top of page

Ж $

  1.  ЖавабалълъулI ххеххлъарав битIаралълъулI тIекълъула, лъай гьечIевгун ургъани, ургъелал гIемерлъула.

  2.  Жавгьар кисинибги тун, капек балагьулареб.

  3.  Жавгьар рощногохIдаги гвангъун бихьулеб.

  4.  Жаги – дирго, кIалги – дирго, гIаданлъиги – дирго!

  5.  Жагьандаманалълъуб бихьинхIама кIиго шагьиде букIунебила.

Кици буго, доба рикIкIада къайи учуз букIунеб рагIула, гъоба кибалиго къваригIанщинаб жо чIобого гIадин щолеб рагIулаян, букIунареб, щолареб жоялълъулги бицун, чияр бакI беццулев чи маххссароде ккун абулеб.

Кициялълъул магIна буго: «Гьедин батани, гьениб хIамаги кIиго шагьиде щолеб батилахха», – ян абураб.

 

  1.  Жагьилассул тIагIаталдасса гIалимчияссул макьу ххирияб.

  2.  Жагьиллъиялдасса кIудияб мискинлъи гьечIеб.

  3.  Жагьилчи – беццав чи.

  4.  Жагьилчиясс лъай малълъун, гIалимчи вахъунарев.

  5.  Жадул лIар гьекъезегIан, цIадул лIар гьекъей лълъикIаб.

  6.  Жакъа букарараб бакI метер хъассуге.

  7. Жакъа гурони лъачIин, жиндасса жиндир цIцIар кIудияб букIун бугилан абурабила ХIажимурадицца.

ЗахIматаб ххалатаб нухги нахъа тун унев ХIажимурадилги гьессул муридазулги чуял ссваканила. РещтIине ссанагIатаб бакIги балагьун, гьез чуяздасса кьалал рахъанила, буртабиги ххарда тIамун, жалгоги реганила. Цадахъ босун букIараб квен-тIеххги тIагIун, ракъун-къечон ругел гьезул хIукму кканила, гIиял къавудеги ун, гIухьбузда квен гьаризе. Гьалмагъзаби жиндассаги ссвакарал гIадин рихьарав ХIажимурад живго анила гIухьбухъе. Салам-каламалдасса ххадуб гьесс бицанила жив щивали, цинги гьаранила хъвезе цо куй кьеян. Киданиги ХIажимурад жидеда вихьичIел гIухьби гьев хIурул цIураб партал ретIарав, къечалълъ кIутIби чIучIарав гьоболассухъ щаклъигун ралагьанила. ЦIцIар рагIарав бахIарчи гьев ватиялда божичIел гIухьбузда кканила, ХIажимурадил машгьурлъиялдассан пайдаги босун, жал маххссараде кквезе вачIарав чи ватилин гьеван. Росун тIилалгун, тIаделъанила гьессде гIухьби.

ХьвагIун квералгун тIад вуссарав ХIажимурадицца ккараб жо бицанила гьалмагъзабазда. Цинги вахъун гIухьбузухъе анила цо мурид. Гьесс абунила жив ХIажимурадицца витIарав чапар вугин, мурадги бугин ракъарал муридзабазе хъвезе куй бачин. ГIухьби гьессда божанила ва муридассда ццебе хъунила битIахъе хIамагIанаб куй.

КъваригIелги тIубан, тIад вуссарав муридассда ХIажимурадицца абун буго: «Жакъа гурони лъачIо, дидасса дир цIцIар кIудияб букIун буго».

 

  1.  Жакъа гьабизе бегьулеб хIалтIи метералде тоге.

  2.  Жакъа гьабизессеб метералде тIамуге.

  3.  Жакъа гьабичIеб метералде батулареб.

  4.  Жакъа дуе шагьи кьурасс метер духъа гъурущ батIа гьабулеб.

  5.  Жакъа дур цIцIар балъго абизе кIоларесс метер тIатун абулеб.

  6.  Жакъа кваназе кколеб метералде тейила, метер гьабизе кколеб жакъаго гьабейила.

  7.  Жакъа мун тIад велъарав метер дудаго тIад велъизе гурин.

