﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
БИЛАРАБ ГАМУЩ
РикӀкӀаде сапаралълъ унев вукӀанила лъабго вацц. Унаго, кӀудияв вацц дагьалълъ лъалхъанила, цинги гьесс абунила гьаниссан гамущ ун бугилан. КӀиабилев ваццасс тӀаде жубанила: валлагь, гьелълъул квегӀаб бохх рекъараб букӀун бугилан. Гьеб гъарималълъул квегӀаб берги беццаб букӀун бугилан лъабабилессги абунила. Цо заманалдассан гӀедегӀун вачӀунев херав чи ххадув гъунила гьазда.
- ГӀолохъаби, цо гамущго бихьичӀищ нужеда? - Ян гьикъанила гьесс.
- КвегӀаб боххги рекъаб, квегӀаб берги беццаб гамущ гурищ гьеб букӀараб? - ан гьикъанила ваццаз гьессда.
- Валлагь, гьеб нужецца бицунеб гамущ букӀана. Киб нужеда гьеб бихьараб?
- Нижеда бихьичӀохха гьеб, - ан жаваб кьунила гӀолохъабаз.
- Кин гьеб нужеда бихьулареб, нужеда дир ганщил киналго гӀаламатал лъалел ругел? Нужецца тӀагӀинабун батизе буго гьеб, гуреб батани, араб бакІгІаги щайхха бицунареб? - ан тӀаделъанила кӀудияв чи.
БихьичӀин, лъаларин гӀолохъабиги лӏугьанила, бихьун бугин, нужеццаги тӀагӀинабун бугин гьебилан кӀудияв чиги лӏугьанила. ЛълъикӀ дагӀбаданила гьел. Аххирги асскӀоб бугеб росулӏе цо гӀакъилав чияссда асскӀоре рилълъанила хӀукму къотӀизе.
Иш ккараб куцги баян гьабун, жиндир гамущ тӀагӀинабурал гьал цӀцӏогьазе тамихІ гьабизе кколилан чӀчӏанила кӀудияв чи.
- Кинхха, гӀолохъаби, бихьичӀеб ганщил киналго гӀаламатал нужеда лъалел? - абун гьикъанила гӀакълучиясс.
- Кин гурелълъул, - ан бицанила цоясс, - ганщицца ххер хӀанчӀун бугоан, гӀедегӀиялълъ гьоркьо-гьоркьоб лълъикІго бакІги тун. Гьединлъидал гьеб лӏутун унеб букӀине ккола.
- КвегӀаб бохх рекъаб букӀин лъана дида, - ян абунила цогиясс, гьелълъул квегӀаб щинкӀилалълъул лъалкІ цӀакъго дагь гурони лъалеб букӀинчӀо.
- КвегӀаб бер беццаб букӀин лъана дида, - ян лъабабилессги абунила, гьелълъ ххер хӀанчӀун бугоан, кӀиябго рахъалде гьелълъул кӀал гӀунтӀулеб къваридаб нух бугониги, цохӀого кваранаб рахъалдассан.
- Мун дурго гамущ балагьизе а, гьазда гӀайиб гьечӀо, - ян абунила гӀакълучиясс ганщил бетӀергьанассда.
bilarab gamu?
riJade sapara' unew wujanila ;abgo waC. unago, judiyaw waC daha' ;al]anila, cingi heS abunila haniSan gamu? un bugilan. jiabilew waCaS Tade Dubanila, walah, he'ul kwefab bo{ reqarab bujun bugilan. heb Garima'ul kwefab bergi beCab bujun bugilan ;ab~abileSgi abunila. co RamanaldaSan fedefun wazunew [eraw xi {aduw Gunila haRda.
- folo]abi, co gamu?go biFizi? nuDeda& - yan hiqanila heS.
- kwefab bo{gi reqab, kwefab bergi beCab gamu? guri? heb bujarab& - an hiqanila waCaR heSda.
- walah, heb nuDeCa bicuneb gamu? bujana. kib nuDeda heb biFarab&
- niDeda biFizo{a heb, - an Davab punila folo]abaR.
- kin heb nuDeda biFulareb, nuDeda dir gan?il kinalgo falamatal ;alel rugel& nuDeCa Tafinabun batiRe bugo heb, gureb batani, arab bajfagi
?ay{a bicunareb& - an Tade`anila judiyaw xi.
biFizin, ;alarin folo]abigi `uhanila, biFun bugin, nuDeCagi Tafinabun bugin hebilan judiyaw xigi `uhanila. 'ij dafbadanila hel. a{irgi aSjob bugeb rosu`e co faqilaw xiyaSda aSjore ri'anila \ukmu qoTiRe.
i/ Karab kucgi bayan habun, Dindir gamu? Tafinabural hal VohaRe tami\ habiRe Kolilan Zanila judiyaw xi.
- kin{a, folo]abi, biFizeb gan?il kinalgo falamatal nuDeda ;alel& - abun hiqanila faqluxiyaS.
- kin gure'ul, - an bicanila coyaS, - gan?iCa {er \anzun bugoan, fedefiya' horpo-horpob 'ijgo bajgi tun. hedin;idal heb `utun uneb bujine Kola.
- kwefab bo{ reqab bujin ;ana dida, - yan abunila cogiyaS, he'ul kwefab ?injila'ul ;alj vaqgo dah guroni ;aleb bujinzo.
- kwefab ber beCab bujin ;ana dida, - yan ;ab~abileSgi abunila, he' {er \anzun bugoan, jiyabgo ra]alde he'ul jal funTuleb qwaridab nu[ bugonigi, co\ogo kwaranab ra]aldaSan.
- mun durgo gamu? balahiRe a, haRda fayib hezo, - yan abunila faqluxiyaS gan?il bejerhanaSda.