top of page

ХI \

1. ХIабургъараб гъуй гъваридабилан кколебила.

2. ХIабургъараб меххалълъ гIор бахунареб.

3. ХIайван кIал гIебаб лълъикIаб, гIанкIу гозо бегIераб лълъикIаб.

4. ХIайван – тIассан чараб, гIадан – жаниссан чарав.

5. ХIайван хвани - ракьа, чи хвани - ишал.

6. ХIайван хIайваналда релълъараб, гIадан гIадамассда релълъарав.

7. ХIайваналда ччехI ккани, риидал кьаралъула, рукъалда ччехI кканани, чанги сон къваригIуна.

8. ХIажалъиялълъ малълъула, магъалоялълъ квегъула.

9. ХIажат гьечIеб ххабаралда ххадувги лIугьунге, кколареб ишги бетIералде босуге.

10. ХIажизабазулги рещтIунгегийила бо.

11. ХIажигIисал хъулухъ.

Кици бижун буго наибассул гьобол ХIажигIиссал баркала гьечIеб хъулухъалда тIад.

Наибассе бокьун букIун буго йокьарай гIадангун кIалъазе. ЦIакьго наибассе хъулухъ бацIцIад гьабулев чи хIисабалда, ХIажигIисса гьессдасса ватIалъун гьечIо. Наибассе йокьулелда кIалъазе рес ккун гьечIо. Гьединаб хъулухъалда авараз абула ХIажигIисал хъулухъан. Кколареб иш бетIералде босарав чияссдеги абула кIудияв ХIажигIиса вугилан.

12. ХIажияссул ракI ХIавал кIалдиб.

13. ХIайваналцин рагъизе тIами Аллагьасс гьукъараб жойила.

14. ХIакимассда ццевессанги унге, хIамида нахъассанги унге.

15. ХIакимзаби рихьидал, «рорчIами!» – ян вортулев, цогидазда бер чIвайдал, рихьичIеб ххвел гьабулев.

16. ХIакимассул витIи – чи ватIа гьавунгутIи.

17. ХIакъаб рагIиялълъул къимат холареб.

18. ХIакъги къоги – къарал бугъие.

19. ХIал бугев – гьакида, гьакил бетIергьан – гIодоссан.

20. ХIал бугев – кидаго ххан, хIаликъав – кидаго лагъ.

21. ХIал бугессул гIанкIудул хоноялълъ хIал гьечIессул гIурул хоно бекулебила.

22. ХIал гIоларев хIилаялълъ бергьунев.

23. ХIал гIолеб гьечIони, хIилаги бегьулеб.

24. ХIал кколареб гьудуллъи ххалат ххутIулареб.

25. ХIал лъаларев гьудул – бекичIеб цIулакьо (ХIал лъаларев гьудулги бекичIеб цIулакьоги цого жалила).

26. ХIал лъаларей чIчIужугIаданалда тIаде иналдасса рекIараб ххвалчада тIаде ин лълъикIила.

27. ХIал лъаларессухъеги кьогейила налъи, хIал лъаларессухъаги босугейила.

28. ХIал хъубал гIадамал рукIинчIелани, ракьалдаги алжан букIинаанила.

29. ХIалакъаб жоялълъул гьан кьарияб бакIалдасса лълъикIаб, кьарияб жоялълъул гьан хIалакъаб бакIалдасса лълъикIаб.

30. ХIалакъаб куйдул боххалдасса кьарияб чахъдал ратIа лълъикIаб (ХIалакъаб цIцIеялдасса кьарияб бурутIго лълъикI).

31. ХIалакъаб чахъдал гьаракь рагIулареб.

32. ХIалакъаб чол гьод ххалатаб, гьекъарав чияссул ххабар чIамучIаб.

33. ХIалакъаб чу – квешаб чу, кьарияб чу – лълъикIаб чу.

ГIодор чIчIарал гIадамазда ццевессан анила цо рекIарав.

- Чол цIакълъи! Берцинлъи! – ян киназго беццанила нухлулассул чу.

- Долълъул кьаралъигихха, дир лъимал! – ан абунила тIириги канлъи бихьуларев херав чияссги.