  8.  Жакъа – цIцIалдохъан, метер – малълъухъан.

  9.  Жакъа хвелел гIадин, аххиратги гьабейила, кидаго хвеларел гIадин, дуниялги гьабейила.

  10.  Жакъа херав чи вукІин дир гІайиб батанани, воре, заман аниги, нужго херлъизе чІчIоге.

  11.  Жакъа хоно бикъарасс метер гIанкIуги бикъулеб, метер гIанкIу бикъарасс ссезе оцги бикъулеб.

  12.  Жакъа хоно метер гIанкIуялдасса лълъикI.

  13. Жакъа щвараб жакъа кунев, метер щвараб метер кунев.

  14.  Жакъа шагьи бикъун, метер гъурущ бикъунила цIцIогьор вахъунев.

  15.  Жакъассеб какани, метериссеб бачІинчІого букІине бегьула.

  16.  Жакъаялълъул жакъа бице, метералълъул метер бицине те.

  17.  Жакъаялълъул рикъзи жакъа кьолеб Аллагьасс, метералълъул рикъзи метер кьолеб.

  18.  Жал бурияб бацI лIугьинчIев, лIар ххечаб оц лIугьинчIев.

  19.  Жалацца кквечев рачIчIалълъ кколаро.

  20.  Жалго гьоболассе гьабигIан квешал – гьоболлъухъ гурони, сордо баларел.

  21.  Жалго гIезегIан лъималазе бищунго херал чагIи рокьулел, кIудиял гIейгун бищунго херал чагIи рихунел.

  22.  Жаниб тани – турулел, течIого бицани – ссурулел.

  23.  Жанибе пударичIо, къватIибе бадаричIо, дицца лъимал кин хьихьилел?

Абиялълъ бицунеб буго тIабигIаталълъул. Ххасел чIчIовулI пуй-чIваялги рахъинчIони, аххиралда гIазабиги рачIони, хурги цIун бачIунареб меххалълъ, жинцца лъимал киндай хьихьилаян зигардулей йиго бессдалазул ургъел чIварай эбел.

 

  1.  ЖанибтIагъур гьечIеб тIадтIагъур гIадав, жаниб гъвар-гъвар гьечIеб царгъил тIи гIадав.

  2.  Жаниве вачIунелълъул – нилIерав, къватIиве унелълъул – чиярав.

  3.  Жанир рукIун – рукъ чIунтарал, рокъор рукIун – хур чIунтарал.

  4.  Жанир херлъаги, хвезе кватIаги.

  5.  Жанисса гьодорав – гьаракь кIудияв.

  6.  Жаниссан бан билълъунареб оц къватIиссан банги билълъунареб.

  7.  Жаниссан хIал хъубав гьалмагъ гьуссун тIамураб гьоялдассаги квешавила.

  8.  ЖахIда бугев чияссдасса ццидалаб цигицин лълъикIила.

  9.  ЖахIда лъабго жоялълъе букIине бегьула: Аллагьассе лагълъи гьабиялълъулI, ссадакъа кьеялълъулI, чияссе гIакълу кьеялълъулI.

  10.  ЖахІда рекІел загьруйила.

  11.  ЖахIдачияссе кидаго рахIат букIунареб.

  12.  Жиб жакъа гурони аниб букIинчIилан абурабила хIамицца; жакъа гурони жибги тIаде ккечIилан абурабила бацIицца.

  13.  Жибго гъагъадунила гъадицца бусен тIатинабулеб.

  14.  Жибго гьитIин – гьунар кIодо.

  15.  Жибго гьитIинаб бугониги, цIцIунцIцIраялълъ ракь гьобогьуна.

  16.  Жибго хIама бугониги, тIенкел чол гIадинаб бихьула.

  17.  Жиб-жиб рагIиялълъул цIцIайи букIунеб.

  18.  Жиб-жиб росулI гьобол лълъикIав, жиб-жиб магъилI хур лълъикIаб.

  19.  Жибго-жибго бекеризе биччани, бекерун къолеб чуги батулареб; живго бицине виччани, гIайиб бугев чиги ватуларев.

  20. Жив анивги лъалев ватанилан абурабила ичичIалиссесс.

