top of page

ХЪАРТГИ ЧІИЛБИКІГИ

ЙикӀанила, йикӀинчӀила цо херай, хералълъул лъабго васги вукӀанила. КӀиявго кӀудияв вас лъай-гӀакълу бугел, гӀадамал лӏугьинессел жал рукӀанила, гитӀинав ЧӀилбикӏ ботІрода тӀехІги барав, тӀингъида нацӏцІги барав, ватарасс вуххулев, ватарасс тункулев чи вукӀанила. Вилълъанила цо къоялълъ лъабавго вацц рохьове, хьоп къотӀизе.

Жидерго гьабулеб хӀалтӀиги гьабун, нахъруссун рокъоре рачӀунаго, къосанила азда нух. Ссверданила ал рохьор, ссверданила, тӀерхьун бакъги анила, маркӀачӀул рукӀкӀенги речІчӀанила, кинго нух бахъизе кӀвечӀила. Абунила ваццацца ШилбикӀида, гъотӀоде вахун балагьейин, кӀкӀуй баккулеб бакІго бихьуларищали.

Бищунго борххатаб гъотӀодеги вахун, ункъабго рахъалде бер тӀамунила ЧӀилбикӀицца, бурбурун лахӏчӏчӀегӀерлъун, битӀун рохь бакьулӏа баккун бачӀунеб бихьанила ассда кӏкӀуй. КӏкӀуйдул хӀисаб гьабун, вилълъанила лъабавго вацц. ГӀемерал рилълъанила, дагьал рилълъанила, щванила цо рукъалде асскӀоре.

Лӏугьанила жанире, бакун кӀудияб цӀа бугила, цӀеда ццее гӀодойикӀун Хъартги йигила, доре-гъоре боххдулги риччан, Хъартил лъабго ясги йигила. Хъваш-башги гьабун, ракъун ратилиланги абун, квен лъунила Хъартицца азда ццебе. ХӀинкъун, кӀалдиб босизецин кӀвечӀила кӀудиял ваццазда. ЧӀилбикӀицца гьумер нечезе гьабичӀила, ваццазе гӏологи квананила ав. Кванан-гъекъон рахъараб меххалълъ, бусенги тӀамун, жиндирго ясалги регизарунила Хъартицца, цоги бусада лъабавго ваццги вегизавунила, гъассда жийгоги еганила.

ЛълъикӀ сордо араб меххалълъ, лъабавго вас хъвезе алмасги лълъухьун, ахӀанила Хъартицца:

- Кьижарав щив, ворчӀарав щив? - ан.

- Къижаравги дунин, ворчӀаравги дунин абупила ЧӏилбикӀицца. Щай мун кьижуларев ЧӀилбикІ, дуе къваригараб щиб абун гьикъанила Хъартицца. Гьаб ригьалълъ, абунила ЧӏилбикӀицца, цӀураххинкӀал гьарулаанила дие эбелалълъ, гьел ракӀалде щун, кӀоларого бугин дида кьижизе.

ЦӀидасан цӀаги бакун, цӀураххинкӀалги гьарун, кваназавунила Хъартицца ав. ЛълъикӀалан мехх борчӀизеги тун, лълъихь-лълъахьан алмасги лълъухьун, абунила Хъартицца кӀиабизеги:

- Кьижарав щив, ворчӀарав щив?

- Кьижаравги дунин, ворчӀаравги дунин абунила ЧӏилбикӀицца. Щай кьижуларев ЧӀилбикӀ, гьанжеги дуе къваригӀараб щиб абун гьикъанила Хъартицца. Гьаб гӀужалълъ бахъухъ квинабулаанин дида эбелалълъ, гьелде хьуллъун, дида макьу щоларого бугин абунила гьесс.

Яхъун, бахъухъги гьабун, кваназавунила Хъартицца гьев, цинги реганила гьанжеги. ЛълъикӀ гьоркьоб меххги биччан, гьанжени ав кьижанилан ккараб меххалълъ, ахӀанила Хъартицца лъабабизе:

- Кьижарав щив? ВорчӀарав щив?

- Кьижаравги дунин, ворчӀаравги дунин абунила ЧӀилбикӀицца.

