﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
БАРХЪАЛИССЕЛГИ МАЛА НАССРУДИНГИ
Ххасел бакьулӏ цӀулги тӀагӀун, Мала Нассрудин анила, хӀамаги бачун, рохьове. Цо кӀудияб гъотӀодеги вахун, живго тӀад чӀчӏараб гӀаркьел къотӀизе лӏугьанила гьев. Гьениб асскӀоссан нухги букӀанила.
Чуязда, гӀурцІмазда лъун щагӀил батӀи-батӀияб цІарагІгун, гьеб бичизе базаралде рачӀунел бархъалиссел щванила гьенире. Живго тӀад чӀчӏун вугеб гӀаркьел къотӀулев Мала Нассрудин вихьараб меххалълъ, гьез абунила:
- Гӏадаллъунищ, вацц, мун вугев, гьеб гӀаркьел дуцца къотӀани, гьебгун цадахъ мунги гӀодове вортула гури? - ян.
- Гьеб нужер иш гуро, нуж нужерго нух ккун а, дир милат дицца гьабила, - ян абунила Мала Нассрудиницца, живгоги тӀад вугеб гӀаркьел къотӀизе лӏугьанила. Мехх балелдего, гӀаркьелгун цадахъ Мала Нассрудинги анила вортун.
ВахІ, гьанисса гӀодове дун вортизе вукӀин лъалел чагӀазда кида дун холевалиги лъазе ккола. Гьеб цӀеххон лълъикӀ дицца гъоздаянги абун, Мала Нассрудин вортанила бархъалиссезда ххадув. ЧӀчӏезе гьелги гьарун, гьикъанила гьесс:
- Дун гъотӀодасса гӀодове вортизе вукӀин лъалел чагӀазда дун кида холевалиги лъазе ккола нужеда. Аллагьассе гӀоло, бице дун холеб заман.
ГӀантав гьав чи ххеххго тӀасса вихьизавун лълъикӀилан пикруги гьабун, гьез абунила:
- ЛъабцӀцӏул мун чинхъараб меххалда, дур иш лӏугӀула, Мун хвезе вуго гьеб меххалълъ.
Кутакалда ургъелги чІван, къотӀараб гӀаркьелги хӏамида лъун, Мала Нассрудин рокъове вилълъанила. ГӀемер мехх балалдего, цо чинхъанила гьев. «Цо рухІ ана, ххутӀана», - ян абунила жинццаго жиндаго. Цо дагьабго
заманалдассан кӀиабизеги чинхъанила гьев. КӀигояб рухӏги анин, гьанже цо рухІ ххутӀанин, гьебги иналде рокъовегӀаги ворчӀизе хӀаракат бахъун лълъикӀилан, дагьаб ххеххлъи гьабунила Мала Нассрудиницца. Азбаралде щун вахъиналде, лъабабилеб нухалдаги чинхъанила гьев.
- Ххеххлъи гьабе, чӀчӏужу, лъабабилеб рухІги ана. Дун хвана! - ян ахІделаго, Мала Нассрудин кӀалагъоркье гӀодов речІчӀанила азбар бакьулӏ.
Накаби руххизе, чӀичӀидизе, гӀергӀедизе рукъалълъул агьлуги лӏугьанила, гьезул гьаркьихъе ххабар рагӀа-рагӀарал рачӀун, азбар ххалкъалълъулги цӀунила. Щиб, кинилан гьикъидал, Мала Нассрудин хванилан бицанила чӀчӏужуялълъ.
Хварав чи ххалат тун гьабизе жо гьечӀилан, гьебго къоялда вукъанила Мала Нассрудин. Хабалӏе лӏугьун, къанал рекъезарулел рукӀарал гӀолохъабазда гьаранила Мала Нассрудиницца, жиндир ракӀгъун букӀине, цо гьитӀинаб каратІ тейин къватӀибеххунилан. Гьезги, гьессул гьари къабул гьабун, хабалӏа къватӀибе каратІ танила.
Мала Нассрудинги вукъун, жамагӀатги анила нахъе, хабалӏе тараб гьитӀинабго картӀиниссан къватӀиве валагьун Мала Нассрудинги вукӀанила. Гьессул хобги кканила шагьра нухда асскӀобе.
Кин бугониги цо сордо хабалӏги бан, нахъияб къоялълъ радал ххеххгого щиб ххабардай рагӀилаян, картӀиниссан шагьра нухде валагьун вукӀанила Мала Нассрудин. Квачараб, гӀодоб цӀцӏер тӀураб къоги букӀанила гьеб. Балагьанила, долго бархъалиссел ругила, сордо доб росулӏги бан, радалго рахъун, щегӀ бичизе базаралде унел. ТӀад бакӀал гьирал лъурал гьезул чуял, гӀурцІмал ругила цӀцӏородассан рилълъине кӀоларого, хъещтӀелел.