  21. Жив, учузаб жо босизегIан, бечедав чи гурилан абулебила жугьтIицца.

  22.  Живго веццулев – ахIмакъ, лъимал реццулев – гIабдал.

  23.  Живго веццулев – цоцIцIул гIабдал, лъимал реццулев – кIицIцIул гIабдал.

  24.  Живго вокьизавулевги – живго, живго рихинавулевги – живго.

  25.  Живго – гьанив, ракI – магIарда.

  26.  Живго гъанкъизе гъветIги берцинаб бищулебила.

  27. Жиндирго гурони ургъел гьабуларев вацц – вацц кколаро.

  28.  Живго гьитIин – гIамал кIодо.

  29.  Живго гьоболлъухъ ккечIессда гьоболассул къимат лъалареб.

  30.  Живго гIакъиллъун вихьи гIакъилассул иш гуро.

  31.  Живго гIодов ккарав гIодуларев.

  32.  Живго – гIодов, ххиялал – зодор.

  33.  Живго гІодовегІан гьавурав гІадамаз кІодо гьавула.

  34.  Живго гIорцIцIарассда цогидалги гIорцIцIун ругилан кколелила.

  35.  Живго жиндаго вихьуларессе вихьизавизе чи къваригIунев.

  36.  Живго жиндаго гIадин, чи лъаларевила.

  37.  Живго жиндаго рихарав чияеги вокьуларев.

  38.  Живго жиндассаго нечоларев чияссул пайда гьечIебила.

  39.  Живго жиндиего гIейги гIабдалассул иш буго.

  40.  Живго жиндиего гIурав гIадамазе басралъула.

  41.  Живго камилав гьечIесс чи камил гьавиларо, беццав чиясс нух малълъун, нухда витIун ккеларо.

  42.  Живго квешасс чи какула, чехь квешасс квен какула.

  43.  Живго кIодо гьавулевги – живго, живго инжит гьавулевги – живго.

  44.  Живго нацIцIицца хварав, боцIцIи чияцца кварав.

  45.  Живго ричIулеб кIул кIалила.

  46.  Живго хвелалде лъималазухъе боцIцIи кьурассда оцол лIар  чохьолI къагийила.

Цо чиясс живго хвелалдего жиндир бугеб бечелъи-боцIцIи, лъималазда гьоркьоб бикьун, кколессе кколеб жо кодобе кьун букIун буго. Инссудассан щолеб жоялде жидер тIокIаб хьул гьечIел лъималаз гьев цIакъ язихъго тун вуго.

Чара хварав эмен ургъун вуго гьадинаб хIилаялде. Гьесс балагьун буго кIудияб оцол лIар. Лъун буго щулияб гъанссиниб. Цинги, цо-цоккун лъабавго васги ахIун, щивассда балъго абун буго: «Дие мун киназдассаго вокьула. Дир гьаб гъанссиниб буго ххасс гьабун дуе кьезе цIунараб ххазина. Дун хвараб меххалълъ гьеб, лълъидаго лъазе течIого, дуего босе».

Гьелдасса нахъе лъималазда гьоркьоб гьессул хIурмат цIцIикIкIун буго ва, цоцалълъ къаццандун, цIакъго лълъикI хьихьун вуго.

Хун вуго эмен, рортун руго васал «балъгояб ххазина» босизе. Оцол лIаралда тIад инссуцца хъван ратун руго кицилъун ххутIарал гьал хъачIал рагIаби.

 

  1.  Живго хIалихьатасс чу какулеб, чу хIалихьатасс бо какулеб.

  2.  Живго – хIуртIа, гIамал кIодолъи – зодоб.

  3.  Живго цохIо сапаралде унессул берал мугъалда нахъаги рукIине ккола.

  4.  Живго чадил багьаяв гьечIев – рагIи чодул багьаяв.

  5.  Живго чорокасс чи вацIцIад гьавуларев.

  6.  Живго эмен лIугьинчIого, инссул къимат лъалареб.

  7.  Жигар бахъарассе жо камулареб.

  8.  Жигар – гIолохъанлъиялда, гIакълу – санада.

