
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
П _
-
Пагьму гьечIессда гьабида гIентIеро базецин лъалареб.
-
Пайда гьечIеб гIелмуялдассаги цIунаги, гIамал гьечIеб черххалдассаги цIунаги.
-
Пакъирзаби, мискинал бечедал чагIи!
-
Палугьан гурони, квариде вахунаро.
-
Панкъ гьабизе лълъим щвечIей,
ЛълъелIе базе цIцIам щвечIей. -
Панкъил къулгьу, къолол бертин.
-
ПасихIал рагIабацца богIол цагъур цIеларо.
-
Пахьул бетIералда жанир меседил пикраби рукIунарел.
-
Пашманассул магIу гIемераб, рокьи ккарассул ххабар гIемераб.
-
Пашманлъи гьоркьоб гьечIеб роххелги букIунаребила, роххел лъалареб пашманлъиги бачIунаребила.
-
Пер кунаресс хъал кунеб.
-
Пикраби – магIарда, къварилъи – мугъзада нахъа.
-
Пикру гIемерлъани, чи гIадаллъулев.
-
Пикру – ццебе, ццим – ххадуб.
-
ПиргIавние Муса камуларев.
-
Пири пирханщинахъе зоб гъугъалареб.
-
Пириялълъеги гъветI кIудияб бокьулеб.
-
Питна бокьарасс багьана, ракь хъвалхьун, балагьулеб.
-
Питнабазул мугьал хьани, балагьазул гьирал раччулел.
-
Питнадул мугьал хьани, балагьалълъул тIор бала.
-
Пихъ бижулареб гъветI гьурщулареб.
-
Пихъ гьечIеб гъотIода тIил речIчIулареб, лълъим гьечIеб иццухъе гел бегьулареб.
-
ПицIцIил рукъи гIадин, рекIунги вукIунге, цIакъго чияссдасса рикIкIалъунги вукIунге.
-
ПонцIон рагIи бицунессул хIассил хIалакъаб.
-
Пударулев чияссул гьабихъ рищни гIемераб.
-
Пуланав чиясс мун чIвазехъин вугилан абидал, гьесс данде абурабила: «ВахI, дицца гьессие лълъикIлъи гьабун букIинчIо гури!»
-
Пурцциде бараб гIазу гулидеги балеб.
-
Пурцциде саву ккани, нилъалдеги кколеб.
-
Пурцциде цIцIер бани, рии квачараб бачIунеб.
-
Пурццил гIоркь ккурав вакъуларев, къохьол къимат лъалев вугьунарев.
-
Пурццил хъвари къотIани, къолол бетIер дагьлъула.