﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
ПАЧАГИ КЪЕБЕДАССУЛ ЯСГИ
Цо нухалда пачаясс маххул къебедассда тӀадкъан буго жиндие къолден гьабеян. Къебедасс гьабизеги гьабун, къолден пачаяссухъе щвезабунила. Пачаясс гьелълъул хӀалбихьизе, гӀодобги лъун, гьелда ххвалчен кьабунила, гьеб кӀихӀи къотӀанила. Гьедин бигьаго къотӀулеб къолден жиндие гьабидал, пачаяссул ццин бахъанила, цинги гьесс ахӀизеги ахӀун, къебедассда абунила:
Доб дуцца дие гьабураб къолден цӀакъ тамахаб, бигьаго ххвалчацца къотӀулеб батана, цоги гьабе дуцца къолден, цинги додинабго тамахаб гьебги батани, дицца дур бетӀер къотӀизе буго, - ян.
ЦӀакъ ургъелги ккун вачӀун, инссуцца ясалда бицун буго пачаяссул амру. Ясалълъ абун буго дуда щибго ургъел ккогейин, дуцца цоги къолден гьабейин, цогидаб жо жинцца тӀубалин. Инссуцца къолден гьабун буго, тӀад гьебги ретӀун, ясги йилълъун йиго пачаяссухъе. Пачаяссда ццееги чӀчӏун, гьелълъ абунила:
- Гьалехха дуе дир инссуцца гьабураб къолден. Гьалълъул хӀалбихьизе дуего бокьани, кьабун бихьехха ххвалчен, - ан.
Гьей ясалълъул бахӀарчилъиялдаги цӀцӏодорлъиялдаги баххиллъарав пачаясс, къолденалълъухъ гӀезегӀанго гӀарацги кьун, яс нахъе йитӀун йиго.