унелълъул, радал ххеххго вахъа, бакъанида ххеххго рещтIа.

  38.  Нухдаги данде чIвагеги баракат гьечIев чи.

  39.  Нухлул кIалтIу – гъанссито.

  40.  Нухлул ххалалъиялде валагьуге, чIчIолелълъуве валагье.

  41.  НухтIе щвезегIан – тIехх, тIохтIе щвезегIан – карщ.

  42.  Нухъа бахъаралълъуб хъвек рещтIунеб.

  43.  Нухъаялълъ абурабила, роццалда рекъараб гурони, чIимихх къулчIчIугейилан.

  44.  Нухъил бер гъадицца бахъарабила

  45.  Нуцалчияссе, киве аниги – бертин.

  46.  Нуцалчияссул квергIанаб гьан тIокIаб, гъудгIанаб би тIокIаб.

Гьаб букIана рагIияталда тIад жидер иххтияр щулалъизе, гьезда гьоркьоб жидер къадру-хIурмат букIине нуцабаз, хханзабаз ургъун бахъараб кици.

  1.  НуцIцIа гъезегIан – гъелдареч, хур бачIинегIан – пурчIина.

  2.  НуцIцIа гьадил бугониги, нукьдул меседилал руго диралълъул.

  3.  – НуцIцIа къире, къоролай, къватIив ххутIулев вугин; къоно ричIе, хIурулгIин, хIатIал квачалел ругин.

- Божиларо, гьабигьан, хIурул цIураб магжида.

- Божа, божа, къоролай, дурго къвачIаги ххинин.

  1.  НуцIцIида нахъа хьитги батугеги тIинчI-якьадалълъул.

  2. НуцIцIида нахъе ялагьарай яс гьаюгеги, кIалалълъе валагьарав вас гьавугеги.

  3.  НуцIцIил кIалтIаго – хIеж, хIобокьго – алжан (лълъадилъун ячинессей яс мадугьалихъго ятидал...).

bottom of page