﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
ГЬАБИГЬАНАССУЛ ЛЪИМАЛ
ВукӀанила, вукӀинчӀила, цо херав гьабигьан вуканила. Гьессул лъабго васги вукӀанила. Цо заманалдассан гьабигьан хванила. Эмен вукъун хсадуб, гьессул нахъе ххутӀараб ирс сабаблъун, лъималазда гьоркьоб ДагӀба кканила.
ХӀурул цӀезабун мегежгун, жиндие гьобо хӀажат гьечӀиланги абун, кӀудияв ваццасс жиндиего гьабихъе лълъим бачунеб рахъ тӀасса бищанила.
- Валлагь, дидаги ракӀалдасса унаро кидаго хӀурул цӀураб ретӀел-хьитгун, михъ-мегежгун вукӀунев вукӏарав эмен. Диеги гьабидассаги гьелълъул тӀохго бокьила, - ян абунила гьоркьохъев ваццассги.
- ЦӀуни, дир цӀун рукӀа абе михъалги ретӀелги хӀурул, - анги абун, бищун гьитӀинав ваццасс инссул ххутӀараб гьобо хӀалтӀизабизе байбихьанила.
КӀудияв вацц вукӀунаанила лълъадал рахъда асскӏов гӀурччинххарда вегун, гьоркьохъев вукӀунаанила гьабил тӀохда бакъалда вегун, бищун гьитӀинавин абуни, хӀурул цӀезабун ретӀелгун, рачӀа-рачӀаразул тӀорщел хунев вукӀунаанила. Гьабихъе вачӀаравщинасс гьессие магъалоги кьолаанила.
Цо заманалдассан кӀудияв ваццассда бичӏчӀанила жинцца гӀантаб жо гьабураблъи, гьабил рахъ жиндиего боси, гьелдасса нечон, росу тун ине къватӀиве вахъанила. Унев, унев вукӀун, гьев цо бецӀцӏаб кӀкӀалахъе кканила. Гьеб кӏкӏалал гъварилъуда иццда асскӀоб бегун бугила цо кӀудияб Аздагьо.
- Асаламу гӀалайкум, гьава рекъараб, лълъим цӀцӏорораб батаги, - ян абунила Аздагьоялдасса цӀакъго хӀинкъарав гьабигьанассул васасс.
- Дур гьел лълъикӀал рагӀабазе гӀоло гуревани, гьабсагӀат КІкІвинаан дицца мун, - ан абунила Аздагьоялълъ.
- Гьелълъухъги баркала дуе, - ян абунила гьесс.
- ГӀенеккея, гӀолохъанчи, дуда кечӀ ахӀизе, яги маргьа бицине лъаларищ? - ан гьикъанила Аздагьоялълъ.
- Лъаларо, - ян абунила гьесс.
АхӀизе кечІги лъаларев, бицине маргьаги лъаларев чияссе дицца гьадин гьабулиланги абун, хапун восун къулчӏчӏун виччан танила Аздагьоялълъ гьев.
Гьабигьанассул гьоркьохъев васассдаги чӀалгӀанила гьабил тӀохда вегун. Жинццаго гьабураб гӀантаб жоги лъан, гьевги вахъанила росулӏа къватӀиве. КӀудияв ваццго гӀадин, гьевги кканила добго Аздагьоялълъул чохьониве.
Жиндасса кӀудияв кӀиявго ваццассул араб бакӀ лъачӀого ххабар тӀагӀиндал, гьитӀинав вацц вахъанила гьел ралагьизе къватӀиве. Унев, унев вукӀун, гьевги кканила дов кӀиявго кӀудияв вацц ккараб кӀкӀалахъе. Гьениб батараб иццда тӀассан кӀанцӀулев вукӀарав чи гьев Аздагьодул мугъзада тӀаде кканила.
- Асаламу гӀалайкум, лълъим цӀцӏорораб, гьава рекъараб батаги, Аздагьо, — ян абунила гьесс, щибго виххичӀого.
- Дур гьел лълъикӀал рагӀабазе гӀоло гуревани, гьабсагӀат «кІкІвинаан дицца мун. АхӀизе кечӀниги бицине маргьаниги лъаларебищ дуда, гӀолохъанчи? - ян абунила Аздагьоялълъ.
- Валлагь, лъалебха. Бокьани кеч ахӀила, бокьани маргьа бицина, дуе бокьараб тӀасса бище, - ян абунила васасс.
- Маргьаянги абун, унго-унго лӏугьараб жо бицинехъин ватилахха мун.
- РачӀа гьадинаб къотӀи гьабизин: дицца унго-унго лӏугьараб жо бицунеб бугони, дуцца дун кӀкІвине бегьула, диццани маргьа бицунеб меххалълъ, мун гьоркьоб кӀалъани, дицца дур гьаб мугъзадасса квер чІван чӀоло бахъила, рачел гьабизе.
- ЛълъикӀ буго. Рице дурго гьерссал, кигӀан кӀудиял рокьаниги, къотӀиялда дун разияб буго.
Цин ццебеккун дицца дуе бицинин, Аздагьо, дун гьаниве дуда асскӀове ккараб куцан, абунила васасс.
