top of page

Р r

1. Рагъ ккараб меххалълъ гуребила ярагъ хIадурулеб, рагъ ккелалдейила.

2. Рагъалдасса рекъел лълъикIаб.

3. Рагъалълъ вас гьавуларо, гьавурав чIван гурони.

4. Рагъалълъ къед баларо, бараб биххун гурони.

5. Рагъда щив бергьаравали, рагъ лIугIидал лъала, чIчIужуялълъ васищ гьавилевали, къинлъидал лъала.

6. Рагъде вахъиналде мунгоги лъай, дурго тушманассул къуватги лъай.

7. Рагъде лIутизе гурелила унел, рагъизейила.

КIийидеги рекъав цо рагъухъан рагъде унев вукIанила. Данде ккарасс гьессда абунила,

- Ле талихIкъад! ЛIутизе ккани, дуцца щиб гьабилеб? Бищун ццеве ххадув гъурасс чIван реххила гури мун!

- Рагъде лIутизе гуро унел, рагъизеги бергьинеги уна! – ян жаваб кьунила рекъав рагъухъанасс.

8. Рагъидаго – бакъ, къотIнобго – мажгит.

9. Рагъулебги гIадат, рекъолебги гIадат.

10. Рагъун рихьунила белехь рекъарал.

11. Рагьуге ракI, рагьани, къаге.

12. РагьумахIугIан бегизе захIматаб мегIер гьечIеб.

13. РагIабаз гуребила калам берцин гьабулеб, магIнаялълъила.

14. РагIал бахъараб, ракьан бахъичIеб каламалдасса цIунаги.

15. РагIал бахъун, хур бекье, ракьан бахъун, бокь хъващтIе.

16. РагIал гьечIеб майдан букIунареб.

17. РагIалалдасса ракьан лълъикIаб.

18. РагIанщинаб бицаравги – гьерссихъан, бихьанщинаб бицаравги – мацIцIихъан.

19. РагIанщинаб бицинги мунагьила.

20. РагIанщинаб бицине гуребила кIал букIунеб.

21. РагIарав нусго нугIассдасса бихьарав цо нугIго лълъикIавила.

22. РагIаралдасса бихьараб битIараб.

23. РагIи абилалде лъабцIцIул ботIрониб ссверизабейила.

24. РагIи бадибе лълъикIаб, тIил мугъалде лълъикIаб.

25. РагIи бакI бихьунила абизе кколеб.

26. РагIи баччуларесс зар баччулеб.

27. РагIи бице, бакI бихьун, ургъел бикье, чи вихьун.

28. РагIи бице, магIна бугеб, кици тIаме, гогьар бугеб.

29. РагIи бугеб рукъалдасса магIу бугеб рукъго лълъикIаб.

30. РагIи гьабизе – нус, нису кваназе – яс.

31. РагIи гьабуларесс боцIцIи хьихьуларо.

32. РагIи гьечIони, кечI букIунареб, гамачI гьечIони, къед букIунареб.

33. РагIи гьорое биччалев Гьорол МухIума.

34. РагIи гьуинаб бицун, гьоло кунев бетIеркъотI!

35. РагIи гьуинассул гьудул гIемерав, кIал хъачIассул тушман гIемерав.

36. РагIи гIакъил – гIакълугьечI, гьури кIодо – пишагьечI.

37. РагIи гIемерав вакъарав, бугIа гIемерав гIорцIцIарав.

38. РагIи гIемерав «гIакъил» гIадамазда чIалгIуна, чIалгIаде гаргадулев ххалкъалдаго рихуна.

39. РагIи жаниб лъоларессда бицинегIан, квенчIчIел цIун къватIибе байго лълъикIила балъголъиялълъе.

40. РагIи къокъаб лълъикIабила, гIарщ ххалатаб лълъикIабила.

41. РагIи къокъал, къадар ххалатал ратаги.

42. РагIи кьара буго – кьей хIалакъ буго.

43. РагIи кьварараб бице, кьабизе ккани, лIута.

44. РагIи кьогейила, кьуни тIубазабейила.

45. РагIи кьучIчIав чи чодаги лъалев.

46. РагIи лъалев – гьакида, гьакил бетIергьан – гIодов.

47. РагIи лъалев гIабдалассдасса мацIцI лъаларев цIцIодор лълъикIав.

48. РагIи рагIуде бачIуна, гIор кьодукье бачIуна.

49. РагIи – рекIел кIул.

50. РагIи тIагIуна, тIолалго гIадамал хвараб меххалълъ, гIайиб тIагIуна, щивниги тIад кIалъачIого тараб меххалълъ.

51. РагIи ургъун бице, гали борцун тIаме.

52. РагIи ургъун бице, кици бакI бихьун тIаме.

53. РагIи ххалат, ххабар къокъ.

54. РагIи хвани, чи холев.

55. РагIи хварав чи – живго хварав чи.

56. РагIи холев чияссулгун гьудуллъиги гьабуге, холарев реххунги тоге.

57. РагIи-ххочI ххалатассул ххиянат камулареб.

58. РагIи ххалеб хадиро, ххараб цIцIалкIулеб цIцIалкIу (ххараб чIчIикIулеб чIукIна).

59. РагIи хIалакъаб бице, гьан кьарияб кванай.

60. РагIи – ццебессан, тIил – нахъассан.

61. РагIи цIцIалкIулеб цIцIалкIу, цIцIад кколареб буртина.

62. РагIи цIеххоге, хIалтIи цIеххе.

63. РагIи цIцIикIкIиналдасса чIагIа цIцIекIлъиго лълъикIила.

64. РагIи чол багьаяв – живго чахъдал багьаяв.

65. РагIи чIчIедал – гIакъил, кьалда бергьиндал – багьадур.

66. РагIиги кьун, тIубачIого теялдасса, рагIи кьечIого тезе бигьаябила.

67. РагIизе бокьулареб жо рагIулареб.

68. РагIиялълъ гIадан лъала, гIамал бихьун реххссола.

69. РагIуд гIорцIцIиги тIоход вакъиги – цого жо.

70. РагIуд ракъаги, богIод гIорцIцIаги.

71. РагIуда божуге, хIалтIуда божа.

72. РагIуда куркьбал рукIунел (ца таралълъ мегIер толеб).

73. РагIуда ххадуб рагIийила.

74. РагIуда хIатIал гъурай, хIалтIуде нуцIцIа къарай.

75. РагIудаги хIалтIудаги гьоркьоб къол нухила.

76. РагIуе рагIи камулареб, яргъие ярагъ камулареб.

77. РагIукъавщинав гIинкъав вукIунарев.

78. РагIул гугьар гьечIин, гьурал жалго те.

79. РагIул гIомо гьабуге, гIабдалгун щагъадуге.

80. РагIул гIомоялълъул гIарщал гьаруге.

81. РагIул камитал кварасс керен ххачазе ккараб.

82. РагIул квешлъи – ххалалъи, ххарбил квешлъи – гIемерлъи.

83. РагIул кумек боцIцIул кумекалдасса кIудияб.

84. РагIул магIна бичIчIуларесс битIараб гьерессилъун, гьересси битIараблъун гьабулебила.

85. РагIул магIна бичIчIулеб, бакI бихьун.

86. РагIулI лълъикIлъиги букIунебила, гIажалги  батулебила.

87. РагIулIе загьру жубаге.

88. РагIухъ ралагьуге, хIалтIухъ ралагье.

89. РагIуцца бахъулареб хъала букIунаребила.

90. РагIуцца гIадан лъала, даруялълъ тоххтир лъала.

91. РагIуцца лIукъулел, рагIуцца сахги гьарулел.

92. РагIуцца рагIи бахъула, чIагIдацца гIуп бахъула.

93. РагIуцца хур беэн гьабуларо, гьури-мучалълъ чIараларо.

94. Радал багIар – къинаб, къасси багIар – хIораб.

95. Радал барщани, къасси рекъолел нилIералго лълъикIила.

96. Радал бицараб къоркъое арай, къасси бицараб борхьие арай.

97. Радал вахъаравги гьитIинго чIчIужу ячаравги нахъа воххулев.

98. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб.

Журай къинлъулеб заманалда цо-цо ягъзинав вехьасс, радалго вахъун, жиндирго лемагалда чияр цIцIуяб кьегIер босизабулеб букIун буго, чияралда жиндирго бихьинаб кьегIер босизабулеб букIун буго. Гьединаб хъублъиялда тIад бижараб гьаб кици жакъа хIалтIизабула радал вахъарассул хIалтIи лIугьуна, иш битIун ккола абураб магIнаялда.

99. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб, ццудун вахъарассул сахлъи лълъикIаб.

100. Радал вахъинчIессе къо къваридаб.

101. Радал вахъудасса гIадин къаркъалаги букIунаребила, чи ховудасса гIадин ракIги букIунаребила.

102. Радал вачIарав гьобол ххеххго унев.

        (Гьаниб гьобол ккола тIабигIат. Умумузул аби буго радал рачIарал накIкIал ххеххго нахъе унилан).

103. Радал кваначIого, къватIивеги вахъунге, къватIул ххарбал росун, рокъовеги вачIунге.

