top of page

ЩУДУКІАЙ

ЙикӀанила, йикӀинчӀила, ЩудукӀалълъул щуго яс йикӀанила. Цо къоялълъ ЩудукӀалълъ ясазе карщ гьабунила. Гьеб чӀчӏикӀизе гъудал ратичӀила. Пайда гьечӀилан, ЩудукӀай гъудазе цӀул къотӀизе рохьое анила. Рохьое унаго, гьелда данде кканила цо БацІ. БацІицца гьикъанила:

- Кие мун уней йигей? - ан.

- Дунали рохьое уней йиго. Верехха, дуцца гьадал дир лъимал квине гурин! Рахан нуцӀцӏагин таралин дицца гьел, - анги абун, ЩудукӀай рохьое ялагьун анила.

Гьеб рагӀаги дир гӀиндаян, БацІ, боххиялъ, лъабцӀцӏул кӀанцӀун, ЩудукӀалълъул рагьде щванила.

- ЩудукӀалълъул щуго яс, нуцӀцӏа ричӀе, эбелхвадал! - ан ахӀанила.

- Рагьиларо, мун нижер эбел гуро, нижер эбел баргъичазул килщал цӀурай, курхьабазул гъажал цӀурай йикӀана, - ян абунила ясаз.

Цинги БацӀицца, рохьобеги ун, пенкьелодул курхьаби гьарунила, макъаридул баргъичал гьарунила. ТӀадбуссун лъималазул кӀалтӀе щванила. НуцӀцӏил картӀиниссан баргъичалги, курхьабиги рихьун тун ххадуб, ясаз БацІ жанибе биччан танила.

Жанибе борчӀарабго, БацӀицца цо яс мокърукь яххчанила, цо яс ссанкӀида нахъа къазаюнила, цояй рохъдолӏ къазаюнила, кӀиго яс кванила. ЩудукӀалълъул гьацӀцӏул, нахул, хьодол хъуби рукӀанила, гъелги чӀчӏикӀанила. ТӀири течӀого карщги чӀчӏикӀанила, кутакалда чехьги цӀун, БацІ цо бакӀалда бегизе анила. Гьениб рахӀаталда кьижанила.

ЩудукӀай рокъое юссанила: цониги яс гьечӀила.

- ЩудукӀалълъул щуго яс, кир ругел, эбелхвадал! - ан ахІданила.

Дун гьаний йигоян цояй ссанкӀида нахъассан ахІданила. Дун гьаний йигилан цояй мокърукьан, цояй рохъдолӏан ахІданила. КӀигояй тӀагӀун ятанила.

ГӀоданила, йортанила, чӀичӀиданила, хъвагӀданила, хъерщеданила, тӀирщаданила. Карщалде йортани, карщ гьечӀила, нахуде, гьоцӀцӏоялде якканила - гьебги гьечила. Чараги бухӀун, чуриги бухӀун ххутӀанила. БацӀие гьабизе кӀолеб щибниги жо бугебани, ясалго кІваричӀоанилан, ЩудукӀай кьвагьулей, юхӀулей йикӀанила.

Щудукӏалде асскӀобе зигара гьабун Цер бачӀанила. Гьелълъ ЩудукӀалда абунила, Бацӏие хӀила жинцца гьабилин, жиндие тӀатӀулӏ ххинкӀалги гьаруни, квасул бусенги тӀамунийилан. ЩудукӀайги гьелда рекъанила. Къассаде ЩудукӀалълъ ясазеги жиндиегоги тӀатӀулӏ ххинкӀал гьарунила, Царае тӀорччол ххинкӀал гьарунила. ХхинкӀал кунеб меххалълъ, Цер ххинкӀазул лълъахь-лълъахьи бугилан зигарданила, гьеб дурго ца-кӀалалълъул чӀахӀалъиялълъул жо бугилан, ЩудукӀалълъги абунила. Регизе мехх щванила. Яхъун ЩудукӀалълъ Царае зазил бусен тӀамунила. Ясазеги жиндиегоги квас-квасул бусен тӀамунила. Цер, бусен хӀенчолеб бугилан, зигарданила. ЩудукӀалълъ гьеб дурго ракьа-гьаналълъул чӀахӀалъиялълъ бугеб жо бугилан абунила. Абухъего, гьеб гьедин батизе бегьулилан, зигара тун, Цер кьижанила.

Радал Цер къватӀибе бахъанила, БацӀида ххадуб лӏугьанила. Рохьоб добе баккун, гьанибе баккун, Бацӏ балагьанила. АсскӀобе билълъун, гара-чІваранила. Гьадин-гьадинан гьоркьоб гьудул-гьалмагълъи ккезабунила, цо хъещтӀезе ун лълъикӀ гуродаян тӀаделъанила. БацІ цӀакъ букӀкӀуркӀахъданила. Чехьги цӀун букӀаго, хъещтӀезего щай абун зигарданила. Жибго бегун букӀун, Царал ххабар-кӀалалълъухъ гӀенеккун чӀчӏезе бокьун букӏанила БацӀие.

Цер кинго тӀасса бичӀичӀила, хъещтӀезе бачанила. Цин рахъун чӀчӏун хъещтӀанила, гьанже гӀодор чӀчӏун хъещтӀон лълъикӀин, гьанже «мукӀусгъей» гьабун лълъикӀилан, Царацца батӀи-батӀиял къагӀидаби малълъанила. Бищун ссанагӀатаб куц ккарабго, Цер БацӀида гьоркье кӀущанила. Бацӏ цӀцӏералда рекӀун ххутӀанила. Гьебмеххалълъ Цер, - махил росе, миккил росеян ахІданила. Щудукӏай тӀилалгун, гӀурдулгун тӀаделъанила. БацӀида гӀадалӏ цо тӀил банила, магӀарзухъан цояй яс къватӀие кӀанцӀун ячӀанила, цоги банила - цоги кӀанцӀун ячӀанила. Гьагъадин балаго, хьодол, нахул, гьацӀцӏул хъуби, карщ турхьиялда къватӀире ралел рукӀанила. Ццим буссунарого, ЩудукӀай кьабулейго-кьабулей йикӀанила. БацӀиде цӀакъго хӀал кканила. Бахъун туркӀанила, цӀцӏороде кӀудияб тӀомги бахъун бачӀанила, БацІги борчӀанила. БацІ борчӀарабго, Цер лӏутанила - БацІ ххадуб бортанила. Цер цо картӀинибе борчӀун унеб букӀанила, БацӀихъе рачӏчӏ кквезе щванила гьелълъул.

Царацца гьебмеххалълъ БацӀиде ахӀанила:

- Дир рачІчӏ кквезе щвечӀеб жо! КӀалдиб тӀурччи ккураб жо! - ян.

- Вагь! Дир кӀалдибе ккараб жо рачІчӏ гуреб, тӀурччидай, - ан, БацӀицца кӀал гьакӀкӀанила.

Цер тӀубан картӀинибе борчӀанила. Квараб щинабги магӀарзухъан бачӀун, Церги кодосса борчӀун ххутӀанила БацІ. Нахъе балагьалдасса цӀунагиян, ясалги данде рачун, ЩудукӀайги танила.

bottom of page