top of page

Х [

1. ХабалалIцин жиндие бакI гьечIев.

2. ХабалI жаназа лъелалде, цин гIурай яс россассе кье.

3. ХабалI лъуниги, ххиянат тIаде баккичIого чIчIоларебила.

4. ХабалI лъуниги, (ракьудасса) чияссул бер гIорцIцIуларебила.

5. Хахизе ракIалда – буртIида, лIутизе ракIалда – цIцIеда.

6. Хвалил зигара байги – чIагоязе кумекила.

7. Хвалил хIинкъи дандчIвани, гIонкIкIолги аздагьо лIугьунебила.

8. Хваниги йосила чияр яс, тIуниги бацIцIина квасул кун.

9. Хвараб бацIицца гIи гъурулареб.

10. Хвараб гъалбацIалдасса чIагояб гьойго лълъикIила.

11. Хвараб гIака – рахьдалаб.

12. Хвараб меххалълъ чиги кинавго лълъикIав, бахIараб меххалълъ букIараб чуги киназдассаго цIакъаб.

13. Хвараб ретIел нацIцIие, къадарав чи рагIуе.

14. Хварабниги чIорто дарайдул.

15. Хварав чи вагъаризавуни, бусен хъублъулеб, хвараб-араб жоялълъул бицани, ракIал хъублъулел.

16. Хварав чи каки – чIагоязе заралила.

17. Хварав чидай, хвечIев чидай?

КIиго нухлулассда данде ккун руго хвел букъизе унел гIадамал. ГIолохъанасс херассда гьикъун буго -

- Хварав чидай, хвечIев чидай молода вугев?

- Мун гIадаллъунищ вугев, дир вас? РагIараб жо гуро хвечIев чи, молодаги лъун, вукъизе восун унев!

ГIолохъанчи, херассул хIурмат цIунун, вуцIцIун чIчIун вуго.

Къасси гьел щванила херассул росулIе. Ясалълъ инссуда гьикъанила -

- Цадахъ вугев чи щив, эмен?

- Нухда данделъарав дагьав гIакълу гьечIев гIолохъанчи вуго, дир яс.

- ЩибгIаги гьесс гьабураб? Щиб ккараб, эмен? – ан цIехханила ясалълъ.

- Гьабизеги щиб гьесс гьабилеб, дир яс. Дие гIантал суалал кьуна гьесс.

Инссуцца ясалълъе бицанила хварав чияссул хIакъалълъулI гьесс гьикъараб жо.

- ГIантаб жо гьикъун гьечIохха, эмен, гьесс дуда. Хварав чи вуго ххалкъалълъе инжитлъун хварав чи. ХвечIев чи вуго, живго хваниги, ххалкъалълъе жиндир ишалги цIцIарги нахъе тарав чи.

18. Хваразда ххадур чIагоял рилълъине бегьуларо.

19. Хваразе гурони, риччан таразе хоб бухъулареб.

20. Хваразул бицани, чIагоязул рахIат хола, араб-хваралълъул бицани, дандияссул рахIат хола.

21. Хварал рорчIизарулаго, чIагоязул тIом хIулулеб.

22. Хваралги релъила лъималазул рагIиялда.

23. Хваралги рикIкIани, гIухьби гIемерал, мутагIилзабиги рикIкIани, ясал гIемерал.

24. Хварассе зурма щайила.

25. Хварассул къулгьу гурел, гIурассул бертин гурел.

26. Хведал гурони, хьул къотIулареб.

27. Хвезе вокьарав чи кьолбоцца вецце.

28. Хвезе мехх щвараб меххалълъ хIама гъотIоде бахунебила.

29. Хвезе мехх щварав херасс я чIчIужу ячунейила, я чу босулебила.

30. Хвезеги гIажал кIудияб лълъикIила.

31. ХвезегIан чIаго тани, хвечIого рухI бахъугеги (НилI хвезегIан чилъи хогеги).

32. Хвел гьикъун бачIунаро, чIоралълъ чи цIеххоларо.

33. Хвелалдего хварав (чIагого хварав).

34. Хвеларев чIухIа, чIваларев вохха.

35. Холевлъи лъарабани, эмен цIцIамухъ вичилаанилан абурабила Мала Нассрудиницца.

36. Хвелилан давлад унарел, тIатинилан жо бикъулареб.

37. ХвечIого чияссул къимат лъаларебила.

38. Хераб гъветI турулеб, тараб хур чIунтулеб.

39. Хераб оцол пурццида ххадуб рахъ гъваридаб букIунебила.

40. Хераб хIамида рохьоб нух малълъизе кколареб.

41. Хераб бацIицца чахъу кIигоцадахъ хъамулебила.

42. ХерабгIан хIама сихIираб.

43. «Херав чи», – ян кIалъаге, мунги вукIине вугевин херав чи.

