top of page

МАЛА НАССРУДИНИЦЦА ХІАМУЛ РИКЬАРАБ КУЦ

Цо нухалда диванбегассухъе вачӀанила лъабго дагӏбадулав. Гьев лъабассго цадахъ базаралдасса бичун босун буго анцӀила анкьго хӀама. Гьезул цоясс кьун буго тӀолго гӀарцул бащдаб, кӀиабилесс кьун буго толго гӀарцул лъабго бутӀа гьабун цо бутӀа, лъабабилесс кьун буго ичӏго бутӀа гьабун цо бутӀа. Гьанже гьезие къваригӀун буго, жидецца кьураб гӀарцуда рекъон, ричун росарал хӀамул жидедаго гьоркьор рикьизе. Жалго лӏугьун гьезухъа кинго бажарун гьечӀо гьел рикьун. Цинги гьел рачӀун руго диванбегассухъе. Диванбег цӀакъ гӀемер ургъанила битӀараб къагӀидаялълъ гьезда гьоркьор хӀамул рикьизе, гьесухъаги кинго бажаричӀила.

Гьединаб цо жиндихъаго бажарулареб иш тӀаде бачӀараб меххалълъ, кумекалълъе Мала Нассрудин ахӀулеб гӀадат букӀанила гьев диванбегассул. Гьанжессаги, ххадув чиги витӀун, Мала Нассрудин ахӀанила хӀамул рикьизе.

РекӀун жиндирго цо хераб хӀамидагун, гӀемераб мехх балалде Мала Нассрудин тӀаде щванила.

ДагӀбадулазухъ гӀинги тӀамун, Мала Нассрудиницца гьикъанила гьезда:

- Нужее кин рикьизе рокьун ругел гьел хӀамул? - ан.

- Нижее бокьун буго, нижецца кьураб гӀарцуда рекъон, щивассе кколел хӀамул щвезе, цо хӀама кӀибикьизеги бегьиларо, - ян абунила гьез.

Рилълъа гьел хӀамул кир ругелали дида рихьизаре, дица рикьила гьел щивассе чан-чан кколеб батаниги, букӀине кколеб куцалда, - ян абунила Мала Нассрудиницца. Гьенисса рилълъун, хӀамузда асскӀоре щваралго, дагӀбадулазул анцӀила анкьго хӀамида гьоркьобе анцӀила микьго гӀезе жиндирго хераб хӀамаги биччан, хӀамул рикьизе лӏугьанила Мала Нассрудин.

- Ле, Мала Нассрудин, дурго хераб хӀамаги гьоркьобе ккезабун, гьел рикьизе гуро мун ахӀун вугев. Дур хӀама нижее хӀажат гьечӀо, нижее нижералго ругони гӀела, - ян ахІданила дагӀбадулал.

- Нужеда ракӀалде ккоге дун гӀадаллъун вугилан. Дун гӀадаллъун гьечӀо. 

- Нужецца дагьаб меххалълъ ссабру гьабе, дицца нужее кколессе кколелгӀан хӀамулги кьела, аххиралда дирго хӀама диего тела, - ян абунила Мала Нассрудиницца.

Ххадуб гьесс тӀоццевессев дагӀбадулассда гьикъанила: - Кинабго гӀарцул бащдаб дуццайищ кьураб?

- У, дицца кьуна, - ян абунила гьесс.

ХӀамузда гьоркьосса ичӀго хӀама батӀаги гьабун, Мала Нассрудиницца гьессда абунила:

- Гьале гьаб ичӀабго хӀама дур ккола, раче дурго хӀамул.

Ххадуб Мала Нассрудиницца кӀиабилессда гьикъанила:

- ХӀамузухъ кьураб кинабго гӀарцул лъабго бутӀа гьабун, цо бутӀа дуцца гурищ кьураб? - ан.

- У.

- У батани, дуе ккола анлӏго хӀама, баче гьенисса анлӏго хӀамаги, мунги паракъалълъе.

Аххиралда лъабабилев дагӀбадулассда гьикъанила Мала Нассрудиницца:

- Дуцца кинабниги гӀарцул ичӀго бутӀа гьабун цо бута гурищ кьураб? АнцӀила микьгоялдасса гьеб ккола кӀиго. Дуеги ккола кӀиго хӀама. БитӀун гьечӀищ? - ан.

- БитӀун буго.

- БитӀун батани, баче дурго кӀиябго хӀама. Гьанже гьаб ххутӀараб цо хӀама буго дирго хераб хӀама, янги абун гьезие къо-лълъикӀги гьабун, жиндирго хӀамидаги рекӀун, гьевги анила рокъове.

bottom of page