top of page

БАЗАРГАНГИ ВАСГИ

ВукӀанила, вукӀинчӀила цо шагьаралда цо бечедав базарган, гьессул цо васги ясги рукӀанила. Батӏи-батӀиял шагьаразде даран-базаралълъ гӀемерав унаанила гьев. Цо нухалда базарган кканила цо росулӏе. Гьенив гьев рещтӀанила цо мискинчияссул бакӏалда гьоболлъухъ. Гъев мискинчияссул бугоанила анцӀила кӀиго лъимер. Гьессул чӀчӏужу рокъой гьечӀоанила. Базарганасс гьессда гьикъанила:

- ЧӀчӏужу кие арай? - ан.

- АнцӀила лъабабизе лъимер гьабизе цояб рокъой егун йиго, - ян абунила гьесс.

- Нужер лъималги гӀемерал рихьула, гьанже гьабураб лъимергӀаги дие кье, дицца хьихьила гьеб, - ан абунила базарганасс. Кьезе мискинчиги разилъанила. Гъавунила цо берцинав вас.

ЛълъикӀаб хӀалалда эбелалдаги хахизавун, вачун гьев васгун, нахъиссеб къоялълъ базарган вилълъанила рокъове. Рачунаго васассе накабигун, унев вукӀанила базарган. Цо заманалдассан вас гӀодизе лӏугьанила. Базарганассул чара тӀагӀанила, щиб гьабуниги чӀчӏезавизе васги кӀоларого. Аххиралдаги гьесс гьев цо авлахъалда ссанда гъоркь лъун танила, бокьараб ккайин гьанже гьассиеянги абун, живоги анила.

Вас реххун тараб бакӀалда гӀи кваназабулев цо вехь вукӀанила. Гьессул букӀанила щибаб санайил кӀи-кӀи бурутӏ гьабулеб цо цӏцӏе. Гьеб соналда гъабураб кӀиябо бурутӏ гьел къояз хун букӀанила.

Цо къоялълъ, рехъадасса рокове росс вачӀараб меххалълъ, чӏчӏужуялълъ гьессда абунила:

- Нилӏер гьаб цІцІе къоялдасса къоялде хӀалакълъулеб буго, гьалълъие лӏугьунеб бугеб жогӀаги лъаларищ дуда? - ян.

- Валлагь, щибаб къоялълъ гьеб цӏцӀе, рехъадассаги батӀалъун, цо ссанда гъоркье уна, бакъанида гурони гьенисса нахъбуссунги бачӀунаро. Гьелълъ гьениб гьабулеб жо дидаги лъаларо, - ян абунила россасс.

- Щиб батаниги цо гӀила гьечӀого хӀалакълъулеб цІцІе гьаб гуро, цо жакъа дуцца гьалда ххадуб ххал ккве, - ян абунила чӀчӏужуялълъ.

Нахъиссеб къоялълъ рехъаде аралълъуб доб цӏцӀе добго ссанда гъоркье анила, ххаду-ххадув вехьги вилълъанила, балагьанила, бугила цо лъимер хахизабулеб. Ункъо-щуго моцӀцӏ бараб гӀадаб берцинаб жинс-куцалълъул лъимер бугила гьеб.

Лъимер-бетӀер гьечӀев чиги вукӀун, гьев вехь вохханила, вачун гьев васгун, бакъанида рокъове вилълъанила.

- Давла щвана, чӀчӏужу, давла щвана! – ян ахӏданила гьев, азбаралде лӏугьунаго.

- Щиб давла? - ян данде ячӀанила чӀчӏужу.

- Вас-давла! Вас-давла! - ян гьессги чӀчӏужуялълъул кодове вас вегьанила.

Роххун, ххинлъун, чӀчӏезе бакІ лӏугӀун, рукӀанила гьел, ракӀалдаго гьечӀеб бакӀалдасса жидее вас щванилан. ЛълъикӀалдасса лълъикӀаб квине кьун, цӀиялдасса цӀияб ретине кьун, хьихьун вукӀанила гьез гьев вас. Гьессги гьезул цӏакъ хӀурмат-хъатир гьабулаанила, гьезие цӀакъ кӀудияб кумек гьессулги букӀанила. Гьединаб къагӀидаялда анцӏила микьго соналде вахунев вукӀанила гьев вас.

