top of page

Церги бакьучги

Церги Бакьучги рукӏанила кӏудиял гьалмагъзаби. Гьел цо сордоялълъ чанаре анила, цинги гьезухъе щванила цо моххмохх. Гьез хӏукму гьабунила гьеб бищун ракъараб заманалде нахъе тезе. Гьедин гьебги нахъе тун рукӏаго, цо заманалдассан Царацца абунила:

  • Рачӏа гьадаб моххмохх бищун цӏакъаб макьу бихьаразе кьезе, - ян.

Бакьучги разилъанила. Реганила кьижизе. Бакьуч, бачӏинахъего бегун, кьижун биччан танила. Гьеб кьижарабго, бахъун Царацца гьеб моххмохх кванила. Бакъараб Бакьучида гӏемер меххалълъ кьижизе кӏвечӏила. Гьелълъ, тункун Церги бахъине гьабун, абунила:

  • Гьа, бице дуда бихьараб макьу, - ян.

Царацца абунила:

  • Цин дуцца бице, - ян.

  • Дида хханассул васассе чӏчӏужу ячунеб бертин бихьана, гьаниб гӏемер кепалда гьекъолел, кваналел рукӏана, кьолеб батӏи-батӏияб кунеб жоги букӏана, - ян бицанила Бакьучицца.

Царацца абунила:

  • Гьеле гьедин, берталълъ мун букӏинги лъан, дицца, мун кьижараб меххалълъ, моххмохх кванахха, - ян.

Мискин Бакьучицца гьелде данде абунила, бихъагийин дур чехь, дуцца макьил бицараб меххалълъго, жиб щаклъун букӏанин, цощинаб хӏила гьабизехъинцин батичӏонихха гьаб болъониццаян. Макьилӏ квараб квеналдалъун Бакьучил чехь гӏорцӏцӏичӏила, гьеб гъарин, бакъуцца хвезе дагьаб ххутӏанила.

Ххадубги Бакьучицца Царада абунила, гьалмагъзабазда гьоркьоб гуребги, жиндирго эбел-инссуда гьоркьобцин Царацца хӏила гьабулилан рагӏун букӏанин, гьанже дир гьелда ракӏчӏчӏанила. Жакъа къоялдасса нахъе тӏокӏаб дуда дун бихьизе гьечӏила, дида мун бихьулареб гӏадин, тӏокӏаб нилӏеда гьоркьоб гьудуллъиги гьечӏила. Дургун гьудуллъиги гьабизегӏан, гьойдулгун гьудуллъи гьаби гӏезегӏан лълъикӏилан.

Гьанже Цер гӏодизе, ахӏдезе лӏугьанила, мун гӏадинаб лълъикӏаб гьудулги батӏалъун, жинда дунялалда букӏине кӏоларилан. Гьелдасса ххадуб гьелълъ, гьедун, рагӏи кьунила жакъа къоялдасса нахъе жинцца Бакьуч бакъун теларин, жибго бакъун букӏанигийилан, щайгурелълъул, гьеб цадахъ гьечӏого, жиндиего гӏураб квен батизе гьелда кӏолеб букӏинчӏого.

Гӏабдал Бакьучги гьелълъул рагӏуда божанила, гьанжеги гьалълъулгун гьудуллъиялда чӏчӏанила.

Гьелдасса ххадуб анлӏго-анкьго къоялълъ нахъасса къотӏичӏого квине жо балагьулелги рукӏун, гьезда цо гьанал кесек батанила. Кутакалда ссвакарал гьел цо нохъода кьижанила. Макьилӏ Бакьуч цо рахӏат хун лӏугьанила. Гьеб, бигьун бергун, балагьанила, бугилахха Цер, гьеб гьанал кесекги кун, гӏорцӏцӏичӏеб меххалълъ, босун Бакьучил чохьода каратӏги бахъун, гьелълъул бакьал харцӏунеб. Кӏанцӏун тӏаде бахъанила Бакьуч. “Дуцца гьабулеб жо щиб? – ан ахӏданила, - гьанжелъагӏан дуцца гьабураб жо гьадингояб жо букӏана, гьанже дие гьабураб жоялде данде ккун, дицца мун, кибе кӏанцӏаниги, тезе гьечӏо!”

Ццебе Цер тӏуранила, ххадуб Бакьуч бортанила, гьедин унел гьел цо кьурул рагӏалде щванила. Царацца рачӏчӏ ццебеххун хьвагӏанила, рачӏчӏалда ххадуб хапулаго, Бакьуч кьурулӏа гъоркье реххун анила, гӏодобги речӏчӏун, бетӏер беканила. Тӏасса гъоркьеги балагьун, Царацца абунила: “Гьанже балагьилин”, - илан. Гьединги абун, Цер, ахӏулаго кечӏгун, анила.

bottom of page