top of page

ХІАМИДАГІАН ГІАКЪЛУ ГЬЕЧІЕВ ВАЗИР

Чиги чІван, бид виххун къватӀиве витӀарав Ибрагьим лъарагІлъиялде щванила. Гьев чӏчӏанила, хханассухъа изнуги босун, Азайниб росулӏ. Ибрагьимил букӀанила кӀиго хӀама. Гьел хӀамулгун рохьове ун, цӀул бичун, гӀумру гьабулеб букӀанила гьесс.

Цо къоялълъ, рохьосса вачӀунаго, басрияб кьодассан бахунаго, картӀинибе ккун, ццебессеб боххги бекун, хванила гьессул хӀама. Ххадуб бачӀунеб букӀараб цогидаб хӀамайин абуни, ццебесселълъе ккараб жоялдасса хӀинкъун, щиб гьабуниги гьеб араб кьодассан инчӀила. Гьеб, гъуцӀизарун гӀундулгун, тӀирун чӀчӏанила, цинги гьелълъ батӀияб рахъалдассан нух бахъанила.

Пашманго рокъове вуссарав Ибрагьим, чадил мочӀуции кӀалдибги лъечӀого, годекӀаниве вилълъанила. Гьев, саламги кьун, жиндирго мадугьал Арслангерейида ассков гӀодов чӀчӏанила, танхьил цӀураб кисаги къватӀибе бахъун, хъалиян кьуризе лӏугьанила.

- Ххабар щиб бугеб, Арслангерей? - илан гьикъанила Ибрагьимицца, мадугьалассухъе танхьил цӀураб кисаги бегьулаго.

Ххабар щиб букӀинеб, Ибрагьим, жакъа Таргъухханасс жиндирго вазирассул бетӀер къотӀана. Цинги ссундуе гӀоло къотӀарабали лълъидаго лъалеб гьечӀо. Мун щай пашманго вугев? - ан валагьанила гьев мадугьалассухъ, цӀцӏоросаролӏил хилиялде тамахьоги бан, хъалиянги кьурулаго.

Гьесс, Ибрагьимихъаги босун, жиндирго хъалияналда цӀа лъунила, цинги лълъикӀ жанибеги цӀцӏан, кӏкӀуйдул парча къватӀибе биччанила.

- Жакъа дир талихӀкъана, Арслангерей, - илан, угьун хӀухьелги биччан, абунила Ибрагьимиццаги. - Дир кӀудияб хӀама хвана, боххги бекун. Ххадув, гьессдеххунги вуссун, гьикъанила:

- ЧІварассул бакӀалда щивгӀагихха тарав? - ан.

- КӀудияб дагӀба-къецц букӀана гьелда тӀассан, Ибрагьим. Жив тейилан цояв, живин цогидав. Гьадал бечедал нуцалал - Къарахханилги Эрбулатилги цоцана чІвалеб хӀал букӀана. Къараххан бергьун, хварассул бакӀалда вазирлъун ккун вуго.

- ВахІ, гьединищхха букӀараб? - ан абунила Ибрагьимицца, бетӀерги гьанкӀизабун, ургъулаго. - Дир хӀамидагӀанги ботІрода гӀакълу гьечӀев чи вукӀун вуго гурихха гьев Къараххан, - илан гьиманила Ибрагьим.

Гьеб гара-чІвариялде тӀаде ккарав ГӀусманицца хханассухъе ххабар ккезабунила, дур вазирассда гьадав магӀаруласс жиндир хӀамидагӀанги гӀакълу гьечӀев чи вугин абунилан. Багьана щварав хханасс, гьебсагӀаталда тӀадеги ахӀун, Ибрагьимие гӀакъуба кьунила.

- Тушманассдасса цӀунизе росулӏе виччарав гӀечӀого, гьанже дир вазирзаби какийищ дуе ххутӀун букӀараб, гьойги гьой! Дицца дур бетӀер къотӀила! - ян кӀал гьикъанила гьесс.

- БетӀерчӏахъаяв ххан, дицца дур вазир какичӏо, - янги абун, жиндирго хӀамузул ккараб къисса бицине изну кьеян гьаранила Ибрагьимицца. Хханасс гьессие изну кьунила. Ибрагьимицца лӏугьа-бахъараб бицанила, цинги ххадуб хханассда гьикъанила:

- Бицехха, бетӀерчӀахъаяв ххан, ццебе-ццебе унеб букӏараб жиндирго гьалмагъалълъул къисмат бихьидал, гьеб хӀинкъараб нухдассан инчӀеб дир хӀамидайищхха гӀакълу бугеб, живго гӀадинав вазирассул хханасс бетӀер къотӀараб меххалълъ, гьессул бакӀалде хӀалтӀизе лӏугьарав Къарахханидайищ?

bottom of page