Канлъиги бихьулареб меххалълъ, дуда доб чу кьарияб букIин кин лъарабан абигун, кIудияв чиясс гьадаб кици тIамун буго.

34. ХIалалав вакъуларо, бикъарав гIорцIцIуларо.

35. ХIаликъассул рагIи кIудияб, къокъассул гIамал кIудияб.

36. ХIалил хIалтIиялълъ черхх чIвалеб, хIалтIуларесс рукъ чIвалеб.

37. ХIалимаб чахъу лъабцIцIул къунцIулебила.

38. ХIалимассда къвал бай, къел кколев довегIан те.

39. ХIалимассе хъиру гIадав, хъачIассе квасквас гIадав.

40. ХIалихьалъиялда цадахъ хIалихьалъи хьвадулебила, бихьинчилъиялда цадахъ бихьинчилъи рекъолебила.

41. ХIалихьатав васассдасса, гьевги хун, чIчIикIараб бахъухъго лълъикIила.

42. ХIалихьатав ватидал, чияссе гьабизессеб тамихI – реххунтей.

43. ХIалихьатав гьудулассдасса бахIарчияв тушманго лълъикIила.

44. ХIалихьатаб гьой чурутIа багъула, хIалихьатав чи гъасстIа вагъула.

45. ХIалихьатав ххан ккани, улка биххулеб, хIалихьатав гIел ккани, магъил гIадлу биххулеб.

46. ХIалихьатав чияссда хIал лъазе тоге.

47. ХIалихьатав чияссухъа босараб хханида жаниб багIархоно батуларебила.

48. ХIалихьатассул рекIелI – ххиянат, бахIарчияссул рекIелI – ритIухълъи.

49. ХIалицца бахъараб ритIухълъи тIоххол къайи гIадаб жойила.

50. ХIалицца гIияда нахъе битIараб гьойца гьумер хъахIаб жо гьабулареб.

51. ХIалихьатав чи бусен борлIун вилълъизегIан чIаго ххутIагийила.

52. ХIалихьатав гьудулассдасса яхI бугев тушманго лълъикIила.

53. ХIалицца базабураб какил кири букIунареб, хIалицца гьабизабураб хIалтIуда гугьар букIунареб.

54. ХIалтIарассда лъала ххинкIазул тIагIам.

55. ХIалтIи балагье, хIалихьалъи баччуге; хъантIун кванаге, дандеяссухъги валагье.

56. ХIалтIи батарассда боцIцIиги батулеб.

57. ХIалтIи битIун унаро, бутIрул лълъикIал гьечIони, гьобоги ххеноларо, жонода тIад гурони.

58. ХIалтIи бокьарасс гьобо бай, ургъел бокьарасс гIи хьихье.

59. ХIалтIи бокьизе лъабго сон къваригIунеб, кIкIухIал лIугьине лъабго къоги гIолеб.

60. ХIалтIи бокьуларесс кьалги хIехьолареб.

61. ХIалтIи буго ракIалълъ гьабулеб жо.

62. ХIалтIи гьабизеги къваригIунеб гьелда рекъараб маххщел, дагьаб жо гьабизеги къваригIунеб гьелда рекъараб заман.

63. ХIалтIи гьечIев гIалимчи – цIцIад балареб накIкI.

64. ХIалтIи гьечIессе къо ххалатаб, рокьи ккарассе сордо ххалатаб.

65. ХIалтIи гьечIессул чед гьечIеб, чед гьечIони, гIумру гьечIеб.

66. ХIалтIи гьечIони, лълъикIлъи гьечIо, лълъикIлъи гьечIони, дунял гьечIо.

67. ХIалтIи, жаналда рекъон, гьабе, квен, чехьалда рекъон, кванай.

68. ХIалтIи катил гIадав, кванай хIамил гIадав.

69. ХIалтIи кутакалълъ гьабулареб, маххщелги къваригIунеб.

70. ХIалтIи къолеб, гIадамал бергьунел.

71. ХIалтIи лълъикIаб ххеххдаричIеб.