- Я гъарин Чӏилбикӏ, къадни кьижичӀониги бегьилин, къассигӀагийищ мун кьижуларев? Метер хурие ине дунги гӀедегӀун йигин, кьижун вукӀайин семанила гьессде Хъарт.

- Кинин дун кьижулев, гьаб ригьалълъ гӀурухъа цӀцӏалкӀицца босун, лълъим гьекъезабулаанин дида эбелалълъ. Гъеб гьекъечӀого, бер къанщизе кӀоларилан абунила ЧӀилбикӀицца.

Йилълъанила Хъарт, цІцӏалкӀуги босун, гӀурухье. Гъой къватӀие лӏугьинго, гъолълъул лъабайго яс живгоги ваццалги регун рукӀараб бусада регизарунила ЧӀилбикӀицца, дозул бусада жалгоги реганила. Гьеб гьабулев ЧӀилбикӀ вукӀаго, щванила Хъарт гӀурухъе, ччун бахъанила алълъ цІцӏалкӀу, чваххун анила лълъим, ччун бахъанила, чваххун анила. ГӀурулӏе цӀцӏалкӀуги реххун, къварилъун, нахъюссанила Хъарт гьаюгьинан. Рокъойги лӏугъун, абунила алълъ:

- Кьижарав щив, ворчӀарав щив?

Минкъан вахъинчӀого, тӀепун чӀчӏанила ЧӀилбикӀ. Васал хъолелилан, хъун рехханила Хъартицца жиндирго ясал. Жибго хъур-хъури бахъанила лъабалълъулго.

ХъахІльи бараб меххалълъ, хурие ине къачӀанила Хъарт.

- НодобагӀар (гьеб букӀун буго Хъартил кӀудияй ясалда цӀцӏар), - абунила алълъ, - хурие уней йиго дун, дир яс, гьал лъималазул хӀетІ-бетӀерги белъун, къадиялде дида ххадуй ячӀа мун, нужгоги ракъун рукӀунге.

- ЯчӀина эбел, - илан абунила ЧӀилбикӀицца, НодобагӀарида гьаракьги релълъинабун.

Анила Хъарт хурие.

Къадиялде рокъоре ваццалги ритӀун, ясазул хӀетІ-бетӀерги белъун, НодобагӀарил ретӀелги ретӀун, вилълъанила ЧӀилбикӏ Хъартида ххадув хуриве.

Ав вихьаравго, жиндирго ясилан ккун, ахІданила Харт:

- Бакъ щун юхӀизе гурин, гьури чІван, чӀучӀине гурин, ххеххго рокъое юсса, дир яс, - ан.

Хурул рагӀалда ясазул хӀетІ-бетӀерги лъураб хьагги тун, нахъвуссун вилълъун, рикІкӀадассан валагьун чӀчӏанила ЧӀилбикӀ, Хъартил щиб лӏугьунаяли бихьизе.

Лъилъун, цӀцӏер гӀадин хурги, хӀалхьун гӀодойикӀанила гьанже Хъарт, лъималазул гьанацца гӀорцӀцӏизе. ЦӀураххинкӀазеги бахъухъиеги дуцца гьабураб гьанже дицца дуеги гьабилин, ЧӀилбикӀан абулаго, бегьанила Хъартицца хьагинибе квер, бахъун бачӀанила НодобагӀарил бетӀер. Руруданила Хъарт, гӀергӀеданила, етӀаранила, эххеде кӀанцанила, гӀодой речӀчӀанила, къиркъизе цабиги гьарулаго, лъалкІ мерхьун ЧӀилбикӀида ххадуй йортанила. Йортанила ай, лӏутанила дов, йортанила ай, лӏутанила дов, рахъдал кьо ассги баханила, етӀарулаго, рокъое Хъартги юссанила.

Вилълъанила, щванила ЧӀилбикӀ рокъове. Ххалкъалдаго лъанила, пачахӀассда рагӀанила гьесс Хъартие гьабураб. АсскӀовеги ахӀун, абунила пачахIасс гьессда, нусго чияссда тӀад базе бегьулеб цо цӀцӏаха рагӀулин Хъартил. Гъелълъул гьеб бикъун вачӀани, гьелда релълъараб дицца дуеги гьабилин.