Цо заманалдассан жиндирго сапаралдасса тӀадвуссун вачӀунев вукӀарав довго базарган кканила гьезухъе сордо базе. Ццевеги цо-кӀиго нухалълъ гьенив рещтӀун вукӀун, гьезул лъимер-бетӀер гьечӀеблъи лъалаанила гьессда. Гьаб нухалда гьезул рокъов гӀолохъанчи гӀолев вас ватараб меххалълъ, тамашалъи гьабун, гьесс гьикъанила:

- Нужер лъимер букӀинчӀогури, гьав лълъил вас, кисса вас? - ан.

Россассги чӀчӏужуялълъги бицанила базарганассда гьев вас жидее щвараб куц. Базарганассда гьебсагӀат лъанила гьев жинцца ссанда гъоркь реххун тарав вас вукӀин. Васассда бер чӀчӏегӀерлъун, гьев тӀагӀинавизе ракӀалде кканила гьессда. Базарганасс вехьассда абунила:

Гьалмагъзабаз гӀедегӀизавун, къватӀиве сапарал вахъунаго, гӀарац рокъоб ххутӀун, вахъун вуго дун, бегьиларищ дир гӀарац босизе гьев вас витӀизе? - ян.

- Щай бегьулареб? ГӀемер цӀакъ бегьила, - ян абунила, щибго жоялда щаклъичӀев вехьасс.

Хъван кагъатги кодобе кьун, гьев вас витӀанила базарганасс жиндирго бакӀалде. Гьеб кагътидаги хъван букӀанила гьадин: «Гьав вас, гьениве щвейгун, чІвай», - ан.

Васассда хъвазе-цӀцӏализеги лъалароанила, босун кагъатги, вилълъанила вас базарганассул дове.

Базарганассул довеги щун, ссвакарав чи гьев гьессул ахикь цо гъотӀода гъоркь гӀодов чӀчӏун вукӀанила.

Гордухъан яккун йикӀарай базарганассул ясалда гьев вас вихьанила, вихьигун, гьелълъул рокьи кканила гьессухъ.

Яс йихьарабго, васасс тӀадеги вахъун, гьелълъухъе кагъат кьунила. ЦӀцӏалун балагьанила яс, бугила хъван, гьениве щвейгун, гьев вас чӏвайилан. Бихъ-бихъун гьеб кагъатги реххун, гьей ясалълъ хъванила «Гьениве щвейгун, гьев васассе гьей ясги кье, гьевги нилӏерго дурццлъун гьаве», - ян. Босун гьеб кагъатги кьунила нахъбуссун васассухъе ва гьессдаги абунила:

- Ма, гьаб кагъат дуцца дир ваццассухъе кье, - ян.

Васасс гьеб кагъат базарганассул васассухъе кьунила. Гьессги, ахӀун дибир-будунгун, лъун магьаригун, гьей жиндирго яцц гьев васассеги кьунила, дурццлъун гьавун, гьевги танила.

Цо заманалдассан тӀадвуссун вачӀанила базарган.

- Гьа, тӀубарабищ дицца дуде битӀараб ругьел? – ан гьикъанила гьесс васассда. ТӀубанилан абунила васасс.

- Гьахха, бице кин чІварав, кив вукъарав?

- ВахІ, дуцца гьев чІвайилан хъван гьечІоан гури, ясги кьун, дурцц гьавеян бугоан. Диццаги гьедин гьабунахха, васги гьанив, нилӏер бакӀалда вуго, - ян абунила васасс.

Базарганасда бичӀчӀанила жив васасс квешго маххссараде ккун вукӀин. Гьанжеги къассд кканила базарганассул вас тӀагӀинавизе. Цо къоялда, жиндаго асскӀовеги ахӀун, базарганасс абунила гьев васассда:

- Ма, гьаб кагъатги босун, мун а пуланаб тукада гьан бичулел ругел чагӀазухъе, гьез кьураб гьанги босун, рокъове вачӀа, - ян.