104. Радал къалъизегIан бугони щиб къолол магъало, къалъудасса нахъе бугони щиб росдал кIодолъи.

105. Радал - къалъизегIан къулгъу цIцIалулев, къалъудасса нахъе чагъир гьекъолев.

106. Радал - къалъизегIан къуръан цIцIалулев, къалъудасса нахъе хIамул рикъулев.

107. Радал – къватIиве, къасси – жаниве.

108. Радал – рохьдолIе, къасси – бокьобе.

109. Радал роцIцIун, къалъуда кьерхун.

110. Радал яхъаралълъул балъ тIокIаб.

111. Радалги къассиги квен россассул бугони, къадеквенгIаги чIчIужуялълъулги букIине кколеб.

112. Радалго гьабураб хIалтIи лълъикIаб, гьитIинго ячарай чIчIужу лълъикIай.

113. Радалисса мацIцIицца чанги чи мукIурлъулев, мацIцIида ракI рекъарав бакъ ун ххадусса лъалев.

114. Радалквен дуццаго кванай, къадеквен гьалмагъгун цадахъ кванай, къассиквен тушманассе кье.

115. Ражи мискинчияссул дандежойила.

116. Ражи тIагIиндал тIураб цIцIамулIин гIадав.

– Ражи хху - ххун, ххинкIал квин дуццаги те, Ххарабат!
– ХхинкIазда гIужал райи дуцаги те, хIалихьат!

117. Ражи цIцIоролеб моцIцIалълъ ЦIцIолода рохьовеги унге, цIцIани къинлъулI мундерил ахакьеги унге.

118. РажидулI анкьго дару букIунеб.

119. Разилъи гьечIого яс ригьнаде кьейги кIудияб мунагьила.

120. Разияб къоялълъ гIурусазул гьатIанкъо гIадав, пашманаб къоялълъ жугьутIазул шаматкъо гIадав

        (ВитIани – гьатIан, гьетIани – шамат).

121. Рак бараб хуриве Аллагь валагьунев, бечедаб рокъое яс ялагьулей.

122. Рак баралълъуб хIалухъин хIалигIараб букIуна.

123. Рак гьечIого, бокь бичуге, бекьичIого хур бичуге.

124. Рак хIаллъанагIан, хIалухъин гьарзалъулеб, кици гIемерлъанагIан, калам берцинлъулеб.

125. Рак чIвачIеб хуралдассаги цIунагийила, хур гьечIеб рукъалдассаги цIунагийила.

126. Рак чIвачIони, ракьалълъ пайда кьолареб, хъулухъ гьабичIони, ахикь пихъ бижулареб.

127. Раква гьетIунилан, гьобо хисулареб, гьобо бекунилан, раква хисулареб.

128. РакугохI хисунилан хъабхъал чIахIалъиларо.

129. Ракъдадаги вукIун гуребила ччугIа кколеб.

130. Ракъдада лIугьараб хIор ххеххгого къунебила.

131. Ракъи – хьул, кIвахI – ссвак.

132. Ракъугеги, гIорцIцIугеги, рахакь хваги. ПатихIа.

133. Ракъуда нич гьечIеб, бечелъиялълъе гIей гьечIеб.

134. Ракъун кванани, квен гьуинлъула, гьимун бицани, рагIи гьуинлъула.

135. Ракъул къали кIутIугеги, къохьол тIажу ретIунгеги, чиякълъун чи ххутIугеги.

136. Ракъусоналълъ месед учузаб.

137. Ракъусоналълъ руцIцIун чIчIарал, гIорцIцIунсоналълъ релъанхъарал магIарулал.

  Ракъусоналълъ, хъабиниб бетIерги къан, годекIаниссан унеб гьойда щивго велъичIевила.

  Хур бачIараб соналълъ, гьебги ракIалде щун, киналго релъаралила.

138. Ракъусоналълъ эбел якъуцца хварайила, вас, чохьодасса ун, хваравила.

139. Ракь бижилалде, рак бижарабила, гIолохъанчи вижилалде, гьекъолеб жо бижарабила.

140. Ракь бухъани, месед батулебила, рагIи бухъани, гIажал батулебила.

ВукIун вуго цо бечедав чи. БукIун буго гьессул кIудияб ахги гIатIидаб пастIан-къоноги. Кидаго гьесс кIиявго васассда абулеб букIун буго - “РакьулI месед бугебхха, дир лъимал, рагIулI гIажал бугеб. Ворехха, нужецца ракь гIемер бухъе, рагIи дагьабги бухъуге!” – ян.

Жинцца ракьулI баххчараб щибниги жо гьечIого, инссуцца кидаго нилIеда гьадал рагIаби гIемер абилароанилан ракIалдеги ккун, кIиявго ваццасс ракь гIемер бухъулеб букIун буго. Месед-гIарац жинда-жинда батилародаян, цоцаздасса балъгоги хъирщадулел рукIун руго.

КъотIун буго пайдаяб жо батиялдасса хьул. Реххун тун буго ваццаз ракь, ракьалълъ гьалги тун руго.

Заманалдассан гьитIинав ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги кIудияв ваццассул хIелеко хъазлъун бихьун буго. КIудияв ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги ккун буго гъозул хъаз варанийилан. КIудияссухъе щун батилин дагьабниги меседилан гьитIинав, гьитIинаб гIонкIкIоцца гуккун ватилин живилан кIудияв, цоцаздеги шакдарун, рагIи бухъизе лIугьун руго. Руччабазги риччан руго рагIул ххалатал раххссал.

Инссуцца меседилан ссунде абулеб букIарабали бичIчIичIел лъималазда рагIулI гIажал цIакъго кIудияб батун буго.

141. Ракь кинаб букIаниги, гьелълъ гурони нилI хьихьуларел.

142. Ракьа гьечIеб гьан букIунареб.

143. Ракьа гьечIеб гьанги хIе гьечIеб гьоцIцIоги букIунареб.

144. Ракьалда бихьичIониги, хIарам зобалда бихьулеб.

145. Ракьалдасса бер гIорцIцIулареб, гIарац тIассан чваххулареб.

146. Ракь-ракьалълъул гIадат батIияб, гIадамазул ххассиятги батIияб.

147. Ракьа бугони, гьан камиларо.

148. Ракьа бугониги гIолебила ГIандисса чое.

149. Ракьалдассан рижарал нилI ракьалде тIад руссуна.

150. Ракьалда тIадалдасса ххиянатчияссе ракьул чохьонибго лълъикIила.

151. Ракьул бетIергьан вуго ракь хIалтIизабурав чи.

152. Ракьул гIанкIкI ракьул гьойцца гурони кколареб.

153. РакьулI баххчаниги балагьулебила гьунаралълъ къватIибе нух.

154. РакьулIе ккараб мугь тIирщичIого ххутIулареб.

155. РакьулIе регьел – ракьулIан тIорщел.

156. РакьулIе рехханиги, месед холареб, хабалIе аниги, бахIарчи холарев.

157. Ракьуцца кваназавизе бокьарасс ракьги кваназабе.

158. РакI бахIарлъунилан, черхх цIилъуларо,

Чорххол лугбузул гьан гур-гурун ххадуб,

Горбол щекI цIцIабуцIцIун, мугъ битIуларо,

Мугъзал гьод къулараб къо бачIун ххадуб.

159. РакI бащалъуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, чехь бащалъуларессулгун гьалмагълъиги гьабуге.

160. РакI бакъвани – Закил рукъ, ццим бахъани – Ххизрил рукъ.

161. РакI бащалъун квараб гурга лълъикIабила, мекъсса руссун квараб чадидасса.

162. РакI беццлъиялдасса бер беццлъи лълъикIаб.

163. РакI бечедассул рукъ мискинаб.

164. РакI битIизегIан, мацIцI битIулареб.

165. РакI бихьуларев гьудулассдасса берал рихьулев тущман лълъикIав.

166. РакI гурхIун, асскIобе бачараб бурутI, ццим бахъун, бачахъизе ккарабила.

167. РакI гIедегIарассе нух ххалатаб.

168. РакI квегъиялдасса черхх квегъи бигьаябила.

169. РакI къварилъи – херлъиялълъул бащалъи.

170. РакI кьерхарассе дунялги кьерлъун букIунеб.

171. РакI рагьуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, сапар хIехьолареб хIамагун нухдаги унге.

172. РакI херлъичIогойилан, къаркъала херлъичIого букIунареб.

173. РакI унтун гIодани, беццаб бадиссаги магIу баккулеб.

174. РакI херлъугеги, хоб билугеги.

175. РакI чIчIараб жо – гIайлан чед.

176. РакI щваралълъубе хIетIги щун.

177. РакI щулияссул черххги щулияб, ракI тамахассул черххги тамахаб.

178. РакIал гIатIидалълъуб бакIги гIатIидаб.

179. РакIалда бугеб жо бицинчIогойила нухъа чIчIегIерлъараб.

180. РакIалда бугебщинаб гьурщизе кколареб.

181. РакIалда гьечIеб мугъалда нахъа батугеги.