- ГьебгӀан бигьалъаги дие ххинкӀал квине! - ян абунила ЧӀилбикӀицца.

Вилълъанила гьанже гьев ххалатаб ххечги босун Хъартил цӀцӏаха бикъизе. БакъинегӀан рокъов ваххчунги вукӀун, къасси Хъарт кьижизе егераб меххалълъ, рукъалълъул тӀохги борлӏун, цӀцӏахдада егарай Хъартида ххеч хӀунссанила гьесс. ЦӀцӏахаго квешезе чӀчӏун бугин дие, ясал хваралдасса алда ругел чӀчӏутӀузул гӀемерлъиго щиб абунила Хъартицца. ХӀунссанила нахъеги, къварилъанила Хъарт, бичассхӀа, бетӀергьанчихвад, ахӀанже къватӀиб речӀчӀилин, ахІданила ай. ТӀатӀалаго хӀунсс-хӀунссулаго, азарго жоги хьамун, ссур-ссуризабун, рехханила Хъартицца цӀцӏаха къватӀибе.

Ццим чучараб меххалълъ, къватӀие ячӀанила Хъарт, цӀцӏаха жанибе босизе, гьечӀила цӀцӏаха. Балагьанила ццее: мугъзада добги чІван, унев вугила ЧӀилбикӀ. Йортанила ай, лӏутанила дов, йортанила ай, лӏутанила дов, рахъдал кьо ассги баханила, рурудулаго, нахъе Хъартги юссанила.

Рехханила ЧӀилбикӀицца пачахӀассда ццебе цӀцӏаха. Абунила пачахӀасс, гьаб бикъизе кІварав дуда щибго гьабизе кІвелин, гьейго Хъартил нусго чияссе квен гьабизе гӀолеб цо хьаг рагӀулин, цӀцӏахдада асскӀоб цӀакъ рекъелин эб, гьебги бикъун вачӀайин мун.

ГӀурул ганчӀазул таргьаги цӀезабун, вилълъанила ЧӀилбик! Хъартил хьаг бикъизе. КъассилъизегӀан ваххчунги вукӀун, къасси квен-тӀеххалде Хъарт юссараб меххалълъ, тӀохдеги вахун, валагьанила тӀалайдухъан гъоркье. ЦӀеда лъун гьалдолеб хьагги бугила, ццее гӀодойикӀун Хъартги йигила. Доре-гъоре боххдулги риччан, гӀодулей йигила ай, хварал ясал ракӀалде щун.

РечІчӀанила ЧӀилбикӀицца тӀасса гъоркье гамачІ, рухІ-рухӀанила Хъартил махӀаби тӀирабаз. Ццидахханила Хъарт, асс нахъеги реххараб ганчӀицца рахъинарурал тӀирабаз чехь-чехьго бухӀанила алълъул. БичассхӀа, ххадуб квадилан абунила алълъ, ахӀанже къватӀиб речӀчӀилин, хьаг-хьагго кьаллъун бугин дие ясал хваралдасса! Таргьаго чӀехьон танила ЧӀилбикӀицца: ххутӀарайги гьалагланила Хъарт. Ссур-ссуриялда къватӀибе реххун бачӀанила хьаг.

Дагьай гӀодое юссараб меххалълъ, къватие якканила Хъарт хьаг нахъе босизе. ГьечӀила хьаг. Балагьанила ццее, гъежда хьаггин ххазабулеб бугила ЧӀилбикӀицца. Йортанила Хъарт, лӏутанила ав, йортанила ай, лӏутанила ав, рахъдал кьо бахун авги ворчӀанила, ххачадулаго, нахъе Хъартти юссанила.

Маян абун, рехханила пачахӀассда ццебе хьаг. Абунила начахӀасс гьессда:

- Гьейго Хъартил лӏарал меседилаб цо цІцІе рагӀула, ссахІ рахьдал радалисса, ссахІ бакъанида кьолеб. Гьеб цӏцӏе бикъун вачӀа. Гьелдасса нахъе мун дицца цӀакъ кӀодо гавила, - ян.

