top of page

Хь %

  1.  Хьаг чIчIегIерабгIаги, хъахIал ххинкIал релъуна, щакъи чIчIегIерабгIаги, хъахIаб кагъат басуна.

  2.  Хьагида лълъурани, лахI бахуна, квешав чигун лIугьани, квешлъи бахуна.

  3.  Хьагил хIал галида лъала, рукъалълъул хIал жанив вугессда лъала.

  4.  Хьагил цIири гуреб цIцIогьохъе бертин, цIцIалкIил кIутIи гуреб балъгояб ригьин.

  5.  Хьагинире рачIел ххинкIал хьагинир ратилищила.

  6.  Хьагинисса гелгIанги камуларев.

  7. Хьамараб дудего буссунеб.

  8.  Хьандон гIадамал холелани, ярагъ къваригIинароан.

  9.  Хьаралда рекъонила хуриссаги бачIунеб.

  10.  Хьаралълъуб хьараб бижулеб, питна бекьани, питна бижулеб.

  11.  Хьиндалаз ххинкIал бакъде рахъулелила, ражи хьонде тIолебила.

  12.  Хьитаз гьабураб чакмабаз кунеб.

  13.  Хьитал къваридав чи – нух къваридав чи.

  14.  Хьитал тIадго гIор бахунге.

  15.  ХьодолI анкьго дару бугебила.

  16.  Хьон къадараб хурул рижи къадараб.

  17.  ХьонбакIил бутIрул гIадин, цоцаздасса кьурун руссарал росс-лълъадиялда асскIобалдасса кьурул нохъодаго лълъикIила.

  18. Хьонлъуда бакъваралдасса бакълъул гIатIояб лълъикIабила (цIул).

  19.  Хьопода кьуричIони, тIилида бекизе кIолареб.

  20.  ХьуйидалIго гьечIеб гIанкIкI – цIетIа лъураб гереги.

  21.  Хьул лъурассул хIакъалдасса цIунаги.

  22.  Хьул ххалат, хIалтIи къокъ.

  23.  Хьул – ххалатаб жо, заман – къокъаб жо (Хьул ххалатаб жо, ххиял гIемераб жо).

  24.  Хьул ххалатабила, хвел гIагарабила.

  25.  Хьулал – рахъ-рахъалде щущан, хвел – гьезде чан къан.

  26.  Хьулалълъул къвачIа ххалатаб жойила (Хьул ххалатаб жойила).

  27.  ХьуцIцIал гIемералълъур иццал гIемерал, иццал гIемералълъур лъарал гIемерал.

  28.  ХьуцIцIилI къараб хIамие бетIергьанчияссул гурони цIцIайи щолареб.

bottom of page