182. РакIалда къараб къватIибе реххичIого ххутIулареб.

183. РакIалдасса ххеххаб жоги гьечIеб, ххеххго хисулеб жоги гьечIеб.

184. РакIалълъ борце, гIакълуялълъ къотIе.

185. РакIалълъ пикру гьабичIони, канал бераздаги щибниги бихьулареб.

186. РакIалълъ хвел гьарулей, кIалалълъ сахлъи гьарулей.

187. РакIа-рахари гьечIезул къо, къваригIараб жо балагьулаго, унебила.

188. Ралъад гъваридабгIаги, гьелълъулги тIину бугеб, мегIер борххатабгIаги, гьелълъулги бетIер бугеб.

189. Ралъад лълъецца гIорцIцIулареб, боцIцIи гIун, чи холарев.

190. Ралъдадаги гел лъе, гIемер бугилан исрап гьабуге.

191. Ралъдаеги щуб къваригIунеб, щубаеги бакъ къваригIунеб (Ралъдаеги – щуб, щубаеги – бакъ).

192. Ралъдал карачелалда рекIинчIони, гьоцIцIо щоларо.

193. Ралъдал лълъималълъеги пасалъи бегьуларебила.

194. Ралъдал лълъим цIцIикIкIуна тIаде рачIунел гIораздалъун, тIадчияссул лъай цIцIикIкIуна чияцца бицунелълъухъ гIинтIамиялдалъун.

195. Ралъдал тIину гьечIеб, гIорцIмадул тIинчI гьечIеб.

196. РалъдалIе бохх биччан паххрулъарай мун,

Ралъад къундай бугеб, мун къулун йигин.

Меседил мали чIван зодой яхарай,

Молол гIучI бекундай, гIодой чIван йигин.

197. РалъдалIе лълъимги баччуге, рохьобе тIилги босуге.

198. РалъдалIе реххараб рукIкIада ххадувги унге, хварав чияссде гIайибги реххуге.

199. Рас бижанагIанила гIункIкI бугьунеб, бечелъанагIанила чи бараххщулев.

200. Рас ххалалъунилан хханасс мун ячинаро.

201. Рас хIеренаб бихьунила хIанчIицца руз бетIулеб.

202. РатIа – биххаро, бохх – гIуцIцIаро.

203. Рател гьечIеб хIалтIи – меххтулареб чIагIа.

204. РатIалги щоларого, щигатги гIоларого.

205. РатIаялълъ гьоркьоблъи тIезабулеб, боххалълъ гIуцIцIулеб.

206. РатIлид вуцIцIарассул хIурмат кIудияб, тIагъур хIуларассухъ гIин тIамулареб.

207. РатIлие эххетарав тIоххое бегьуларев.

208. РатIлил исбагьилъи – гьарзалъи, чорххол исбагьилъи - ххалалъи.

209. РатIлихъ балагьун – дандчIвай, ххарбихъ балагьун – тIовитIи.

210. РатIлицца чийилан, чухъа ретIарав, чоцца багьадуран, ябу рекIарав.

211. РатIлицца – чи, чоцца – багьадур.

212. Рахакь хIебтIарав хIал ккедал къватIив чIвалев.

213. Рахал рикIкIунев гьечIев чиясс квеш вугилан абуге.

214. Рахараб гъамассги буцIцIараб кIалги – кIиябго бечедаб жо.

215. Рахен гьечIеб гIор букIунареб, нух гьечIеб мегIер букIунареб.

216. Рахен гьечIеб кьуру гьечIеб, рагIал гьечIеб авлахъ гьечIеб.

217. РахъдалI бугониги, чиниги лъала, чурулI бугониги, меседги лъала.

218. Рахь баккулареб гIакдае чури кьоге.

219. Рахь гьечIеб гIакдацца гIартилI мал бала.

220. Рахь гIемер унеб бугилан, гIункIкI къан цIцIурай, гIадада жо теларилан, хвараб гIака бечIчIарай.

221. Рахь кьолареб гIакдае чури кьоге, пайда бахунареб жоялълъе ххарж гьабуге.

222. Рахь хахулелълъул бече хIалакъаб.

223. РахьдалI рас ххеххго бихьулеб.

224. Рахь-нах бокьарасс гIака лълъикI хьихье (ГIакдалгун нилIер бугеб жо – даран).

225. РахIат гьечIеб хIалтIудассаги цIунаги, хIалтIи гьечIеб рахIаталдассаги цIунаги.

 – РахIат, хIажи, рахIат! – ан абурабила гIарабиясс варани цогидазулалда ххадуб гъезабеян абурав хIеж борххулев магIарулассда. РахIат букIуна дие, дир вараниялълъул бетIер цогидазулалда бащалъараб меххалълъ! – ан жаваб кьурабила магIарулассги.

РахIатаб гIумру бокьани, дуццаго чияеги гьабуге налъи, чияда дуегоги гьабуге.

РахIатал гьарзалъани, гIакълу гьечIев чIухIула,
Балагьал тIаде щвани, ххеххгого къварилъула.

226. РахIаталълъе гIей гьечIеб, рокьуе гIурхъи гьечIеб.

227. РахIаталълъе гIей гьечIебила, боцIцIи гIун, гIаданги хвечIевила.

228. РахIаталълъе гIей гьечIилан, ГIакулицца бусен борлIарабила.

229. РахIатгун – хIалихьалъи, захIматгун – бахIарчилъи.

230. РацIцIалъи гьабулей гурейила яцIцIадай, рацIцIалъи цIунулейила.

231. РацIцIалъи – сахлъиялълъул бетIер, чороклъи – унтул гьудул.

232. РацIцIа-ракъалъи гьабизеялдасса цIунизе лъазе ккола.

233. РацIцIа-ракъалъи гьабулелълъуб гуребила букIунеб, цIунулелълъубила.

234. Рачараз лълъудби хьихьаги, гьарураз лъимал хьихьаги.

235. Рачелалълъ чехь къарав, чоцца гьан къарав.

236. Рачиде баче чаран.

237. Рач-рачаги, а-аги, ирга дидеги щваги.

238. Раччлиде гIи аралълъуссан хIатIида гIицIцIго ине ккаги.

239. Раччи бачче черххалда рекъараб, квен кванай чехьалда рекъараб.

240. РаччулI хIама къинлъугеги, хIалтIулI лълъади къинлъугеги.

241. РачIчI бухьун, хIама чIчIолареб (ХIамил рачIчI бухьун чIчIолареб).

242. РачIчI къотIун, борохь къелIе биччаге.

243. РачIчI кIудияб лIугьинейилан, дегIен хьихьун букIарабила, лIурдул кIудиял лIугьун, чехь бихъизе ккарабила.

244. РачIчI ххалатаб гьойги хьихьуге, гьод ххалатаб чуги босуге.

245. РачIчIалдасса чIухIараб хIелеко гIадин.

246. РачIен гьечIеб рукъ – охх унеб гьобо.

247. Ращалъи гьабунагIан, гьуинлъи (гьудуллъи) цIцIикIкIунеб.

248. Ращалъиялълъул асслу – ритIухълъи.

249. Регьел гIуралълъубе щуб гIолеб.

250. Регьел хIалалъуб чед кIудияб, чи хIалалълъуб хIалтIи кIудияб.

251. Регьелги ххинлъиги гIедалила гIодобе бортараб мугь тIирщалеб.

252. РегIараб меххалълъ гуребила кумек гьабулеб, къваригIараб меххалълъила.

253. РегIараб меххалълъ гьабилилан гIаданлъиги тоге, херлъараб меххалълъ гьабилилан динги тоге.

254. РегIараб меххалълъ гьабилилан кумекги тоге, щвараб меххалълъ бецIилилан налъиги тоге.

255. «РегIуларо», «щоларо» гIилалъун рикIкIунаро.

256. РегIун гIумру аги, хIехьезе гIакълу кьеги.

257. Рекъав чияссул рагIад къокъаб букIуна.

258. Рекъараб гIамал ккурав гIадамазе вокьула.

259. Рекъараб рехъалълъ хъумур речIчIулареб.

260. Рекъасс къвал цIурабила, къокъасс магь баччарабила.

261. Рекъел бугила масслихIатчагIазул иш, цин ХIаригабурлъи бегейила.

Яс уней йиго васассда ххадуй лIутун. Гьезие хIинкъи буго ахIуд бахъун бачIараб ясалълъул гIагарлъиялълъ жал чIваялълъул.

Ясалълъ васассда абулеб буго, унго, умумул нилIеда тIассагIаги лIугьинародай, гьел нилIгун рекъезарулев чиго вукIинародайилан. Васасс ясалда абун буго, цин хIинкъи бугеб бакIалдасса рорчIилин, маслихIаталълъе чи камиларев ватилилан.

Кициялълъул магIна буго - «Цин хIинкъиялдасса цIуне, ххадуссеб ххадуб гьабе», – ян абураб.

262. РекъечIеб бицарассда бокьулареб рагIулеб, ххвалчадул ругънадасса рагIул ругъун унтулеб.

263. РекъечIелълъуб кIал гъурай, кIваричIелълъуб бер гъурай.