Дицца бихьилин гьазие гьабулеб жоянги абун, битӀун хабалӏа къватӀибе каратІ бугеб бакӀалде гьел щвараб меххалълъ, цо квешал, гӀассиял гьаркьал гьарунила Мала Нассрудиницца. Гьел гьаркьал рагӀаралго, риххун, хӀинкъун лӏугьун, тӀад гьиралгун ругел чуялги гӀурцІмалги хъущтӀун гӀодор речІчӀанила, гӀемераб щегӀги гъуранила.
Гьаб хабалӏа къватӀибе рогьалилӏ ахІдолеб цо шайтӀан батизе кколилан, рортун ун бархъалиссез картӀинисса жанире хабалӏе цӀцӏалагӀоркьалги къакъазарун, Мала Нассрудинил ссипат-къоноялълъул ччукӏичӏеб бакӀ течӀила. Гъурараб щегӀги нухдаго тун, бархъалисселги анила, гӀемераб заман балалдего, хабалӏе букӀараб каратӀги кӀодо гьабун, гьенисса къватӀивеги лӏугьун, Мала Нассрудинги рокъове вилълъанила.
Хваралълъусса вахъун Мала Нассрудин вачӀун вугилан рагӀун, росдал агьлуго бачӀанила гьев вихьизе.
- Гьа, Мала Нассрудин, гӀакъуба-къварилъи щиб бихьараб, хабал гӀазаб кинаб жо бугеб? - ан цӀеххолданила гьессда.
- Валлагь, ваццал, гьересси щай, бархъалиссезул цӀцӏалагӀоркьазулалдасса кӀудияб гӀазаб хабалӏ дида батичӀо, - ян абунила Мала Нассрудиницца.
Нахъиссел къоязда бархъалиссезул гъурараб щегI rlaдада течӀого, дагьабги гӀиссин гьабун, къандалъаби цӏун, базаралде босанила Мала Нассрудиницца, гӀункӏкӏал холеб дару бугин гьабиланги абун, гьеб бичизе лӏугьанила.
ТӀаде бакӀарун ххалкъалълъ, хъамал гьабун, босун унеб букӀанила гьеб. ГӀемераб гӀарац Мала Нассрудиниеги щванила. Аххиралда ххутӀараб цо дагьаб жо босулаго, цо чиясс гьикъанила Мала Нассрудинида:
- Кин гьалълъ гӀункІкӀал хвезарулел? - ан.
- Кквезеги ккун, бадибе гьаб дару бани, бералги беццлъун, доре-гьанире ккун хола, - ян абунила Малла Нассрудиницца.
- Кквезе щун ххадуб, гӀодоб речІчӀун хвезабиларищ гӀункІкІ?
- Дуего бокьани, гьедин гьабизеги бегьила, - ян жаваб кьунила Мала Нассрудиницца.
bar]aliSelgi mala naSrudingi
{asel bapu` vulgi Tafun, mala naSrudin anila, \amagi baxun, roFowe. co judiyab GoTodegi wa[un, Diwgo Tad Zarab farpel qoTiRe `uhanila hew. henib aSjoSan nu[gi bujanila.
xuyaRda, furvmaRda ;un ?afil baTi-baTiyab varafgun, heb bixiRe baRaralde razunel bar]aliSel ?wanila henire. Diwgo Tad Zun wugeb farpel qoTulew mala naSrudin wiFarab me{a', heR abunila
- fadal;uni?, waC, mun wugew, heb farpel duCa qoTani, hebgun cada] mungi fodowe wortula guri& - yan.
- heb nuDer i/ guro, nuD nuDergo nu[ Kun a, dir milat diCa habila, - yan abunila mala naSrudiniCa, Diwgogi Tad wugeb farpel qoTiRe `uhanila. me{ baleldego, farpelgun cada] mala naSrudingi anila wortun.
wa\, haniSa fodowe dun wortiRe wujin ;alel xafaRda kida dun [olewaligi ;aRe Kola. heb ve{on 'ij diCa GoRdayangi abun, mala naSrudin wortanila bar]aliSeRda {aduw. ZeRe helgi harun, hiqanila heS
- dun GoTodaSa fodowe wortiRe wujin ;alel xafaRda dun kida [olewaligi ;aRe Kola nuDeda. alahaSe folo, bice dun [oleb Raman.
fantaw haw xi {e{go TaSa wiFiRawun 'ijilan <ikrugi habun, heR abunila
- ;abVul mun xin]arab me{alda, dur i/ `ufula, mun [weRe wugo heb me{a'.
kutakalda urGelgi zwan, qoTarab farpelgi \amida ;un, mala naSrudin roqowe wi'anila. femer me{ balaldego, co xin]anila hew. «co ru\ ana, {uTana», - yan abunila DinCago Dindago. co dahabgo RamanaldaSan jiabiRegi xin]anila hew. jigoyab ru\gi anin, hanDe co ru\ {uTanin, hebgi inalde roqowefagi worziRe \arakat ba]un 'ijilan, dahab {e{;i habunila mala naSrudiniCa. aRbaralde ?un wa]inalde, ;ab~abileb nu[aldagi xin]anila hew.
