top of page

ЧІЧӏЕГІЕРГЪЕДУГИ МАЛА НАССРУДИНГИ

Цо нухалда къватӀисса вачӀунаго, Мала Нассрудинида ватула цоцалълъ вагъулев кӀиго вас. Гьезда гьоркьоб ккараб жо бугоан цо чӀчӏегӀергъеду. Лъималазда гьоркьоб масслихӀатги гьабун, гьезие цо гъуруш гӀарацги кьун, Мала Нассрудиницца чӀчӏегӀергьеду жиндиего бачанила. Кодоб ккун гъедугун, рокъове унаго, цойидассанго Мала Нассрудинил кодоссаги боржун, чӀчӏегӀергъеду нухлул ракьанда бугеб цо гӀакдал мугъзада рещтӀанила.

- Балагьея гьаб дир гъадил гъунаралълъухъ, гьалълъ ккураб кӀудияб чан бихьулищ, хӀалчӀахъад букӀун бугогури гьаб лъазего лъачӀого, - ян Мала Нассрудин цӀакъ вохханила, бигьа гьавун асскӀовеги ун, чӀчӏегӀергъедуги кодобе бачанила, жиндир лочноцца ккураб чаниланги абун, гӀакаги бачун рокъове щванила.

ЛълъикӀалан меххалълъ росулӏги ссверун, аххиралдаги гӀакдал бетӀергьан Мала Нассрудинил дове кканила, жиндир гӀака нахъе кьеян лӏугьанила.

- Дур кисса букӀунеб гьаб? Нилӏер анкьумумуздассанго батараб гӀадат буго ккураб чан чанахъан бетӀергьанаблъун букӀунеб. Дицца жакъа дир гъеду биччан букӀана, гьебги ун, гӀакдада тӀад рештӀана, къанги гьеб ккуна. Дида мунги лъаларо, дур гӀакаги лъаларо, дир гъадицца ккураб чан дир буго.

ГӀемераб заманалда дагІбадун руго гьел, аххиралдаги иш ккун буго диваналде. Диван гьабулев чиясс, ахӏизеги ахӏун, Мала Нассрудинида абун буго:

- БетӀергьанчияссул гӀака нахъе щай кьолареб дуцца? - ян.

- БетӀерчӀахъаяв диванбег, нилӏер талихӀалълъ гьабсагӀат гьанив чиги гьечӀин, цо дихъ гӀенеккизе бегиларищ? Гьагъаб гӀакдал цо моцІцӏалълъ бечӀчӀараб рахьдал анцӏго гилавка нахул бахъула. Щибаб моцІцӏалълъ щу-щу гилавка нахул кьела дуе, кӀвеларищ гӀака дие кколедухъ хӀукму къотӀизе?

Диванбег воххун, ххинлъун лӏугьанила, чӀобого щолеб бугеб нахуде цӀакъ хьул лъунила.

- Вилълъа, гьанже мун нах хӀадур гьабизе рокове а, цогидаб жо дицца рекъезабилин, абунила гьесс. Мала Нассрудинги анила.

Цо чанго къоялдассан диванбегицца ахӀанила диван гьабизе Мала Нассрудинги гӀакдал бетӀергьанги. ГӀелму-къануназул тӀахьаз гьадин бицунеб бугиланги абун, диванбегасс гӀака Мала Нассрудиние ккезабунила. Гьабизе чараги тӀагӀун, гӀакдал бетӀергьанги рокъове анила.

Къо анила, анкь анила, моцӏцӏ анила, Мала Нассрудинихъа диванбегассе бачӀунеб жо щибго гьечӀила. Аххирги гьесс чи витӀун анила Мала Нассрудинихъе, нах босун вачӀаян абун.

Мала Нассрудиницца цо хъабаги босун, гӀакдал чІчӏверул цӀезабунила гьеб, кӀалтӀа кӀиго килщицца биццат нахги чІванила. Босун гьеб диванбегассухъе щвезабунила.

- Мала Нассрудин, дуда кӀочене гурин ххадуссеб моцІцӏалълъги аб нах босун вачӀине, - ян абунила гьесс.

- Бетӏерчӏахъаяв диванбег, дуда щибго ургъел ккоге, щибаб моцІцӏалълъ гьадинабго нахул цо-цо хъаба босун вачӀине вугев дун дуе, - янги абун, Мала Нассрудин рокъове вилълъанила.

Мала Нассрудин араб меххалълъ, диванбегасс жиндаго асскӀобегӀан хъабаги цӀцӏан, килщица нах квине байбихьанила. Цо-кӀицӀцӏул кӀалдибе босарабго, цо тамашаяб тӀагӀам букӀин бичӏчӀанила нахудасса. Гьабго щибдаян, лълъикІго жанибегӀан килищги бегьун, къватӀибе нах бахъулев вукӀарав гьессул кверал гӀакдал чІчӏверул цӀунила. ГӀемер цӀакъ ццин бахъиналълъ, диванбег вугелълъувго кӀанцӀанила, гьебсагӀат Мала Нассрудин ахӀизе чи витӀанила. Мала Нассрудин кватӀичӀого тӀаде щванила. Диванбегасс гьессда абунила:

- Я, гъарин Мала Нассрудин, гьанже дида гӀакдал чІчӏвери квинабиялдейищ дур иш ккун бугеб? - ан.

Мала Нассрудиницца абунила:

- Валлагь, бетӀерчӀахъаяв диванбег, дицца гуро дуда гьеб гӀакдал чІчӏвери квинабулеб бугеб, дуццаго кунеб буго гьеб. КӀиабизеги, гьеб квине гьанже гуро дуцца байбихьараб, доле доб дир чӀчӏегӀергъеду хъарчигъалъунги гӀака гьелълъ ккураб чанлъунги рикӀкӀине хӀукму къотӀараб къоялдасса нахъе кунеб буго дуцца гьеб, - ан.

bottom of page