264. Рекъолареб ганчIицца къед ссурукъ гьабула.

265. Рекъон кванай, къецц бан хIалтIе.

266. Рекъон хIалтIаразул хIалтIи гIемераб, рекъон ахIаразул бакъан рекъараб.

267. Рекъон чIчIикIаре.

Жибго гьитIинаб «гIамал кIудияб» кIиго рагIиялдассан гIуцIцIараб гьаб кициялълъул гьайбатлъиги берцинлъиги! Вихьизе гьитIинав, гьунар кIудияв чияссде магIарулаз абула тIаде вугевгIанассев ракьулIеги вугев чийилан. НилI жиндасса чIухIизе бегьулеб гьаб кIиго рагIиялълъул кьалбал гъваридал руго. Гьалълъ бицуна цолъиялълъулI гуч букIиналълъулги, росдал газа кьурда рекIиналълъулги, кIиго бетIерги рекъани, ункъо кверги хIалтIани, рукъ бечелъиялълъул, инсаният рекъон хIалтIанагIан, кинабго рахъ ццебетIеялълъулги, бищунго инсанассе хIажатаб, рекIее рахIат бугеб, хIинкъи гьечIеб гIумруялълъулги. Гьелда тIад бижана - «Рекъон хIалтIанагIан цадахъаб магIишат бечедаб», – ан абураб цIияб кициги.

268. РекIараб чуялда кьурдарав дун, кьолочIеб гIорцIмада рекIарав мун.

269. РекIаралълъув рещтIаги, борчаралълъуб бичаги.

270. РекIарассда лъелав велъуларев.

271. РекIаразул бода гьабизе кIолареб гIакъилассул кIалалда гьабизе кIолеб.

272. РекIарассухъ ралагьун, рекIа, рещтIарассухъ ралагьун, рещтIа.

273. РекIеда балареб гьуриялдасса гьури-бакъ чIвалареб чIчIегIер ракьулI лълъикI!

274. РекIеда бараб хIапаро гIадав чи.

275. РекIеда кIулал рарав, кIалдиб килас кьабурав.

276. РекIеда тIатIи рекIарав мун, тIулида нацIцI барав дун.

277. РекIеда тIатIи рекIарав хIариколоссессда хIатIикь цIа бакарав кIахъияв вичIчIиларо.

278. РекIедасса рекIеде – кьо.

279. РекIее бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколев.

280. РекIее бокьараб жо – чорххое мархIам.

281. РекIел бер балагьичIони, бералда канлъи бихьулареб.

282. РекIел бечелъиялда боцIцIул бечелъи бащалъуларебила.

283. РекIел гIадлу биххугеги, чорххол гIамал хисугеги.

284. РекIел гIин гIенеккичIони, гIиналда рагIи рагIулареб.

285. РекIел къварилъиялълъ гьакълиде цIцIалел, дагIба-къеццалълъ кьалде ахIулел.

286. РекIел пашманлъи хъамулеб гьури – хIалтIи.

287. РекIел хIуби – чехь, чохьол хIуби – чед.

288. РекIелI бугеб лъалареб, лъороб бугеб бихьулареб.

289. РекIелI бугеб меххалълъ нилI балъголъиялълъул хханзабийила, цабзаздасса борчIани, нилI гьелълъул лагъзалила.

290. РекIелI бугеб хъублъи гьурмадаги бихьулебила.

291. РекIелI цоги ккун, кIалалълъ батIияб бицунге.

292. РекIелI цIунараб цо хIарп лълъикIабила кагътида цIунараб нусго рагIиялдасса.

293. РекIелI чаран бугессе чинаридул тIилги тIассан ккараб ярагъила.

294. РекIелIа рокьи кIалдисса гIус гIадин бахъуларо.

295. РекIелIан бачIараб рагIи гурони, рекIелIе унареб.

296. РекIиндал Аллагь кIочон тарав, рещтIиндал чу кIочон тарав.

297. РекIиндал чу лъалеб, вилълъиндал рекъав лъалев.

298. РекIине лъараб гIадин, рекIараб чол квелълъ кквезеги лъа.

299. РекIинеги лъа, рещтIинеги лъа.

300. РекIинчIого чу лъалареб, чиякълъичIого чи лъаларев.

301. РекIун бихьун, чу босе, лъун бихьун, кьили босе.

302. РелъанагIан гIодизе кколел.

303. Релъедал макьилI щиб бихьулареб, вокьуларев чиясс щиб бицунареб?

304. Релъи букIунебила бачIарабги бачIине гьабурабги.

305. Релъи гIемералълъуб талихI гIемераб.

306. Релълъаразда релълъаралила росс-лълъади данде чIвалел.

307. Релълъаралда релълъарабила ратIлида рукъи балеб.

308. Релълъаралда релълъарабила рохьдолI хIайванги данделъулеб.

309. «Рес бугезул гъáлалълъ», – ан гьагай бикаялълъ месед гъалазда гьоркьоб хьухьун букIарабила.

310. Рес гьечIеб сон - савуд бухIараб дуниял.

311. Рес къотIидал вагъуларев чи вукIунарев, ручнибе тIамидал багъулареб гьой букIунареб.

312. Рес къотIидал хIинкъаравги къвакIулев.

313. Рес мекъаб гъветI камураб рохь букIунареб, гIабдал камураб росу букIунареб.

314. Рес рекъаравгIан чи – къарумав, мискинавгIан чи – саххаватав.

315. Рес щибила Чакарил, мочол хурий ятидал.

316. Ресги бугони, резги бугони, хъарбекIалда горал тIамизе бигьаяб жойила.

317. РетIел инжит гьабуни, ратIликълъиги бихьулеб, чед инжит гьабуни, чадикълъиги бихьулеб.

318. РетIел къадараб букIа абе, къамартIго чIчIа, мискинчи.

319. РетIел бихьун, къабул гьарулел, гIакълу бихьун, тIоритIулел.

320. РетIел бихьун – чи, чу бихьун – бахIарчи.

321. РетIел тIутIурассде гьабиги рортулел, тIагъур хIуларассда тIохIокги велъулев.

322. РетIел ххашав чияссде ххеххго рагIи реххуге, хъабчилI багьадур ватун, рекIекълизе бегьула.

323. РетIел цIидалъго цIуне, намус гьитIинго цIуне.

324. РетIел цIияб лълъикIаб, гьудул басрияв лълъикIав.

325. РетIине гурони къоги бачIинчIо, къойил ретIун хвараб дарайдул гурде!

326. РетIине камугеги, кваназе тIагIунгеги.

327. РетIине лъаларессе читери кьурав Аллагь,
         Чуризе лъаларессе мандари кьурав Аллагь.

328. Рехханщинаб чIор гIужда щолареб.

329. Реххаралълъуб тIенкел, тIамуралълъуб турут гIадин.

330. Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб бечелъи.

Ххунздерил хханассулги гьидалъессулги бечелъи сабаблъун дагIба-къецц кканила. Жив бечедав вугилан ххан, гурила, жив бечедав вугилан гьидалIев чIчIанила.

АхIанила хханасс гьидалIев Ххунзахъе, бихьанила гьессда жиндирго бугебщинаб гIарац-меседги гIарац-меседалълъул гьабураб къайиги. Жойидего гьабичIила гьидалIес гьеб бечелъи.

Анила ххан ГьидалIе гьидалIессулги бечелъи бихьизе. ЦохIого цо цагъурги ссанкIалги цIураб ролI бугила гьессул, я гIарац гурила, я месед гурила.

ГьидалIессул бечелъиялде бер-ракIго щвечIого, нахъ вуссанила ххунздерил хханги.

Анила цо сон, анила кIиго сон, бачIанила Ххунзахъ тIалъиялдаго цIакъ хурукъаб сон. Хханасс, месед-гIарацги босун, гьакалги рачун, жиндирго гIадамал ритIанила ГьидалIе, ролI босизе. ГьидалIес, щибго жоги абичIого, хханассул месед-гIарац чури тIолеб росонибе банила, тIаде гьойги биччанила. Гьелълъ, чуриги чIчIикIун, месед-гIарац, цо мискъал камичIого, росол тIиналда ххутIанила. «Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб нужерго месед-гIарац нахъе босе», – ян абунила гьидалIесс. РачIарал гьакал цIун, ролIги битIанила ххунздерил хханассе.

Гьанже бичIчIанила хханассда гьидалIесс живго щай бечедавлъун рикIкIуневали.

331. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила Мала Нассрудиницца, вараниялда куркьбал рижун ратичIелълъул.

332. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила хIамицца, чIчIужугIаданлъун бижун батичIелълъул.

333. Рецц бокьуларев ххан вукIунаревила, ххарж бокьуларев нукар вукIунаревила.

334. Рецц бокьуларев чи къанагIатав, ришват босуларев хIаким дагьав.

335. Рецц гьабун гаргадиялълъ бецц гьарула, гIунгутIаби рициналълъ кантIизарула.

336. Реццалълъ бецц гьавизе вукIунгейила.

337. Реццалълъ гуревила чи гьавулев.

