top of page

ГЪАЗИГЪУМЕКИССА ХХАНАССЕ ХХУНЗДЕРИЛ ХХАНАССУЛ ЖАВАБ

Гъазигъумекисса хханасс ххунздерил хханассухе бачӀанила кагъат. Гьеб кагътида гьадинаб гьари бугоанила: «ХӀурматияв ххан, дир цӀакъ кӀудияб гьари буго дуде, дие цо чӀчӏегӀерабги гуреб, хъахӀабги гуреб, чарабги гуреб, багӀарабги гуреб, тӀулакьерабги гуреб, цӀцӏахӀилабги гуреб чу битӀеян. Дун цӀакъ квеш вуго, рекӀине чу гьечӀого, дида дуцца гьабураб гӀаданлъи кӀочон теларо», - ян.

Ххунздерил хханассухъе кагъат щванила, гьесс гьеб цӀцӏаланила. Цинги гьеб, хханасс реххссечӀеб кьералълъул чу батизе кинго кӀвечӀого, тату хварав ххунздерил хханасс, жаваб хъван буго: «ХӀурматияв ххан, дихъе дур кагъат щвана, Мурад бичӏчӀана. Дур гьари дицца тӀубазабулеб буго. ГӀемер кватӀичӀого, чуги бачун, дир чапар дуде тӀаде щвезе вуго. Гьев духъе вачӀина итниги гуреб, талатги гуреб, арбагІги гуреб, ххамизги гуреб, рузманги гуреб, шаматги гуреб, гьатӀанги гуреб къоялълъ», - ан.

Ххунзахъа хханассул кагъат цІцӏалидал, Гъазигъумекисса хханасс абунила: «Валлагь, ххунздерил хханги гӀантав вихьуларо», - ян.

bottom of page