72. ХIалтIи лълъикIавги веццулев, хIелхIедаравги веццулев.

73. ХIалтIи – рухI гьечIеб жо.

74. ХIалтIи рихарассул гIусал-цабиги чIчIола (Кверал хIалтIичIони, цаби хIалтIуларо).

75. ХIалтIи тIагIаралълъ гIомо борлIулеб.

76. ХIалтIи тIагIун, чи холарев (Дир инссуцца нусиялда ххадур сонал ран рукIанила, гьессулни хIалтIи лIугIун букIинчIила).

77. ХIалтIи тIагIуна, гьабичIого тараб меххалълъ.

78. ХIалтIи тIагIуна, нилI хвараб меххалълъ; чи регIула, ункъабго къоно чIвараб меххалълъ.

79. ХIалтIи чIалгIарассул цаби чIандоларел.

80. ХIалтIани маххги гвангъулеб.

81. ХIалтIарассул габур биццатаб, хIалтIуларессул гьури биццатаб.

82. ХIалтIизе ккани – херав, хвезе ккани – бахIарав.

83. ХIалтIичIого кваналеб бакI батани, нижедаги лъазабе.

Эменги васги рекьуда рукIанила. Вас ццеве вилълъунев вукIанила, инссуцца пурццигIоркь ккун букIанила.

Васассда хIалтIи ххеххгого чIалгIанила. Гьесс оцал рахънисса къватIире ине толел рукIанила. Эмен гьессде семулев вукIанила.

- Дида дур лIугIиго гьечIеб хIалтIи чIалгIана! – янги абун, вас лIутун унев вукIанила.

- ЧIчIа! – ян ахIанила инссуцца. – ХIалтIичIого кваналеб бакI батани, нижедаги лъазабизе вачIа!

84. ХIалтIичIони, хIалтIи букIунаро.

85. ХIалтIичIони, чIамулареб, чIамичIогоги гIолареб.

86. ХIалтIуда маххссара лъалареб, маххссараялълъ квен кьолареб.

87. ХIалтIуда рекъарабила мухьги букIунеб.

88. ХIалтIудасса хIинкъуларессдасса хIалтIи хIинкъулебила.

89. ХIалтIуде унелълъул ццевехъан – мискинчи; берталълъе унелълъул ццевехъан – бечедав чи.

90. ХIалтIуе – квалквад, квание – гъалбацI.

91. ХIалтIуе – кечI, кинидае – лаилагьа.

92. ХIалтIуе – пахъла, квание – хъанхъра.

93. ХIалтIуде – хьадар, квание – гIедер.

94. ХIалтIул квешлъи – гьабунгутIи, гьудулассул квешлъи– хIалккунгутIи.

95. ХIалтIул лълъикIлъи лIугIидал лъала, чияссул лълъикIлъи хведал лъала.

96. ХIалтIул пайда гьечIеб, пикру гьечIони.

97. ХIалтIул рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав.

98. ХIалтIул ссвак хIалтIун гурони бахъулареб.

99. ХIалтIул ургъалида таги.

100. ХIалтIулев кванарав, хIалтIуларев хIацIцIадулев ххутIарав.

101. ХIалтIулел кверал гурел хъубал, хIалтIуларелин.

102. ХIалтIулел ратаралълъув хIалтIе, кваналел ратаралълъув кванай.

103. ХIалтIулIги кванилIги – ссундулIго гIорхъи букIине кколебила.

104. ХIалтIун бечелъарав гIорцIцIун хваравила, ххиялаз бечелъарав вакъун хваравила.

105. ХIалтIун бечелъула, бихьун цIцIодорлъула.

106. ХIалтIун ххадуб квараб – гьуинаб, кьижун ххадуб квараб – кьогIаб.

Эбелги васалги хурир хIалтIулел рукIанила. Къалъуда эбелалълъ гьезда гьикъанила:

- ГьабсагIат кьолеб ридигун ххинкIищ бокьилеб, бакъанида кьолеб хIаливайищ бокьилеб?

- Бакъанида кьолеб хIаливаялдасса гьанжего кьолеб ридиги ххинкIги бокьила, эбел, – ан абунила цоясс.