  9.  Жеги раса-цIцIалкIу – магIида.

Гьаб кициялълъул магIна буго, цIияй нусалълъул хIал гьелълъ раса-цIцIалкIу хIалтIизабураб меххалълъ лъалин, жеги къо радалго бугилан абураб.

 

  1.  Жидедаго гIайиб ккедал, лъимал гIодуларел.

  2.  Жийго еццун, гIорцIцIуларей, гIадамал какун, чIалгIунарей.

  3.  Жийго нуслъун йикIаго, якьад рихарай; жийго якьадлъун йикIаго, нус рихарай.

  4.  Жинда бугеб рухI бихьунила хIанчIчIидасса би баккулеб.

  5.  Жинда гIемерал бакънал рачине лъалаанилан абурабила къоркъоцца, кIалдибе лълъим бачIун, квалквал кколаребани.

  6.  Жинда жаниб бугеб черхх чухъида лълъикI лъала.

  7.  Жинда кинабго лъалилан щибниги лъаларев ахIдолевила.

  8.  Жинда рекъараб гIетI тIинкIичIони, богIол мугь тIирщулареб.

  9.  Жиндаго бугеб нацIцI бихьуларев, чияда бугеб тIигьа гIадлъарав.

  10.  Жиндаго маххщел гьечIеблъи лъаларев «устарги» хваги, жиндаго гIакълу гьечIеблъи лъалерев «гIакъилги» хваги.

  11.  Жиндагоги лъаларев, лъалареблъиги лъаларев – кIирекIарав жагьилчи.

  12.  Жиндагоги лъалев, лъалесс малълъарабги босулев – гIакъил; жиндагоги лъаларев, лъалесс малълъарабги босулев – цIцIодор; жиндагоги лъаларев, лъалесс малълъарабги босуларев – гIабдал.

  13.  Жиндагоги лъаларев, лъалез малълъарабги босуларев.

  14.  Жиндассаго тIутIал рачахъуларесс чиядасса гьаби рачахъиларо.

  15.  Жиндего ккараб меххалълъ – чулъун, чияде ккараб меххалълъ – хIамалъун.

  16.  Жиндие бокьулареб жо чияе гьабуларев чи – гьеле бищунго лълъикIав чи.

  17.  Жиндиего гьабураб лълъикIлъи лъаларессда гьеб лъазабуни, лъабго бессдал лъималазе гурде гьабурабгIан кири букIунебила.

  18.  Жиндие гьабураб хIурмат лъалареб жо – хIамайила.

  19.  Жиндие как баян – Аллагь, рузманалде унгеян – илбис.

  20.  Жиндие квешлъи гьабурав гьойдацин кIочонарев.

  21.  Жиндиего бокьараб жоялълъе нух дибирасс бокьаралълъусса балагьулеб

  22.  Жиндиего – гьакинух, цогидазе – гIонкIкIонух.

Цо мискинчияссулги росдал дибирассулги хурзал цоцада асскIор рукIанила. Цо къоялълъ хуриве арав дибирассда мискинчи вихьанила гIанххрида ганчIал речIчIулев. «Щай, гьудул, дуцца Аллагьасс бижараб рухIчIаголъи чIвалеб?» – ан мискинчияссде гIайибал гьаризе лIугьанила дибир. «ЧIвачIого кин гьаб телеб, хур кванан лIугIизабулеб буго», – ян мискинчияссги абунила.

ГIемер заман иналдего, гIанххвара мискинчияссул хуриссан дибирассул хурибеххун бекерун анила. Гьеб бихьарав дибирасс: «Гьаб малгIун кибе!» – янги абун, речIчIараб ганчицца чIван рехханила гIанххвара.

- Уябги букIун буго, – ян абунила мискинчиясс, – «Жиндиего – гьакинух, цогидазе – гIонкIкIонух», – ан абураб кици.

 

  1.  Жиндиего гьечIеб гIакълу чияе кьолев «гIакъил» – жиндиего гIадлу гьабуларев хIаким.

  2.  Жиндиего гьоцIцIо гьабулеб тIалил на – гьабураб чIчIикIулеб кьужна.

