top of page

ДИР САНАЛ ТӏИКЪВАЯЛДА ХЪВАН РУГО

БукIанила, букIинчIила цо Чуги, цо Бацӏги, цо Церги. Гьел лъабазго хIукму гьабуцила цадахъ гьудул-гьалмагълъиялда гIумру гьабизе. Гьединаб къагIидаялда гьел цо лълъикIалан заманалълъ цадахъ рукIанила. Цо заманалдассан тIаде щванила квачараб ххасел. Квине жоялълъул рахъалълъ къварилъи кканила гьезие. Гьебмеххалълъ гьезда гьоркьоб зигара бакканила гьадин ракъуцца хвезе рукIине бегьуларин, цо щибниги ургъизе ккелин. Царацца абунила рачIайин нилӏеда гьоркьосса гIумруялълъул рахъалълъ бищунго гьитIинаб кинаб батаниги, гьеле гьеб квине бугин ххутIаразилан. Гьелда БацIги разилъанила. Царада гьикъанила мун кидайин гьабурабилан. Гьелълъ абунила:

- Дун НухI аварагассул заманалдаго гьабураб буго, - ян.

БацIида гьикъанила мун кида гьабурабилан. Гьелълъги абунила:

- Цер гьабураб меххалълъ, дун кIудияб гIураб, гIолохъанаб бацl букIана, - ян.

Чода гьикъанила мун кида гьабурабилан. Чода бичӏчӏанила, Бацlги Церги рекъон, жиндие хIила ургъулел букIин. Гьелълъ абунила:

- Дида дунго гьабураб заман лъаларо, эбел-инссуццани дир кваранаб боххалълъул тIикъваялда хъван тун буго дун гьабураб сон. Нужеего гьеб лъазе бокьани, гьенире раккизе бегьула, - ян.

БацIицца абунила Царада:

- Билълъа до балагье, Цер, чан сон бугеб нилӏер гьалмагъалълъулали, - ян. Царада гьебсагIат бичӏчӏанила гьелълъул ккезе бегьулеб жо, цинги гьелълъ абунила жиб цIцӏалараб гьечIин, жинда цIцӏализе, хъвазе лъаларин, мунго балагьейилан.

Гьебмеххалълъ, кIанцIун тIаде бахъун, Бацl лӏугьанила Чобул тIикъваялда хъвараб жо щибдай бугоян балагьизе. Лълъикӏ ссанагIаталда Бацl ккараб меххалълъ, лълъикIаб хIалалда борххун, бан биччан танила Чоцца Бацlил ботIролӏ мал. Басрияб хъабахъ гIадин, бихъ-бихъун 6етIергун, гIодоб речlчlун, БацIги хванила, гьеб бихьараб Цараццаги гьеб рахъ-мухъго танила.

bottom of page