- Диени бакъанида кьолеб хIаливаго бокьила, – ян абунила цойгиясс.

Бакъанида, хIалтIи лIугIун ххадуб, эбелалълъ кIиабилев васассда ццебеги гъобго ридиги ххинкIги лъунила.

- ВахI, эбел, бакъанида хIалива кьезе гурищ къотIи букIараб? – ан абунила гьесс.

- ХIалтIи лIугIун ххадуб кванараб ххинкI хIаливаялдасса гьуинаб букIуна, дир вас, хIал бихьея цо, – ян абунила эбелалълъ.

- БитIараб букIун буго, эбел. ХIаливаялдасса гьуинаб ххинкIги буго, рахьалдасса тIагIамаб ридиги буго, – ян абунила васасс, гъираялда ццебе лъураб квенги кваналаго.

ХIалтIун ххадуб квараб – гьуинаб, кьижун ххадуб квараб – кьогIабан кици рехханила эбелалълъ.

107. ХIалтIухъанассдасса хIалтIи хIинкъулеб, бахIарчияссдасса гула хIинкъулеб.

108. ХIалтIухъанассе мухь гьессда бараб гIетI бакъвалалде кьейила.

109. ХIалтIуцца хIалтIи малълъулеб, боцIцIуцца мацIцI малълъулеб.

110. ХIалхьи гьечIеб чIчIеялдасса чIчIей гьечIеб рилълъинго лълъикI.

111. ХIалценги, цIаги, рокьиги раххчун бажаруларелила.

112. ХIама бегьичIони, хIамихъ босараб бегьулеб.

113. ХIама бергьинегIан, чу биччалареб.

114. ХIама биларассулила къоги билулеб.

115. ХIама бугони, гъалдибер камиларо.

116. ХIама букIана – кьили щвечIо, кьили букIана – хIама щвечIо.

117. ХIама гIундуздассан лъалебила, гIабдал каламалдассан лъалевила.

118. ХIама кьололаго, кьолокьги чIвалеб, кьили бахъулаго, ххадубги чIвалеб.

119. ХIама кьололессеги хIал кьейила.

120. ХIама тункизабурассда гIорцIен тункизабулеб.

121. ХIама хвани, варис гьойила.

122. ХIама хвани, тIом ххутIула, на хвани, щибго ххутIуларо.

123. ХIама хвани, хур хола.

124. ХIама хвей – чодуе балагь.

125. ХIама – хIамихъего, чу – чохъего.

126. ХIама чIвай бацIил гIайиб батани, бацIал ругеб бакIалде ин хIамилги гIайиб буго.

127. ХIамабагьадур камураб росу букIунареб, хIажигIиса камураб бертин букIунареб.

128. ХIамабагьадурассул гIумру къокъаб.

129. ХIамабагьадурлъиги гьабуге, гьечIеб бахIарчилъи бихьизабизеги лIугьунге.

130. ХIамабахIарчилъи гьабизе ццевеги кIанцIуге, лIутизе нахъаги чIчIоге.

131. ХIамаги бацIадиссессул, бацIги бацIадиссессул.

132. ХIамаги дирго, гьирги дирго.

133. ХIамаги къваригIун, къадруги бокьун.

134. ХIамаги хIамайила, хIамида рекIаравги хIамайила.

135. ХIамагIанаб бацI букIунареб, бицанщинаб рагIи батулареб.

136. ХIамалъун гьагIулареб, гьойлъун хIапулареб.

137. ХIамида асскIобе гIари гуребила бачIунеб, гIорода асскIобе хIамайила.

138. ХIамида жибго хIама букIин, гIин цIцIараб меххалълъ гурони, лъачIебила.

139. ХIамида къвал бан, хIама балагьарав, чода рекIун, чу балагьарав.

140. ХIамида кьабизе щвечIони, гъалдибералдагIаги кьабейила.

141. ХIамида кьили рекъолареб, чода гъалдибер рекъолареб.

142. ХIамида кIерт берцинаб (Бищун берцинаб жоялда байилан хIамихъе цIцIумур кьурабила, гьелълъги жиндирго кIартида барабила).