  3.  Жиндиего жо къваригIараб меххалълъ – гьа-гьа-гьа! Нахъе кьезе ккараб меххалълъ – гьи-гьи-гьи!

  4. Жиндиего муч гурев, чияе хьутI гурев.

  5.  Жиндиего чед гурев, чидае гурга гурев.

  6.  Жиндиего чед гьабуларесс чияе гурга гьабуларо.

  7.  Жинди-жиндир цо-цо пиша букIунебила.

Къверкъги гIанкъраги цадахъ гIумру гьабулел рукIанила. Цо нухалълъ гьазул хIукму кканила, гIорги бахун, дореххун ине.

- Мунни лълъедон инин, дицца щиб гьабилеб? – ан ургъел чIванила гIанкъраялда.

- Расги ургъел чIваге, дицца баччила мун, - ан абунила къоркъоцца.

ГIорбакьулIе щвейгун, гIанкъраялълъ къоркъода ххеч къазабунила.

Дуцца гьабулеб жо щиб?! – ан гьаракь борчIанила къоркъол.

- Гьаб бугохха дир пиша! – ян абунила гIанкъраялълъ.

- Дир пиша гьабги буго! – янги абун, къверкъ гIурул тIинде анила.

 

  1.  ЖиндилI бахIарчилъи гьечIев рагъде унарев.

  2.  Жиндир гIакълуялда рекъонила чи витIарав вукIунев (Дур гIакълуялда рекъон мун витIарав).

  3.  Жиндир заманалда гьабичIеб жо – кидаго гьабичIеб жо.

  4.  Жиндир заманалда бубудичIогойила баси гIорода бараб.

  5.  Жиндир заманалда носоцца къотIичIеб нахъа гIощтIоцца къотIизе кколеб.

  6.  Жиндирабго баххчун, чияраб гьурщун.

  7.  Жиндирго гъалатIазе мукIурлъиги – кIудияб бахIарчилъи.

  8.  Жиндирго рукIниб гIанкIкIги – бахIарчи, рукъалълъул кIалтIа хIелекоги – бахIарчи.

  9.  Жиндир рукъалълъе квешав чияе лълъикIлъуларо.

  10.  Жиндирабго ккун чIчIарав гIадамаз рикIкIунаро.

  11.  Жиндирабго чехьалълъ кварав, чияраб бералълъ кварав.

  12.  Жиндирго бадибе унеб чIалу бихьуларев, чияр бадибе унеб рас бихьулев.

  13.  Жиндирго бетIералълъул гIакълу – жиндирго рукъалълъул ххан.

  14.  Жиндирго боцIцIиялълъул хIал бетIергьанчияссда лълъикI лъала.

  15.  Жиндирго гъванща бихьаниги, жиндирго гIамал бихьуларебила.

  16. Жиндирго гIагIа жинццагойила бацIцIине кколеб.

  17.  Жиндирго гIакълуялда божун хьвадарав нахъа пашманлъула.

  18.  Жиндирго гIамал бугев чияда божуларев.

  19.  Жиндирго гIамал – месед, чияр гIамал – карпит.

  20.  Жиндирго захIматалдалъун щвараб шагьи чияр захIматалдалъун щвараб гъурщидасса кIудияб.

ВукIанила эбел-инссул рахIмат кванан ругьунав, жойил къимат гьечIев цо вас. Инссуе бокьун буго вас захIматалде ругьун гьавизе.

Инссуцца васассда лъазабун буго, мунго хIалтIун балагьичIони, жинцца дуе я квен, я ретIел кьеларилан. Эбелалълъени бокьун гьечIо гьев хIалтIизе. Гьелълъ вас къватIиве витIун вуго, кваназе квенги кьун, кодобе гIарацги кьун. Бакъанида гьеб гIарац, «хIалтIун щвараб бугилан», инссухъе кьеянги малълъун буго.

ВачIун вуго вас рокъове.

- Кив вукIарав?

- ХIалтIулев вукIана. Гьаб гIарацги щванахха, дада.

- Мун хIалтIун щвараб гIарацалде ккарав чи гуро дун. Диени мун хIалтIизе бокьун буго, – янги абун, инссуцца гьеб гIарац цIадабе реххун буго. Реххани реххун букIаян, васассги щибго жо абун гьечIо.