Гьеб кагътида хъван букӀанила: «Гьениве щвейгун, гьав вас чІвай» абун. Босун гьеб кагъатги, унев вукӏанила гьев. Данде кканила базарганассул вас. Гьесс гъикъанила, киве мун унев вугеван.

Гьаб кагъатги кьун, базаралде гьан бичулел чагӏазухье гьан босизе витӀун унев вуго, ян абунила гьесс. Дол гьан бичулел чагӀиги базарганасс мухьдахъ ккурал, гьессул хӀалтӀухъаби рукӀанила.

- Гьан босизе дуда щиб лъалеб, гьеб кагъатги дихъе кье, дунго ина гьеб босизе, - ян абунила базарганассул васасс. Гьессухъ букӀараб кагъатги босун, живго анила гьан босизе. Васги рокъове тӀадвуссанила.

- Гьа, щиб ккараб? Босарабищ гьан? - илан гьикъанила базарганасс азбаралда гьев ватидал, тамашалъиги гьабун.

- Дуда щиб лалеб гьан босизе, дихъе кье кагъатги, дун инилан абун, дур вас ана гьениве, дунги рокъове вилълъана, - ян абунила гьесс.

Гьеб рагӀараб меххалълъ, базарган вихха-ххочун лӏугьанила, ххеххго вортанила гьев гьан бичулел чагӀазухе.

- Гьа, щиб ккараб? - ан гьикъанила гьесс.

- Гьалехха, дуцца абухъе гьабуна, - ян абун, ботӀрол гӀащтӀиги кьабун, чІван реххун вугев жиндирго вас вихьизавунила базарганассда.

Добе-гьанибе къватӀибе ххабар бахъичӀого, жиндирго васги вукъанила базарганасс, гьанже щиб гьабунги гьев вас тӀагӀинавизе щулияб хӀукму кканила гьессул.

Щиб гьабизеги нахъе къаларев лъабго чиги ахӀун, гьезда дандбанила базарганасс, кьолеб жоялде жив вачинароанин, гьев вас тӀагӀинавизе къваригӀун бугилан.

Ункъассго хӀукму гьабунила, квана-гъекъезейилан авлахъалдеги рахъун, меххтизеги гъавун, гьенив гьев чІвазе.

Вачун гьев васгун, квана-гьекъезе гӀемераб жоги босун, цо къоялда гъел рахъанила авлахъалде. Гъенир квананила, гъекъанила, кеп гьабунила. Гьев вас щаклъанила, гьеб жо цо ххассаб мурадалълъе гӀоло гьабулеб букӀиналда. Гьединлъидал гьесс меххтизегӀан жо гьекъечӀила.

Бакъги тӀерхьанила, гьез хӀукму гьабунила къасси гьенир, авлахъалдаго регизе. ЛълъикӀ жоги гьекъон, гьелги реганила, гьезул хьолбохъ гьев васги веганила.

Гьел кьижараб гӀадинаб заманалда, тӀадеги вахъун, гьев васасс жиндаго тӀад букӀараб басрияб гӀадаб буртина базарганассда тӀад банила, гьессда тӀад букӀараб буртина жиндаго тӀад банила. Щибдай гьелълъул ккелаян, буртинаялда гъоркьан, кьижараб ххвелги гьабун, валагьун чӀчӏун вукӀанила.

Цо заманалдассан тӀадеги вахъун, гъов лъабавго гъачагъасс, кесе-кесек гьабун, чІван рехханила базарган, гьев василан ккун. Гьеб ишги гьабун, гьелги анила. ТӀаде вахъун, васги вилълъанила рокъове.

Ячанила жиндирго чӀчӏужуги, босанила рокьоб букӀанщинаб къайи-къоноги, рилълъанила гьел дов вехьассул бакӀалде. Вехьассдаги чӀчӏужуялдаги ккарабщинаб жо бицанила гьесс. Кодоб-хъатикь букӀараб жоялдасса ххарж гьабун, цо лълъикӀаб минаги банила. Эбелалда релълъарал ясал, инссуда релълъарал васал гьарунила, аваданаб гӀумруялда гьелги тун, дунги гьаниве щвана.

bottom of page