143. ХIамида оххцер кваназе щибила лъалеб.

144. ХIамида рагIизе гъалдибералда кьабулеб.

145. ХIамида хIеренлъи лъалареб, лълъадуе рецц рекъолареб.

146. ХIамидаги мачу ретIарал, бачидаги чарухъал ретIарал.

147. ХIамидассанила бачида мал базе лъараб.

148. ХIамие жиндирго гьагIи берцинаб, хIелкие жиндирго гIегIеди берцинаб.

149. ХIамие тIил гьечIого гIолареб, тIоххое риди гьечIого гIолареб (ХIамие – тIил, тIоххое – риди).

150. ХIамие – хIенссеркIо, чодуе – цIцIал.

151. ХIамие – чури, чоде – кIалцIи.

152. ХIамикълъи бихьарассила хIамил къимат гьабулеб.

153. ХIамил гьагIдеялълъ гьойдул бетIер унтарабила.

154. ХIамил гIайиб – хIалакълъи, гIарцул гIайиб – гьечIолъи.

155. ХIамил гIундул ххалалъаралила, алжаналълъубе билълъунарого, цIцIан рачIчI къокълъарабила, къватIибе билълъунарого, тIун.

156. ХIамил инссухъачи гьвейила.

157. ХIамил мугъалда носол балги цун.

158. ХIамил рачIчIалда кигIан букIунебилан гьикъани, цоясс абила натI букIунилан, цогиясс абила натIгун бащадаб букIунилан.

159. ХIамил рачIчIалълъги чаргъеду ккурабила.

160. ХIамил сапаралълъ чи бечелъиларо.

161. ХIамил хвел – гьвел кIалбиччанкъо.

162. ХIамилги къажарассулги херлъи-бахIарлъи лъаларебила.

163. ХIамитIасса вортулев чотIа рекIунарев.

164. ХIамитIенкел тIад чIваниги, берцинай йиго берцинай.

165. ХIамихъего хьвагIулагойила бачил бохх бекараб.

166. ХIамицца абурабила, лъалареб бакIалдеги бачун, жиб чуйилан бичейилан.

167. ХIамицца ганчIилI речIчIулел, чоцца хIурулI речIчIулел.

168. ХIамицца гIундул кIорокIун, бацI хIинкъиларо.

169. ХIамицца жиндаго кьабизе тIил, къалиги бан, босарабила; гIабдалассда кьабизе тIил, къолода ххадуб ссахIги бан, босизе кколебила.

170. ХIамицца реххарав гIорцIада бегьуларев, гIорцIада чухьарлъарав чода ярагьунарев.

171. ХIан гIадин хIанчIиледухъ тамахгоги вукIунгейила, чIваркьан векиледухъ къвакIунги вукIунгейила.

172. ХIанчIарассда гурони, ххинкIил тIагIам лъалареб.

173. ХIанчIида ракIалда мочохурила.

174. ХIанчIидаги кIолебила жинда рекъараб лълъикIлъи гьабизе.

Цо чияссул рукъзабахъ цIа ккун букIанила. Цояз гIертIаз, цояз хьагаз лълъимги баччун, цIа ссвинабизе лIугьанила гIадамал. ЦIа тIадеялдасса тIаде гьалаглъулеб букIанила. Кумекалълъе дагьалги гIадамал ругеланищан ккараб хIал букIанила.

ГIадамазда чIчIечIого цIадуда тIаде боржун бачIунеб, нахъе унеб цо гьитIинаб хIинчIчI бихьанила. Цояз абунила гьаниб гьелълъул бусен батилилан, цогияз абунила тIинчI батилилан. Рукъалълъул бетIергьанассда бихьанила хIинчIчIалълъ, риччарал куркьбалги тварххезарун, цIадутIе лълъел къатIраби тIинкIизарулел. ГIажаиблъарав гьесс хIинчIчIалде ахIанила -

- Я, пакъир! Гьалгощинал гIадамазда ссвинабизе кIоларого бугеб цIа дур куркьбаздассан тIинкIарал къатIрабазищ ссвинабилеб?

