top of page

И i

  1. ИгиштIани, ЦIцIалкIитIа “цIцIар рагIарав багьадур!”

  2. Анссадерил гIоралде ГIинтIилъар кIанцIарабила.

  3.  Илбисалда абурабила дудасса квешаб жого бугодаян. Илбисалълъги абурабила жиндасса квешав чи хварав какулев чи вугилан.

  4.  Иман гьечIеб бакIалда ияхIги букIунареб.

  5.  Иман щулалъизе ккани, гІелму тІалаб гьабейила.

  6.  «Инаро» бачарай рокъой ххутIарайила.

  7.  Инаро дун хIорихъе, хIатIазде бакъ щвечIого, галиги бахъиларо, гурга кодой кьечIого.

  8.  Инелъун бергьараб гIищкъу – саяхълъи, тезелъун гьабураб рокьи – хъахIбалъи.

  9.  Инжитав чияссул ишалги инжитал рукIуна.

  10.  Инжилъун гIадамазда гьоркьов вукIинегIан, хIамалъун гьирикьго лълъикIила.

  11.  Инсан вахараб борххалъиялда бараб букIунила гьессда бихьулеб майданалълъул гIатIилъи.

  12.  Инсанасс щибго хIехьолебила, ракъи хIехьоларебила.

  13.  Инсан жиндир заманалда релълъаравила вукIунев.

  14.  Инсанассул жавабалълъ жиндир гIакълу борцуна,
    Калам къокъаб бугони, къимат цIцIикIкIун гьабула.

  15.  Инсанассул кIалдиб мацIцI рекIараб ххвалчен буго, КIалдиссан пулеб гьури гьалаглъулеб чIор буго.

  16.  Инсанассул черхх бетIергьанчиясс бачухъе билълъунеб жойила.

  17.  Инсанассул яхI – мугъ чIвалеб ссангар, гIадамассул кIкIвахI – бохх ккураб лангар.

  18.  Инссудасса вас цIцIодорав лIугьин – роххелила, ваццассдасса вацц цIцIодорав лIугьин – жахIдайила.

  19.  Инссудасса чIухIарав вас гIемерав вукIуна,
    ЧIарбида эмен лъедал, чияр цIцIобалде кколев.

  20.  Инссул къадруялда чIчIа.

Гьеб букIана мискинзаби кидаго мискин рукIа, къуралги кидаго къунги хунги рукIаян абулел абадиялълъ тIалъи жидеего бокьаразул аби. Гьеб мурад цIунун рижарал рукIана «ЛълъикIлъи хIехьезе аххтачодаги хханассул васассдаги гурони кIоларо», «АхIун вачун, бачавехь таххбакIалда толаро» гIадал кицаби». БукIинчIеб рокъоб рекъечIеб бетIергьанчихвад» гIадал абиялги.

 

  1.  Инссул сагIадат бихьун, васассе къимат кьоге.

  2.  Инссул сагIадаталълъул васассе ххайир гьечIо, жиндир сияразухъе ссурукълъи ккун батани.

  3.  Инссул ццин цаххбиниб. Налъи холареб, би бакъвалареб.

Умумузул гьал кицаби руго инсан гьечIел питнабазде ахIулел кIалзул гIарадаби. РукIун руго питнаби цо кIалъараб кIалалълъ рикIкIен гьечIел биял гIодоре тIуралги. РецIелалълъе цIцIараб заман букIинчIо, гьелълъул гIорхъи букIана ссанагIат рекъараб къо.

Бицен буго:

Васассул эмен чияцца чIван вукIун вуго, гьев эбелалълъ гьавилалдего. Бидулав херлъун вуго, вас гIун вачIун вуго. ГодекIанир ихдалил бакъалда курмул роркьулел рукIун руго херал чагIи. Дагьал дорегIан маххссаро-ххочIалда, цоцазул мугжул кIкIвалел рукIун руго гIолохъабиги. Цо херав чиясс гIолохъабазда жиндир гъоркьамегеж кIкIваян абун буго. Жинцца кIкIвалилан, дов эмен чIвараб меххалълъ ургьив вукIарав васасс нус кодобе босун буго. Мегеж кIкIвалеб меххалълъ, гьесс гьикъун буго: «КIудияв чи, бидуе хъукьлъи букIунебищ?» – ан. Гъоссги жаваб кьун буго букIунарилан. «Ма, букIунареб батани!» – ян васассги эмен чIварав чияссул бидул гIор биччан буго.

 

  1.  Инссухъ ралагьун, васги лъалевила, васассухъ ралагьун, эменги лъалевила.

  2.  Инссухъ ралагьун, яс кье, эбелалълъухъ ралагьун, яс яче.

  3.  ИнчIевани лъаргIиве, лъачIевани Магьдида.

  4.  ИнчIого къоги беццуге, вихьичIого чиги веццуге.

  5.  ИнчIого ххаселги беццуге, хвечIого нуцалчиги веццуге.

  6.  Инссуда малълъаруге, гьесс малълъараб гьабе.