Гьединал хIилабаз “эмен гуккулаго”, ун буго цо анкь. Цинги эбелалълъ васассда абун буго:

- НилIер къойилго цIадабе базе гIарацги гьечIо, дир вас, хIалтIизегIаги хIалтIе мун.

ХIалтIун вуго вас. ХIалтIун щвараб дагьа-макъабго гIарацги инссухъе кьун буго. Инссуцца гьебги цIадабе реххулеб букIун буго. Цо къоялълъ вас инссул квералда ххурххун вуго. Жинда хIалхьезегIан гIакъубаги бихьун щвараб гIарац цIадабе щай реххулебан чIчIун вуго.

Инссуцца абун буго:

- Гьедин, гIакъубаги бихьунхха, дир вас, диеги гIарац щолеб!

 

  1.  Жиндирго къвачIа баччуларесс чияр гьир баччулареб.

  2.  Жиндирго лъимал берцин рихьанищ – хвана хIалтIи!

  3.  Жиндирго малъаз гIадин, мугъ хъассуларо.

  4.  Жиндирго рагIи ккун чIчIарав гIадамаз рикIкIунаро.

  5.  Жиндирго ракь – чохьол эбел, чияр ракь – бессдал эбел.

  6.  Жиндирго рокъоб къадазги кумек гьабулеб.

  7.  Жиндирго рокъобе гирулеб гьецIо тIадагьабила.

  8.  Жиндирго рокъов – гIуцIцIарухъан, чияр рокъов – чумартухъан.

  9.  Жиндирго рокъов кинавго чи – ххан.

  10.  Жиндирго черххалълъе гIакълу гьечIев «гIакъилассдассаги» цIунаги, жиндирго рукъалълъе гIадлу гьечIев «гIадилассдассаги» цIунаги.

  11.  Жиндирго чорххолI гьечIеб чиясс босулареб.

  12. Жиндиргояб баххчун, чияраб гьурщун.

  13.  Жини гIадин, хъалалъанги вукIунге, лIини гIадин, гьаналIанги вукIунге.

  14.  Жинццаго бицунеб – кинабго цIакъаб, чияцца бицунеб – кинабго квешаб.

  15.  Жинццаго бухъаралълъуве живго кколевила.

Хханассул вукIаравила кIиго вас. Эбел-инссуе цIакъ вокьулев вукIаравила гьитIинав вас. КIудияв дагьав нахъе-ццеве цулев вукIаравила.

Гьеб квеш букIарав кIудияв вацц ургъаравила, щиб гьабунидай эбел-инссуда гьитIинав вас рихинавизе кIвелаян. Цо къоялълъ вилълъаравила гьев инссуда асскIове, гьабурабила мацIцI: Дур гьитIинав васасс мун какулила, эмен. Дур кIалдиссан рокьукъаб махI чIвалилан гаргадулев вугила гьев. Инссуда асскIовегIан къазе, гьумер буссинабизе бегьуларилан гаргадулев вугила гьев бахьикъос. Жиндани, цIакъ берцинаб гурони, кинаб бугониги махI дудассан чIвачIила.

- ЛълъикI буго, дир вас, баркала! Метер гьабила дицца гьессулгун гара-чIвари. Мун ине бегьила, – ян абунила инссуцца.

Инссухъе ахIилалде кIудияв ваццасс гьитIинассда гIезIегIанго ражи хIалаб квен кваназабунила.

АхIанила инссуцца гьитIинав вас жиндихъего. Вугила эмен, понцIораб рахълъен гIадин, бахъун ццингун, таххбакIида гIодов чIчIун. Берал ругила цIадул цIун. «Гьанив дида ццеве чIчIа! – ян буюранила инссуцца. Гъоркьгоги ццин бахъун вугев эмен, жиндассан ражидул махI чIвани, дагьавги ццидаххинилан, вас нахъе-нахъе къалев вукIанила. Хханасс пикру гьабунила, валлагьин, кIудияв васасс бицараб жо битIараб батилин, гуревани гьав жинда асскIовегIан къаларого вукIинароанилан. Цинги гьев, щакъи-къаламги кодобе босун, хъвадаризе лIугьанила.