- Дун гьаниве ккана дирго гӀулби сабаблъун. Цо соналда дун вукӀана гьел хьихьун. Гьеб сон букӀана кутакалда ракъдалаб, гьезие квине ххерги, гьекъезе лълъимги букӀинчӀо. Дицца гӀулби рачана лълъим гьекъезе гӀурухъе. Балагьана гури кисса-кибего - тӀад цӀцӏерги чІван, гӀулбузе лълъим гьекъезе бакӀ гьечӀо. Босун гӀащтӀигун, гъурун цӀцӏергун, лълъадалӏе цо каратІ гьабуна. Балагьана - лълъим цӀакъго гӀодобегӀан буго, гӀулбузул кӀал гӀунтӀулеб гьечӀо лълъеде. Гьебмеххалда дицца дирго бетӀер черххалдасса батӀа гьабуна, жаниб букӀараб гӀадалнахги нахъе реххун, лълъадал цӀезабун гьебгун, гӀулби гьекъезаруна.
Гьаниб аххадегӀан, гьадигӀан цӀцӏорон бугеб гьаб лълъим тӀарада, баккун бачӀунеб бакӀалда, киндай бугоян ракӀалде ккана дида. Ун гӀурул бетӀералдегун, цо заз-хъарахъги бакӀарун, гӀурул бетӀералда цӀа гъуна. Дицца бакараб цӀаялдасан гӀуруда цӀа рекӀана, гьелъул рагӀаллљабиги чӀурхӀа-кӀутӀуп рехана. Гьеб цӀаялдасса хӀинкъарал дир гӀулби тӀура-риххун ана.
Гьебмеххалда дицца гӀащтӀи кодобе босана, балагьана гури - гӀоркь ххутӀун буго, гӀащтӀийин абуни, бухӀун, биун тӀагӀун буго.
Цо заманалда дида ракӀалде щвана дирго бетӀер, гьеб босизе гъол гӀулби гьекъезарураб бакӀалде вилълъана. Гьениб дир ботӏрол гвангвара буго, жаниб наяз цӀун. Гьанже гӀулбиги рилун, гӀадада вукӀине бегьуларилан диццаго дидагоги абун, наязул цӀураб дирго гвангвара дицца дирго кӀигъуждузда лъуна. ЛълъикӀаб кӀиго ритӀучІги ккуна. Хъун гьелгун, гьан диццаги квана, тӀомал гъотӀода рана, гъветӀги гӀощтӀол гӀоркьалълъ къотӀун, диего гьоко гьабуна.
Дир гвангвараялда жанир ругел наязда гьоркьосса кӀиго най буго цоцалълъ къаццандулеб, ахӀи-хӀуралда. Гьезул щибалълъ абулеб буго дудасса дицца гӀемер гьабулин гьоцӀцӏоян. Дицца гьезда абуна гьеб къецц рагъичӀого тӀубазе кӀолин, нужерго гьоцӀцӏо гьабизе лӏугьайин, балагьилин кинал бергьунаяли.
Гьебмеххалда кӀиябго найицца байбихьана гьоцӀцӏо гьабизе. РитӀучӀазул тӀомалги цӀун, тӀассангицин чваххизе лӏугьана. Гьел гьацӀцӏул цӀурал тӀомалги гьакида лъун, гьакида гьеб кӀиябго найги бан, дицца ххазабуна.
Цо заманалда цояб най чӀчӏана, гьокоги кьурдасса гъоркье ине дагьаб ххутӀана. Гьабго щай чӀчӏарабилан найида кьабизе цІцӏал борххулев вукӀана, ракьуда гьебги тункун, цІцӏалагӀоркьалълъ дун хъахІнакІкӀалӏе реххун ана.
Гьениб по хапуралълъухъе накӏкӀул кесек щвана дихъе кквезе. Гьебги ккун, ракьалде далдалун ххутӀана дун. Дицца ккураб накІкІ буго боржун унеб, гъоркье балагьана, гьениб лълъим бихьула. Биччан тун накІкІгун, кӀанцӀун виччан тана лълъелӏе ккезеян, битӀахъе дур мугъзада тӀаде ккана.
- Гьебни гьересси буго дур, - ан абунила Аздагьоялълъ.
- Гьа, гьоркьоб кӀалъани, квер чІван дур мугъзадасса чӀоло бахъизе къотӀи букӀана. Бихьея ххеххго мугъ гьанибе. Аздагьоялда бичӀчӀанила дагӀбадун жо кколареблъи. Гьелълъ гьев васассда ццебе мугъ ккунила.
Босун рекӀараб нусгун, Аздагьоялълъул горбодасса бахъараб рачӀчӏалде щвезегӀан тӀон ччукӀанила гьабигьанассул васасс. Гьелълъул ургьив, хвечӀого, чӀаго жиндирго кӀиявго ваццги ватун, гьелги ххвассар гьарунила гьесс, чІван Аздагьоги рехханила. Рачун ваццалгун, рокъове вилълъанила.
Гьелдасса нахъе лъабавго вацц цоцалълъ рекъон, цадахъ гӀумру гьабизе лӏугьанила.