
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo

Борохьги церги
Борохьги Церги гьудулзаби лӏугьун, цо бакӏалда бетӏербахъуда рукӏанила. Кигӏан цӏакъал гьудулзабиян кканиги, Борхьил рекӏелӏ чӏчӏегӏерлъи букӏанила Царадеххун.
Цо нухалълъ Царацца абунила:
-
Гьаниб кваназе жоги тӏагӏана нилӏее гьанже, рачӏа нилӏ гьаб ракьги тун, гӏор бахун, дореххун гочинин, - илан.
-
Рачӏа валлагь, - ан абунила Борхьицца, - дидани лълъим ххаризе лъаларохха, дуцца баччизе ккела дун!
-
Баччила гури, баха тӏаде! – янги абун, мугъзада Борохьги рекӏинабун, ххалаго лълъимгун, гӏурул доб рагӏалде щолеб букӏанила Цер, горбода жемунги бачӏун, Борхьицца жиб гъанкъизе ххиял гьабураб меххалълъ.
-
Вахӏ, Борохь, дуцца гьабулеб жо щиб? – ан гьикъанила Царацца, хӏинкъунги лӏугьун.
-
Мун гъанкъизехъин буго дицца, - ян абунила Борхьицца.
-
Гьабго щинаб меххалълъ гьудуллъиги гьабун, нилӏер гьумер цоцада бихьичӏого, хвезе бегьиларо, гьудул. Цо гьанибеххун къулун, дида бадибе балагье, - ян абунила Царацца.
-
Балагьила гури, диеги бокьун буго дур куцалълъухъ балагьизе, - янги абун, Борохь гьелде бадибе къуланила.
Гьеб меххалълъ Царацца, хапун ккун, Борхьил бетӏер къунцӏун рехханила. Бехъерхъун босун, гӏурул рагӏалда цӏцӏан битӏизабун Борохьги лъун, Царацца абунила: “Дие гьудул гьале гьадин битӏарабин бокьулеб!” – илан.
boroFgi cergi
boroFgi cergi hudulRabi `uhun, co bajalda beTerba]uda rujanila. kifan vaqal hudulRabiyan Kanigi, borFil reje` Zefer;i bujanila carade{un.
co nu[a' caraCa abunila -
-
hanib kwanaRe Dogi Tafana ni`eye hanDe, raza ni` hab rapgi tun, for ba[un, dore{un goxinin, - ilan.
-
raza walah, - an abunila borFiCa, - didani 'im {ariRe ;alaro{a, duCa baXiRe Kela dun!
-
baXila guri, ba[a Tade! – yangi abun, muGRada boroFgi rejinabun, {alago 'imgun, furul dob rafalde ?oleb bujanila cer, gorboda Demungi bazun, borFiCa Dib GanqiRe {iyal haburab me{a'.
-
wa\, boroF, duCa habuleb Do ?ib& – an hiqanila caraCa, \inqungi `uhun.
-
mun GanqiRe]in bugo diCa, - yan abunila borFiCa.
-
habgo ?inab me{a' hudul;igi habun, ni`er humer cocada biFizogo, [weRe behilaro, hudul. co hanibe{un qulun, dida badibe balahe, - yan abunila caraCa.
-
balahila guri, diyegi bopun bugo dur kuca'u] balahiRe, - yangi abun, boroF helde badibe qulanila.
heb me{a' caraCa, [a<un Kun, borFil beTer qunvun re{anila. be]er]un bosun, furul rafalda Van biTiRabun boroFgi ;un, caraCa abunila - “diye hudul hale hadin biTarabin bopuleb!” – ilan.