﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
МАЛА НАССРУДИНГИ БЕЧЕДАВ МАДУГЬАЛГИ
Цо заманалда Мала Нассрудинги хъизанги, кодоб-хъатикь жоги гьечӀого, цӀакъ мискинго руканила. Гьабизе жоги тӀагӀун, цо къоялълъ радал Мала Нассрудин лӏугьанила Аллагьассда гьардезе:
- Я Бетӏергьан Аллагьхха, гьанжелъагӀан дицца дуда жеги щибниги жо гьарун букӀинчо. Гьанже дие бокьун буго Дуда гьаризе цо нусто гъуруш гӀарац щвезабе дие, цӀакъ рес къотӀараб хӀалалдаги вугин гьанже дун, - ан.
- Нусго гьечӀониги кӀваричӀин, дагьаб камун бугониги бегьилин, - илан абунила асскӀой йикӀарай чӀчӏужуялълъ.
- Гуро, валлагь, босиларохха цо гъуруш камун. Кьолеб бугони, гургин гьабун нусго гӀезабун кье абе, — ян абунила Мала Нассрудиницца.
Мала Нассрудинилги чӀчӏужуялълъулги гьеб гаргар рагӀанила мадугьалихъ вукӀарав цо бечедав чияссда. Гьесс хӀукму гьабунила Мала Нассрудинида тӀад велъанхъизе, гьев Маххссараде кквезе. Ункъоялда анцӀила ичІго гъурушги жаниб лъун, нахъиссеб къоялълъ радал квербацІцІ рехханила мадугьаласс Мала Нассрудинил рукъалълъул тӀалайдухъа гӀодобе. ТӀалайдухъа гӀодобе цо жо бортулеб рагӀанила Мала Нассрудинида. Вортун ун кодобе босун балагьанила, бугила квербацІцІалда жаниб бухьараб гӀарац. РикӀкӀун балагьанила, нусго гӀезе цо гъуруш камун бугила. ВахІ, бихьулищ камураб гъуршил бакӀалда квербацІцІги битӀун буго дие, цӀакъ лълъикӀан, живго жиндаго гаргаданила Мала Нассрудин. Гьебмеххалълъ, тӀалайдухъан гӀинтӀамун вукӀарав мадугьал, вахІ, гъоб дир гӀарац жиндиего тезе къассдищхха гьанже гьессул бугебанги абун, Мала Нассрудинихъе вилълъанила. Гьев вачӀунев вихьун, Мала Нассрудиницца гӀарац нахъе баххчанила.
Жаниве лӏугьунги вачӀун, мадугьаласс абунила:
- Мала Нассрудин, доб къоялда нусго гъуруш гӀарац кьеян мун Аллагьассда гьардолеб меххалълъ, дун вукӀана тӀалайдухъан духъ гӀенеккун. Нусго гъуршидасса цо гъуруш камун дуцца босиларилан абидал, дур хӀалбихьизе, нусгоялдасса цо гъуруш камураб жо тӀалайдухъа беххе реххун букӀана, квербацІцІалда жанибги бухьун. Дуцца гьеб босана, камураб гъуршил бакӀалда Аллагьасс квербацӏцӏ битӀун бугиланги абун. Дида гьеб кинабго рагӀана. Дуе дицца маххссара гьабулеб букӀана, гьеб гӀарцул бетӀергьан дун вуго, дун гьеб босизе вачӀунги вуго, - ян.
- Валлагь, дида дур гӀарацги бихьичӀо, мунги вихьичӏо. ТӀалайдухъан гӀодобе дихъе кинаб бугониги гӀарацги бачӀинчӀо. Дуцца бицунеб жоялълъул магӀнаги дида биччуларо, - ян абунила Малла Насрудиница.
Жиндир гӀарац кьеян мадугьал, дида дур гӀарац бихьичӀилан Мала Нассрудин, гӀемераб заманалълъ дагӏба-къеццалда рукӀанила, аххиралдаги диваналде кканила. Цо къоялълъ мадугьал вачӀанила диваналде Мала Нассрудин вачине.
- Диваналдеяли гӀемер цӀакъ вилълъинаан, рекӀинени жо гьечӀони, гӀодоссан вилълъанхъизе кӀолеб гьечӀо, херлъун вуго, - ян абунила Мала Нассрудиницца.
Мадугьаласс гьессухъе рекӀине жиндирго чу кьунила.
- ЧӀчӏужуялълъ сон дир чухъа чурун букӀана, гьеб жеги бакъван гьечӀо, гьединлъидал дир ретӀине жоги гьечӏо, - ян чӀчӏанила Мала Нассрудин.