ЧӀалгӀунги букӀанила ЧӀилбикӀида, кин бугониги, гьаб нухалълъги вилълъанила, пачахӀассул хъатир гьабун.

Вилълъанила, щванила ЧӀилбикӀ. Къасси бокьалълъул тӀохдеги вахун, хӀунссанила цІцІеда, меэданила цІцІе. Ссундасса боххараб, къулгьу, дир ясал хваралдасса нахъе ээди гleмерлъун бугин дуран, семанила Хъарт цӏцӀеде. ХӀунссанила асс нахъеги, мээданила, кӀанцІанила цӏцӀе. БичассхӀа, хъурмацца чІвад, лӏарал ккун къватӀиб речӏчӀилин, кьижизего теларищ дуцца дунан, ахІданила Хъарт. ХӀунсс-хӀунссанила ЧӀилбикӀицца тӀатӀалаго, меэданила нахъеги цӏцӀе. Дванкан речІчӀанила Хъартицца цІцІе къватӀиб.

Ццим чучараб меххалълъ, къватӀие якканила Хъарт цӏцӏе жанибе гъезе. ГьечӀила цӏцӏе. ЧӀилбикӀиццагӀаги гуродай араб абун, балагьанила ццее. Горбода реххун цІцІегун, жибго хӀур бахъинабун унев вугила ЧӀилбикӀ.

Йортанила хъарт ххадуй, лӏутанила ав, йортанила дой, лӏутанила ав, рахъдал кьо ассги баханила, керен буххулаго, нахъе Хъартги юссанила.

Лӏарал ккун, речІчӀанила Чӏилбикӏицца пачахӀассда ццебе цӏцӀе. Абунила пачахIасс гьессда:

- Хъартго-хъартилан рагӀула дида, эйго кинай жо йикӀунеяли лъазе бокьун буго дие, чара-гӀамал гьечӀо, дида асскӀое гьей щвезайичӀого. Гъеб гьунарги гьабун, мун нахъвуссун ххадуб, дирго ясги кьун, кинабго улкаялълъул иххтиярги кьун, дидаго хьолбохъ чӀчӏезавила дицца мун! – ан.

Инарилан, жойилан кьуркьудизе лӏугьанила ЧӀилбикӀ, рортанила ассде тӀаде пачахӀассул асскӀоссел. Цоясс тунканила, цоясс кьабунила, нагӀана кьунила, гӀайиб гьабунила. ПачахӀассги пачахӀассул ясалълъеги гӀоло нусцӀцӏул хвеларищан абунила.

ЯхІ-махІ батун, хъассулаго гъванщагун, вилълъанила ЧӀилбикӀ рокъове. Квасул мегежги бухьанила асс, эхӀединалго михъалги седанила, щиб-щибниги бахун, жиндирго жинсги хисизабунила, басрияб, багь-багьараб туртилӏги жемун, херав къул-къуларав гьардухъанлъун вахъун, вилълъанила гьанже ав.

Щванила Хъартил нуцӀцӏихъе. ГӀодулей йигила ай, хварал ясазухъ магӀу гьабулей йигила. Дагьаб чед кье, кири батила, абунила ЧӀилбикӀицца, нуцӀцӏихъги чӀчӏун.

НуцӀцӏил кӀалтӀе ячӀанила Хъарт, ххал гьабун, ялагьун, Дагьай щаклъарай гӀадин лӏугьун, абунила алълъ:

- ЧӀилбикІгӀаги гуревищ мун, ракӀалълъ бицунеб бугин мун лълъикІлъиялълъе вачӀарав чи гуревлъи, - ян.

ГӀоданила ЧӀилбикӀ, чӀчӏегӀераб къо чӀчӏагийин ЧӀилбикӀидаги гьессул рижул-рижиялдагиян абунила, гьессдалъун гурищ дида гьаб къо бихьулеб бугеб. Дир эменги чІванин гьесс, эбелги чІванин, кинабго боцӀцӏудасса ватаги гьавунин, дунгоги гьардухъ виччанин, гьаб хӀалалдеги ккезавунин.