44. Херав чияссул ххиялал хабалIе цадахъ унел.

45. Херай йигониги, яс лълъикI, ххалатаб бугониги, шагьра лълъикI.

46. Херай чIчIужу ячарав гIолохъанчияссул буголъи, гьевги хун, хералълъе щварабила.

47. Херасс гIолохъанай лълъади ячани, кIиялго разилъичIеб даран кколебила.

48. Херассул – гIакълу, гIолохъанассул – къуват.

49. Херлъи бихьичIого, щивго хогеги,

БихьичIезда лъазе щибжо гьебали.

50. Херлъи – гьойлъи.

51. Херлъигун гьойцца гьатIаналълъубцин хъублъи гьабулеб.

52. Херлъидал бацI гIонкIкIол цIцIобалде кколебила (Херлъидал цIцIумги къоркъол цIцIобалде кколебила).

53. Херлъиларев гьечIев, хвеларев гьечIев (Херлъиларев вохха, хвеларев чIухIа).

54. Херлъиялдасса баракат бугеб жо гьечIебила, тIаде бачIун гурони, тIасса унареб.

55. Херлъиялдасса квешаб жо – живго херлъун вукIин лъангутIи.

56. Херлъун ххадуб хъарчигъа тIанчIацца балъаргъунеб.

57. Херлъунилан бацI кваначIого чIчIолареб.

58. Херлъунилан бацIил цер лIугьинаро, цаби гъунилан ритIучIил багьа хвеларо.

59. Херлъунилан бацIицца бацIил гIамал толареб.

60. Херлъунилан оцолги гIалимчияссулги багьа холареб.

61. Хис-бас – шайтIаналълъул жо (дираб – дие, дураб – дуе).

62. Хоб тIупанагIан, ракI тIупулеб (ракь тIупанагIан, ракIалги тIупулел).

63. Холареб рагIиги букIунареб, рагIал гьечIеб авлахъги букIунареб.

64. Холареб ракI букIунареб, бахъунареб ццин букIунареб.

65. Холарев чи вукIунарев, холареб цIцIар букIунеб.

66. Холев чияссда ццебе нусго соналълъул гIумру чIчIолебила.

67. Хоно гьабизе – мадугьалихъе, кваназе – рокъобе.

68. Хоно – къурщил, къвакъвай – хъазил.

69. Хоно кьабун, гьецIцIо гъурулареб.

70. Хур асскIобегIан лълъикIила, гIагарлъи рикIкIадегIан лълъикIила.

71. Хур бекьичIесс хIанчIиларо, хер бецичIесс чIамиларо.

72. Хур босарав бечелъарав, рукъ босарав мискинлъарав.

73. Хур букIаго, ракъарал, рукъ букIаго, ругьарал.

74. Хур гуккуге, гьелълъ мунго дагьавги цIакъ гуккизе гурин (Дуцца хур цин гуккани, хуралълъ мун анцIцIул гуккулев).

75. Хур гьабулаго, рукъ хварай, рукъ гьабулаго, хур хварай.

76. Хур кIодолъиялдасса гьир кIодолъи лълъикIаб.

77. Хур лълъикIаб бугилан абе, тIорщел царгъинибе бараб меххалълъ, ххан лълъикIав вугилан абе, ункъабго къоно тIад чIвараб меххалълъ.

78. Хур-рукъ бичун аниги, инссул къо-асс бичун унареб.

79. Хур ЦIцIоробе балагьараб лълъикIаб.

- Хур щай бичараб?

- Пурццида кIутIизе гамачI батичIого.

80. Хурги дуццаго бекье, гьабихъеги мунго а.

81. Хурзал ракул цIуни, царгъал богIол цIола.

82. Хурзал чахIиял – чIамчIам дагьал.

83. Хуриб лълъикI жо бижизабизе Аллагьассде тIамун тоге.

84. Хуриб тIепаб, тIоххда ганжаб гьецIцIо тоге.

85. Хурибе ккараб хIамицца кIал кIудияб цIолеб.

86. Хурибе хьон – хьагинибе ххинкI.

87. Хурисса жо бачIинчIолъи чIарал гIайиб кколареб.

88. Хурищ бокьилеб, хурлъун дунищ?

89. Хурул мадугьал вакъарав ккаги, рукъалълъул мадугьал гIорцIцIарав ккаги.

90. Хурул хьон боцIцIийила, боцIцIул хьон рагIийила.

91. Хурул хьоналълъ чехь гIорцIцIаги, чохьол лъималаздасса ракI боххаги.

92. Хурулги рукъзабазулги бутIа бакьулIа босе.

93. Хурулги хьолболги цIцIину лълъикIаб.

94. Хурухъан кинав вугевали ххасалихълъиялълъ бицуна.

bottom of page