Мадугьаласс гьессухъе ретӀине цӀияб чухъаги бачӀанила. РетӀун мадугьалассул цӀияб чухъаги рекӀун гьессул чодаги, Мала Нассрудин вилълъанила гьевгун цадахъ, шагьаралде диваналде. Диваналда бечедав мадугьаласс бицанила ккараб щинаб жо.
Диванбегицца Мала Нассрудинида абунила:
- Мала Нассрудин, дуцца щиб абулеб гьелда? - ян.
- БетӀерчӀахъаяв диванбег, дуцца гьессда гьикъе, гьав гӀадаллъунцин гурищ вугеван.
Мадугьалассул цӀакъ ццин бахъанила:
- Щиб бицунев вугев мун гьанив, дун гӀадаллъун гьечӀо! - яц абунила гьесс.
- Дуцца пикру гьабехха, бетӀерчӀахъаяв диванбег, жив гӀадаллъун гьечӀилан вуго гьав, гӀадаллъун гьечӀев чиясс чияр тӀалайдухъа гӀодобе ункъоялда анцӀила ичІго гъуруш гӀарац щиб гьабизе реххулеб? - ан абунила Мала Нассрудиницца.
Бечедав мадугьаласс нахъеги бицанила диванбегие жинцца Мала Нассрудинил рукъалълъул тӀалайдухъа гӀодобе гӀарац щай реххун букӀарабали.
- Гьев чиясс бицараб жоялдаги божун, дуцца диван гьабуни, гьагъаб дицца рекӀун бачӀараб чуги жиндир бугилан чӀчӏезе бегьула гьев, мун гьессда божуге, бетӀерчӀахьаяв диванбег, - ан абунила Мала Нассрудиницца.
- Унго, абила, абилареб кин, дир чодаги рекӀунлъидал мун гьаниве вачӀарав, - ан ццидахун ахӀданила мадугьал.
- Гьале, бихьулищ дуда, диванбег, гьев чи гӀадаллъун вугилан дицца абураб меххалълъ, мун божулев вукӀинчӀо. Дагьаб нахъа гьесс гьаб дида тӀад ретӀун бугеб чухъаги жиндир бугилан абила, - ян кӀалъанила Мала Нассрудин.
- Дир гурони, лълъилхха гьеб кколеб! - ан ахІданила мадугьал.
Диваналде унеб меххалълъ, Мала Нассрудиницца къвалакь лъун букӀанила цо кӀудияб гамачІ, нагагьлъун диванбегицца жиндие битӏун кколеб хӀукму къотӀичӏони, гьессул гьурмалӏ речӏчӏизе абун. Гьеб гамачӏ лъураб бакӏ лълъикӏго къватӀибе цӀцӏутӀун букӀанила, тӀассан балагьарассда бихьуледухъ.
Диванбегги гӀемер валагьулаанила гьеб цӀцӏутӏараб бакӀалде, цощинаб жиндие бачӀараб ришватцин гуродай абун.
ЦӀцӏутӀараб бакӀалде, диванбегида бихьуледухъ, ишанги гьабун, Мала Нассрудиницца абунила:
- БетӀерчӀахъаяв диванбег, дур ритӀухълъиялълъул ххабар дида ццебегоги рагӀун букӀана, гьарула дуда букӀине кколеб куцалда къануналда рекъараб хӀукму гьабеян нижер кӀияссдаго гьоркьоб, - ан.
Мала Нассрудиницца ишан гьабун бихьизабураб жо жиндие бачӀараб ришват бугиланги ккун, диванбегицца хӀукму Мала Нассрудиние битӀун кколедухъ къотӀанила.
Ресги къотӀун, къоги бухӀун, бечедав мадугьал витӏанила рокъове. Диванбегие баркалаги кьун, Мала Нассрудинги къватӀиве лӏугьунев вукӀанила. Диванбегицца илан гьабунила, жанив чӀчӏаян.
- Гьа, щиб гъоб къвалакь бугеб жо, къватӀибе щай гьеб бахъулареб? - ан цӀехханила гьесс.
- Къвалакь кисиниб батӀияб жо гьечӀо, нагагь дуцца дун разияб хӀукму къотӀичӀони, дуда речӏчӏизе босараб гьаб гамачӏ букӀана, къваригӀун батани, босе дуего, - ян абун диванбегида ццебе гамачІги реххун, Мала Нассрудин рокъове анила, мадугьалассухъа диваналълъ бергьун щвараб чодаги рекӀун, гьессухъа щвараб чухъаги ретӀун.