Иццухъ дандчIванила лъабго чIчIужугIадан. ТIоццеессей лIугьанила хIаталдасса ун жиндирго вас веццизе. “Дир гIадав малълъарабги гьабулев, гьикъарабги бицунев вас росулIго гьечIо. Лълъицца киве витIаниги, инкар гьабичIого, уна, щиб тIад къаниги, тIубазабула”, – ян абунила гьелълъ.

КIиабилелълъги байбихьанила жиндирго вас веццизе. “Валагь, дирги вуго цIакъав вас. ЧIахIиязул адабги гьабула гьесс, гIиссиназул хъатирги гьабула. Цо лълъиениги кумек гьабизе щвани, тIокIаб щибниги къваригIунаро дир дарманассе. Щиб гьабизе дун лIугьаниги, ццеве-ццеве кIанцIун, гьабула”, – ян бицанила гьелълъги.

Лъабабилей, гьезухъги гIенеккун, юцIцIун чIчIанила.

Гьеб кинабго рагIанила цо херассда. Гьессда ракIалде кканила гьей лъабабилей гIаданалълъул лъимерго батиларилан. Батаниги, гьеб батилин кIкIвахIалаб, хIалтIи рихараб, эбел-инссул адаб гьечIеб рижи.

Руччабаз гIертIалги хъубиги лълъел цIунила. Цинги, гъажалда гIертIалги ран, кодор хъубиги ккун, годекIан къотIун, унел рукIанила. Гьенив ганчIида гIодов чIчIун вукIарав цо гьитIинав вас дой щибго жо абичIей гIаданалда асскIове векерун анила. “Дихъе кье, баба”, – янги абун, гьелълъухъа хъаба босанила.

Реццарулел рукIарал руччабазул добго ганчIида гIодор чIчIун рукIарал лъималин абуни тIадецин рахъинчIила.

Гьеб кинабго бихьарав херасс, бетIерги кIибикIун, абунила - “Реццалълъ гIадан гьавуларо, гIамалалълъ гурони”.

338. РечIчIани, къелIе унев, къани, хIоболIе унев.

339. РечIчIулев-речIчIулев вукIа, цояб щвечIони, цогияб щолеб.

340. Рещалъараб меххалълъ моцIцI тIасса бекула, барщараб меххалълъ бетIичIеб пихъ бортула.

341. РещтIине лъаларев рекIинавуге.

342. РещтIине чIеп гуреб, чIчIезе мокъ гуреб, билълъая, бачинин мунго бичизе.

343. Ригь чIухIарав гуревила бечедав, хур чIухIаравила.

344. Ригьда рега, ригьда рахъа, рузил гIамал жибго те.

345. Ригьин гуро бацIилги гьойдулги гIадаб рекъел, гьудуллъи гуро царалги нухлулассулги гIадаб божилъи.

346. Ригьин – реццалълъул, даран – рекIкIалълъул.

347. Ригьин чияргун лълъикIаб, чи нилIерго лълъикIав (ригьин чияргун гьабе, чи нилIерго ккве).

348. Ригьинги ригьги ургъун гьабе.

349. Ригьнадасса воххарав кидаго берталълъ вуго, ригьин-цIа бигъаразе даимаб гIазаб буго.

350. Ригьнисса гьурал унеб, гьоросса гурцIал унеб (ххасел бащалъиялълъул гIаламатал).

351. Риди гьаризе унесс хъаба баххчулеб.

352. Риди дарулъи лъалебани, нахъияссе щвелароанила.

353. Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман.

354. Рии аги, бугIа гIезе, ххасел аги, рагIи гIезе.

355. Рии кьарияб, кьин хIалакъаб.

356. Рии кьижун арассе ихдал мискинлъиялълъ макьу толареб.

357. Рии нахулаб бачIаги, ххасел бечедаб бачIаги.

358. Рии чIчIедал, хур бекьарав, ххасел чIчIедал, ххер бецарав.

359. Риида – тIингъилI, ххасало – чухъилI.

360. Риидал бакънал рачуней йикIарай ххасало кьурдулей йикIа.

361. Риидал бакъуд мугъ бухIичIони, ххасало чIагIдад чехь бухIуларо.

362. Риидал борохь бихьарав ххасало гIарщикьа хIинкъулевила.

363. Риидал гьарурал ганчIал кьеян абулебила ххасало гIачияз.

364. Риидал гьекичIони, ххасало гьунщуларел.

365. Риидал гIадалнах гьаличIони, ххасало хьаг гьалуларо.

366. Риидал гIодобе бегьараб квер чIобого бачIунареб.

367. Риидал гьабичIеб ххасало батулареб.

368. Риидал жиндие гIоло чIваян абулебила чоцца тIукъби, ххасало нужеего гIоло чIвайила.

369. Риидал кьижани, кьиндал гIака холеб.

370. Риидал кьижарай Кьара ГIашура,

  Кьиндал гIака холеб рагIичIищ дуда?

371. Риидал риди гьекъе, ххасало нах кванай.

372. Риидал тIимугъ босе, ххасало буртина босе.

373. Риидал – Ххалунчакар, ххасало – Гвангвачакар.

374. Риидал херабги босуге, ххасало хIалакъабги босуге.

375. Риидал хур бекье, ххасало кор баке.

376. Риидал хурив хва, ххасало рокъов хва.

377. Риидал хIалтIарав кьиндал кванала.

378. Риидал черхх берцин гьабула узданаб ретIелалълъ, ххасало – ххинаб ретIелалълъ.

379. Риидал чIарадичIони, ххасало гьороб жо букIунареб.

380. Риидала – Ххассбика, ххасало – къватIулбика.

381. Риидалил цого хур, ххасало гIазукь къараб,

  Ххасалил цого ссугъур, боххиссан ххер баккараб.

382. Рии-риидал – чIор-чIорол, ххаса-ххасало – гуд-гудучI.

383. Рикьи балеб къвачIинибе къали базе бегьуларо (рикьунибе къали чIехьолареб).

384. Рикьул гьарурал ххинкIал ригьда кунев алазан.

385. РикIкIада бугеб гIагарлъиялдасса асскIов вугев мадугьалго лълъикIила.

386. РикIкIада месед бугилан рагIани, асскIоре щвейдал пахь батулеб.

387. РикIкIада ругел гIагарал чагIи, унтун рагIилалде, хун ратула, хун рагIилалде, рукъун ратула.

388. РикIкIадасса квараб къалиялдасса гIагардасса квараб ссахI лълъикIаб.

389. РикIкIадассан йихьизе лълъикIай чияр яс асскIоре щун йихьизе жо гурей жо ятула.

НекIо гIемериссел магIарул росабалI гIадат букIана абурай яс жиндирго абурассда йихьизе чIчIолареб. Тоххлъукье данде чIван, вас кIалъаниги, яс кIалъалароан. Чанги ячунаан бер чIван йихьичIейги. Гьелълъул хIассилалда гьадаб кициялълъ бицунеб жоги гIемер кколаан. РикIкIадассан гурони чияда рихьуларел бечедал чагIазул жанир тун цIунарал цо-цо ясал канлъукъал, рагIукъал ратулаан.

390. РикIкIаде боржараб гIумру къокъаб цIцIум.

391. РитIухълъи ххвалчадассаги рекIараб.

392. РитIухълъи цIунизелъун рухIалдаги бараххщуге.

393. РитIаралщинал рагIаби берцинал рукIунарел, берциналщинал рагIаби гьерессиялги рукIунарел.

394. РитIухълъи гъоркье, тIекълъи тIаде ккараб заманги букIунебила

         (Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман).

395. РитIухълъиялде нух ххалатаб.

396. РитIухълъиялълъе диван хIажалъуларо.

397. РитIухълъиялълъул нух гIатIидаб.

398. Рихараб ххоххоцца ххер гIемер кваналеб.

399. Рихханжоялълъул жо гIолареб, гургил чед лIугьунареб.

400. «Рихьдае Бичассул чагIилъун хIараз, Сунатабги гьабун, гьоркьоб тола парз».

401. Риццатазе – тIорахь, тIереназе – риди.

402. РицIцIил тIилада тIорччол бер гъурав вугониги, чоххтIо-чIинчIуялдаса къадараб тIагъур букIунареб.

403. Ришват босуларев хIаким дагьав, хIарам гьабуларев даранчи дагьав.

404. Рододасса нах буххарав, хвараб хIамидасса тIукъби рахъарав.

405. Рокъоб бугеб – къватIул лълъим, кватIиб бугеб – гьацIцIул лълъим.

406. Рокъоб гамачI къулчIчIизе кканиги, къватIиб лъазе тогейила.

407. Рокъоб гьой – къватIибги гьой, рокъоб бацI – къватIибги бацI.

408. Рокъоб как баларев Гогол ГIалицца, гамаялде вахун, жамагIат бана.

Кицилъун лIугьарал гьал рагIабаз бицунеб буго ххалкъалда гьоркьор рукIарал жидеццаго какцин баларел, жамагIаталълъе динияб ццебехъанлъи гьабулел рукIарал гIадамазул.

409. Рокъоб къадру гьечIессул къватIибги букIунареб.