- БитIараб буго, – ян абунила хIинчIчIалълъ. – Дир куркьбаздассан тIинкIараб лълъецца гьеб ссвинаро. Дие бокьун буго гIадамаз дуе гьабулеб кIудияб лълъикIлъиялда гьоркьоб цо гьитIинабниги бутIа дирги букIине!

Гьединги абун, хIинчIчI нахъеги куркьбал риччизаризе анила.

175. ХIанчIчIие бусенги – ватIан, къоркъое хIорги – ватIан.

176. ХIанчIчIил багьа – чIарил хъат.

177. ХIанчIчIил кIалдисса мугьги бахъуге, чияда бицунеб жоялда гъоркье гIинги ккоге.

178. Гьорол хIал хIанчIчIида лъалеб, лълъадал хIал ччугIида лъалеб.

179. ХIанчIчIилаб – хIанчIие, гъадилаб – гъадие.

180. ХIанчIчIицца абурабила -  лълъикIав бахIарчиясс жинда гьецIцIоги речIчIиларила, къадарасс реххараб щвезе жибги чIчIеларила.

181. ХIанчIчIиццаги чIчIезе гIаркьел берцинаб бищулебила.

182. ХIапдолареб гьойдуе чури тIолареб.

183. ХIарам гьабурассе хIучч битIуларо.

184. ХIарам, хIалал кIоченчIого хIалтIулев Аллагьассеги вокьулев.

185. ХIарамаб боцIцIи кванан, кьаралъиялдаса, хIалалаб боцIцIи кванан, хIалакълъиго лълъикI.

186. ХIарамаб боцIцIуда баркат лъолареб.

187. ХIарччида нахъа чехь цIуне, чияр рокъоб бер цIуне.

188. ХIарччил кинаб рахъалдассан кваниги – цохIого мочол ххинкIал.

189. ХIарччиниб ххинкIги цо букIунаребила.

190. ХIарччиниссаги бортун, туртидассанги хъущтIун.

191. ХIарччихъ валагьун, кванай, копохъ валагьун, велъе.

192. ХIарщуда хIетIе хъвазе теларилан лIугьарав магIаруласс хIарщулI дегIен чIчIарабила.

193. ХIарщулI тIилал кьабуни, тIираби дудегоги щолел.

194. ХIарщулIе ккун чоргарав чурун вацIцIалъула, чагъир гьекъон чоргарав чурун вацIцIалъуларо.

195. ХIарщулIе реххунилан месед чуруклъулареб.

196. ХIарщулI цIцIалги кьабуге, цIцIалкIинибе лълъимги тIоге.

197. ХIасанил чу бачиде ккарабила.

198. ХIатIал ракулI ругессул кверал гьацIцIул цIолелила.

199. ХIатIида тункун ворчIиялдасса нуцIцIида тункун ворчIи лълъикIаб.

200. ХIатIиде бахине тани, нацIцI бетIералдеги бахунебила.

201. ХIатIикь щиб бугебали малъ гIодоб чIвалалде валагье.

202. ХIебтил бугониги, дирго кунта дарайдул.

203. ХIежалде анщинавги хIажи вукIунаревила, цIцIаланщинавги дибир вахъунаревила.

204. ХIежалде унилан, хIама хIажилъиларо.

205. ХIелеко гIегIедунилан сордо рогьинаро, гIегIедичIогойилан сордо рогьинчIогоги букIинаро.

206. ХIелеко лIугьунеб тIинчI ханинибго чIчIикIдулеб.

207. ХIелкида кколебила, жиб тIассан унелълъул, тIох тIечIого киндай ххутIулебилан.

208. ХIелкил гьудул гьечIевила, гьорол тушман гьечIевила.

209. ХIелкил гIадаб гIамал, гIебу гIадаб ракI.

210. ХIеренаб мацIцI чармил ххвалчадассаги бергьунебила.

211. ХIетIе кодобе босилалде, чIчIезе бакI хIадур гьабе.

212. ХIетIе хъущтIун вортарав тирщун тIаде вахъуна, мацIцI хъущтIун вортарассда вахъине хIал кIоларо.

