top of page

ТӏУТӏГИ НАЙГИ

Цо пуланаб къоялъ Тlутlги Найги цоцада асскIоре ккун руго. ТIотIоцца Найидеххун, жиндирго къварилъи бицун, гьадин абун буго:

- Гьал гIадамаз гьабулеб мекъаб жоялълъул магIна кинго бичIчIуларо дида. Дун гьаз рукъзабахъа къватIибе бачахъула, батIи-батIиял жал ургъун, дун хвезабула, щиб rIaмал гьабунги тIутIал тIагIинаризе кIаракат бахъула. Дуейин абуни, тIулби гьарула, дур тIалаб цIакъ гьабула, ххасало ригьниб жаниб лъола, ихдал цо-цо меххалда дуе квине гьоцIцӏогицин кьола. Гьаб дур бегIераб ххочодасса хIинкъун ратилахха гьал гIадамаз дур хIурмат-хъатир гьабулеб, - ан.

Найица гьелълъие гьадинаб жаваб кьунила:

- БегIераб ххочодасса хIинкъун, хIурмат гьабулебани, кьужнайилги кIкIарадулги гьабилаан гIадамаз хIурмат, гIадамазда асскIобни гьезулги къадру дуралдасса цIцӏикIкӏараб гьечIо. Мун гIадамазухъе, батIи-батIиял унтабиги рачун бачIуна, дуцца гьезул квен-тIехх, ретIел-хьит, цинги цоги жо чорок гьабула, мун хIанчIола. Диццайин абуни нус-цус батIияб унтуе дару-дарманлъун чIчӏолебги, квине тIarIaмабги гьоцIцӏо кьола, гьединго гIемер жоялълъе къваригIунеб xIe кьола. Гьеле гьединлъидал бокьула гIадамазе дун, - ан.

bottom of page