﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
СИХӏИРЛЪИ ЛЪЛЪИЕ КЬУРАБ?
Тӏоццебе дунял бижараб меххалълъ, кинабниги рухӏчIагояб жоялълъе бажари бикьулеб букӏанил. Гьеб щванила гIадамассе. Цогидаб рухӏчӏагояб щинаб жоялълъ: хIутl-хъумуралълъ, хIанчIчӏаз, жананараз, ччугIбуз - киназго ахIи-хIур, хъуй багъаризабунила, лълъица щиб абулебги, гьабулебги бугебали лъалеб хIал букӏичIила. Гьединаб рихха-хочиялда, ахIи-хIуралда rьоркьоб ГIанкlуялълъ жиндиего куркьби росанила, боржине гьунар босизе рекIеда 6атичIила, БацIицца жиндиего щулиял боххдул тIасса рищанила, гIакъилаб бетIерни босизе кколеблъи кIочанила.
ХIайваналниги, хIинчI-хъумурниги, ччугIбиниги щиб-кинали рекIеда ратилелде, гIодоб реххун ххутIун букIанила сихIирлъи. Асскlоссан унев вукIарав инсанассда бихьун, гьесс гьеб жиндиего босанила. Царада бихьанила гIадамасс жиндиего цо жо ракьалдасса тIаде босулеб, цинги гьелда гьеб бичӏчIанила щиб жояли, цинги жиб дагьаб кватIун ккараблъиги лъан, Царацца кин бугониги цо махI ссунтIанила сихIирлъиялда, цо дагьабгIаги гьалълъул бутIа диего щун лълъикIилан.
Гьелдасса ххадур гIемерал къоял анила, жанаваралниги, хIанчIчӏиниги, ччугIбиниги жиде-жидер бакIалде руссанила.
Цо къоялда гIурулӏа къватIибе 6етIер баккизабураб Ччугlида рихьанила асскIоб бугеб гъотIода рещтIун хӏанчӏчIи. Гьеб ахIданила хIанчIчӏазде.
- Ле хIанчIчӏи, гъоб сихIирлъи лълъие щвараб? - ан.
Сихӏирлъи гӏадамассе щванилан жаваб кьунила хӏанчӏчӏаз. ЧчугIа щибго абичӏого, дагьабги рикӏкIадегlан лълъедон унеб букIанила, гьелда бихьанила гӏурул рагIалда чIван унеб цо Бацӏ. ХIанчӏчӏазда гьикъарабги кIочон, гьелълъ Бацӏидаги гьикъанила гъоб сихIирлъи лълъие щварабилан.
БацIиццаги абунила гъоб гIадамассе щванилан.
Гьеб лълъикӏ ккун бугин абунила Ччугӏицца, гьанже нилӏер цоцазда ракӏ хвезе бакӏ ххутIун гьечIин.
Гьениб асскIоссан унеб букIараб Царада рагIанила ЧчугIица абулеб жо. «ЛъикIаб жого щиб гьаниб бугеб, - абун кIалъанила Цер, - гьанже гIадамасс я ракъдада ниж, я лълъадалӏ нуж рахIаталда тезе гьечIо.
БацIги Ччугӏаги Царацца бицараб жоялда гIажаиблъи гьабун, гьакIкIан кIалгун, ралагьун ххутIанила, цинги гьениве тIаде вачIарав гIадамасс гьел кIиялго ккунила. Гьеб бихьараб Цараццаги, хьвагIун ххалатаб рачIчӏгун, гьеб рахъго танила.