213. ХIехьоларессе боцIцIи кьогеги, Аллагь!

214. ХIилаялълъ балагьуге, хIалтIун балагье.

215. ХIилаялълъ бергьинги гьунар буго.

216. ХIинкъараб гьой гIемер хIапдолебила.

217. ХIинкъараб лочнохъе чан щолареб, хIинкъараб боцца хъала бахъулареб.

218. ХIинкъарав гьойдаги ватIа гьавизе лъалевила.

219. ХIинкъарав къойил хола, къвакIарав цоцIцIул хола.

220. ХIинкъарав, къурав чиясс гIамал гIемер гьабула.

221. ХIинкъарав чияссда рохьги бойилан кколебила, гъотIол гIаркьелги жинде битIизабураб туманкIилан кколебила.

222. ХIинкъаравги гьардохъанги – гьвел мурад.

223. ХIинкъарассда мал балев, къвакIарассда къвал балев.

224. ХIинкъарассе хIалхьи гьечIеб.

225. ХIинкъарассул квер ххеххаб, виххарассул хIетI ххеххаб.

226. ХIинкъарассулгун гьудуллъи гьабуге.

227. ХIинкъарассухъа билараб багьадурассда батулеб.

228. ХIинкъи гьечIеб жо кетойила, кутак бугеб жо цIцIунцIцIрайила.

229. ХIинкъи гIанкIкIие те, хIамабагьадурлъи гIабдалассе те.

230. ХIинкъи – цIцIодорлъи, цIакълъи – гьаглъи.

231. ХIинкъизе бакI гьечIо чабхъад арав васассда, анцIила щуго сон бараб чуги буго, къого сон барав живгоги вуго.

232. ХIинкъиялдалъун чи къадаралдасса ворчIуларо.

233. ХIинкъуге, хIинкъараб жо толебани, катицца гIункIкI телаан.

234. ХIинкъуларев чи вукIунарев, биунареб чаран букIунареб.

235. ХIинкъуларев чи вукIунарев, хIехьезе кколеб.

236. ХIинкъун вукIин лълъикIав чияссги хIал дагьлъун букIин лълъикIаб чоццаги лъазе толареб.

237. ХIинкъун квараб гьанадасса хIинкъичIого квараб гьуэр лълъикIаб.

238. ХIинкъун къадаралдасса рорчIуларел, Аллагьасс гурони рухI бахъулареб.

239. ХIинццаб хIамаялда тIил рагIуларо, тIогьисса рачIчIги ккун, гьод буханиги. ТIадагьаб бетIералълъ малълъ босуларо, 240. тIолго гIалам бачIун, ццебе чIчIаниги.

241. ХIинчIчI бихьунила рорженги букIунеб.

242. ХIисаб бугин, бухIун кье.

 – ХIичи щиб? – ЧIчIикIу.

 –ЧIчIикIу щиб? – ХІичи.

243. ХIобода дарай ккуни, гьебги берцин бихьулеб.

244. ХIобое чIван, гIочIоцца чIалу кквеларо, чIалуе лъун, тIилицца тIох баччиларо.

245. ХIобоцца рукъ баччула, тIаде ккарасс къо хIехьола.

246. ХIор букIаралълъуб хIари камулареб.

247. ХIотоцца гьорчо кколареб.

248. ХIотол сум букIагIаги, мутIигIлъе бетIерассде.

249. ХIуби тиризабурассда цили тиризабулеб.

250. ХIуби чIвачIонани, чIалу бекула.

251. ХIуби чIвачIони, чIалу кколареб, чIчIужу гьечIони, рукъ кколареб.

252. ХIужа гьечIеб дагIбагун диваналде вахъунге.

253. ХIули – тIавусил, тIул-ракI – борхьил.

254. ХIунссизе хIамидаги кколеб.

255. ХIунчулеб заз баккудассаго лъалеб, лIугьунев чи гьитIинго лъалев.

256. ХIур тамахалъубила хIама гебергулеб.

257. ХIурмат бокьун батани, гIемер гаргадуге, сахлъи бокьун батани, гIемер кванаге.

bottom of page