410. Рокъоб къвакъвадулеб, къватIиб къинлъулеб.

411. Рокъоб къир-къир бугони, дуниял къварилъула.

412. Рокъоб кьечIеб талихI рохьоб кьелищилан абурабила салтIасселълъ.

413. Рокъоб ххам бугони, ххалатаб гурде, ххараб жо бугони, чIахIиял ххинкIал.

414. Рокъоб чед бугессда чияр мацIцI лъаларо.

415. Рокъобго къулгIаги тун, къватIисса лълъим баччарай.

416. Рокъобе нух кидаго гIагараб.

417. Рокъов вукIун, хур босулеб, хурив вукIун, рукъ босулареб (хIажатаб ццебе босе, цогидаб ххадуб босе).

418. Рокъов гъалбацI – къватIив гIанкIкI.

419. Рокъов – дегIен, къватIив - цIцIе.

420. Рокъов цIцIогьор хваги, ЦIцIоров дибир хваги.

421. Рокъой йигеб меххалълъ инссул рукъ, рокъое юссиндал – чияр рукъ.

Кициялълъ бицунеб буго, россассе кьурай яс тIад юссун ячIараб меххалълъ, гьелълъул къадру холилан, хъизаналълъе гьей йокьуларилан.

422. Рокъой йигей лълъадул «лълъикIлъи» батила, лълъимцин хъван гьечIо дур шарбалалда.

423. Рокъой лълъади йокьун, къватIий дун йокьун,

   Къвалакь гьудул йокьун, берал дий къвакун.

424. Рокъой чIчIужу – бакъги моцIцIги.

425. Рокьаразул такъсир – гьитIинаб мунагь, рихаразул ххатIа – кIудияб мунагь.

426. Рокьи басандичIони, хIалтIул хIур бахъунареб.

427. Рокьи бергьараб жо ккола, эбел-эменни рази гьариги инсанассул борч ккола.

428. Рокьи бикъарав цIцIогьор кколаро.

429. Рокьи бищунго ццидалаб цидулги кколебила.

430. Рокьи гьабизеги вас къваригIунев,

Ярагъги борчарав, чуги рекIарав.

Балай гьабизеги яс къваригIуней,

ГIалххул чундузда гъорлI ритIучI гIадинай.

431. Рокьи гьечIеб черхх – чед гьечIеб таргьа.

432. Рокьи гьечIеб рекIелI ццин букIунаро.

433. Рокьи ккани, кочIохъан яхъуна, чехь бухIани, магIихъан яхъуна.

434. Рокьи ккаразе бусен носол балалдаги гIолебила.

435. Рокьи ккаразе нохъоги – кIалгIа.

436. Рокьи ккарай яс кьералълъ бицуна.

437. Рокьи ккечIей гIаданалда, росода нахъа чIчIун, квен гьабизе лъаларебила.

438. Рокьи ккечIого гьабураб ригьин – гьодораб.

439. Рокьи кьерилI букIунеб.

440. Рокьи, кьолбода гьикъун, гьабулареб, кьал, годекIаниб гьурщун, гьабулареб.

441. Рокьи лълъилго кколеб – рокьуе къвал къазе чи къваригIунев.

         Балай лълъилго бергьунеб – балай хIехьезеги вас къваригIунев.

442. Рокьи хIарамаб гьечIо, цохIоялълъухъ бугони. Гьекъел хIарамаб гьечIо, гьекъезе лъан, гьекъани.

443. Рокьи – цо, рещтIунеб бакI – кIиго.

444. Рокьиялда гьоркьоб кьалги букIунеб,

   Балаялда гьоркьоб кьогIлъиги кколеб.

445. Рокьое баге, гьанае бай.

Кициялълъул магIна буго хIайваналълъе рагIи-ххер, гьелда гьан букIаго, кьара букIаго, бай, рокьоде ккун ххадуб хIайван кьара гьабизе захIмалъулилан абураб.

446. Рокьуе берцинлъи къваригIунареб, макьие къаданижо къваригIунареб.

446. Рокьуе малълъарухъан хIажалъуларевила.

447. Рокьул рачел къазе чи къваригIуна,

   Балагьи хIехьезе яхI къваригIуна.

448. Рокьул ццебехъан – маххссара, кьалул ццебехъан – квекIен, кьерхадул ццебехъан – гьури.

449. Рокьуцца ракьа биунеб, балаялълъ берзул нур унеб.

450. РолI бекьарас ролI лъилъулеб, муч бекьарасс муч лъилъулеб.

451. РолIуда гъорлI сусур гIадин вукIунгейила.

452. РолIул хурир ганщалги тун, ссанда ругел бачазе гIадлу гьабулел.

453. Роол къо ххасалил анкьида бащалъулебила.

454. Роол рукъ – буртина, рукъалълъул хΙуби – лълъади.

455. Роржунел жалазда гъорлI чIчIегIераб лачен гIадав.

456. Росс вокьуларей чIчIужуялда гирун бачIунеб гьорчоги гьессул гIайибалдалъун бачIунеб бугилан кколебила.

457. Росс гьавулейги – чIчIужу, росс чIвалейги – чIчIужу.

458. Росс гьечIей чIчIужу – къед биххараб рукъ.

459. Росс какулаго, рукъ кварай, гIака какулаго, нах кварай.

460. Росс квешлъани, лълъадуцца чияхъ рокьи гьабула.

461. Росс кIодо гьавулейги – чIчIужу, чIахIилIе реххулейги – чIчIужу.

462. Росс лълъикIай чIчIужу – лълъикIай, руссун лълъикIаб чу – лълъикIаб.

463. Росс реххулеб кIкIалги – лълъади, росс вахунеб щобги – лълъади.

464. Росс рихаралълъ абулебила жинда росс щакдарулилан, цIцIали рихарасс абулебила жив дибирассе вокьуларилан.

465. Росс хер гьавулейги – чIчIужу, бахIар гьавулейги – чIчIужу.

ДахIаххенеро гIадин, гьабил рогIороялълъул бетIералда ххенолеб букIанила цо багIаргIеч. ХIалалав гьабигьан, гьелълъул бетIергьанчи цIеххезе, гьабирахъ чIван эххеде анила. Бищун ццебе батараб ахил бетIергьан – хъахIаб мегежалълъул херав чиясс абунила гIеч жиндир гурин, тIадеххун вугев кIудияв ваццассул батизе бегьулилан. ВитIулаго-витIулаго, гьабигьан тIаде кканила чIчIегIераб михъ-мегежалълъул гIолохъанчи – бищун кIудияв ваццассде. ГIечги гьессул ахикьа бортараб батанила. Гьабигьанасс цIакъ тамаша гьабулеб букIанила ваццазул гIумруялда. КигIан викIараниги, кодобе щвараб жоги букIинчIила.

КIудияв ваццасс гьабигьан гьоболлъи гьабизе рокъове вачанила. ЧIчIужуялдаги абунила жидее цо лълъикIаб хъарпуз босун ячIайилан. БачIанила хъарпуз, россассни гьей, дагьабги лълъикIаб босун ячIа, дагьабги лълъикIаб босун ячIаян, лъабцIцIулго нахъюссинаюнила. Цинги, гьаб лълъикIаб бугилан ункъабилеб хъарпузги къотIун, гьабигьанассда гьадин бицанила.

Хъарпуз жидер рокъоб цо гурони букIинчIила. ЧанцIцIул нахъ юссинаюниги, чIчIужуялълъ жиндир рагIи хвезабичIила. Гьединай чIчIужу йикIиналълъ жив херлъичIила. Руччабазул ссанагIат гьечIолъиялълъ, ххассго бищун гьитIинав ваццассул лълъадул квешлъиялълъ, жиндир гьитIинал ваццал гьагъадин херлъанила.

466. Россал ругез рокъоб бицунеб, къоролзабаз корохъ бицунеб.

467. Россасс гIатIада хIуччал хъвай – чIчIужуялълъул гIайиб, якьадалълъ царгъида кIулал рай – нусалълъул гIайиб.

468. Россасс лълъади хьихье, лълъецца гьобо ххене.

469. Россасс цIияй чIчIужу ячараб сордоялълъ, хварай чIчIужуялълъул бетIер горбодасса батIалъулебила.

470. Россассда лълъади лъабго къоялълъ юхIулейила, лълъадуда росс лъабго моцIцIалълъ вухIулевила.

471. Россассда рекъарабила лълъадул кIаз букIунеб.

472. Россассда ццим бахъани, чIчIужуялълъ лъимал руххулел, россассул ццим бахъани, чIчIужу юххулей.

473. Россассе индал – хIанкIич, хIорго йикIиндал – мокъокъ.

474. Россассе инегIан – эбел-инссул рукъ, тIад юссун ячIиндал – тушманасул рукъ.

475. Россассе инчIей яс ятагийин, чIчIужу ячинчIев вас ватагийилан гьарулебила гьардухъанасс.

476. Россассе инчIого, гIабдал лъаларей.

477. Россассе кьезе дир яс гIураб меххалълъищин хъалин кьолеб гIадат хвезабулебан абурабила гIандисселълъ.

