top of page

Катил тавбу

Цо заманалда Кету чӏчӏун буго, гьанжелъагӏан гьабуралдаги рекӏекълъун, тавбуги гьабун, хӏежалде ина абун, ццебе басандулеб букӏаниги гӏонкӏкӏохъги балагьуларого. Гӏункӏкӏазул ххан бихьизе бокьун бугилан кӏалъан буго Кету. Гӏункӏкӏаз гьеб иш хханассда бицун буго. Хханасс хӏалбихьиялълъе кӏиго гӏункӏкӏ ццебе битӏун буго. Ццебе чахьикьан хьваданиги Катицца гьезие расги гьабун гьечӏо. Гьанже тӏаде жибго хханги ун буго. Катицца абун буго:

  • Дун хӏежалде ине буго, эбел-эмен, васал, лъимал чӏварал ратила, тӏассалӏугьинаризе гӏункӏкӏал данде ракӏаризе ккун руго, - ян.

Гӏункӏкӏал ракӏарун руго. Картӏинисса баккун, цо Гӏонкӏкӏоцца абун буго:

  • Михъал добго катил руго, божуларо дун, - ан. Гьебги абун, Гӏункӏкӏ нахъе тӏерхьун ун буго.

Катицца, тӏадги речӏчӏун, ххутӏарал гӏункӏкӏалги гъурун руго.

bottom of page