- {e{;i habe, ZuDu, ;ab~abileb ru\gi ana. dun [wana! - yan a\delago, mala naSrudin jalaGorpe fodow reZanila aRbar bapu`.
nakabi ru{iRe, zizidiRe, ferfediRe ruqa'ul ahlugi `uhanila, heRul harpi]e {abar rafa-rafaral razun, aRbar {alqa'ulgi vunila. ?ib, kinilan hiqidal, mala naSrudin [wanilan bicanila ZuDuya'.
[waraw xi {alat tun habiRe Do hezilan, hebgo qoyalda wuqanila mala naSrudin. [aba`e `uhun, qanal reqeRarulel rujaral folo]abaRda haranila mala naSrudiniCa, Dindir rajGun bujine, co hiTinab karaT teyin qwaTibe{unilan. heRgi, heSul hari qabul habun, [aba`a qwaTibe karaT tanila.
mala naSrudingi wuqun, Damafatgi anila na]e, [aba`e tarab hiTinabgo karTiniSan qwaTiwe walahun mala naSrudingi wujanila. heSul [obgi Kanila /ahra nu[da aSjobe.
kin bugonigi co sordo [aba`gi ban, na]iyab qoya' radal {e{gogo ?ib {abarday rafilayan, karTiniSan /ahra nu[de walahun wujanila mala naSrudin. kwaxarab, fodob Ver Turab qogi bujanila heb. balahanila, dolgo bar]aliSel rugila, sordo dob rosu`gi ban, radalgo ra]un, ?ef bixiRe baRaralde unel. Tad bajal hiral ;ural heRul xuyal, furvmal rugila VorodaSan ri'ine jolarogo, ]e?Telel.
diCa biFilin haRiye habuleb Doyangi abun, biTun haba`a qwaTibe karaT bugeb bajalde hel ?warab me{a', co kwe/al, faSiyal harpal harunila mala naSrudiniCa. hel harpal rafaralgo, ri{un, \inqun `uhun, Tad hiralgun rugel xuyalgifurvmalgi `u?Tun fodor reZanila, femerab
?efgi Guranila.
hab haba`a qwaTibe rohali` a\doleb co /ayTan batiRe Kolilan, rortun un bar]aliSeR karTiniSa Danire [aba`e Valaforpalgi qaqaRarun, mala naSrudinil Si<at-qonoya'ul Xujizeb baj tezila. Gurarab
?efgi nu[dago tun, bar]aliSelgi anila, femerab Raman balaldego, [aba`e bujarab karaTgi jodo habun, heniSa qwaTiwegi `uhun, mala naSrudingi roqowe wi'anila.
[wara'uSa wa]un mala naSrudin wazun wugilan rafun, rosdal ahlugo bazanila hew wiFiRe.
- ha, mala naSrudin, faquba-qwari;i ?ib biFarab, [abal faRab kinab Do bugeb& - an ve{oldanila heSda.
- walah, waCal, hereSi ?ay, bar]aliSeRul ValaforpaRulaldaSa judiyab faRab [aba` dida batizo, - yan abunila mala naSrudiniCa.
na]iSel qoyaRda bar]aliSeRul Gurarab ?ef fadada tezogo, dahabgi fiSin habun, qanda;abi vun, baRaralde bosanila mala naSrudiniCa, funJal [oleb daru bugin habilangi abun, heb bixiRe `uhanila.
Tade bajarun {alqa', ]amal habun, bosun uneb bujanila heb. femerab farac mala naSrudiniyegi ?wanila. a{iralda {uTarab co dahab Do bosulago, co xiyaS hiqanila mala naSrudinida
- kin ha' funJal [weRarulel& - an.
- KweRegi Kun, badibe hab daru bani, beralgi beC;un, dore-hanire Kun [ola, - yan abunila mala naSrudiniCa.
- KweRe ?un {adub, fodob reZun [weRabilari? funJ&
- duyego bopani, hedin habiRegi behila, - yan Dawab punila mala naSrudiniCa.