478. Россассе уней ясалда эбелалълъ малълъарабила - «Дозул доба хъахIалда чIчIегIерабилан абулеб батани, дуццаги         гьедин абе, дир яс, чIчIегIералда хъахIабилан абулеб батани, гьединги абе».

479. Россассеги ина, васги гьавила, вацц кисса вахъилев?

480. Россассул къадру-къимат лълъадудассан букIунеб.

481. Россассул рекIелI бугеб жо чIчIужуялълъул кIалдиб букIунеб.

Цо ххан вукIаравила кидаго къватIиве вахъунарев «рокъов къурущ». Гьесс къоял инарулел рукIаралила, хъутIахIелеко гIадин, цоялгун вагъун, цоялгун семун, руччабазда гъорлI. Гьессие улка-ракьалълъул ургъелги букIинчIила. Улкаялълъул балъголъабиги, вазирзабазда лъалалдего, руччабазда лъалел рукIаралила.

Мадугьалассул чучлъи бихьарав цоги хханасс гьессда лъазабурабила - «Бокьани, рагъде вахъа, бокьичIони, дие пуланал росаби кье!» – ян. Хханасс гьеб балъголъи бищунго йокьулей чIчIужуялда бицарабила, гьелълъги киналго руччабазда гIинчIарабила.

Чара хварав ххан цо къоялълъ къватIиве вахъаравила. Къадал ракьандеги ракIарун, гьал гIиссинлъималаз бицунеб жого щибдаян гIенекканила. Бугила гьез бицунеб, мадугьалихъ вугев хханасс нилIер хханассда рагъ лъазабун рагIулила. Вагъизе къуватги гьечIого, чара хун нилIер хханги рагIулила.

Гьеб меххалълъ кантIаравила ххан жиндирго гъалатIаздеги ххалкъияб кици битIараб букIиналдеги.

482. Россассулал – лълъадаре, лълъадулал – кIалалълъе.

483. Россги вугей къоролай.

484. Россги вукIуна, росдал гьабзацца квадги вукIуна, чIчIужуги йикIуна, чIчIужукIги йикIуна.

485. Россги ГIумаххан вугелълъул, мунгоги Бахху-бикайиланищ ккараб?

486. Росдае гIоло бицараб рагIи – росдае гIоло гьабураб хъулухъ.

487. Росдае ххиянат гьабурав росдал цIецца вухIаги.

488. Росдал анцIилI, бол нусилI.

489. Росдал газа кьурдаги рекIунеб.

490. Росдал гIадат хвеялдасса гIадатаб росу хвей лълъикIаб.

491. Росдал ххабар гIабдалассда гьикъе, рукъалълъул ххабар лъималазда гьикъе.

492. Росдацца хIукму кьуни, хIарпиеги бутIа кьезе кколеб.

493. Росс-лълъади мугъалисса руссараб рукъ – руссунареб сибиралълъул гвенд.

494. Росс-лълъади цолъичIони, рукъ беххе балагьула, рокъоб къир-къир цIцIикIкIани, дунялго къварилъула.

495. Росс-лълъади цоцазда лълъикI лъала, цоял унтараб меххалълъ.

496. Росс-лълъадиялда гьоркьове лIугьарав - гIабдал, гьорода бадиве кIурщарав – ахIмакъ.

497. Росс-лълъадиялълъул гьоркьоблъи лъала, росс жиндирго гурдеялда рукъи базе лIугьараб меххалълъ.

498. Росс-рукъ авадан гьаби лълъадул гьунар-цIцIар буго.

499. Россол рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав.

500. Росу балагьун, къватIив чIвагеги, къватI балагьун, басралъугеги.

501. Росу бахъун, кьурарай, кьибил бахъун, дургъарай.

502. Росу батIиялълъухъ рокьи ккогеги,

   Кьибил батIияйгун къадар хъвагеги.

503. Росу бихьун, си борххатаб бай.

504. Росу кIодо, ясал гIемер.

505. Росу лIугьун, къачIарав, кьибил лIугьун, вессарав.

506. Росу рикIкIун – гIадат, гIадан рикIкIун – ххассият.

507. Росу тани, росдаццаги толев.

508. Росу тун арав хвезе росулIе вачIунев.

509. Росу – цо рахъалда, Гьимат – цо рахъалда.

510. Росуго рекъараб кьал букIунареб, кьибилго рекъараб ригьин букIунареб.

511. Росугун дагIбадани, чиякълъула, чIчIужугун дагIбадани, кваникълъула.

512. РосулI гьудул гьаве, нухда гьалмагъ ккве.

513. РосулIе унти я базарганассул гьирицца бачIунеб, я гьардохъанассул къвачIицца бачIунеб.

514. РосулIе щвезе рес букIаго, къватIивги чIчIоге, росу рикIкIад букIин лъалаго, къасси нухдаги вахъунге.

515. Роххел гIемералълъур кьурдухъаби рахъунел, хвел гIемералълъур магIихъаби рахъунел.

516. Рохол багьа къого гъурущ.

 Кицилъун лIугьарал гьал рагIаби абун руго базаралда рахи бичулев вукIарав цо магIаруласс.

 Цо рохохъ къого гъурущ аби гIад гьабун буго рахи босулесс.

517. Рохоцца гIабдалги, гIакъилги, квешалги, лълъикIалги гIадамал жанире рачуна. Гьелдеги учуз буго гьаб, – ан жаваб кьун   буго рахи бичулесс.

518. Рохъдол чед гьабурай, чияр чи веэдарай.

519. Рохьалълъ тала босичIого толаро.

520. РохьдолI букIунареб чIухIухъаналде
         ЧIалгIараб салам дир махил тIилалълъул!

521. РохьдолI тIохIок камулареб.

522. РохьдолI чIчIа, рохьдолI хва.

523. РохьдолI чIчIолареб хIайваналда тIил щола.

524. Рохьил хIайван рохьоб гурони чIчIоларо.

525. Рохьоб гъотIодаги кидаго цого хIал букIунаребила.

526. Рохьоб хьараб хьодул пайда щибила.

527. Рохьоб цидаги данде чIвагеги кIиго эбелцадахъ.

528. Рохьоб циги ххутIугеги, цого тIинчIалда божун.

529. Рохьоб чан камулареб, чорххолI унти камулареб.

530. Рохьобго гьечIеб талма, талмикьго гьечIеб гIанкIкI.

531. Рохьобе гIащтIийила, гIалххуде таргьайила.

532. Рохьобе кватIи гурони, гьаб пишаялълъул пайда гьечIилан абурабила гъадицца.

533. Рохьобе тΙил босуге, ралъдалIе лълъимги тIоге.

534. Рохьобе тIил босуге, тIилицца хур бекьуге.

535. Рохьовги вукIун, чIахIида цIа бакарав.

536. Рохьор гъутIбиги ращадал рукIунарелила.

537. Рохьосса вуссунаго, лъабоххида вачIа, дадал.

538. Роццалда рекъарабила рукъи букIунеб.

539. РоццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларебила.

ВукIаравила кIиго гьудул. ЙикIарайила гьев кIияссего йокьулей цо ясги. Ясалълъги тIасса вищаравила жиндирго ракIалълъ восарав. Гьарунила гьезие лъималги, букIанила лълъикIабго магIишатги.

Гьаб дунялалда лIугьунаребги кколаребги жо щибилахха букIунареб, ракIалдаго гьечIого, сапаралълъ цадахъ кканила дов кIиявго гьудул. Бихьуда росу-ракь гьечIеб цо авлахъалдассан унел рукIанила гьел. Дов ясалълъ тIасса вищичIесс, бахъун чвантинисса таманчагун, гьавцояссда абунила жинцца гьаб бакIалда мун чIвалилан. Цин гьудулассда кканила гьаб маххссара батилилан. Ххадуб, гьессда ракIалда бугеб жо маххссара гуреблъиги щай живго чIвазехъин вугевалиги бичIчIидал, гьасс абунила -

- Дир хъизаналълъ доб меххалълъ, дун тIасса вищичIого, мун вищун вукIаравани, дида гьеб хIалихьатаб жо ракIалде ккелароан. Гьеб такъсир гьабуни, дирги дир хъизан-лъималазул гуребги, дуцца чIвазе буго дурго гIумруги…

- Дирго гIумру дицца кин чIвалеб? Вихьулеб-рагIулеб бакIалда, инсанали щай гурин, хIайвангицин гьечIо. Лълъида лъалеб мун лълъицца чIваравали? Дицца мун цо хъитIнивеги реххила, тIаде ракьги хъвала – абадиялълъ мун вугеб бакIги лълъиданиги лъаларо!

- РоццгьечIалълъ бищунги, гьаб дунялалда щибго балъго ххутIуларилан абула. Бачунге дуцца дудего тIаде гьеб балагь…

Гьалмагъассул гьел рагIабазда тIадги велъун, хIалихьатицца гьессда таманча речIчIанила.

Анила гьелдасса нахъе чанго сонги, ячанила дов хъурумсахъицца чIварассул йикIарай лълъадилъунги.

