top of page

ГЪАЛБАЦІГИ, БАЦІГИ, ЦЕРГИ

ГъалбацӀилги, БацӀилги, Царалги гъудул-гьалмагълъи, божа-рокьи ккун букӀанила. Гьезул гьеб гьудул-гьалмагълъи гӀемер гъварилъун букӀинчӀила. Жеги лълъикӀго цоцазул хӀал лъалароанила. Цо-цо рохьор-къватӀир данделъараб меххалълъ, хъваш-баш гьабун, гара-чІвари гьабун, ратӀалъулаанила.

Цоцахъ урхъун, гьадин рукӀинчӀого, цадахъ рукӏун лълъикӀ гуродай абураб масъала гьоркьобе рехханила ГъалбацӀицца. СихӀираб Цер дагьаб кӀкІвен-кӏкІвелеб букӀанила. Цидулгун квине лълъикӀаб гуреб гени, ГъалбацІалълъулгун квани, киндай букӀинаян букӀкІ-букӀкӀахъданила. Бацӏил цӀакъ гъира бахъун, ПачахӀассул рагӀи ритӀухъ гьабунила. Чара къосараб Цер тӀад рекъечӀого гӀечӀила, - квеш-лълъикӏ, киналго разилъун, къайицадахълъи гьабунила.

Цо заманалда гьезухъе лълъикӀго чан щванила, дур-дир гьабичӀого, тӀибитӀун кваназе жоги букӀунаанила. Дагьаб чан къанагӀалъанила. Цинги гьезда гьоркьоб щвараб жо бикьулеб къагӀида бакканила.

Гьаб къагӀидаялълъ нилӏ ракъун ххутӀизехъин ругин, жакъа кир речІчӀунги, цӀцӏикІкӀун жо балагьичӀого чара гьечӀилан, ПачахIасс гьезде амру гьабунила. Эххере рортанила, эххеде рортанила, гьезухъе гьеб къоялълъ цо хӀамаги, цо цІцІеги, цо бурутІги щванила. Чан бикьизе ирга Бацӏида букӀанила. Гьелълъ чан гьадин бикьанила: ПачахӀассе хӏама кьунила, жиндиего цӏцІе танила, Царае бурутӏ кьунила. Пачахӏ жиндасса цӀакъ рази батилеб гӀадин, БацІ ГъалбацІалде бадибе балагьанила, ПачахӀассулни гъолда цӀакъ ццим бахъун букӀанила. Цойидассан бараб квачӀалълъ БацӀил бер бахъун рехханила.

Кколеб хӀалалълъ гьаб чан дуцца бикьеян, ГъалбацӀицца Царада амру гьабунила. Гьеб рекъезабизе дида цӀакъ лъалилан, Цер кӀанцӀун тӀаде бахъанила. Царацца чан гьадин бикьанила: радал мачӀикьаго хханассе бурутІ гьечӀого гӀоларила, къадеялдеги пачахlaсce хӀама гьечӀого рес гьечӀила, нилӏедасса кӀудиябги бугелълъул, къуватабги бугелълъул, къассиялдеги цІцІегӀаги гьечӀони бегьиларила...

ЦӀакъ разилъун, ПачахӀасс гьикъанила:

  • Унго гьедигӀан берцинго гьеб бикьизе дуда кин лъараб? - ан.

  • Бихьун-бихьун гурищ жо лъалеб, гьагъале гьагъалълъ малълъана, - ян Царацца БацӀил бер бихьизабунила.

bottom of page