  7.  Инссуеги лъимал жиндиего жо кьолел рокьулел.

  8.  Инссул адаб тарав васассдассаги цIунаги, къо ккедал ватуларев ваццассдассаги цIунаги.

  9.  Инссул боцIцIуцца гьаглъарассдассан пайда бахунареб.

  10.  Инссул гьоболги тоге, эбелаб нухги тоге.

  11.  Инссул гIамал гьечIев вас ватуларо, бацIил гIамал гьечIеб тIинчI букIунаро.

  12.  Инссул кIал чIвазе раскIил кIиго ругIел гIолеб.

  13.  Инссул малълъ босуларев вас лIугьунгеги, эбелалдасса бергьарай яс лIугьунгеги.

  14.  Инссул нигIматал кунелълъул, эменги кIочон тоге.

  15.  Инссул нухдассанила васги унев (инссул квартIа-гъецI босуларев вас вукIунарев).

  16.  Инссул рател бичарасс бачагохIал росула.

  17.  Инссул рокьи ккун, васассе ячарайила, эбелалълъул рокьи ккун, яс кьурайила.

  18.  Инссул росу тарассда лълъикIаб къо бихьуларо.

  19.  «Инссул рукъбугьадил орорго ражидул букIун буго!» – ян абурабила гIандиссесс.

  20.  Инссул ххам бугони, гурдал ххалатал, рокъоб хханжу бугони, ххинкІал чІахІиял

  21.  Инссул цIцIар – васассе, росдал цIцIар – киназего.

  22.  Инссуцца бекьараб васасс лъилъулеб.

  23.  Инссуцца ххер бичани, васасс хур бичулеб.

  24.  Инссуцца соно квани, лъималазул цаби секколел.

  25.  ИнчIого, хвечIого чияссул къимат лъаларебила.

  26.  Ирс бикьулелълъул гьоркьов  ххутIарав.

  27.  Ирсалълъе щвараб гъамасс цIураб меседалдасса васассул кверзул маххщел бергьунебила.

  28.  Исана сон савуд хварабгIаги.

  29.  Исана тIад восила, тIадеялълъул лълъим лъала.

Кици гIунтIизабула Авар гIоралълъ вас восун арай ГьидалIа эбелалде. Эбелалда вихьун вуго гIоралда тIад восун жиндирго лълъим лъаларев вас. Йоххизеги йоххун эбелалълъ гьал рагIаби абун руго. Гьеб магIнаялдани гуро жакъа гьеб кици хIалтIизабулеб. Гьеб хIалтIизабула «Инсан ццевеххун цойидассан унаро, дагь-дагьккун уна» абураб магIнаялда.

 

  1.  Исхъалидул чухъида хъабарча бащалъиларо.

  2.  Итни къо къоялгун шагьадулеб.

  3.  Их бащалъизегIан божи бугеб хур тоге.

  4.  Их лълъамалъичIони, лълъидир бакъвалъулареб.

  5.  Ихдал гьури – гьанал барти.

  6.  Ихдал нилIецца кьолеб, ххаслихъе нилIее кьолеб.

  7.  Ихдал хур реххун тоге, ххасало рукъ реххун тоге.

  8.  Ихдал хурибе бачIони, ххаслихъе цогъринибе балареб.

  9.  Ихдал хIама къинлъугеги, хIалтIулI чIчIужу къинлъугеги.

  10.  Ихдалил къо – къоролалълъул ракI.

  11.  Ихдалил къоялдаги къадарав бихьинчияссдаги божизе бегьуларел.

  12.  Ихдалил къоялълъ лъагIалицца кваназарулел.

  13.  Ихдалил лълъалъ – карае, ххасалил лълъалъ – кьолбое.

  14.  Ицц бацIцIадаб бугони, гIорги бацIцIадаб букIуна.

  15.  Иццул бетIералда гурони, тIокIкIараб лълъим букIунареб.

  16.  Иццул лълъим щоларелълъуб лъарал лълъимги – иццул лълъим.

  17.  ИчIгоялълъ гьабе, лъабгоялълъ кванай.

  18.  Иш лъалев анцIгояссдасса хIалтIулев цо чи лълъикIав.

  19.  ИяхI баччулаго, хIулун тIагIарав,
    Хварал рукъулаго, вакъуцца хварав.

  20.  ИяхI бугев цин хола, къадарав кIицIцIул хола.

  21.  ИяхI гьечIого хьвадарассе – дуниял гIатIидаб жо.

  22.  ИяхI лъолелълъуб чед лъурав, чохьохъ чIахъен бичарав.

  23.  ИяхIги хIалихьалъиги хабалIеги цадахъ билълъунеб.

  24.  Йихьизе берцинай лълъикIай, ятизе гIакъилай лълъикIай.

  25. Йокьизеялдасса рихине захIматабила.

  26.  Йокьанщинай ясги щоларей, бицанщинаб рагIиги батулареб.

  27. Йихьугеги, рагIугеги, дида гурхIаралда Аллагь гурхIаги!

  28.  Йокьуларей лълъади – бокьулареб квен.

bottom of page