Цо къоялълъ рагъида гIодов чIчIун россги вукIанила, гIисси-бикъинаб хIалтIуде юссун лълъадиги йикIанила. Дагьа-макъаб гьури бугеб къо букIанила гьеб. Киссан бачIарабали лъачIого, гьороцца босун бачIун, гьезул рагъида рещтIанила роццгьечI. Гьелълъухъги валагьун, росс велъанхъанила. Ссундайин мун велъарав, щибин дуда бихьарабан гьикъанила чIчIужуялълъ. Щибниги бихьичIин, ссунданиги велъичIилан чIчIанила росс. Валлагьин, жого бихьичIого, чи велъуларин, мун жинда велъанилан чIчIанила чIчIужу. Асс абунила, алълъ къотIанила, алълъ абунила, асс къотIанила, аххирги гьаб къецц квешаб рахъалде ссверанила. ЧIчIужу чIчIанила, гьабсагIат ссунда мун велъаравали бицинчIони, жий ячIарабго нухалълъ инссул рокъое инилан.

Дуе квешезе бицинилан, гьассги жинццаго гьелълъул росс чIваялълъулги, гьелда ццебе ккараб ххабаралълъулги, “роццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларилан” гьесс абидал, живго велъиялълъулги бицанила. Гьалейин, гьаб роццгьечI бихьидал, кинабгоги ракIалде щун, велъанилан абунила.

ЧIчIужу, гьабулеб хIалтIиги жибго тун, рокъожание анила. Гьенибго лъалинисса хханжарги бахъун, гIодов чIчIарав россассда асскIое ячIанила. Гьелейинхха, битIараб букIун бугин жиндир россасс абураб жойилан, хъубухъун босун къазабунила гьессул чохьолI хханжар.

Цинги, жинццаго гьабураб жо бицине, росдал бегавулассухъеги ячIарайила.

540. Роцц унтичIого, хоно букIунареб (роцц унтичIого, гIанкIуялълъ хоноги гьабулареб).

541. Роццадасса цIцIикIкIун, чуги кIанцIуларо.

542. Роцен гьечIеб гIемераб квеналдасса цо роццада кунеб дагьаб квен лълъикIаб.

543. Роцен гьечIеб тIехх хханассул тепсиялдаги букIунареб.

544. РоцIцIагиян цIцIани, цIцIад багиян буртIал.

545. РоцIцIараб зодиссан цIцIер балев Аллагь.

546. РоцIцIараб къоялълъ цIцIаназде цIцIаладерил ясалги унел.

547. Роччухъе дунялги букIунаребила, вачIухъе гьоболги вукIунаревила.

548. Ругезда гьечIеланищан, гьечIезда ругеланищан ккарал жалила лъимал.

549. Ругел-гьечIел лъаларел щайтIабакьа щайила хIинкъулел, гьал къойил рихьулел щайтIаби-гIадамакьа щайила хIинкъуларел.

550. РугънатIе цIцIам щвалареб.

551. Ругъун лъечIого, би бецIцIулареб, цIцIад бачIого, тIох гIекколареб.

552. Ругъун сахлъаниги, гIуж кибего унареб.

553. Ругьунаб гуреб роццалда тIажу рекъоларебила.

554. Ругьунаб оцалълъ гIадин хур бекьуларо.

555. Рузида къад канлъи бихьунгутIи бакъул гIайиб гуреб.

556. Рузман чIирчIидулеб, шамат бадарулеб.

557. Рузманкъо битIани, киналго къоял ритIулел.

558. Рукъ бакъараб ссадакъа гьабуге.

559. Рукъ бакъараб ссадакъа – чехь бакъараб къадеквен.

560. Рукъ бала гIадамал цIунизе, ярагъ бала гIадамал гъуризе.

561. Рукъ берцинлъула къачIаялълъ, чи берцинлъула гIелмуялълъ.

562. Рукъ бечелъаги, чи гIемерлъаги.

563. Рукъ бикъидал, къоно тIамурав (Рукъ бикъун ххадуб гуребила къоно тIамулеб).

564. Рукъ босилалде, мадугьал цIеххе.

565. Рукъ гьабулареб жоялълъ къватI гьабулареб.

566. Рукъ гьечIелълъуб хъошги рукъила.

567. Рукъ гьечIессда чи лъала, чед гьечIессда мацIцI лъала.

568. Рукъ гьитIинаб букIин гьоболассдайила лъалеб.

569. Рукъ къваридав чи – лълъади квешав чи.

570. Рукъ лълъухьараб меххалълъ, хIур бахъунеб гIадат.

571. Рукъ рукъалълъ тIубаги, къайи къайиялълъ цIунаги.

572. Рукъалда асскIоб цIцIорораб иццги тун, хьуцIцIил лълъеда ххадув довегIан унарев.

573. Рукъалда лъалареб къватIалда лъан батулеб, нилIедаго бихьичIеб чияда бихьун батулеб

        (НилIер – чияда, чияр – нилIеда).

574. Рукъалда нах бахунареб даранги гьабуге, гьойдул балъ гьабулев чи гIадин, гIададаги хIалтIуге.

575. Рукъалда нуцIцIа гьечIев, ахикье гъалду гьечIев.

576. Рукъалда нуцIцIа лъолеб рагьизеги къазеги.

577. Рукъалдасса ххирияб бакІ гьечIеб, лъимадасса ххирияб жо гьечIеб.

​​​​​578. Рукъалълъ басра гьавурав къватIалълъ ццеве кколарев.

579. Рукъалълъ бетIергьанчи гурев берцин гьавулев, бетIергьанчиясс рукъин гьабулеб.

580. Рукъалълъе кинаб бугониги пайда гьабичIеб къо – гIадада араб къо.

581. Рукъалълъул асслу – кьучIчI, хъизамалълъул асслу – чIчIужу.

582. Рукъалълъул бетIергьанасс гьумер битІичIони, гьобол тIокIав вачIунарев, тIилил бухIи гIезабуни, кето баккарулареб.

583. Рукъалълъул бетIергьанассде мутIигIлъулареб рокъоб гIадлу букIунареб.

584. Рукъалълъул гьечIолъи царгъицца баххчула, черххалълъул гьечIолъи тIингъицца баххчула.

585. Рукъалълъул иххтияр бетIергьанчияссухъ тейила.

586. Рукъалълъул къварилъи къадазда лъала,
          Дир рекIел къварилъи дидаго лъала.

587. Рукъалълъул къварилъи къватIиб лъагеги, къватIул ххабар рокъоб лъагеги.

588. Рукъалълъул кIалтIа хIелекоги багъулеб, кавудал кIалтIа лъималги рагъулел.

589. Рукъалълъул кIудияв меххтичIони, бертин бетулареб.

590. Рукъалълъул хIал лъималазда лъала, къватIалълъул хIал гIабдалассда лъала.

591. Рукъалълъул ургъел къадаздаги лъалеб.

592. Рукъи бай, каратI кIодолъилалде, дару гьабе, унти ххалалъилалде.

593. Рукъи бараб бугониги, ретIелги гIолеб, хъош гIадаб бугониги, рукъги бегьулеб, мамá гьечIого, чи тIуваларев.

594. Рукъи бараб ретIел ретIунаревги чи гуревила, рукъиялда тIад рукъи баравги чи гуревила.

595. Рукъзал кунарел, кули ретIунареб.

596. Рукъилан абураб бакIалде рукъгIанассеб гьецIцIо босулеб.

597. РукIкIадул рорлIигIанассеб картIиниссан оцол бетIергIанассеб квач бачIунебила.

598. РукIкIен аралълъубейила кунги унеб

599. РукIниб букIун гъулгъудун, гъалбацIалълъ чан чIваларо.

600. Румазул гулгун гIадин, габур цIцIабуцIцIунги вукIунге, эбел-эмен хварав гIадин, гIодовеги къулуге.

601. Руссун херлъичIони, чу херлъуларо.

602. Рухьен тIун, тIил бекун, виччарав.

603. РухI бащад буго, рукь бащад цIцIай!

604. РухI бихьунила хIанчIидасса би баккулеб.

605. РухI речIчIилалде тушман чIваларев рухI речIчIараб меххалълъ тушманасс чIвалев.

606. РухIалда рекъонила биги тIинкIулеб.

607. РухIалицца гIадин чи херлъуларо, мискинлъиялълъ гIадин чи къулуларо.

608. РухIел кIочон тезабулеб ракъиялълъ, квен кIочон тезабулеб ццидацца.

609. Ручун кIудияб – жаниб рак гьечIеб, тIину кIудияб – жаниб мугь гьечIеб.

610. Руччабазда балъгояб жо жундуз бицунебила.

611. Руччабазул базаралълъ рукъ ццебе тIоларо.

612. Руччаби кIодо гьарулел лълъикIав чиясс, ятим инжит гьавулев хIалихьатав чиясс.

613. Рущада гьабураб мусрада гурони толареб.

614. Рущи щваралълъубе гIанкIу бачIунеб, жалго реэдаралълъуре лъимал рачIунел.

615. Рущи щваралълъубе гIанкIу буссуна, каву кIудиялълъуве гьардохъан ссверула.

bottom of page