﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
КІАЛ ТАРИГУН, ТАРГЬА ККВЕ
Киве кканиги, батӀи-батӀиял маххссараби гьарун, щиб-щибниги ххабар бицун, Мала Нассрудиницца кидаго гӀадамал релъанхъизарулаанила. Цо нухалда гьев вугев росулӏ цо бечедав чи хванила. Мала Нассрудинил ххассиятги лъан, росдал дибирасс гьессда абунила:
- Мала Нассрудин, нилӏер росдал ххан хун вуго, маххссара-ххочӏ гьабун, ххалкъ белъанхъизабизе бегьуларо дуцца. Жакъа ххан хвараб бакӀалде вачӀун, дуцца ххабар бицунге. Мун рокьов вукӀа. Дуцца гьеб дицца малълъараб гьабуни, дицца росдал агьлуялдасса бакӀарун, дуе рукъ рикӏкӀун ссахІ тӀорщалил кьела, - ян.
- ЛълъикӀ буго, хханассул азбаралда инссул бетӀерищ дир ххутӀун бугеб, кивениги къватӀивеги вахъинаро, дуцца малълъарабги гьабун, рокъов вукӀина, - ян абунила Мала Нассрудиницца дибирассда.
Цо дагьабго заман араб меххалълъ, Мала Нассрудинида ракӀалде кканила, дибир-будунзабиги бицараб рагӀи батулел чагӀи рукӀунарин, дие кьелин абураб жо босизе, кватӀизегӀан чӀчӏечӀого, ун лълъикӀилан.
Азбаралда букӀараб цо хераб хӀамаги ццебе къотӀун, гьелда тӀад ххулжалги лъун, Мала Нассрудин вилълъанила хварав хханассул азбаралде дибирасс жиндие кьелин абураб тӀорщел босизе. БитӀун хвел букъизе ине азбаралдасса ххалкъ къватӏибе лӏугьиналде, «XIa, xla!» - ян хIaмаги ццебе къотӀун, кавудухъа жаниве лӏугъун вачӀанила Мала Нассрудин. Гьессда берчІвайгун, ххалкъалда релъи кквезе кІвечӀила.
- Мала Нассрудин, дицца дуда гьаниве жакъа вачӀунгеян гурищ абун букӀараб? Мун киве гьаниве, хераб хӀамаги ццебе къотӀун? - ан ахІданила дибир гьессде.
- КӀал таригун, таргьа кквеян гурищ абулеб, гьалдасса жакъа чи гӀемераб бакӀги букӀинарин, диего кколеб тӀорщел босун телин духъайин вилълъун вукӀана, гьедигӀан дур ццин бахъине ккараб жо щиб бугеб? - ан абунила Мала Нассрудиницца.