- Ма, гьаб кагъатги босун, мун вазирассухъе а! – ян буюранила хханасс.

Гьеб кагътида хъван букIарабила: «Гьаб кагъат босун вачIарав чи, щив гьев вугониги, чIвай!» – ян.

Инссул тIадкъай тIубазе унев гьитIинав ваццассда, гьойда данде гIанкIкI гIадин, данде ккаравила кIудияв вацц. ЦIеххарабила киве унев вугевилан. Бицарабила гьитIинассги инссуцца вазирассухъе кагъат босун витIун унев вугилан. Инссуда живго берцин вихьизелъун, жинцца ххеххго тIубалин гьеб къваригIелилан, гьитIинав ваццассухъа бахъараб кагъатги босун, кIудияв вас вазирассухъе анила. Гьениве щун сагIаталдассан вазирасс гьессул бетIерги къотIарабила.

«Ургъун гьагIде», – ян жиндирго хIамида малълъарав игьалиссессдагIан гIакълу гьечIев хханассда нахъа лъарабила кинабго. Бухъаралълъуве бухъарав кколевлъи, горбода гIащтIи лъураб меххалълъ, бичIчIарабила хханассул васассдаги.

 

  1.  Жинццаго веццарав чияцца какула.

  2.  Жинццаго гьабураб жоялълъул дибирассе хIакъ букIунареб.

  3. Жинццаго квани, чехь унтулев, чияцца квани, мугъ унтулев.

  4.  Жинццаго квен кунев, кванцца живго кунев.

  5.  Жинццаго цIуничIеб къадру чияца цIунулареб.

  6.  Жинццагоги гьабулев, жиндиеги гьабулев.

  7.  Жинццагоги кунареб, кунелълъеги биччалареб.

  8.  Жинцца-жинцца жиндирго гIагIа бацIцIунила рацIцIалъи лIугьунеб.

Мунагьал чураяв дир инссуда рагIун буго пуланав вехьассул цIакъ рацIцIа-ракъалъи цIунараб къайи-ссвери бугилан. Гьесс пикру гьабун буго: кинила гьеб вехьассул къайи-ссвериялда рацIцIалъи букIунеб? РацIцIалъи букIине бегьилила хъулухъчияссул рокъоб.

Кин букIаниги, вехьассул лъималги цIцIалдокIанир цIцIалулел рукIун, багьанаги щун, эмен, цIцIалдокIаналълъул бетIер, гьезул бакIалде ун вуго. Рукъалълъул бетIергьан ватун вуго, гъансситода ццеве гIодовги чIчIун, эргъахъ (вехьасул тIил) къачIалев. Салам-каламалдасса, ххабар-кIалалдасса ххадуб, кигIан нечаниги, инссуцца гьессда бицун буго жив гьезухъе вачIиналълъул асслияб мурадги. Гьесс нуцIцIида нахъасса цIцIилицIцIги босанила, гъансситода гъоркьа рохъобахъги босанила, лълъухьа-кIучун къачIараб тIилалълъул ххведерги гъасситоде жанибе банила. Цинги, инссуда асскIов тамахбакIалда гIодовги чIчIун, гьесс абун буго: нижер анибила, Зайирбег, гьитIиназги кIудиязги – жинцца-жинцца жиндирго гIагIа бацIцIунила, гьединлъидал батилилахха нижер къавулI рацIцIалъиги букIунеб.

 

  1.  Жинццайин урбаялда гьоцIцIо рагIизабурабан абурабила  хьодоцца.

  2.  Жого гьечIого букарулебани, огъохъат букарилароан.

  3. Жого гьечIого, нухде моххмохх реххиларилан абурабила царацца.

  4. Жого гьечIого, жо букIунаро.

  5. Жого гьечIого, ссанде рахъу щваларо.

  6. Жонсокъ камураб къайи букIунареб, чакъал камураб рохь букIунареб.

  7. ЖужахIалълъувги цадахъ вукIине вокьиларев.

  8. ЖужахІалълъул цІеццаги бухІулареб жойила яхІ.

bottom of page