Жиндиего ЧӀилбикӀицца гьабураб ракӀалде щун, Хъартги гӀоданила, зигарданила, гьессдеххун ургъел бикьанила. Гьессие ссадакъаги кьун, абунила Хъартицца хханжу базе гъамасс къваригӀун бугин дие, гьеб гьабизе маххщелго рекъоларищ дурилан.

Щай рекъолареб, цӀакъ рекъелин, дидасса лълъикӀав устар щив вугевин абунила гьесс. Цо сагӀаталълъ буххун, кьабун гьабунила гьесс гъамасс.

Жаниеги лӏугьун, хъегӀанила Хъарт, бихх-биххун рахъ-рахъалде анила гъамасс. ЛълъикӀаб, кӀудияб гъамасс гьабе дуцца дие, гьадинаб гъанссил пайда щибин абунила Хъартицца.

Гьабунила гьесс цӀидассан руцӀичӀел миккил чӀалабазул гъамасс. Жаниеги лӏугьун, хъегӀанила Хъарт, хъегӀанила, багъаризецин багъаричӀила гъамасс. Рекъон букӀунадаяли бихьизе тӀалъел къалищан, абунила ЧӀилбикӀицца, къайин абунила Хъартицца, кӀулалги ралищан абунила гьесс, раян абунила Хъартицца. Щула гъамассги гьабун, абунила гьанже ЧӀилбикӀицца:

- Хъарт! ЧӀилбикӀ гурищ дун! - ан.

ГӀергІеданила Хъарт, хъегӀданила, цоги-цогияб гьабунила, - биххуларила гъамасс.

- ГӀемер етӀаруге, меседу, - ян абунила ЧӀилбикӀицца, дурго берцинлъи хвезе гурин, ПачахІ рекъонгутӀизе гурин дуда, довни духъ рокьи ккун холев вугин!

Гьеб хӀалалда гьей маххссараде кколаго, вилълъанила ЧӀилбикӀ, баччун гъамассгун. Рахъдал кьоде щвараб меххалълъ, абунила ЧӀилбикӀицца:

- Харт, рахъдал кьо гурищ бахунеб бугеб! - ан. РухІго анила Хъартил, дагьалълъ ххутӀанила хвезе. Щванила ЧӀилбикӀ, пачахӀассда ццебе гъамассги лъун, кӀиго таргьа ракьулги цӀезабун, борххатаб гъотӀодеги вахун, чӀчӏанила гьанже гьев.

ПачахӀасс буюрун, ричӀун гъамассгун, йиччан танила хъаравулзабаз Хъарт. Ццеве ватарав ПачахІ хъунила гьелълъ, асскӀор рукӀарал хъунила, хъаравулзаби хъунила. Улкаялдаго кӀалъалеб рагӀи, щурулеб рагӀи, хӀапулеб рагӀи абулеб рухІчІагояб жо течӀого, кванила гьелълъ. Кинго хӀалхьечӀила гьелълъул, ЧӀилбикӀ кодове щвечӀелълъул. Дое-гъое балагьун ххал гьабулаго, вихьанила гьелда ЧӀилбикӀ. Ххарун гьотӀодеги яхъун, бегьанила гьелълъ гьев гъотӀокье цӀцӏазе квер – речӀчӏанила ЧӀилбикӀицца беркӀалълъ кӀиябго таргьа, чӀало гӀадин, гъоркьеги речӀчӏун, гӀарада кьвагьараб гӀадаб гьаракьги бахъун, кӀихӀи чехьги бихъун, хванила Хъарт.

Ма, гӀегӀедулаго хӀелкал кӀанцӀанила Хъартил чохьонисса, хӀапдолаго гьаби кӀанцӀанила, гаргадулаго гӀадамал лӏугьанила кинабго, Хъартицца кванщинаб жо бачӀанила къватӀибе, пачахӀассул яс ххутӀизегӀан. Ссун рехханила ЧӀилбикӀицца Хъартил роххкилищ. КӀанцӀун къватӀие ячӀанила яс.

Гьеб бакӀалда магьариги лъун, ЧӀилбикӀицца гьейги ячанила, резил къали кьабунила, къохьол зурма пунила, зизитӀаби ахІдезарунила, жибго хӀур бахъинабулел гьелги тун, дунги гьаниве щвана.

bottom of page