top of page

Бацӏил кечӏ.

       Хӏамаги, дегӏенги, бечеги, хӏелекоги рукӏанила гьудул-гьалмагълъиялда. Цо къоялълъ гьал рукӏанила росдадасса дагьаб рикӏкӏадаб бакӏалде рахъун расандулел. Араб лъачӏого къоги ун, къасси сордо щванила. Бакъвараб

гӏучӏ-мучӏги бакӏарун, гьелда цӏаги гъун, цӏадуда ссверухъе ракӏарун, ххинлъулел рукӏанила гьал.

       Дагӏницца бицанкӏаби чӏвалел рукӏанила, хӏелкицца кечӏ ахӏулаанила, бече гъазухъ гӏенеккун букӏанила, хӏама цӏадуда ссверун лӏугьун, гьелълъул тӏалабалда букӏанила, дагьаб добегӏан бецӏцӏаб, канлъи бихьулареб сордо букӏанила. Цо заманалдассан гьазда рагӏанила цо гьаракь:

Вай, бецӏцӏлъи щиб дунялалълъул? Квачацца холеб дун ххинлъизе биччай! – ян ахӏделаго, тӏаде бачӏанила бацӏ.

      Хӏамаги, дегӏенги, бечеги, хӏелекоги цӏакъ хӏинкъанила, гьазни бацӏида хӏал лъазе биччачӏила.

      Мун гьедигӏан квачан батани, бачӏа дурго ххинлъизе цӏадухъе, дуеги гӏелин гьаниб бакӏ, - ан абунила гьаз.

      Цӏадухъ лълъикӏаб хӏалалда ххинлъанила бацӏ, цинги гьалда ракӏалда щванила тӏубараб къоялълъ кваназе жоги щвечӏого, жибго бакъун букӏин. Гьазул киналдассандай кваназе байбихьила абун, лълъикӏаб хӏалалда ххал гьабунила гьалълъ хӏамилги, дагӏнилги, бачилги, хӏелкилги.

     Щиб гьабулел нуж, ахӏулеб букӏараб кечӏги чӏчӏезе тун, дихъ ралагьун! Ворея, цо чагур кьея дихъе, - ян абунила бацӏицца.

     Кьунила бацӏихъе чагур.

     Чагуралълъул чӏчӏвабзада кӏутӏулаго, бацӏицца гьадин ахӏанила:

“ Хӏелеко кьара буго,

Лълъикӏаб квине жо буго.

Байбихьилищ гьелдассан,

Далай, далай, далалай!

Дегӏенги квешаб гьечӏо,

Гьеб радал квен буго,

Гьелдассанги бегьила

Байбихьизе, далалай!

Валлагь, бечеги буго

Моххмохх гӏадаб кьарияб.

Къассикваний бегьила,

Далай, далай, далалай!

Хӏамайилан абуни,

Гьеле дие къадеквен.

Гьалдассан байбихьизин,

Далай, далай, далалай!”

      Жиндирго хӏакъалълъулӏ бацӏицца ахӏулеб кочӏол рагӏаби рагӏараб меххалълъ, рекӏелӏе бачӏараб хӏинкъиги баххчулаго, хӏамицца абунила бацӏида:

      Кьея дихъеги чагур, цо дицца ахӏулеб куц дудаги рагӏизе, - ян, бацӏихъа чагурги босун, кӏутӏулаго гьелдагун, гьадин ахӏанила:

“Кина-щинабго гуреб,

Къадекваний бегьулеб.

Чӏвалеб дур кӏал щанкӏлицца,

Далай, далай, далалай!”

    Тӏаде дагӏниццаги жубанила:

“Бегӏерал лӏурдул тункун,

Чехь диццаги бихъила,

Дунги хӏинкъун чӏчӏеларо,

Далай, далай, далалай!”

    Хӏелкиццаги ахӏанила:

“Бацӏил берал рахъила,

Беццаб хӏехьлъун гьабила.

Бачӏа абе асскӏобе,

Далай, далай, далалай!”

    Киназухъго гӏинтӏамунги букӏун, тӏарамагъада боххуцца холаго бачиццаги тӏаде жубанила:

“Дунги нужей хӏалае

Хӏадур буго бахъине,

Хӏинкъуге нуж бацӏикьа,

Далай, далай, далалай!”

    Киназго ахӏулеб кочӏол магӏнаги бичӏчӏун, бацӏ хӏинкъанила, гьелълъги лӏути бахъинабунила. Роххуцца холаго ххадур ахӏтӏелел, пещтӏелел хӏамаги, дегӏенги, хӏелекоги, бечеги рукӏанила.

     Гьелдасса ххадур гьал бацӏиде гьабураб кечӏ ахӏизеги, рагӏизеги цӏадухъе ракӏарунилаанила зама-заманалда.

bottom of page